СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

ПРОЕКТ на тему:"Формирование нравственных качеств учащихся при изучении творчества Расула Гамзатова"

Нажмите, чтобы узнать подробности

ПРОЕКТ

Формирование нравственных качеств учащихся при изучении творчества Расула Гамзатова

ПРОЕКТ

Формирование нравственных качеств учащихся при изучении творчества Расула Гамзатова

ПРОЕКТ

Формирование нравственных качеств учащихся при изучении творчества Расула Гамзатова

ПРОЕКТ

Формирование нравственных качеств учащихся при изучении творчества Расула Гамзатова

ПРОЕКТ

Формирование нравственных качеств учащихся при изучении творчества Расула Гамзатова

ПРОЕКТ

Формирование нравственных качеств учащихся при изучении творчества Расула Гамзатова

ПРОЕКТ

Формирование нравственных качеств учащихся при изучении творчества Расула Гамзатова

ПРОЕКТ

Формирование нравственных качеств учащихся при изучении творчества Расула Гамзатова

ПРОЕКТ

Формирование нравственных качеств учащихся при изучении творчества Расула Гамзатова

ПРОЕКТ

Формирование нравственных качеств учащихся при изучении творчества Расула Гамзатова

ПРОЕКТ

Формирование нравственных качеств учащихся при изучении творчества Расула Гамзатова

ПРОЕКТ

Формирование нравственных качеств учащихся при изучении творчества Расула Гамзатова

Просмотр содержимого документа
«ПРОЕКТ на тему:"Формирование нравственных качеств учащихся при изучении творчества Расула Гамзатова"»

12






ПРОЕКТ

Формирование нравственных качеств учащихся при изучении творчества Расула Гамзатова



Слушатели: Пахрудинова Саламат Н.,

МБОУ « Лологонитлинская

средняя школа»

Ахвахского района.



Газимагомедов Али С.,

МКОУ «Рыбалкинская

СОШ.

Руководитель: Юсупова Райганат М.

Дата сдачи работы 03. 02. 2015г.



Махачкала 2015 г.



Введение……………………………………………………………………3

  1. Расулил асаразул к1вар………………………………………………...6

  2. Нижеца гьабулеб х1алт1и…………………………………………….17

Заключение………………………………………………………………...21

Литература………………………………………………………………

Приложение










Введение.


Гьанжесеб г1умруялде данде ккун, цебе г1адамазул г1умру лъик1аб бук1инч1о. Рет1ине лъик1аб рет1ел бук1инч1о, г1орц1изег1ан кваназе квен бук1инч1о. «Т1убараб къоялъ х1алт1арал г1еч1ого, къаси моц1рол, х1едучирахъалъул заг1ипабго канлъухъеги х1алт1улел рук1анилан бицуна херал г1адамаз. Гьанжесеб г1умруялъул бицунаго, гьебгощинаб г1азаб- г1акъуба бихьарал г1адамазгицин абулеб раг1ула : «Бач1ун бугеб квешаб заман»,-ан. Гьедин гьез абиялъе г1илла щибдай? Г1адамал г1орц1араб, лъик1алдаса лъик1аб рет1ине бугеб, рах1ат- х1алхьи г1емераб, кнопкаби цун,рет1ел, ц1араг1 чурулеб, квен х1адурулеб, къойидаса къойиде ц1и- ц1ияб жо баккулеб техникадул г1асру кин квешаб бук1унеб?

Заман гуро квешаб бугеб, квешал руго нилъ. Балагье сверухъе. Кибе гирулеб бугеб нилъер х1укумат? Киса- кибего буго бикъа-хъами, мац1ихъанлъи, г1емерлъун буго кьвагьа- г1анхъи, г1адамал инжир- х1акъир гьари,г1адамал ч1вай. Гьудул- гьалмагъасул, гьоболасул, эбел- инсул,к1удиязул х1урмат гьаби дагьлъулеб буго. Гьабулеб х1алт1удехун рокьи гьеч1о, т1аса- масаго гьабулеб буго.

Г1ун бач1унеб г1ел куцай, гьезие тарбия кьей, гьезулъ лъик1абщинаб г1амал- хасият куцай, Ват1аналде, халкъалде, гьоболасде,гьудуласде, г1агараб мац1алде, эбелалде… рокьи бижизаби, чилъи, г1аданлъи, рокьи…ц1унизе малъи- гьел киналго шарт1ал т1уразаризе бажарула Р. Х1амзатовасул асарал малъулаго, гьезул анализ гьабулаго.

Расул Х1амзатов вуго раг1ул унго- унгояв устар, гьунаралъулги рит1ухълъиялъулги г1аламат. Гьесул раг1иялъ х1айран гьабуна т1олабго дунял. Цо гьесул асаразул маг1наялъул гъварилъи, г1ат1илъи, пасих1лъи!

Таманаб хазина тана гьес дагъистаниязе. Къват1ибе биччан буго лъабкъогоялдаса ц1ик1к1ун т1ехь. Гьел руссинарун руго г1урус ва анц1- анц1 бат1иял миллатазул мац1алде. Расул лъала киназдаго, гьес борхизабуна муг1рузулаб улкаялъул къимат.

Программаялда рекъон,школалда малъизе рихьизарун руго Р. Х1амзатовасул г1езег1ан асарал:

5 класс(4 саг1ат):

  • «Маша»,

  • «Вера Васильевна»;

6 класс(4саг1ат) :

  • «Россиялъул солдатал»,

  • «Къункъраби»;

7класс:

  • «Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1елани»;

9 класс(8 саг1ат):

  • «Дир рак1 муг1рузда буго»,

  • «Дир Дагъистан»,

  • «Милъиршаби»,

  • «Авар мац1».

Дун мекъи ккеларо, гьел киналго асаразул к1удияб к1вар бугин г1ун бач1унеб г1ел куцаялъейилан абуни.Гьесул асаразулъ бицун буго дунялалъул, ракьазул, улкабазул гуребги, бах1арчилъиялъул,ях1- намусалъул, г1умруялъул лъик1лъиялъул. Гьез бижизабула язихъал- пакъиразде гурх1ел- рах1му, малъула к1удиязул адаб- х1урмат гьабизе.

Гьесул асараз бижизабула Ват1аналде, г1ураб ракьалде, т1абиг1аталде рокьи гуребги, малъула гьеб ц1унизе, гьелъул къимат гьабизе. Цох1о нилъерго гуребги, г1ун бач1унеб г1елалъул ургъел гьабизе кколеблъиги бич1ч1изабула. Масала, нилъеца т1абиг1ат ц1унич1они, гьелъул къимат гьабич1они, нилъер ирсилал гьеч1олъигун хут1ула. Гьел асараз гьединго малъула нилъерго миллат, халкъ, маданият, миллияб мац1, г1адатал ц1унизе, лъик1абщиналдаса пайда босизе.

Расул Х1амзатовасул асараз цох1о жиндирго Ват1аналдеги халкъалдеги гуро рокьи бижизабулеб, гьез малъула цогидал халкъал, миллатал рокьизе, гьезулгун щулияб гьудуллъи, бухьен кквезе. Расулил асарал руго ч1ужуг1аданалде, эбелалде бугеб рокьул ц1урал. Гьес к1удияб борхалъиялде яхинаюла ч1ужуг1адан. ГЬединал асараз руччабазул къадру- къимат гьабизе малъула.

Шаг1ирас наг1ана кьола маг1аруллъи « биларасе», маг1арул г1адат к1очарасе, г1агараб мац1 къосарасе, умумузул тарих лъаларезе, эбел- инсул къадру ц1унич1езе, хъант1иялъе, мац1ихъабазе…






Маг1арулазулъ цебехун рехсарабщинаб лъик1аб г1амал- хасият: г1аданлъи, чилъи, рит1ухълъи, гьудуллъи ц1унизе малъи, Ват1аналде, халкъалде, халкъазде, рахьдал мац1алде рокьи бижизаби- буго нижеца босараб цо , амма жиндир к1вар ц1ик1к1араб мурад.



Глава 1.

Расулил асаразул к1вар.

Расулил асаразулъ хасаб бак1 ккола эбелалъул темаялъ. «Эбелалде»абураб коч1олъги бихьизабун буго эбелалъул недегьлъи, х1алимлъи, лъималаздехун гьелъул бугеб рокьи, лъималазул(живго авторасулги) эбелалдехун бугеб бербалагьи.

Эбел къасиги къадги йик1уна лъималазул ургъалида. Кват1арал лъимал руссинег1ан, нуц1аги къач1ого, чирахъги свинабич1ого, балагьун йик1уна «мискинай» эбел. Амма г1емерисел кват1ула, эбел ч1аго йик1аго, гьелъул къимат гьабизе. Эбел камидал, кант1ула гьел,гьебмехалъ лъугьуна гьел «бет1ер бухизе». Нилъерго гъалат1 бич1ч1ун хадуб, г1умруялдасаго, нилъедасаго рак1буссуна. «Щайдай дица додин гьабураб? Щайдай гьадин гьабич1еб?Щайдай…? Щайдай…?»-абурал суалаз кинго рек1ей х1алхьи толаро.

Г1ажаибаб жо! Дирго лъималазе гуребги, школалда ругел лъималазе тарбия кьолей дицагоги батула эбелалъул рак1лъукъулеб раг1и абун.

Авторас коч1олаб каламалдалъун нилъ ах1улел руго нилъерго гъалат1азда т1ад ургъизе.

Нилъер заманалда г1емер дандч1вала эбелалъул адаб- хъатир тарал лъимал. Гьанжесел лъимал,киналго гьеч1ониги, руго жалго жидеего г1урал, ч1ух1арал,цох1о жидерго гурони ургъел гьеч1ел. Цо жо рак1алде щвани, гьел т1ирун ч1ола,гьеб пикруялдаса кьуризаризе кутакалда зах1малъизе буго. Эбел- инсул раг1иялдасаги гьез цебе гьабизе буго гьудулалъул бук1а, гьудуласул бук1а, классцоязул бук1а г1акълуги пикруги. Гьезда рак1алде кколеб буго эбелалъе жал рокьуларилан, гьей гьанжесеб г1умруялдаса нахъа хут1ун йигилан. Жалги жидер пикрабиги хиялалги гьелда рич1ч1улел гьеч1илан.

Бич1ч1изабизе ккола эбелалъ щиб бук1аниги гьукъиялъе г1илла гьезде бугеб рокьи, гьел хиралъи бук1ин.Бич1ч1изабизе ккола эбелалъ киданиги лъимералъе квешаб жо гьабулареблъи, щай гурелъул лъималазул жаваб гьелъ кьезе кколелъул. Лъимералъулъ лъик1абщинаб куцай гьелъул мурад бук1ин бич1ч1изабизе ккола.

Лъимал(хасго васал)т1убараб къоялъ, сордоялъ, эбелги къват1ий ялагьун тун, къват1ал тирулел, гьалмагъзабазухъе унел,кино- концерталде хьвадулел, интернет-кафеялда интерес- кепалда заман инабулел рук1уна. Гьезда рак1алдецин щун батуларо телефоналдаса к1алъазе, додинги гьадинги кканилан абун, эбелалъул рак1алъе бигьалъи, х1алхьи кьезе. Гьединал мисалаздалъун бихьизабизе ккола гьез эбел хер гьаюлей йик1ин. Щиб лъалеб, чанги лъимер гьел раг1абаз кант1изабизе бегьула.

«Эбелалде» абураб коч1олъ Расулица бихьизабулеб буго эбелалъул лъималазде бугеб рокьул к1одолъи,гьезул ургъалида г1умру уней эбелалда цере нилъ кидаго налъулаллъун хут1и. Бижизабулеб буго эбелалде рокьи, гьелде гурх1ел- рах1му. Гьеб асаралъул к1удияб к1вар буго лъималазул эбелалде бугеб бербалагьи хисиялъе.

Дица балъго, эбел, кваранаб квералъ

Квег1аб берзул маг1у бац1ц1уна сардилъ,

Дун вач1ина духъе, вач1ина духъе,

Чирахъ г1одоб кьурун, кьижа, дир мискин.

Гьединабго мурадгун хъвараб буго «Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1елани» абураб кеч1ги. К1удияб махщалида бихьизабулеб буго эбелалъул рокьиялъ, гьелъул х1еренлъиялъ лъимал лъик1аб хьвада- ч1вадиялде куцалел ругеб куц.Бихьизабун буго эбелалъ кинидахъ ах1араб коч1ол хиралъи, гьеб коч1ол пайда, к1вар.

Дир мац1 бук1инароан,

Дир ц1ар бук1инароан,

Рик1к1адал сапаразда

Дида нух къосинаан,

Дида рокьи гьадиг1ан

Ракьалда лъалароан,

Эбелалъ дир кинидахъ

Куч1дул ах1ич1елани…

«Эбелалъ кинидахъ ах1араб кеч1 к1очарасда к1очене буго г1агараб ракьги рахьдал мац1ги»,-ян абулаан шаг1ирас.

Авторасул шиг1рияб философиялъ, гьесул пикрабазул къуваталъ ва рек1ел х1алалъ кеч1 ц1алулесе гьабулеб буго к1удияб асар. Гьб кинабгоялъ гьев т1амулев вуго Расулица коч1олъ рорхарал темабазда, суалазда, мотивазда т1ад гъваридго ургъизе, жиндирго г1умруялъул, г1агараб миллаталъул, рахьдал мац1алъул пикру гьабизе.

Х1амзатовасул творчествоялъулъ хасаб бак1 ккола Ват1аналде, г1агарал муг1рузде, халкъалде рокьи бижизабулел асараз.

Бокьула, бокьула дир гьит1инаб халкъ,

Бокьула, бокьула дир к1удияб халкъ.



«Шаг1ир лъик1го вич1ч1изе ккани, гьесул Ват1ан бихьизе ккола»,-ян абуна Гётеца. Гьеб бит1араб буго. Ц1ада росулъе щвеч1есдаги, Дагъистан бокьуларесдаги Х1амзатов вич1ч1уларо. Ват1ан буго шаг1ирасул бищун к1удияб рокьи, гьесул шиг1рабазул байбихьиги ахирги, г1умруялъул маг1наги гъварилъиги, рохелги пашманлъиги:

-Бице,эбел-Ват1ан, бице, Дагъистан,

Мун разияб гьеч1ищ дур васасдаса?

Мустах1икъав вугищ дун дур ц1алъе,

Ц1адулъ парпадулел дур байрахъазе?

Гьединал суалазе жаваб кьолаго,т1олго дунялалдаго раг1ана Расулил такрарлъи гьеч1еб гьаракь.

«Дир рак1 муг1рузда буго» абураб поэмаялъе эпиграфлъун росун руго Роберт Бернсил гьадинал раг1аби:

«Дунго рик1к1ада вуго,

Рак1 дир муг1рузда буго».

Гьелъ т1убанго рагьула асаралъул мурадал.

Асар хъваялъе г1иллалъун кколеб буго росулъа вач1арав гьоболас бицараб хабар. Гьес бицуна гьесда маг1арул ч1ужуг1аданалъ магь кин баччулебали, гьавураб рукъ – мина, гъансито к1очон тун бугилан хабар т1ибит1ун бугин маг1арухъилан. Гьоболас абула инсул сариналгицин поэтасда к1очон раг1улин, г1иц1го цох1о ц1ар бугин Ц1адаса хут1ун.

Гьеб калам поэтасда рек1еда унтула, ва гьес поэмаялъулъ загьир гьабула жиндирго рек1ел х1ал, Ват1аналдехун бугеб рокьи.

Поэмаялъул ц1аралъги бицунеб буго гьеб поэмаги г1агарал муг1рузул х1акъалъулъ хъвараб бук1ин. Гьенир авторас загьир гьарулел руго жиндирго халкъалъул лъик1алщинал рахъал:къвак1и, г1адатлъи,г1аданлъи, рек1ел г1ат1илъи, зах1мат бокьи, г1адамал хиралъи…К1вар кьун буго маг1арул мац1алдеги, тарихалдеги,рак1алде щвезарулел руго Мах1муд,Г1. Марин, Элдарилав,Хочбар,Мах1ач, Ц1. Х1амзат… Бихьизабулеб буго гьездаса бугеб ч1ух1и.

Дагъистаналъул гьанжесеб талих1алъул х1исаб гьабулаго, рак1алде щвезабулеб буго Россиялъулгун цебе бук1араб гьоркьоблъи. Пачаясул Россия муг1рузде бач1инч1о гьудуллъиялъул т1угьдузул квац1игун, бач1ана лагълъиялъул рахсалгун. Жиндирго бах1арчиял васал гьелъ рит1ана Шамилил хунжрузул бадире. Ч1вана Лермонтов, т1аг1ана Бестужев. Т1аде щвана к1удияб Октябрь. Гьелдаса нахъе гьудуллъи гьабуна Дагъистаналъги Россиялъги. Гьанже г1адамаз киг1ан какулеб бугониги, инкъилалъ Дагъистаналде щвезабуна талих1алъул бакъ. Гьелъухъ баркала кьолеб буго шаг1ирас.

Ц1акъго хирияб буго Расулие Дагъистан, киг1ан к1удияб борхалъуде ваханиги,хут1улев вуго г1адатав инсанлъун, маг1арулавлъун. Киве кканиги, киве щваниги гьев Ват1ангун вуго. Гьесул рак1 кидаго г1агарал муг1рузда, Дагъистаналда буго.Цо лах1заталъниги гьесул пикраби Ват1аналдаса т1олел гьеч1о.

Гьединабго к1вар бугеб асар ккола «Дир Дагъистан».1968с.шаг1ирас киналго х1икмалъизаруна прозаялдалъун хъвараб асаралъ.Гьединаб къаг1идаялъ хъвараб асар цоги дунялалдаго бук1инч1о. Гьелъул жанр ч1езабизе зах1малъана литературиял специалистазегицин.Гьеб буго поэтасул г1умруялъул, гьесда бихьараб- раг1аралъул х1акъалъулъ хъвараб философиял пикрабазул т1ехь.

«Дир Дагъистан» абураб кеч1 рик1к1ине бегьула маг1аруласул конституциялъул, г1емермиллатазулаб Дагъистаналъул рух1ияб культураялъул тарихалъул бечедаб конституциялъун. Гьелда жаниб шаг1ирас рагьун цебе лъолеб буго Дагъистаналъул халкъазул г1амал- хасияталъул хаслъи. Машгьурав немцазул философ Лейбница абуна гьеб т1ехь бугила муг1рузул культураялъулги г1адатазулги аза- азар соназ хъвач1ел законазул тарих социалиябгун философияб маг1наялда гъваридго жиндилъ бихьизабулеб мат1уйилан.

Т1ехьалда авторасул г1акълучаг1илъун руго Ц1.Х1амзат ва А. Гъафуров.Г1ат1идго х1алт1изарулел руго жинцаго блокноталда гьарурал хъвай- хъваг1аял, пайда босулеб буго жинцаго церехун хъварал асараздаса абияздаса, бицанк1абаздаса, къисабаздаса, х1акъикъаталдаса,маргьаялдаса…

Асаралъ рокьи бижизабула Ват1аналде, зах1маталде,фольклоралде, нилъерго тарихалде…Куцала бах1арчилъи, къох1ехьей,хьвада- ч1вадиялде к1вар буссинабула. Гьеб т1ехь ц1алидал, лъала Дагъистаналъул халкъазул бах1арчилъи, рек1ел сахаватлъи, гьобол хирияб хасият:

Щва мун маг1арухъе бокьараб мехалъ,

Бухе цебе ккараб каву к1овухъе-

Дур ц1ар гьикъиларо, рокъов вачина,

Духъе, т1аса бахъун, хъабарча кьела.

Расулил творчество х1аталдаса ун бечедаб буго. Гьесул темабазул цояблъун ккола халкъазул гьудуллъи ва вацлъи барки. Гьелъие нуг1лъи гьабула «Вера Васильевна» ва «Маша» абурал куч1дузги. Доб заманалъул маг1арулал рук1ана хъвай- ц1али, лъай гьеч1ел. Къвариг1ун рук1ана лъик1ал специалистал. Бищунго х1ажат рук1ана учительзаби, тохтурзаби. Гьелъул рахъалъ квербакъи гьабуна г1урус халкъалъ. Рижарал росаби, шагьарал тун, г1агарлъи, гьудулзаби тун, рач1унел рук1ана г1урусал Дагъистаналде. Зах1мат бук1ана гьезие х1алт1изе. Киналго маг1арулаз гуро гьел лъик1 къабул гьарурал. Чанги жо х1ехьезе ккана гьез:

Г1емераб мех бана, лъач1о дур къимат-

Киг1ан къо бихьараб, къварилъи лъараб.

Къисматалъ гьабич1о щибниги гурх1ел-

Гьанжеги бук1уна дир рак1 гьелъ унтун…

Капурай гьелда аск1оре лъимал риччаларилан ч1олаан гьел. Дагъистаналъул «бец1ал» руччабаз киса – киего какулаан гьей. Гьединабго х1ал бук1анин абизе бегьула Дагъистаналде рач1арал цоги г1урусазулги.

Гьеб зах1мат х1ехьезе к1веч1ого, цо-цоял рокъоре руссунаан. Амма г1емерисел, гьезда гьоркьой Вера Васильевнаги, гьел зах1малъабаз къуркьизарич1о. Гьелъул рек1елъ бук1ана багьадураб къасд – Дагъистаназул халкъазе лъай кьей , гьезул г1умру – яшав цебет1езаби,, ц1ияб лъик1аб г1умруялде гьел рачи. Гьеб мурадги гьелъ рак1бац1ц1адго т1убазабуна. Расулида лъалеб буго гьелъул къимат. ГЬес к1иабилей эбеллъун рик1к1уней йиго гьей. Нилъее гьабураб лъик1лъиялъул къимат гьабизе ах1улел руго авторас г1адамал.

Расулица хъвана «Маша» абураб кеч1. Гитлерил фашизмалда данде нилъер советияб улкаялъул халкъаз, Ват1ан ц1унун, гьабураб рагъулъ бищунго ц1ик1к1ун зах1малъи х1ехьана г1урус халкъалъ. Фронталда, бихьиназул хьолбохъги ч1ун, чанги рагъухъанасул г1умру хвасар гьабурай Москваялдаса Маша абурай яс йиго маг1аруласда рак1алда. Жиндирго ясалда гьес лъолеб буго Машал ц1ар. Расулица г1урус халкъалъе киналъухъго кьолеб буго рак1-рак1алъулаб баркала.

Х1амзатил Расулие хасиятаб жо ккола г1адан хиралъи, инсан к1одо гьави, чилъи, гьудуллъи ц1уни:

К1удияб хазина буго гьудуллъи,

Гьелде квер хьваг1изе г1едег1уге мун.

Гьудуласда дагьалъ дур бахъараб ццин

Цодагьаб къинабе, къват1иб гьурщуге.

Г1адамал, нужеде гьари буго дир:

Панаяб рек1ел ц1а ц1орозе тоге.

Ц1уне гьудулзаби, гьел г1емер гьеч1о,

Г1айиб камурав чи кивго вижич1о.

Г1умрудул ахирал соназдаги поэтас ургъел ккун хъвалеб бук1ана, щибго т1ад ургъич1ого, нилъерго лъик1ал г1адатал рехун толел, рахьдал мац1алдехун чияр жоялдеб балагьи гьабулеб бук1иналъул,ай халкъ миллат х1исабалда нилъерго кьуч1ал, нилъерго ирсал к1очон толел рук1иналъул х1акъалъулъ. Х1акъикъаталдаги, араб замангун щулаго вухьун вук1ине, гьелъул лъик1алги бах1арчиялги г1адатазул ирсилавлъун вук1ине ккола чи, щай гурулъул гьелъ къуват кьола нилъее къох1ехьезе, рит1ухълъиялъе г1оло къеркьезе, бищунго х1ажатаб бак1алда х1ажатаб иш гьабизе таваккал г1езе, бах1арчилъи бихьизабизе. Г1адада гуро гьес цо жиндирго коч1олъ абулеб бугеб:

Цебесеб замана,- гьеб заман гуро,

Жакъасел къоязе къвариг1ич1они.

Цересел бах1арзал,- гьел бах1арзалищ,

Жакъасеб ях1алъе х1ажалъич1они.

Проекталъул т1оцебесеб бет1ер лъуг1изабизе бокьун буго Расулил гьадинал раг1абаздалъун:

Гьадинги гьит1инаб гьаб нилъер миллат,

Милат гьабич1они, кибедай ккелеб?

Бице, ц1унун бугищ нилъер мац1гин ц1ар-

Хисулебцин гьеч1ищ г1амалгун г1адат?

Гьединаб суал жиндиего кьолесул лъик1аб рахъалдехун г1амал- хасият хисич1ого бук1ине рес гьеч1о. Нилъеца ц1унизе ккола чилъи, рит1ухълъи, ях1 – намус… Х1аракат бахъизе ккола унго- унгояв Инсанлъун вахъине.





Глава 2.

Нижеца гьабулеб х1алт1и

Расул вуго рит1ухълъиялъулги г1акъиллъиялъулги г1аламат. Гьесул куч1дуз куцала жеги г1емер наслаби.

Бищунго гьес к1вар буссинабулеб буго рахьдал мац1алде.

Мац1алдалъун загьир гьабула рек1ел асар, пикру, къасд, анищ. Мац1алъ борцуна нилъер г1акълуги лъайги. Гьеб ккола к1удияб бечелъи.

Гьанже г1адамазул рахьдал мац1алде бербалагьи хисун буго. Къойидаса къойиде г1емерлъула эбел- инсуца лъимал авар мац1алъул дарсиде риччач1ел х1ужжабиги. Амма бищунго тамашалъи гьабула рахьдал мац1алъул к1вар гьеч1ин, г1умруялъулъ гьеб къвариг1унеб гьеч1ин абулел учительзабазда. Авар мац1алъул муг1алимас дарсил аслиял мурадазул цояблъун рик1к1ине ккола рахьдал мац1алде рокьи бижизаби.

Х1аракат бахъула дарс г1адатияб гуреб къаг1идаялъ кьезе. Гьарула бат1и- бат1иял х1алт1аби:

Раг1икъот1. Расулил творчество щула гьабулаго, кьезе бегьула гьадинаб раг1икъот1


1


2








3










4










5











  1. Расулил эбелалда ц1ар?

2. «Россиялъул солдатал» - жанр?

3.Гьоркьоб биччараб мухъ хъвай.Лъаларо, ---------, цогиязул иш…

4.Лъил поэт кколев?

5.Расулил кинаб асаралъул кьуч1алда бахъун бугеб кино, лъун бугеб балет?



Къец. «Лъалищ нужеда?»

Масала, 9 классалда Расулил творчество щула гьабулаго, кьола гьадинал интересал суалал:

  1. Расулил унго – унгояб ц1ар?

  2. Х1акъикъаталаги, кив гьавурав Р. Х1амзатов?

  3. Кинаб гьесул асаралъул жанр ч1езабизе за1малъараб литератураялъул специалистазегицин?

  4. «Дир Дагъистан» абураб асаралъулъ рит1ухълъиялдаги гьерсидаги гьоркьоб киг1ан манзил бугилан абулеб бугеб?

  5. «Улкаялда кибго буго гласность, дие бокьун буго дургун согласность». Лъие сайгъат гьабураб т1охьода хъван ругел гьединал раг1аби?



«Дир Дагъистан» абураб асаралъулъ кицаби рати. Гьезул маг1на рагьи.



«Х1икматал х1арпал»( х1ай).

Доскаялда хъвала х1арпал. Хис- хисун х1арпалги лъун, Расулил асаралъул ц1ар лъугьинабула.

У къ р н и а къ б - къункъраби



Х1алт1изарула ребусал.

Расулил куч1дул ц1алиялъул къец гьабула.

«Гьабго кинаб кеч1?»

Расулил асаралдаса кесек ц1алула, кинаб асаралдаса кесек бугищали батула.

Гьарула КВН, «Ц1вабзазул саг1ат», «Г1ажаибаб байдан»…

Асаралъул г1адатаб анализалъул х1асилалда куцала лъималазул Ват1аналде, халкъалде рокьи. Малъула гьудуллъи, чилъи, г1аданлъи, рит1ухълъи...



Гьесул асаразулъ мац1алъе къимат кьун хъваралщинал раг1аби ратула.

9класс, «Эбелалде» абураб кеч1 малъулаго гьадинал суалал кьела:



  1. Лъие сайгъат гьабураб кеч1 гьеб кколеб?

  2. Расулил эбелалъул сипат- сурат рагье.

  3. Живго авторасул кинаб бербалагьи бугеб эбелалдехун?

  4. Кант1улев вугищха Расул?

  5. Расулил рек1еда бищунго унтараб жо щиб бугеб?

  6. Нужеца гьабулищ эбелалда гурх1ел?

  7. Кинаб кумек гьабулеб эбелалъе.

  8. Ч1аго лъималги рук1ун, херазул рокъоре эбел- эмен щвезари бит1араб кколищ?

  9. Нужеда гьединал лъугьа- бахъинал лъалищ?

10)Асаралъул мурад щиб кколеб?

Гьелдалъун, лъималаз гьабула гьадинаб х1асил: эбелалъул къимат гьабизе ккола гьей ч1аго йик1аго, гурого кват1ун ккезе бегьула.



Тарбия кьеялъул рахъалъ ц1акъго к1вар бугел ккола «Дир Дагъистан», «Дир рак1 муг1рузда буго» «Россиялъул солдатал». Гьезиеги данде ккола анализ. Чара гьеч1ого, гьенир х1ажалъула слайдал. Х1алзарула т1абиг1аталъул суратазул слайд, гьенир лъола г1агараб росдал сураталги. Х1айран гьарула лъимал Дагъистаналъул т1абиг1аталъул берцинлъиялъ. Гьединго х1адурула машгьурал г1адамазул(Хочбарил, имам Шамилил, Х1ажимурадил, Г1. Маринил, Эльдариласул …) х1акъалъулъ баянал, ругезул сураталги рихьизарула. Гьезул г1аданлъи, чилъи, рит1ухълъи бихьизабула. Асаралъулъ бищун бокьараб жо бихьизабизе т1амула.

Дие бищун бокьула гьесул «Къункъраби» ва «Россиялъул солдатал». Х1адурула К1удияб Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ слайд.

Кьола рагъул х1акъалъулъ баянал, рагъул квешлъи, гьелъул кьог1лъи бихьизабула(бищун лъик1аб бук1уна гьабсаг1аталъ дунялалда бугеб ах1вал – х1алалъулги бицани). Ват1аналъул х1акъалъулъ кицаби ц1ехола. Г1ат1идго рагьула Мух1амадзагьидил образ, бицина гьесул хвел гьеч1еб гьунаралъул.

Гьарула сочинениязул къецал. Кьола гьадинал темаби: «Г1аданлъи, чилъи», «Унго- унгояв Инсан», «Дир Ват1ан», «Дун ч1ух1ула», «Хазина» (Расул Х1амзатовасул асаралги кьоч1ое росун)…

Заключение.

Учителасул пиша буго ц1акъго к1вар бугеб. Гьеб бигьаяб иш гуро. Цох1о лъималазе лъай кьеялда г1ей гьабизе бегьуларо гьес. Гьев вук1ине ккола ц1алдохъабазе мисаллъун, гьес гьел куцазеги ккола. Ругьун гьаризе ккола бит1арабги мекъабги лъазе.

Расул вуго г1акъилав, рагьараб рак1алъул инсан. Гьес нахъе тун руго хвел гьеч1ел, ц1акъго жидер багьа к1удиял асарал. Гьесул асаразул буго к1удияб пайда. Гьезулъ руго киналго г1елазе дарсал, наслаби т1ад ургъизе суалал.

Гьесул асарал руго Ват1аналде бугеб рокьул ц1урал.Гьез г1ураб ракьалде, г1агарал муг1рузде,халкъалде, миллиябмац1алде рокьи бижизабула. Масала, «Дир Дагъистан», «Дир рак1 муг1рузда буго», «Россиялъул солдатал», «Къункъраби» асаразул х1асил гьабун хадуб, гьес бак1аризе байбихьула росдал х1акъалъулъ материал, лъазабула росдал тарих, рагъда г1ахьаллъарал росуцоязул х1акъалъулъ баянал щвезарула. Жалго лъик1ал лъугьун, хъван ратула куч1дул, рефератал, гьелдалъун загьир гьабула Дагъистаналде, росдаде, машгьурал г1адамаздехун бугеб рокьи, бербалагьи.

«Эбелалде» абураб коч1ол анализ гьабун хадуб, т1убанго хисула эбелалде бугеб бербалагьи, гьелде гурх1ел ц1ик1к1уна. Гьез къват1ал свери дагь гьабула, х1алт1улъ кумек гьабула. Гьезул к1вар буссуна ц1алуде, лъик1ал къиматаздалъун эбел йохизайизе х1аракат бахъула.

Т1абиг1аталде рокьи бижизабула. Г1аданлъи, чилъи, рит1ухълъи ц1унизе, ч1ах1иязул, г1елцоязул, гьоболасул, гьудуласул х1урмат гьабизе малъула. Ц1алдолезул цоцаздехун лъик1аб гьоркьоблъи лъугьуна. Ц1алулъ цоцазе кумек гьабула. Лъица бук1аниги мекъияб иш гьабун батаниги, г1емерисез гьев т1атинецин виччаларо, дуца мац1ихъанлъи гьабизе бегьуларин абун бук1анин ч1ола.

Лъимал жидерго ишазе къимат кьезе, ккараб гъалат1 бит1изабизе ругьун гьарула.

Къокъго абуни, Расулил асараз инсанасулъ лъик1абщинаб г1амал- хасият куцала.







Литература:

  1. Г1абдурах1манов, Муртазаг1алиев. Авар литература, 1996с.

  2. Усах1ов, Авар литература, 1999с.

  3. Х1айбулаев, Казиев. Дагъистаналъул литература, 1970с.

  4. Х1амзатов Р.. Имя твоё, 2003с.

  5. Х1амзатов Р.. Стихотворения и поэмы, 1999с.

  6. Х1амзатов Р.. «Эбелалде кеч1, 2000с.

  7. «Гьудуллъи» (журналал- 2003с., №5, 2013, №6)

  8. «Х1акъикъат» (газета- 2003, №47)

  9. «Х1акъикъат» (Журналал- 2001с., №14,2009с.,№53, 2013с., №167- 174)
































Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!