Дарсил тема : Предметияб ц!ар падежазде свериялъул тайпаби
Дарсил мурад:
1.Баян гьабизе бокьараб предметияб ц!ар кинаб свериялда рекъон сверулебали лъазе ккани , актив падежалда лъезе кколеблъи.
2. Кьурал предметиял ц1аразул падежалде свериялъул тайпаби лъазе.
Дарсил алат: таблица, карточкаби
Дарсил ин.
Араб дарс гьикъи
-Рокъобе кьураб х1алт1ул хал гьаби
1. Каламалъул бут!абазул бицунеб г!елму щиб?
2. Чан каламалъул бут!а бугеб?
3. Авар мац!адалдаги г!урус мац!алдаги хисарал каламалъул бут!аби?
4. Кинаб бат!алъи бугеб жалго жидедаго ч!аралги кумекалъул каламалъул бут!абазде гьокьор?
Тексталда т1ад х1алт1и.
Фашистаз Нинал росу ккун бук1ана.Гьез Нинал эмен ч1вана. Эбелги Германиялде ячун ана. Нина, жиндирго ц1ц1еги бачун,рохьое партизанал ралагьизе ана. Нина партизаназухъе щвана.Гьез яс рохун къабул гьаюна.Нинаца щибаб къоялъ партизаназе тушманасул х1акъалъулъ баянал кьолел рук1ана.
Суалал:
1.Предметияб ц!ар сунда абулеб?
2. Г!аммал предметиял ц!арал?
3. Хасал предметиял ц!арал?
4.Предметияб ц!аралъул жинсал?
5. Предметияб ц!аралъул формами?
6. Предметияб ц!аралъул г!емерлъул форма лъугьин?
7. Предметияб ц!аралъул падежал?
Предложениялъул синтаксисияб разбор гьабизе.
Фашистаз Нинал росу ккун бук1ана.
Рек!елгъеялъул грамматика:
1. Цо-цо слог т!аде жубан гьал г!аммал ц!арал хасал ц!аразде сверизаризе.
Нус, гугьар, г!ус, руз.
2.Гьаниса к1и-к1и раг1и цоцалъ рек1инарун,ц1иял предметиял ц1арал лъугьинаризе.
Чи,багьа,Магьди,рахъ,дур,дарай.
Ц!ияб дарс.
Предметияб ц1ар падежазде свериялъул тайпаби.
Мах!мудил пасих1лъи, гьесул х!асралъи,
Бидулъ къаламги ччун гьарурал куч!дул
Гьел нилъер маг!арул мац!алъ кинигин
Киданиги дида рич!ч!изе гьеч!о.
1.Гьаб к!оч!ол автор щив?
2.Т!адкъай: предметиял ц!аразда гъоркь мухъ ц!ай ва гьел кинал падежазда х!алт!изарул ругебали баян гьабе.
Таблицаялдасан накъит
(г!адатал падежал ва гьезул суалал такрар гьари)
Баян: предметиял ц!арал г!адатал падежазде свериялъул буго лъабго свери.
1 свери- с
2 свери- лъ
3 свери- ца
Кинаб свериялда рекъон предметияб ц!ар падежазде сверулеблъи лъазе ккани лъезе ккола актив падежалда.
Актив падежалда ругел г1емерлъул формаялъул предметиял ц1арал аслияб падежалда хъвай,кинал суффиксазул кумекалдалъун гьел лъугьун ругелали халгьабе.
Дихъ ралагьарал бераз,
Минабаз,гъут1буз,т1угьдуз
Нух бит1айгийин абун
Дун т1ойит1улей йиго.(Р.Х1).
Т1ехьалдасан х1алт1и.
-Предметиял ц1аразул жинс,падеж,свери баян гьабизе.
Г1емерисел гьоркьохъеб жинсалъул предметиял ц1арал падежазде сверула кьибил ц1унунги,кьолболъ хиси ккунги,ай гьел сверула 2 ва 3сериялда рекъон.Гьеб к1иябго форма бит1араб буго.
Ас.п т1егь къали
Ак.п т1егьалъ къалиялъ
т1огьоца къолоца.
Доскаялда х1алт1и.
Гьал предметиял ц1арал г1адатал падежазде сверизаризе.
Кьехь.гъвет1,бече,цер.
Рек!ел гъелъул грамматика.
1.Жинда падежалда бугеб кинаб раг!улъ лъабго релълъараб слог, ай лъабго релълъараб гьаракь ва лъабго релълъараб рагьараб гьаракь бук!унеб? Гьеб раг!и байбихьула «д» х!арпалдасан.
2.Гьал раг!аби к1иабилеб свериялда рекъон хаслъул падежалде сверизаре.
Г!ин, к!ал, бер, малъ, рукь, квер, к!вет!, мугъ.
3.Маг1арул мац1алда руго г1езег1анго предметиял ц1арал,ахиралдаса байбихьуде ц1аланиги,цого къаг1идаялъ раг1улел.
Масала:Х1енех1…..
Морфологияб разбор.
Берцинаб раг!уца маххул каву рагьула.
(цин кициялъул маг!на бицина, хадуб каламалъул бут!абазде биххизе).
Дарсил х!асил.
1.Жакъа дарсида щиб нужеда лъараб?
2. Кинаб падежалъул ахиралде балагьун, падежазде свериялъул тайпаби ч!езарулел?
Рокъобе х!алт!и: гь. 44-47, сураталдасан хабар г1уц1изе.предметиял ц1арал ратизе,свери ч1езабизе.