СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

ПРОЕКТ на тему: «Методика изучения сказок на уроках родной литературы»

Нажмите, чтобы узнать подробности

 Проект Сказки на уроках родного (аварского) языка дают возможность учителю исползовать на уроках разнообразный материал для  повышения интереса к изучению родного языка 

Просмотр содержимого документа
«ПРОЕКТ на тему: «Методика изучения сказок на уроках родной литературы»»


МУНИЦИПАЛЬНОЕ КАЗЕННОЕ ОБЩЕОБРАЗОВАТЕЛЬНОЕ УЧРЕЖДЕНИЕ «СРЕДНЯЯ ОБЩЕОБРАЗОВАТЕЛЬНАЯ ШКОЛА №12 ИМ.Л.Н.ТОЛСТОГО»

368000,г. Хасавюрт. РД, ул.Висаидова 2 е, тел.: 89285599495


«_14__»___апрель_2018 г.



ПРОЕКТ

на тему:

«Методика изучения сказок

на уроках родной литературы»





Выполнила: Жанаева Аминат Юнусовна

учительница аварского языка и

литературы

МКОУ«СОШ№19»


2018 г. город Хасавюрт



План


Цебераг1и…………………………………………………………………...3


Глава I. Авар литератураялъул дарсида маргьаби малъиялъул методика……………………………………………………………………………..5

I.1. Маргьабазул маг1нa босизе ц1алдохъаби х1адури…………………...5

I.2. Маргьаялъулгун т1оцебесеб лъай-хъвай гьабулеб куц……………..11

I.3. Маргьаялъул тексталда т1ад х1алт1и………………………………..15

I.4. Маргьаби малъулелъул, жалго жидедаго ч1ун, ц1алдохъабаз гьарулел х1алт1аби………………………………………………………………20

I.5. Маргьабазул анализ…………………………………………………...27


Глава II. Рагьараб дарсил план…………………………………………35


Х1асил ……………………………………………………………………..40

Пайда босараб литература……………………………………………42













Цебераг1и

Программаялда рекъон 5, 6, 7 классалъул литературияб курс рагьула халкъияб к1алзул гьунаралъул асараздалъун.

Классалда малъизе, жидецаго ц1ализе х1исабалде росарал халкъиял маргьаби ва къисаби руго маг1наялъул рахъалъ гъва­ридал, мац1алъул рахъалъ г1адатал ва пасих1ал, рух1ияб тарбия кьезе ресал ц1ик1к1арал асарал.

Маргьа буго г1исинаб г1елалъе хирияб, халкъияб к1алзул гьу­наралъул бищунго т1ибит1араб форма. Гьеб бицуна ва гъираялда гьелъухъ г1енеккула лъималги ч1ах1иялги. Г1елалъ г1елалъухъе кьун, ц1унун хут1ун руго маг1на гъваридал, пасих1лъиялде щварал маргьаби. Цебе, хъвазе-ц1ализе лъалев чи дагьаб мехалъ, г1емерал г1олилал данделъулел рук1арал ратани, маргьаби г1емер лъалев, бицине пагьму бугев чиясул гъаст1е, гьезухъ г1енекки рух1иял дарсазул школалъун лъугьунеб бук1араб батани, гьан­же киназдаго ц1ализе лъалеб мехалъ, аслияб маргьачилъун лъугьана т1ехь. Къанаг1алъана маргьабазухъ г1енеккизе данделъи. Гьанже эбел-инсуца г1исинал лъималазе ц1ализе маргьабазул т1ехь босула. Гьезда хъвазе-ц1ализе лъазег1ан, улбуз, ц1ик1к1арал вацал-яцаз гьезие маргьаби ц1алула, хадуб жалго лъугьуна гьезул т1аг1ам босизе. Гьединлъидал гьаб жакъаги гьезул пасих1лъиялъги рух1ияб бечелъиялъги цебеялдасаги ц1ик1к1ун г1исиналги ч1ах1иялги х1айран гьарула.

Г1емерал г1асрабаз маргьабазул кумекалдалъун умумуз лъималазда малъулеб бук1араб батани рит1ухълъи бокьизе, т1екълъи рихине, жал рижараб Ват1ан сундасаго хиралъизе, халкъалъул тушбабазда данде ц1об гьеч1еб рагъ гьабизе, гьанжесеб заманалдаги маргьаби ц1алиялъул ва малъиялъул мурад гьебго буго. Амма гьанже гьеб масъала т1убала г1емерго г1ат1идго ва гъваридго: цин цебе лъик1аб лъай-культура бугел улбуз, хадуб лъай-г1акълу кьезе куцарал педагогаз, маргьаби ц1алун теч1ого, лъималазда малъула, гьел лъик1лъи-квешлъи борцине ругьун гьа­рула, ай умумуздаса ирсалъе щвараб хазинаялдаса тарбия кьезе ва сахаватав инсан куцазе пайда босула. Халкъалъ ч1езарурал рух1иял г1орхъалаби лъач1ого, ч1обогояб бак1алда г1аданлъиялъул ва инсаплъиялъул кьоял ран бажаруларо. Гьединлъидал халкъияб к1алзул гьунаралъул асарал ккола литературияб курсалъул щулияб кьуч1лъун. Гьеб буго цо рахъ. Цоги рахъалъ босани, маргьабаздасан, ай халкъияб к1алзул гьунаралъул асараз­дасан литературияб курс байбихьиялъ заманалъул тартиб ц1унула, гъваридал образазул литературиял асарал лъазариялъе лъимал х1адурула. Маргьаялда г1уц1арал образал киг1ан г1исиназдаги рич1ч1улел г1адатал руго: гьенив квешав чи ахиралде щвезег1ан квешав вук1уна, лъик1ав чи лъик1авлъун хут1ула. Квешаб г1амалалъул герой хисун-сверун лъик1авлъун вахъунаро, лъик1ав чияс квешлъиги гьабуларо, г1иц1го лъик1ас гьарулел гьунарал, сахаватал ишал цоялдаса цояб гучаб, кутакаб бук1уна, квешазул т1екълъи ц1ик1к1уна, ахирги т1екълъи къола, сахаватлъи бергьуна. Х1икматал лъугьа-бахъиназда гьоркьоре къеркьезе лъи-к1алги квешалги героял (героязул бак1алда х1айваналги) т1амун, халкъалъ ч1езабураб рух1ияб даражаялъул г1орхъабаздасан къимат кьола: гьаб буго квешаб г1амал-хасият, гьелдаса ц1уне, гьабцояб буго сахавалъи, гьеб ирсалъе босеян. Гвангъарал мисалаздалъун, пасих1аб г1адатаб мац1алдалъун, ч1амуч1аб насих1ат гьеч1ого, маргьабаз лъималазул рек1елъе т1инк1ула бах1арчилъиялъул, таваккалалъул, рит1ухълъиялъул ва сахаватлъиялъул дару.

Х1алт1и хъвалаго цере лъурал масъалаби:

- маргьабазул маг1нa босизе ц1алдохъаби х1адур гьарулеб куц бихьизаби;

- маргьаялъулгун т1оцебесеб лъай-хъвай гьабулеб куц бихьизаби;

- маргьаялъул тексталда т1ад х1алт1и малъи;

- маргьаби малъулелъул, жалго жидедаго ч1ун, ц1алдохъабаз гьарулел х1алт1абазул бицин;

- авар литератураялъул дарсида маргьабазул анализ гьабулеб къаг1ида бихьизаби.



Глава I. Авар литератураялъул дарсида маргьаби малъиялъул методика


I.1.Маргьабазул маг1нa босизе ц1алдохъаби х1адури

Маргьа ккола, кициго г1адин, халкъалъ къач1алаго, ц1ик1к1араб г1амлъиялде щвараб асар. Кинаб ракьалда, кинаб миллаталда жаниб гьеб бижараб батаниги, т1олабго инсанияталъе г1аммаб сипатсураталде щун бук1уна гьеб, х1атта хасал ц1аралгицин г1аммал ц1араздалъун хисун бицуна. Масала, «Лъабго гьунар гьабурав бах1арчи» бокьараб улка-ракьалда жидерголъун бицине бегьула: киналго миллатазе г1аммал, т1олабго инсанияталъе хасиятал рахъал хут1ун руго гьенир. Маргьабазул т1ок1лъиги гьелъулъ буго: т1олабго инсанияталъул рух1ияб даражаялда лъималазе тарбия кьезе рес бук1ин. Г1аданлъиялъул ва инсаплъиялъул г1аммал законал лъач1ого, щибаб миллаталъул лъик1ал г1адаталги г1адамазе къимат кьезе ч1езарурал хасал нормабиги рич1ч1изе, лъан х1алт1изаризе, гьезул х1урмат ц1унун хьвадизе бажаруларо. Гьел киназего г1аммал рух1иял т1алабал ц1алдохъабазда рич1ч1изаризе бищунго ц1ик1к1арал санаг1алъаби мар­гьабазул руго, гьелъиелъидал халкъалъ гьел ургъарал ва, азарил соназ к1очене теч1ого, нахъе ц1унарал. Гьединлъидал жиб бижараб заманалде балагьич1ого, маргьа гьайбатаб асарлъун хут1ула инсанияталъе. Нилъер улкаялда ханзабиги гьезул васал-ясалги гьеч1елдаса цо г1елалъул г1умру ун бахъунеб буго, ана гьезул бицунеб заманги. Арабищха ханзабазул, гьезул васазул-ясазул х1акъалъулъ ругел маргьабазул заман? Инч1о. Кидаго инеги гьеч1о. Щай? Щайгурелъул халкъалъ маргьабалъ ханлъун гьавула, жидер би ц1улев, гъин кваналев х1акъикъияв т1адчи гурев, киназего г1ураб г1акълу-лъай жиндихъе кьурав, ц1одорав, х1алимав, рит1ухъав инсан, ай сахаватлъиялда буцун гьабураб г1аммаб образалъул чи; гьесул васалги, бат1и-бат1ияб г1амалалъул рук1аниги, г1олилазе мисалиял, таваккалал, г1адатал, бах1арчиял г1адамаллъун рихьизарула, гьединав ханасул ясин абуни, берцинлъиялъул, ц1одорлъиялъул, х1еренлъиялъул, махщел-гьунаралъул рахъалъ ц1ар арайлъун йик1уна. Гьей ккола хал­къалъ берцинлъиялъул, ханлъун гьаюрай г1адан. Гьелъие т1асан борч1араб чорхол ч1урканлъи, гьайбатлъи, гьурмал берцинлъи кьей гуребги, халкъалъ гьелъул чорхолъ лъола мусудузул бук1унебщинаб ва бук1ине рекъарабщинаб лъик1аб г1амал-хасият ва т1адег1анлъи.

Г1ун рач1унел ясазе гьелда релълъун хьвадизе бокьула, щай­гурелъул гьей ккола киналго г1олохъабазул анищалъул бикалъун. Гьединлъидалин цох1о нухалъ гьумер бихьизе биччаралъухъ ва калам гьабуралъухъ багьадурзабаз гьелъие меседил caxl балебги. Гьединлъидалин киса щивали лъаларев, амма г1адамал г1азабалдаса тархъан гьаризе гьунар г1урав г1олохъанчиясе анищазулав ханас ясги, х1атта бащдаб яги т1олго улка-ракьги кьолеб, гьесухъ ханасул ясалъул рокьиги кколеб, Ват1ан хиралъиялъ, гьелдасагицин инкар гьабун, багьадурги жиндирго ракьалде т1ад вуссунев.

Маргьаби малъулаго, учителас х1исабалде босула халкъалъ ургъарав вит1арав т1адчи – анищазул ханасдаги, х1акъикъиял г1адамаздаги, ханзабаздаги гьоркьоб, бакъ-моц1алда гьоркьоб г1адаб бат1алъи бук1ин, гьединлъидал х1акъикъиял ханзабазда хадуб цебего рахъу хьваг1аниги, халкъалъ рит1ухълъиялъул байрахъ кодобе кьурал анищазулал ханзабазе хвелги бук1унаро. Х1акъикъияв ханасул бицунеб маргьаялда гьев вук1уна рах1му гьеч1ев, хъач1ав, вах1щияв, гурх1ел-ц1об лъаларев, г1адамал сан гьаруларев, пахруяв, жиндир ихтияраз мехтизавурав, г1адатав векьарухъанасда, бачазул вехьасда, рагьдателазда дандеккун, г1антав, ях1-намус гьеч1ев, халкъияб рух1ияб даражаялъул сан гьабуларев ва г1адатал х1ат1икь т1амулев, х1илла-макруялъул ва х1алихьалъиялъул мугьру ч1варав чилъун. Гьединаллъун рихьизарун руго рекъав Тимурги, Надиршагьги, хунздерил Нуцалги. Гьедин, рагьун какизе, къват1ир ч1вазаризе бегьич1еб мехалъ, халкъалъ гьел рихьизарула х1аиваназул ц1аразда гъоркь. Маса­ла, «Х1амаги Бац1ги» абураб маргьаялда х1ама г1адатлъун батухъе х1алт1ул х1айван буго. Гьод ччук1араб гьелъул т1омода гъоркь кверда пинкь бахъарав мискинчиги вахчизавун, хъант1араб Бац1ида (ханасда, бечедав чияеда) дандеккун, гьеб г1акъилаблъун бихьизабула: гуккула Бац1, къезабула т1екълъи,

Лъималазда ккезе бегьула маргьабалъ дандч1валел ханзаби ва гьесул наслу лъик1алги рук1унин, цо-цо квешалги дандч1валилан. Щибаб халкъияб асар малъилалде, учителас х1исабалде босизе ккола кинал т1адчаг1игун ц1алдохъаби дандч1вазе ругелали: х1акъикъиял зулмучаг1игунищ яги халкъалъ рит1ухълъиялъул байрахълъун тарав анищазулав хангунищали. Маргьаялъул х1асил босизе лъимал х1адур гьарулелъул, учителас г1урхъи ч1вани лъик1аб буго х1акъикъияв заманиятчияедаги халкъалъ ургъарав рит1ухъав т1адчиясдаги гьоркьоб. Хадуб маргьа ц1ализе яги бицине лъугьунелъул, т1адкъазе бегьула, маг1наялде балагьун, кинав ханасул бицун бугебали ургъизе ва х1асил гьабизе. Киг1ан ц1акъавилан веццулев х1акъикъияв ханас халкъалдаса (хасго мискинзабаздаса) ч1аго ц1око бахъич1огб толареблъи лъазе ккола ц1алдохъабазда. Цебеккун гьеб лъалеб бугони, лъималаз гьеб т1адкъай бигьаго т1убазабула.

Баянаб жо буго авар халкъалъул историялда жанир ккарал к1вар ц1ик1к1арал лъугьа-бахъиназе нуг1лъунги гьездаса щварал г1умруялъул дарсазул х1асиллъунги фольклориял асарал рук1ин. Щибаб тарихияб лъугьа-бахъиналъг халкъалъул г1умруялъул х1албихьи бечед гьабула, гьелъул рух1ияб дуниял г1ат1илъула, ц1иял гьоркьолъаби рижула. Халкъалъги ц1ияб г1орхъодасан къимат кьола г1адамазе ва лъугьа-бахъиназе, гьеб загьир гьабула ц1иял куч1дузулъ, кицабалъ, маргьабалъ, къисабалъ. Кьог1ал рук1аниги, г1умруялъ кьурал дарсал ц1адирабазда лъун, халкъалъ гьелъул кьуч1алда г1уц1арал фольклориял асарал ккола ц1ох1о араб заманалъул тарихиял памятникаллъун гурелги, жакъасеб г1умруялъул кумекчаг1илъунги, г1акълучаг1илъунги, щайгурелъул т1олабго миллаталъул г1аммаб ц1одорлъи, г1акъиллъи, бат1и-бат1иял к1алзул асаразда жанир сок1к1ун, хадусеб г1елалъе ирсалъе тун бугелъул, хвел гьеч1еб хазина х1исабалда. Гьединлъи­дал школалда фольклориял асарал малъулелъул, учителас жигар бахъизе ккола халкъалъул историялда, гьелъул къисматалда хурхинарун дарсал рачине. Историялъул дарсазда щварал баяназде мугъч1вай гьабизе ва халкъиял к1алзул асарал гъваридго рич1ч1изе х1ажатал тарихиял баянал кьезе.

Г1ураб къадаралда теориялда мугъги ч1ван, тарихиял баяназдаса пайдаги босун, фольклориял асарал малъулел ругони, учителасе зах1малъуларо жинда цебе ч1араб коммунистияб рух1алда тарбия кьеялъул масъала т1убазабизе: лъималазулъ ват1аналде рокьи бижизабизе, сахаб хьвада-ч1вадиялде гьел ругьун гьаризе, халкъалъ ч1езабураб роцада рекъон. героязе ва лъугьа-бахъиназе, къимат кьезе, жиндир миллаталъул история гуребги, гьелъул рук1а-рахъин, культура, г1адатал, г1амал-хасият лъазабизе, жиндирго миллаталдаса, мац1алдаса ч1ух1изе.

Художествиял асарал малъулеб мехалъ г1адин, фольклоралъул асаразул дарсаздаги т1убазе ккола лъайгун-тарбия кьеялъул ва г1акълу ц1убазабиялъул г1аммаб масъала. Хасго маргьа ма­лъулелъул, гьелъие ресалги ц1ик1к1ун рук1уна. Учителас жигар бахъула paгla-ракьанде щун гьел ресаздаса пайда босизе. Бищунго цебе малъулеб асаралъ ц1алдохъабазул рек1елъ лъалк1 тезе ккола. Гьеб буго кинабго хадусеб х1алт1уе кьуч1. Жибго маргьаялъ лъималазе рух1ияб асар гьабич1они, хадубккун гьелда т1ад х1алт1иялъ нилъ доб рехсараб г1аммаб масъала т1убаялъул рахъалъ мурадалде щоларо. Гьединлъидал дарс г1уц1изе ккола кутакалда мух1канго. Ч1ванкъот1араб лъай ва тарбия кьеялъе х1исаб гьабураб планги бахъулаго, гьедин дарс бачани, квеш ккезе батиларилан т1аса-масагояб г1аммаб пикругун учи­тель ц1алдохъабазухъе ани, киг1ан к1удияб х1албихьиялъул бет1ер гьев вук1аниги, лъайгун-тарбия кьеялъул ва г1акълу цебет1езабиялъул аслияб масъала лъик1го т1убазе гьесда к1оларо, дарсил заман г1адада ин гуреб пайдаги бук1унаро. Гьедин буге­лъул, художествияб асар, гьединго маргьа малъизе учитель т1ад-ч1ун х1адурлъизе ккола. Гьеб т1алаб цебе лъола щибаб малъу­леб асар г1акълу-лъаялъул борхалъуде ц1алдохъан вахине кколеб малиялъул иргадулаб х1ок1лъун бук1иналъ. Мух1канаб планги бахъун, цебеккун асарги ц1алун, гьелда т1ад гьаризесел х1алт1абазулги, гьелъул х1асилалда лъималазул лъугьине кколеб бажариялъул ва щвезе кколеб лъаялъул г1урхъи ч1езаби бу­го г1иц1го учителасда бараб цо рахъ. Цогидаб рахъ – цадахъ х1алт1изе ц1алдохъаби х1адур гьари. Гьеб рахъалде учительзабаз къанаг1атги к1вар кьоларо. Церет1урал учительзабазул х1албихьиялдаса баянлъула, дарсил план г1уц1улелъул, гьез лъимал данде х1алт1изариялде к1удияб к1вар кьолеб бук1ин, щибаб т1адкъай т1убазе цебеккун лъималазда малъулеблъи. Гьедин лъимал х1адуриялъ рес кьола, квалквал гьеч1ого, дарсил мурадалде щвезе.

Бук1ине кколеб х1адурлъигун учитель классалде щвана. Ма­лъизе буго маргьа. Сундасанха ц1ияб дарс байбихьилеб?

Араб темаялда т1ад г1ураб х1алт1и гьабун бугони, хадубккунги анализалъе дандекквезе, малъараб асаралде т1адруссине ругелъул, дарс байбихьила ц1ияб маргьа малъиялдаса. Рокъобе кьураб т1адкъаялъул хал гьабизе ва г1аммаб х1асилалде лъимал рачине х1ажатаблъун бугони, дарсил авалалда гьелъие кьолеб заман 8-12 минуталдаса ц1ик1к1ине биччаларо: ц1ияб материалалъе кьолеб заман 30-33 минуталдаса камизабизе бегьиларо. Камуни, темаялде байбихьараб т1оцебесеб дарсил мурад т1убач1ого хут1ула. Гьелъ рачуна хадусел дарсазе мукъсанлъи ккеялде.

Щибаб маргьаялъул маг1наялде, г1уц1иялде, к1одолъиялде, гьеб малъулелъул цереч1арал лъайгун-тарбия кьеялъул масъалабазде балагьун, лъимал х1адурила х1асил босизе, аслияб пикруялда хадур г1унт1изе, учителас бицинч1ого, жйдедаго ц1алдохъабазда идея бич1ч1изе, халкъалъ ч1езарурал рух1иял г1орхъабазул роцадалъун героязул ишал ва г1амал-хасият борцине.

Маргьаялъухъ г1енеккизе ц1алдохъаби х1адуриялда гъорлъе уна:

  1. тексталда дандч1валел рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей. Цебеккун баян кьела г1иц1го жал гьоркьоса рахъани, маргьая­лъул маг1на бич1ч1изе зах1малъулел раг1абазе ва раг1ул дандраязе, хут1аразе – тексталда т1ад х1алт1улаго;

  2. маргьаялда рехсарал х1акъикъиял героязе, гьезул заманалъе ва ишазе тарихияб баян кьей;

  3. маргьаялда рехсарал лъугьа-бахъинал кинаб обществияб формациялда: лагъзадерил заманалъищ, раг1иятчаг1азул г1умруялдайищ, капитализм цебет1ураб мехалъищ яги социализм бергьун хадубищ кколелали бицина (хасго гьединаб баян х1ажалъула 5 классалъул лъималазе);

  4. Дагъистаналда рижарал маргьабазе ва маргьабазул героязеги халкъалъ кьола жиндирго миллаталъе хасиятаб г1амал ва т1абиг1ат, жиндир ракьалъул т1абиг1ат ва рух1ч1аголъаби рехсола. Масала, маг1арул ракьалда бижараб маргьаялъул герой рек1ине бегьула чода, бац1ида, ц1удуда, г1урц1мада, х1амида, куялда, даг1нида, г1анк1ида, царада – гьел киналго маг1арул ракьалда руго, амма нужеда дандч1валаро, ламаялда, кенгураялда, страусалда, маймалакалда ва гь. ц. кьили ч1валев бах1арчи.

Босани «Ганч1ил вас» абураб маргьа. Гьениб варанидул бицун буго, амма гьеб буго чияр ракьалъул хъамалчаг1азда цадахъ бач1араб х1айван. Дагъистаналъул герояс гьелдаса пайда босуларо. Гьединлъидал маргьаялъул х1асил лъик1 бич1ч1изе, гъваридго рек1елъе босизе ккани, лъималазда лъан бук1ине ккола маргьа­ялъул хасал ва г1аммал рахъал рат1а гьаризе. Щуабилеб классалда, анализ гьабулелъул, к1вар кьела т1олго инсанияталъе г1аммал рахъалги миллияб хаслъиги маргьабалъ бат1а гьабиялде, хадусел классазда, гьезие щвараб лъаялде мугъги ч1ван, маргьа ц1алилалде т1адкъала миллияб хаслъи бихьизабулел бак1ал, сипатиял раг1аби ва предложениял рак1алда ч1езаризе;

5) к1удияб к1вар буго малъулеб маргьаялда хурхарал литера­турияб теориялъул баянал лъималазда рич1ч1изариялъулги. Гьел киналго тадбираз кумек гьабула маргьаялъул х1асил гъваридго лъималазда бич1ч1иялъе ва хадубккунги гьелда т1ад гьарулел х1алт1абазе.

Гьедин цебеккун маргьаялъул маг1на босизе ц1алдохъаби xlaдурич1ого, бач1инахъего темаги раг1изабун, текст ц1ализе яги би­цине лъугьани, ц1алдохъабазул г1акълу цебет1еялъул рахъ хашго хут1ула, литературияб лъайкьеялъул суал мух1канго т1убазабизе зах1малъула.

Щуабилеб классалъул литературияб курс рагьула «Ганч1ил васасдасан». Гьениб авалияб гара-ч1вариялда литературияб теориялдаса баян кьеч1ого, маргьа кколин халкъияб к1алзул хабариял асаразул цо тайпайилан абун тела. Амма щуго минуталдаса халат бахъине биччач1ого, тарихияб баян кьела Тимурил заманалъул ва гьесул чабхъеназул х1акъалъулъ. Хасго т1адч1ей гьабила Тимур х1акъикъияв. талавурчи вук1иналда, бицина халкъалъул рух1ияб роцада рекъон гьев вахшияв, рах1му гьеч1ев бидулавлъун вихьизавиялъул, тарихиял баяназда рекъонги гьев г1асияв хан вук1иналъул. Гьелдаса хадуб маргьаялъул х1асил босизе лъи­малазе г1емерго бигьалъула.

«Лъабго гьунар гьабурав бах1арчи» абураб маргьа ц1алилалде лъик1аб буго маргьабазул тайпабазе, гьезда гъорлъа г1ажаибал маргьабазе теориялъулаб баян кьезе ва т1адкъазе, маргьа бицунелъул (ц1алулелъул), гьенир кколел г1ажаибал ишал рак1алда ц1унизе. Гьебго авалияб гара-ч1вариялда учителас ц1алдохъабазул к1вар буссинабила маргьаялда рехсарал ханзабазул образал унго-унгоял т1адчаг1азулищ яги анищалъ рижизарурал х1акимзабазулищ ругелали х1исаб гьабизе ккеялде.

Гьебго къаг1идаялда х1айваназул х1акъалъулъ ругел маргьабазеги теориялъулаб баян кьела. Цинги «Х1амаги Бац1ги», «Ралъдал чу», «Къайицадахъал», «Церги Бакьучги» малъулелъул, гьебго х1адурлъиялъул х1алт1и дагьабги гъваридго бачина.


I.2. Маргьаялъулгун т1оцебесеб лъай-хъвай гьабулеб куц

Словарияб х1алт1иги гьабун, маргьаялъухъ г1енеккизе, гьелъул х1асил босизе лъималги х1адурун хадуб рач1уна маргьаяялъулгун т1оцебесеб лъай-хъвай гьабиялде. Гьеб буго, бищунго к1варги кьун, учителас мух1канго т1обит1изе кколеб х1алт1и. Щайгурелъул ц1алдохъабазда цебе маргьаялъул героял ч1аголъиялъул иш бараб буго дарсил гьеб бут1аялда. Абухъего лъималазул рак1азе к1удияб рух1ияб асар лъугьинедухъ, гьезда раг1изабич1они, учителасул дарсги бецаб ц1улакьо г1адаб жо лъугьуна. Рек1еда хъинт1ич1еб жо г1адахъ босизе ц1алдохъабазул г1акълуялъ инкар гьабула. Гъираялда т1обит1изе бегьулеб хадусеб х1алт1и уна ч1амуч1го, бизарлъула лъималазе дарс, учитель живго хут1ула гьезул г1унун ч1еялда, агъаз гьеч1олъиялда т1ад хъещт1елев, дарсил хут1араб заманалда гьабизе жо лъаларого, киг1ан т1аде гьугьуданиги рек1унареб ц1аялда квалквадилев. Гьедин ккеч1ого бук1ине, маргьа бицине мух1канго х1адурлъула.

Маргьа халкъияб к1алзул гьунаралъул асар бугелъул, жиндир к1алзул гьунар бук1ин бихьизабизе ккола учителасги.

Ц1алич1го, художествияб къаг1идаялъ бицани, маргьаялъ г1емер ц1ик1к1ун асар гьабула. Ц1акъго к1алалда т1акъва гьеч1ев учитель х!адурлъизе ккела пасих1го ц1ализе, цогидазда т1адаб буго художествияб къаг1идаялъ лъималазе маргьа бицине х1адурлъизе ва, чанго нухалъ раг1араб, жинцаго ц1алараб асар гьеб бук1аниги, ц1иялъ г1адин гьел х1айранлъуледухъ бицине. Гьеб мурадалде щвезе бокьани, маргьаялъул текст лъик1го лъараб г1оларо, пасих1го, ккараб бак1алда гьаракь-бакъан хисизабун, щивав героясул г1амалалда рекъезабун, рохел-пашманлъи загьир-лъуледухъ, ц1алдохъабазе бицине ккола.

Гьеб буго г1емерисел учительзабаз г1ураб к1вар кьеч1ого толеб жоги. «Дица гьаб маргьа гьадин бицина лъималазе», -ян нигатги гьабун, классалда вугев х1исабалда, художествияб къаг1идаялъ учителас гьеб цин жиндиего бицани, лъик1аб репетиция лъугьуна, разияб куцалъ ккеч1они, мат1уялда цевеги ч1ун, квер-бералъул г1ахьаллъигун, лъик1 ккезег1ан репетиция гьабизе бегьула. Киг1ан лъик1 текст лъазабун бугониги, репетиция гьабич1ого, цониги артист г1адамазда цеве вахъунаро, вахъине режи­ссёрасги виччаларо. Учительги живго артистлъун, режиссёрлъун, дарсил сценаристлъун кколелъул, жиндирго махщалил адаб гьаби буго лъик1аб х1адурлъигун дарсиде ин. Амма г1емерисез, кьуч1го гьеч1ого, гьеб репетиция гьаби г1ададисеб ишлъун тола. Лъабкъого соналъ мац1алъул ва литератураялъул учительлъун х1алт1арав педагог А. М. Топоровас «Дун вуго учитель» абураб т1ехьалда хъвалеб буго гьаракь-бакъан къач1азе, пасих1го ц1ализе, художествияб къаг1идалъ хабар бицине ругьунлъизе жив театралъул режиссёразухъе хьвадулаанилан, лъик1 ругьунлъизег1ан гьезухъа дарсал росанилан, хадуб, лъималазда цеве вахъиналде, репетиция гьабулаанилан. Гьесда цеве ц1аларав космонавт Герман Титовас жиндирго учителасул т1ехьалъе хъвараб цебераг1иялда бицунеб буго гьесул дарсаз гьабулеб бук1араб к1удияб асаралъул. Гьикъизинха нилъедаго: к1олебищха щивав учителасда рак1бац1ц1адго абизе жинцаги х1адурлъи гьабулилан? Жал артистал гурилан абулел учительзабиги камуларо. Гьелдалъун жидецаго хашго кьураб дарсил г1айиб т1аса рехизе лъугьуна гьел.

Жив раг1удалъун лъайги тарбияги лъималазе кьезе куцан вахъарав специалист – жиндирго ишалъул артистлъун вук1ине ккола. Щалдохъабазе хирияв учителель, гьев вуго жиндирго иша­лъул унго-унгояв устар – артист. Гьединаллъун рижуларо, т1адч1ун х1алт1иялдалъун рахъуна. Бач1инахъего г1олохъанал учительзабазухъан рек1ее бокьухъе пасих1го ц1ализеги художествияб къаг1идаялъ бицинеги бажарич1ого бук1ине бегьула, амма щибаб дарсиде репетицияги гьабун унев вугони, педагогасул артистлъи – устарлъи камиллъизе бук1ин мух1канаб буго, заманалдасан дагьабго х1адурлъи гьабуниги г1олев, гьунар т1ок1ав раг1ул устарлъун лъугьуна. Лъугьунев гьеч1они, ц1алдохъабазги жинцаго жиндиргоги х1урмат гьабуларев учительлъун вук1инег1ан, махщел хисизе, цогидаб ишалдасан маг1ишат гьабизе таваккал г1езе ккела.

Лъалхъи гьабич1ого, баянал кьезе гьоркьоб къот1изабич1ого, лъуг1изег1ан учителас художествияб къаг1идаялъ маргьа бицина. Лъималазул берзул кунч1иялъ, гьурмазда загьирлъулеб гьимиялъ, пашманлъиялъ, рагъарич1ого, сих1къот1ун г1енеккиялъ учителасе баянлъула г1ураб къадаралда жинца маргьаялда pyxl лъолеб бук1ин, гьелъ ц1алдохъабазул рак1азда кверщел гьабураблъи, гьезул рух1иял ч1вабзазда гьелъул герояз бакънал рачине лъугьин.

Маргьа лъуг1ун хадуб, к1иго-лъабго минуталъ ц1алдохъаби тела раг1араб асаралъул, ккарал лъугьа-бахъиназул, жидее рокьарал ва рихарал героязул х1исабалда, т1адцун суалал кьеч1ого. Маргьаялъул героязул, лъугьа-бахъиназул бицун, гьел цоцадехун гаргазе лъугьани, гьебги биччантезе ккела, г1емер халат бахъунеб гьеч1они. Гьелъ бихьизабула гьабсаг1ат раг1араб асаралъ лъималазул рек1елъе нух бахъараблъи, цо къадаралъ учителасул мурад т1убай. Бицине бугелдаса ц1ик1к1ун ц1ализе гьунар бугев, яги к1алалда такъва гьеч1ев учителас, гьебго къаг1идаялъ, лъалхъич1ого, маргьа ц1алила. Гьелъ лъималазе г1ураб асар гьабулеб бугищали, гьоркьо-гьоркьоб классалде берги щвезабила. Бадибч1вай гьабизе ккеч1ого, цогидаб ишалде машгъуллъич1ого, сих1къот1ун киналго г1енеккун ратани, цебеккун рехсараб асар гье­зул гьурмаздасан загьирлъулеб бугони, учитель разилъизе бегьула, маргьа лъималазул рек1елъе лъугьунеб буго. Амма пашманлъизе ккараб жо буго т1аса бер босич1ого, цого бакъаналда ч1амуч1го текст ц1алулев учительги, жиде-жидер ишалде руссун, шуршудулел, женк1елел г1емерисел лъималги, к1удияб гъираго гьеч1ого, г1енеккарал дагьалги. Ц1акъго щущ ц1ик1к1араб мехалъ, ц1алиги гьоркьоб къот1изабун; «Хъуй те», «Муса, цевехун вусса!», «Г1али, къват1иве къот1ич1ого, г1енекке!» «Гьавжоясул ч1езег1унгут1и бихьулищ?» -ан учитель ццидалъ бадирч1ваял гьаризе жувайдал. Кинаб х1алт1иха гьелдаса хадуб тексталда т1ад гьабилеб? Маргьаялъул х1асилг1аги ц1алдохъабазда бич1ч1изабизе учителасда к1веч1еб мехалъ! Гьединав учителас т1олго г1айиб лъималазде рехула: гьесие гьел рук1уна г1енеккуларел, г1адлу гьеч1ел, рокъобго г1адлу хварал,

Г1одосанго заг1ипго рач1арал, сундулго интерес гьеч1ел, ай къадараб класс – жиндаго г1айиб хъвазе толаро. Маргьалъидал малъулеб бугеб! Бищунго лъималазе бокьулеб асар! Гьениб ц1алдохъанасул гъира гьеч1олъи учителасул бажари гьеч1олъиялъул х1асил бук1ин живго педагогасда лъангут1и буго бищун к1удияб балагь: гьелъ рачуна лъималазул ц1алул заман г1адада иналде, лъай-г1акълу босизе рач1арал гьел ч1обого нахъ руссине ккеялде, гьелда т1адеги рак1 бохулареб, х1асил кколареб х1алт1и гьабулев учитель хут1иялде. Гьелдаса пашманаб жо ц1алулъ щибха бук1инеб?

I.3. Маргьаялъул тексталда т1ад х1алт1и

Бицунниги ц1алунниги ц1алдохъабазда маргьа раг1изабуна. Гьелъул лазат босизе заманги кьуна. Цинги рач1ина кинаб даражаялда маргьа бич1ч1ун бугебали ва гьелъ лъималазе гьабураб рух1ияб асар ц1ехеялде.

Х1ажат гьеч1о халатаб, ч1амуч1аб гара-ч1вари гьабизе. Цебеккунго кьураб т1адкъаялда рекъон чанго суал лъуни г1ела, амма гьезие жаваб рагьулаго, дагьабги ц1ик1к1ине ккола маргьаялъ гьабураб асар. Раг1ун абизе ц1алдохъабазе бокьараб жоялда т1асан асар гьабуледухъ гара-ч1вари г1уц1ани, ц1акъго лъик1аб бу­го. Пажаибаб маргьа бугони, гьикъизе бегьила:

  • Кина-кинал г1ажаибал ишал рехсон ругел?

  • Кинал героял нужеца лъик1аллъун тарал»?

  • Кинал квешаллъун рик1к1арал?

  • Бищун нужее бокьараб лъугьа-бахъин кинаб ккараб? Гьел суалазе бит1араб жаваб кьеялъ бихьизабула лъималазда асаралъул х1асил бич1ч1ун бук1ин. Щай нужее пуланав герой вокьарав яги рихарав, щай пуланаб лъугьа-бахъин нужеда берцин бихьарабан гъварилъуде раккизе ккеларо гьеб къокъаб гара-ч1вариялда; тексталда т1ад х1алт1улаго, анализ гьабулаго, гьеб рахъалде к1вар кьезе бугелъул, къокъабго бах1сги лъуг1изе тун, тексталда т1ад х1алт1ила.

Щибаб маргьаялъул хаслъиялде балагьун, гьелъул тексталда т1ад гьарулел х1алт1абиги бат1и-бат1иял рук1уна, амма хисич1ого хут1ула гьел киналго тадбиразул мурад – асаралъул идея рагьизе, гьелда гъорлъе раккизе, квешлъи ва лъик1лъи бат1а гьа­бизе, гьезие бит1араб къимат кьезе ц1алдохъаби куцай. Нилъер мурад буго киналго ц1алдохъабаз маргьа, гьелъул к1вар бугел бак1ал чанго нухалъ ц1али, гьелдалъун ц1алуе бажари цебет1езаби.

Цин раг1араб ва ц1алараб текст ц1идасан ц1ализе лъималазе бокьуларо. Ц1алдеч1ого ц1алул пагьмуги бач1унаро. Гьединлъидал учителас кьола бат1и-бит1иял т1адкъаял. Гьел т1уралаго, ц1алдохъабаз т1ад-т1ад руссун ц1ализе ккола цого текст. Гьезда лъаларо жалго гьедин ц1алдезе т1амулел рук1ин. Масала, «Ганч1ил вас» малъулелъул лъималазда т1адкъала: Тимурихъе вачинег1ан, гьит1инав вехьасулги Г1убайдулалги дандч1вай ккараб куцалъул, гьезул гара-ч1вари мух1канго цебеч1езабун, бицине х1адурлъизе.

Хадуб ц1алдохъаби т1амула к1иабилеб, лъабабилеб, ункъабилеб, щуабилеб абзац ц1алун, гьадинал суалазе жаваб х1адуризе:

- Лъаг1алил щиб заман гьеб бук1араб?

- Лъеда хадур к1уди-к1удиял караванал рит1иялъе г1илла щиб?

- Лъим гьеч1еб авлахъалда рещт1ен гьабиялъ кинав чилъун Тимур вихьизавулев?

- Дагъистаналъул халкъ муг1рузде щай араб?

- «Дагъистаналъул нухал зах1матал ва х1инкъи бугел ругин» абурал тушбабазул раг1абаз щиб бихьизабулеб?

- Тимурил ццин бахъиналъе аслияб г1илла щиб?

Гьебго къаг1идаялъ ц1ализабила Г1убайдулал ва Тимурил гара-ч1вари, Тимурилги васасулги гаргар, ва щибаб нухалъ т1адкъала гьезул (героязул) г1амал-хасият рагьулел раг1абазда т1адч1ей гьабизе. Гьедин тексталда гъорлъе раккун хадуб, анализалде рач1ине зах1малъиларо.

Босани «Лъабго гьунар гьабурав бах1арчи». Гьениб тексталда т1ад гьаризе бегьула гьадинал х1алт1аби (хал гьабе хадур лъурал мисалиял дарсазде).

  1. Х1асилалда т1асан къокъаб гара-ч1вари.

  2. Хасал т1адкъаял кьун, т1асабищараб ц1али г1уц1ила (4, 5, 6 абзац).

  3. Г1ажаибал ишазул бицунел предложениял ратизе ва ц1ализе. Гьелъие рехсезазин цо мисал: «Хабар гьеч1ого, пархиялда боржун бач1ун, лъабго микки рещт1анила ахикь. Хъващт1ан рахъун т1аса макказул ц1акалгун, лъабго суратг1адай яс лъугьанила», яги «Анила микказ тах гьаваялде босун» ва гь. ц.

«Х1амаги бац1ги» малъулелъул, тексталда т1ад гьаризе бе­гьула гьадинал х1алт1аби:

  1. Т1ехьалдеги ралагьун (текстги ц1алун), квана-гьекъон Х1ама бук1араб бак1алъул сурат цебеч1езабизе т1ами.

  1. Х1амил сурат бахъи (бицун).

  1. Тохлъукье Бац1 т1аде ккеялъ Х1амие гьабураб асар батизе ва ц1ализе т1ами.

  2. Диафильмаялъул кадраби х1исабалда маргьаялъул аслиял лъугьа-бахъинал жанире рачунеб щуго сурат цебеч1езабизе ва бицине т1адкъай.

5. Ролазде бикьун, ц1ализаби.

Анлъабилеб классалда «Ралъдал чу» малъулелъулги, гьадинал х1алт1аби т1уразе бегьула:

1. Т1асарищарал кескал ц1ализарила гьадинал т1адкъаялгун:

а) гъалат1 биччач1ого, берцинго, раг1ун къиматалъе ц1ализе х1адурлъе;

б) щибаб кесекалъе бет1ер ургъе;

в) цоцазе кьезе суалал х1адуре.

Ц1ализе т1асарищарал кескал рихьизарун руго мисалиял дарсазул конспекталда (хал гьабе цадахълъелалде).

2.«Кьурулъ хут1арав Г1али» абураб кеч1алдаги «Ралъдал чуялдаги» рихьизарурал вацал данде кквезе, гьезул хасал ва г1аммал рахъал ратизе.

3. Гипербола батизе т1адкъала. (Гипербола бугел кескал рихьизарила ва, гьелги ц1алун ратизе т1амила. Гьай-гьай, тексталда т1ад гьабулеб х1алт1и бараб буго дарсил ч1ванкъот1араб мурадалда.

«Ралъдал чу» малъиялъул мурадлъун рихьизаризе бегьула гьадинал масъалаби:

1. К1алзул асаразул аслиял формабазул х1акъалъулъ баян кьей. Маргьаялда жаниб гипербола (ц1акъго понц1он бихьизаби) бати.

2. Маргьаялъул аслиял кескал пасих1го ц1ализе ругьун гьари.

3. Г1адатаб анализалъул кумекалдалъун лъималазул г1акълу ц1убазаби.

Гьел масъалаби т1уразариялде руссарал руго рехсарал т1адкъаялги.

1. «Къайицадахъал» малъиялъул мурадги лъабго бут1аялдасан данде гьабун буго:

1. Маргьабазул тайпаби такрар гьари (литературияб лъайкьеялъул суал);

2.Гъалат1 биччач1ого ц1али камиллъизаби (ругьунлъи ва бажари борхизабиялда хурхараб).

3.Гьудуллъиялъул тушман гьересиги рек1к1ги бук1ин жалго ц1алдохъабаз ч1езаби (г1акълу ц1убазабиялъул рахъалъ).

Гьеб лъабабго рахъ цолъараб (лъайгун тарбия кьеялъул ва г1акълу бег1ериялъул) мурад т1убазабиялде руссарал рук1ине ккола тексталда т1ад гьарулелщинал х1алт1абиги. Масала, мисалияб дарсида т1орит1изе х1исабалде росун руго гьал тадбирал:

  1. Маргьаялъе хасиятал рахъал ратизе.

  2. Гъалат1 биччач1ого, ц1али г1уц1изе.

3. Кицабазул кумекалдалъун маргьаялъул идея рагьи. Гье­лъие кицаби:

Гьудуллъиялъул тушман – гьересиги рек1к1ги.

Дунилан абуге, нилъилан абе.

Воре дуца дурго к1алдиб к1иг1аркьелаб мац1 хьихьуге. Дур чехь бугеб бак1алда чияр мугъ бук1унареб. Вацлъиялъул тушман—божуда рек1к1. Бикъарав г1орц1иларо, вац1ц1адав вакъиларо. Жинилъун вук1инч1ого, хъухъадиролъун вук1а.

4. Сценаялъе маргьа къач1ай.

Рехсарал гурелги, учителасда ратизе бегьула цебелъураб му­рад дагьабги лъик1 т1убазабизе санаг1атал т1адкъаял ва гьаризесел х1алт1аби. Щивав учителасул бажариялдаги гьунаралдаги бараб буго тексталда т1ад гьаризе гьес планалде росулел тадбиралги. Амма хисич1ого хут1изе ккола ва кьурич1ого т1убазабизе т1адаб буго лъайгун тарбия кьеялъул суал, г1акълу лъаялъул ва бажариялъул ц1ияб х1ок1иде ц1алдохъан вахинавиялъул рахъ. Щалдохъанасул кинаб рахъ цебет1езабизе малъулеб асаралъул санаг1алъи ц1ик1к1ун батаниги, гьеб рахъалде буссараб бук1ина дарсил мурадги, тексталда т1ад гьарулел х1алт1абиги. Масала, тексталъул санаг1алъи буго пасих1го ц1али г1уц1изе. Гьеб асар малъулеб дарсида ц1ик1к1ун к1вар кьела лъималазул пасих1го ц1али дурус гьабиялде. Гаргар г1емераб текст бугони, ролазде бикьун ц1али г1уц1ич1ого кинха телеб? Берцинаб мац1алъул гьит1инаб асар бугони, тексталде г1агараб г1ат1идаб х1асил бицине т1амила. Гьеб к1алзулаб изложение т1обит1иялъ лъимал пасих1аб каламалде ругьун гьарула. Палх1асил, цоцазда релълъарал маргьаби рук1унарел г1адин, щибалда т1ад гьабулеб х1алт1иги бат1и-бит1ияб бук1уна. Масала:

  1. Х1асилалда т1асан суалал х1адури (5 классалда).

  2. Логикиял суалал ургъизе т1адкъай (6, 7 классалда).

  3. Х1асил бицине х1адурлъи (г1ат1идгоги къокъгоги).

  4. Сурат бахъизе т1ами (бицунги хъванги).

5.Сценаялъе текст къач1ай (лъугьа-бахъиназул ц1ураб ва гаргар г1емераб асар).

6.Диафильмаби г1уц1изе т1ами (бицунги хъванги).

7. Пасих1го ц1ализе х1адурлъи.

  1. Баян кьовул ц1али (ц1алулаго сипатиял раг1абазул маг1наги к1варги рагьи).

  2. Бат1и-бат1иял т1адкъаялгун т1асарищарал кескал ц1али.

  3. Ролазде бикьун ц1али.

11.Художествияб къаг1идаялъ маргьа яги цо бут1а бицине.
12. Текст искусствоялъул цогидал формабазда дандекквей.

  1. План г1уц1и.

  2. Маг1на бугел бут1абазде текст бикьи ва щибаб кесекалъе бет1ер ургъи ва гь. ц.

Методикаялъул хулжахъ ругел г1емерал х1алт1абаздасан кинал т1аса рищилеяли лъач1ого учитель хут1уларо, щибаб асар малъиялъул мурад мух1кан гьабуни, гьеб т1убазабизе художе­ствияб каламалъул ругел ресазде балагьани. Х1атта цого классалдаги, классалдаса классалдеги цого тайпаялъул х1алт1абиги т1адкъаялги такрарлъизе бегьула, амма цебеккун т1обит1аралдаса хадусеб х1алт1и гъварилъиялъул ва г1ат1илъиялъул рахъалъ бат1ияб бук1уна. Лъималазул бажариги гьунарги ц1ик1к1анаг1ан, г1акълу-лъай щванаг1ан, гьездаса т1алаб гьабула ц1ия-ц1ияб гъварилъуде ракки. Масала, программаялъ т1алаб гьабулеб буго цин бит1ун, чвахун ц1ализе лъай, хадуб рек1ехъе лъазарурал куч1дул, харбазул кескал пасих1го ц1ализе, цин­ги киналго малъулел куч1дул, г1емер к1удиял гьеч1ел харбал,. т1адег1анал классазде щвейгун, драмаялъул асаралги пасих1го ц1ализе бажари бук1инабизе. Гьеб масъала т1убан хадуб, киналго жанразул асарал пасих1го ц1ализе лъазе ккола. Гьединаб къаг1идаялъ пасих1го ц1алиялда цере лъолел т1алабал г1ат1илъулел, ц1ик1к1унел рук1уна киналго жанразул малъаралги малъич1елги асарал пасих1го ц1ализе ц1алдохъабазухъа бажаризег1ан. Гьединалго т1алабал т1уразе ккола цогидал рехсарал ругьунлъиялъул тадбиразги. Босизин план г1уц1и. Цин г1адатаб план бахъи­зе ругьун гьарула, хадуб жубараб планалде рач1уна.

Тексталда т1ад х1алт1изарун, учителас лъимал х1адурула асаралъул г1аммаб анализ гьабизе. Щибаб лъугьа-бахъин ккеялъе г1иллаги, аслиял героязда г1амал хасиятги, гьезул ишалги, къасдалги лъан хадуб, гьеб асаралъул к1варги ва обществияб цебет1еялъулъ гьелъ кколеб бак1ги батизе ц1алдохъабазе зах1малъуларо. Маргьаги халкъго бет1ергьанаб асар бугелъул, гьелдалъун щиб г1акълу умумуз нилъее кьолеб бугебали баян гьаби­ялде рачуна учителас жиндирго ц1алдохъаби.


I.4. Маргьаби малъулелъул, жалго жидедаго ч1ун, ц1алдохъабаз гьарулел х1алт1аби

Жалго жидедаго ч1ун, лъай босизе лъимал ругьун гьари буго программаялъул аслиял т1алабазул цояб. Ахиркъадги г1олилал х1ажаталлъун ккола, щвараб лъаялде г1ей гьабич1ого, жидерго г1елмияб ва культурияб даража борхизабизе. Гьелде ц1алдохъаби х1адурлъун рук1ине кколелъул, г1одоса т1адего гьел, жалго жидедаго ч1ун, х1алт1изе ругьун гьариялъул к1удияб к1вар буго. Литератураялъул дарсидаги т1убазабула лъайгун тарбия кьеялъул ва г1акълу цебет1езабиялъул аслияб масъала. Гьеб иш бергьенлъиялда г1умруялде бахъинабиялъулъ мустах1икъаб бак1 ккола лъимал, жалго жидедаго ч1ун, лъай босизе ругьун гьариялъ. Жидерго жигаралдалъун щвараб лъай бук1уна гъваридаб, щулияб, ва ахирги гьеб сверула живго бет1ергьанаб кьуч1аб пикруялде. Жидецаго, лъималаз цин цебе маргьаялъул, хадуб литера­турияб асаралъул гъварилъуде нух бахъулеб бугони, гьелъ квербакъула творческияб нухде лъугьине, гьединго гьеб ккола ц1алдохъанасул г1акълу цебет1олеб бук1иналъе х1ужжалъун.

Литературияб курсалъул авалалдаго гьедин жидецаго къимат кьезе лъимал ругьун гьариялъе санаг1ат ц1ик1к1араб материаллъун руго маргьаби: гьениб ч1ег1ерабги хъах1абги ч1ах1аго, гвангъарал образаздалъун бихьизабун бук1уна. Щуабилеб классалъул ц1алдохъабазда бач1инахъего т1аде бегизабизе бегьуларо баччизе к1олареб гьир: щибаб дарсида цо-цо, к1и-к1и жидецаго т1убазе к1олеб х1алт1иги т1адкъан, асаралъул цо-цо рахъазул анализ гьабизе т1амила, хадуб дагь-дагьккун ц1ик1к1инабила жи­децаго т1убазе кколеб х1алт1ул къадар, ахир, школа лъуг1улеб мехалде, лъималазухъа бажаризе ккола, кинабго рахъалъ гъорлъе раккун, жидецаго ц1алараб литературияб асаралъул анализ гьабизе, гьелъие бит1араб къимат кьезе.

Маргьа малъулелъул, гьелъул анализ гьабулелъул, жалго жи­дедаго ч1ун, ц1алдохъабаз бат1и-бат1иял т1адкъаял т1уразе бе­гьула. Масала, героязул г1амал-хасият рагьизелъун, маргьаялъул мац1алда (пасих1ал раг1абазда) т1ад ургъизе т1амиялдаса байбихьун, т1олабго асаралъул идеябгун-художествиял хаслъаби ратизе т1адкъаялде г1унт1ун, г1емер жидецаго т1уразе мустах1икъал х1алт1аби. Гьел киналго рикьизе бегьула к1иго бат1ияб т1елалде:

1.Малъараб, бицараб материал рак1алде щвезариялде руссарал х1алт1аби.

2.Творческиял х1алт1аби.

Т1осебесеб тайпаялъул х1алт1абазда гъорлъе уна х1асил бицин, ц1алараб жо рак1алде щвезаби, учителас бицараб жо такрар гьаби. К1иабилеб тайпаялда гъорлъе уна героязул г1амал-хасият, гьезул ишал, абурал раг1аби, лъугьа-бахъинал дандеккун, г1аммаб х1асил гьаби, г1аммал ва хасал рахъал рати, жидецаго асаралъул анализ ва х1асилал гьари, героязе, гьезул ишазе, т1олабго маргьаялъе къимат кьей.

Хал гьабизин классалда программиял асарал малъулелъул, жидедаго ч1ун, ч1ванкъот1ун лъималаз гьаризе бегьулел х1алт1абазухъ.

Г1убайдулалги гьит1инав вехьасулги ккараб дандч1вай якъинго цебеч1езабизе т1адкъала («Ганч1ил вас»). Гьеб буго т1оцебесеб т1елалдаса к1иабилелде кьо лъураб, г1езег1ан зах1матаб (5 классалъе) творческияб х1алт1и. Гьединал х1алт1аби бач1инахъего щуабилеб классалъул ц1алдохъабазе зах1малъизе ругелъул, ккарал лъугьа-бахъинал цереч1езаризе, учителас кумек гьабила, гьадинаб байбихьиги кьун: «Рахъ-рахъалде ралагьун рач1унел рук1ана Г1убайдулал рагъухъаби. Циндаго къапилаялъул бет1ер лъалхъана:

— Ле, аскариял, доле доб маг1арда вихьула дагьалго чахъабазда цеве цо гьит1инав вехь, (ц1алги бит1ун, вихьизавула) гьадасда лъазе ккола лъим бугеб бак1. Жея, ккун вачун, дида цевеч1езаве гьадав»...

Тимурихъе вачиналде ирга щвезег1ан, ккарабщинаб жо бицине т1амила. Гьебго дарсида рокъобе кьезе бегьула Тимурилги васасулги дандч1вай пасих1го ц1ализе лъазабизе. Цересел классаздаго пасих1го ц1алиялъулгун лъай-хъвай ккун бугелъул, лъималазда гьеб т1адкъай т1убазе к1ола. К1веларин ккани, гьеб кесекги ц1алун, живго учителас бихьизабила гьадин ц1ализе лъазабеян. Гьеб­го темаялъул хадусеб дарсида, текстги ц1алун, план г1уц1изе ва гьелда рекъон х1асил бицине х1адурдлъизе т1амиги учителасул кумек х1ажатаб х1алт1и буго. Гьелдаго хадуб «Тимурица васасда гьикъанила» абураб бак1алдаса лъуг1изег1ан текст пасих1го ц1ализе лъимал жалго х1адурлъула.

Гьелъ т1убала к1иго мурад:

а) лъималазул ц1алуе бажари борхизаби;

б) текст ц1алулаго, гьаракь-бакъаналдалъунги, х1алуцун-чучлъиялдалъунги, героязул хасият-г1амал баянлъуледухъ х1асил кьун бажари. Рокъоб ц1алдохъабаз ургъула, маргьаялъул маг1на тартибалда кьолеб 4-6 диафильмаялъулаб сурат. Гьебги творческияб рахъ ц1ик1к1араб т1адкъай буго. Гвангъун цебеч1ун, лъималазда лъазе ккола асаралъул х1асил. Гьелда т1аде жубала творческияб рахъ: киналго лъугьа-бахъиназда гьоркьоса бищун к1вар бугелъул 4-6 сурат т1аса бищи ва къокъго гьезул, бицин.

«Лъабго гьунар гьабурав бах1арчи» малъулелъул, лъималаз жидеего текст ц1алула, г1ажаибал ишал ратула ва къокъго гьезул бицине х1адурлъула. Кьураб планалда рекъон х1асил бицине х1адурлъизе т1адкъала. Гьел х1алт1абиги руго ц1алдохъаби лъик1го ургъизе кколел, г1ураб зах1малъиялъул.

Т1ехьалдеги ралагьун, ц1алдохъаби Х1ама квана-гьекъон бук1араб бак1алъул сурат бахъизе (бицун) ва маргьаялъул сцена­рия г1уц1изе т1амизе бегьула. Гьеб творческияб х1алт1и т1убалагог лъимал ругьунлъула художествияб калам киноялде г1aгap гьабизе, театралъул мац1алде бачун, раг1абазда нахъа ч1агояб сурат (образ) бихьизе: г1урччинаб байдан, аск1осан чвахулеб чабхил лъар гьелъул раг1алч1ван маг1арде щвезег1ан гьорохъе хъудулеб рохь, гьеб байданалда кваналеб Х1амаги. Гьелдаса хадур кколелщинал лъугьа-бахъиназул суратал ургъула. Гьединаб куцалъ ц1алдохъаби куцала г1иц1аб раг1ул текст ч1аго гьабизе, сипатиял раг1абаз г1уц1араб образ гвангъун цебеч1езабизе.

«Къайицадахъазда» т1ад х1алт1улеб мехалъ, лъимал т1амизе бегьула, гъалат1 биччач1ого, чвахун, къиматалъе текст ц1ализе ва маргьаялъе хасиятал рахъалги ратун, гьезул бицине х1адурлъизе. Гьелъ квербакъула литературияб теория щулаго лъаялъе ва ц1алуе пагьму бач1иналъе. Жалго жидедаго ч1ун, ц1алдохъабаз гьабураб х1алт1и борцинч1ого чара гьеч1о, киназухъанго бажарун бугищали хал гьабич1ого ва къимат кьеч1ого цох1ониги х1алт1и тезе бегьуларо, гурони ц1алдохъабазда ккола жал ч1алг1аде х1алт1изе т1амунилан. Гьелъ рачуна лъималазулъ гъира-шавкъ свиналде, т1аса-масаго т1адкъай т1убан ч1еялде. Учителас кьолеб къиматалдалъун ц1алдохъабазда лъазе ккола гьез жидерго къуваталдалъун лъаялъул цойги иргадулаб борхалъи босараблъи, нахъа хут1ич1ого, киналго ц1араб манзилалъ церехун араллъи. Гьединаб мух1канаб х1исаб гьабулеб гьеч1они, цо-к1иго нухалъ х1алт1аниги, хадубккун г1емерисел лъималаз т1адкъаял т1аса-масаго т1урала, ц1алулъ хашаз, квер хьваг1ун, щибго гьабич1ого тола.

Ц1алдохъабаз жидецаго гьаризесел х1алт1абазул цойги чанго мисал рехсезин. Лъугьа-бахъиназул тартиб ч1езабизе т1адкъан, Церги Бакьучги» жидеего ц1ализе т1амила, гьеб тартиб план х1исабалда тетрадазда хъвала. Лъугьине ккола гьадинаб план:

  1. Мохмох бати.

  2. Цараца мохмох кванай.

  3. Бакьучил ццинбахъин.

  4. Царал х1елх1еди.

  5. Гьанал кесек бати.

  6. Цараца гьебги кванай.

  7. Цараца Бакьучил чохьонибе—т1ат1уде нухбахъи.

  8. Бакьуч Царада хадуб лъугьин.

  9. Цер кьурул раг1алде бекери.

10. Бакьуч гъоркье рехи.

Чанго х1алт1ул хал гьабула, т1аде жубала, т1аса бахъула, ахиралде киназулго гьелда релълъараб план лъугьуна. Гьелда рекъон х1асил бицине, хадубго анализ т1обит1изе бигьалъула.

«Церги Бакьучги» малъулеб дарсил ахиралда рокъобе кьела «Цилг1ин» ц1алун рач1ине ва, классги к1ийиде бикьун, т1адкъала дояз сахаватал героязул, цогидаз квешазул суратал рахъун росизе. Гьеб т1адкъай кьеялъул к1иго мурад буго: а) жалго жидедаго ч1ун, маргьаялъул х1асил босизе ругьун гьари ва, цо саг1тил дарсие текст к1удияб бугелъул, гьелда т1ад х1алт1изеги анализалъеги заман tIokI гьаби; б) художествияб раг1и суратал рахъиялъул искусствоялде г1aгap гьабизе лъимал куцай, ай каламалъулъ загьирлъулел героязул сипат-сурат, жидеда цебеч1олеб куцалъ, ч1аго гьаби. Анализ гьабулеб мехалъ, лъик1 ккарал суратаздаса пайда босизе бегьула. Лъик1ккей берцинлъиялда бараб бук1инаро, героясул аслияб хасият бихьизабизе к1вей х1исабалде босила. Киназго маргьа ц1алун бугелъул, учителас суратал классалда рихьизарила ва кинав героясул сурат гьебали ц1ехела. Щалдохъабазда суратаздасан героял лъаялъ бицуна маргьаялъ гьезул рак1азулъе нух бахъиялъул. Ц1алул бажари борхизабиялъул мурадалда лъималазда т1адкъала аздагьоялъулгун т1оцебесеб дандч1вай, гъалат1 биччач1ого, пасих1го ц1ализе х1адурлъизе.

Гьединаб куцалъ жидеда лъараб жо такрар гьабиялъул, лъай ва бажари ц1ик1к1инабиялъул мурадалда ц1алдохъаби ругьун гьарула жалго жидедаго ч1ун х1алт1изе. Г1адатал, г1акълу камиллъизабиялда хурхарал, творческияб рахъ ц1ик1к1арал ва гь. ц. х1алт1аби т1уразарула лъималаз, гьелъул х1асилалда учителасул нухмалъиялда гъоркь жалго уна лъаялъул ва г1елмуялъул нухдасан церехун. Жалго жидедаго ч1ун х1алт1изе ва лъай босизе лъимал х1адуризе ккола. Цин цебе лъай щулалъизабиялде, бажа­ри ва ругьунлъи камиллъизабиялде руссарал т1адкъаял кьун, х1алт1изарула ц1алдохъаби, гьеб рахъ т1ок1к1араб мехалъ, лъола т1асияб болъоялда х1ет1: рач1уна творческиял х1алт1абазде, гьезул кумекалдалъун пагьму-гьунар куцазе ва г1акълу цебет1езабизе, х1асилалде, г1амлъизабиялде лъимал рачине.

Цо-цо т1адкъаяз т1алаб гьабула гьеб к1иябго тайпаялъул х1алт1аби цадахъго т1урайги. Масала, маргьаялъул цо героясул ц1аралдасан х1асил бицине т1адкъани, гьениб к1иябго рахъ жубан бук1уна. Босизин «Церги Бакьучги». Маргьачияс бицун буго Царалги Бакьучилги «гьудуллъиялъул». Ц1алдохъабазда маргьа­ялъул х1асил лъик1 лъала ва бицине х1адурал руго. Гьеб ккола раг1араб, лъараб жо такрар гьабилъун. Царал яги Бакьучил ц1аралдасан бицине т1амуни, гьениб творческияб рахъ т1аде жуба­ла. Герояз пуланаб иш гьабиялъе, гьезул хьвада-ч1вадиялъе г1илла т1атинабиялда, маргьаялда жаниб сипат-сурат г1уц1иялъул, ишазулаб тартиб баян гьабиялда хурхарал суалазе жавабал xlaдуризе т1адкъани, гьенибги творческияб рахъ ц1ик1к1уна. Гьединал т1адкъаяз лъимал ругьун гьарула лъугьа-бахъинал, геро­язул ишал, гьезул образал ва гь. ц. дандекъан хал гьабизе, гьоркьоблъабазул г1илла-мурадияб рахъ батизе, асаралъул цо-цо рахъазулул, бут1абазул анализ ва х1асил гьабизе. Анализ гьабулел къаг1идаби ва теориялъул баянал лъанаг1ан творческиял т1адкъаялги ц1ик1к1уна, жидецаго ургъун, маргьаби хъваялде г1унт1ун, гьел т1уразариялъул зах1малъиги борхула.

Дарсида малъулеб маргьаялъул бат1и-бат1ияб рахъалъул анализ гьабулелъул, учителас рекъезабун цадахъ бачуна учителас баян кьейги, жалго жидедаго ч1ун, лъималаз гьабулеб х1алт1иги гьединго т1уразарула рак1алде щвезариялъул ва творческиял т1адкъаял. Маргьаби ва хадуб литературиял асарал малъулелъул х1исабалде босизе ккола дарсидаса дарсиде, классалдаса классалде лъималазе кьолел т1адкъаял дагь-дагьккун зах1малъизарулеллъи. Учителасда к1очене бегьуларо ц1алул ишалъулъ гьоркьоса къот1ич1ого, дагь-дагьккун зах1малъаби ц1ик1к1инарулел гьеч1они, цого бак1 мерхьунел ц1алдохъаби хут1улеллъи, гьезул лъай-г1акълу ц1убазабизе ругел ресал х1орлъулеллъи, гьелъул х1асилалда г1акълуялъул цебет1ей лъугьунареблъи. Учителасул махщалил бег1ераб рахълъун ккола ц1алулъ ц1ия-ц1иял зах1малъаби къезаризе лъималазул гъира базабулел, ц1ияб шавкъгуи гьел т1аделъулел т1адкъаял гъорлъе ккезарун, жалго жидедаго ч1ун, гьарулел бат1и-бат1иял х1алт1аби т1аса рищун бажари.

Маргьабазда т1ад х1алт1улаго, ц1алдохъабазда лъазе ва гьезухъан бажаризе ккола:

1. Жидецаго суалал ургъизе ва тексталдаса гьезие жавабал ратизе;

2. Бит1ун, чвахун, бич1ч1ун ц1ализе;

3. Ишалде, каламалде балагьун, т1абиг1аталдехун, г1адамаздехун бугеб бербалагьиялдалъун ва гьоркьоблъиялдалъун героя­сул г1амал-хасият рагьизе, гьесие бит1араб къимат кьезе;

4.Лъугьа-бахъиназул тартиб ч1езабизе;

5.Кицабазул маг1на маргьабазул х1асилалда бухьинабизе;

6.Маг1наял бут1абазде маргьа бикьизе, къокъаб план г1уц1изе, гьелда рекъон х1асил бицине;

7.Ц1алулелъул логикияб ударение лъезе, кколеб лъалхъи гьа­бизе;

8.Маргьаялъул мац1алъул хаслъаби ратизе (ишалъул лъабц1уллъи, кидагосел эпитетал, цогояб байбихьи, ахир лъик1аб кьей);

9.Къеркьеялъулъ героясул гуч-гьунар ц1ик1к1араб куцалъул бицине;

10.Хасал ц1арал лъида лъун ругел? Гьел лъеялъе г1илла ба­ян гьабизе;

11.Кинал героязда хасал ц1арал гьеч1ел. Гьелъие г1илла лъазе;

12.Маргьабалъ халкъалъ щив к1одо гьавулев? Гьелъие г1илла;

13.Ролазде бикьун пасих1го ц1ализе;

14.Ц1алараб кесекалъул сурат бахъизе (бицун) ва гь. ц. Гьай-гьай, цо маргьа малъулаго, киналго гьел суалал щвалде щун рагьизе х1ал к1оларо. Асар малъиялъул мурадалде балагьун, гьезул цоцоязда гъваридго т1адч1ей гьабула, цоцоязда хъат1ич1ого хут1изе бегьула. Босани цониги хасаб ц1ар гьеч1еб маргьа, гьениб хасаб ц1ар гьеч1олъиялъе г1илла баян гьабун тела, г1амал ц1аразул бицинаро яги г1амалал ц1арал хасаллъун х1алт1изариялъе мисал бачина. Гьединаблъун ккола «Цилг1ин» абулеб маргьаялда живго Цилг1ин, Гъут1бирачч, Нурбика, Г1анк1илав ва цогидалги. Узухъда, гьединал ц1аразул маг1на рагьизе ккела. Рехсараб лъайги бажариги лъималазе щвезе ккани, учителас кидагосеб к1вар кьеч1ого г1оларо жалго жидедаго ч1ун, ц1алдохъаби х1алт1изариялде. Гьеб буго программияб т1алабги, т1убач1ого рес гьеч1еб.

I.5. Маргьабазул анализ

Цебехун рехсараб тартибалда г1ураб къадаралда маргьаялда т1ад х1алт1ун хадуб, рач1уна анализалде.

Лъай гъварид гьабиялъул, пикру бег1ериялъул, г1акълу цебет1езабиялъул аслияб алатлъун анализ кколелъул, учителас жигар бахъула т1адег1анаб даражаялда гьеб т1обит1изе. Гьелде живгоги лъик1 х1адурлъула, лъималги х1адурула.

Щайха анализ къвариг1араб? Щибаб художествияб асаралъул берда цере рехун рихьулел лъугьа-бахъинал гурелги, авторасул аслияб мурад жаниб лъураб нахъарукъги бук1уна. Нилъеца ц1алдохъаби ругьун гьаризе ккола гьеб нахъарокъобе нуц1а рагьизе, тексталда гъоркь бахчараб гъваридаб маг1на бич1ч1изе. Гьелде нух рагьулеб к1уллъун ккола анализ. Гьединлъидал г1адатабниги анализ гьабич1ого, асаралъул хазинаялде т1алъел рагьизе к1оларо, Ц1алдохъабазда лъазе ккола сунца героял пуланаб иш гьабизе т1амуралали, гьезда гьоркьоб тунка-г1уси ккеялъе, рек1ел рах1ат хвеялъе г1илла, г1амал-хасияталъул аслиял рахъал, худо­жествияб каламалъул хаслъаби, герояздехун, гьезул ишаздехун, гьез г1умру гьабулеб заманалдехун ва обществиял гьоркьорлъабаздехун авторасул бугеб бербалагьи. Гьелъул кьуч1алда жалго лъималазулъ лъугьине ккола авторасдехун, гьесул герояздехун, ва т1олабго асаралдехун жидерго хасаб бербалагьи ва гьезда лъала халкъалъул адабияталда жаниб пуланав раг1ул устарасул асараз кколеб бак1 ва гьезул к1вар. Гьелдалъун жалго ц1алдохъабазул рух1ияб дуниял г1ат1илъула, г1амал-хасият лъадарула, г1умруялъул х1албихьи ц1ик1к1уна, г1акълу ц1убала.

Маргьаялъул тексталда т1ад х1алт1улелъулги, жалго жиде­даго ч1ун, т1адкъаял т1уралелъулги учителасе жавабал кьолелъулги, лъималаз асаралъул хасал рахъазул анализ гьабула. Анализлъун бук1уна тексталъул раг1абаздалъун жаваб кьезе бажаруларел суалазда т1ад ургъи, дандекквеял гьари, гьезул кьуч1алда, г1иси-бикъинал рук1аниги, х1асилазде рач1ин, г1илла-мурадиял гьоркьорлъаби рати, гьезие баян кьей г1адинал г1емерал хасал рахъазда гъорлъе ракки. Гьеб кинабго ккола г1аммаб ана­лизалде рач1ине х1адурлъилъун. Гьаниб т1адч1ей гьабизин г1аммаб анализ гьабулеб куцалда.

Асаралъул жанралде, маг1наялде, г1уц1иялде балагьун, дарсида цебе лъураб мурадги кьоч1ое босун, анализ гьабулеб къаг1идаги бат1и-бат1ияб бук1уна:

1. Гара-ч1вариялъул формаялда анализ гьаби;

2. Анализ х1исабалда х1асил бицине т1ами;

3. Анализ х1исабалда пасих1го ц1али;

4. Тексталъе баян кьей;

5. Искусствоялъул цогидаб формаялда дандекквей, хасал ваг1аммал рахъал рати.

Ункъабилеб классалда малъулел маргьабазул къокъаб, г1адатаб анализалдаса байбихьула литературиял асаразда жанире раккизе. Гьелдаса лъималазе щола авалияб х1албихьи. Маргьа бутелъул анализалде байбихьизе бищунго санаг1атаб асар, гьеб малъулелъул, учителас кьуч1 лъола т1адехун рехсарал къаг1идабазул цоялда тексталъул анализ гьабизе. Маргьабазул героязул гвангъарал образал рук1уна, рагьун цере лъурал, баянал: квешав – малъкъосун квешав, лъик1ав – г1орхъулъа ун сахаватав, гьединаллъун рач1уна цере ва ахиралде щвезег1анги гьезул г1амал-хасият хисуларо. Ц1алдохъаби ургъизе кколаро щай лъик1ав чи квешлъарав, ва квешав лъик1лъиялъе сабаб щиб абурал суалаз­да т1ад. Гьезда лъала лъабго вацасда яги яцалда гьоркьоб бищунго ц1одорал, гьунар т1ок1ал, рак1бац1ц1адал гьит1инал рук1унеллъи. Маргьаялда жаниб кинабго бикьа-къот1ун, жинди-жиндир бак1алда бук1уна. Гьединлъидал гьанжего гьанже анализалъе ругьунлъулел лъималазе зах1малъуларо квешалда квешабан, лъик1алда лъик1абин абизе. Х1албихьи щванаг1ан анализалъулаб х1алт1и г1ат1илъула ва гъварилъула. Маргьабазул анализ гьабизе ругьунлъулаго, лъимал х1адурлъула литературиял асаразул хисардулеб г1амал-хасияталъул образазда т1ад х1алт1изе.

«Ганч1ил вас» 5 классалда литературияб курс рагьулеб т1оцебесеб асар бугелъул, тексталда т1ад х1алт1иялда цадахъго ха­сал рахъазда лъик1го т1адч1ейги гьабун, г1аммаб анализ къокъго т1обит1ила. Масала, «Коммунистаздаса сурав боси» абураб суратги цебе бан, Тимурицаги Г1убайдулацаги гьит1инав вехьасдаса сурав боси дандекквезе, гьезул г1аммал рахъал ратизе т1амила

Тушбабазда бан бугеб ццидал гъаргъарги, коммунистазулги васасулги сабурлъиги, г1одоре риччайги, таваккалги ц1алдохъабазе загьирлъани, гьеб лъик1аб анализ буго ва гьелдаса хадуб кьезе бегьула гьадинал суалал:

- Васасул бах1арчилъиялъул бицун, халкъияб маргьаялъ сунде нилъ ах1улел ругел?

- Щиб гьелъ нилъеда малъулеб бугеб?

- Дагъистаналъул халкъалъ Ват1аналде бугеб жидерго кутакаб рокьи цойги кида бихьизабураб?

Гьел суалазда т1асан ккараб гара-ч1вариялъулаб анализ гleла байбихьиялъе.

«Лъабго гьунар гьабурав бах1арчи» малъиялъул мурад буго:

  1. Г1ажаибал ишазул х1акъалъулъ маргьабазе баян кьей.

  2. Маргьаялъул г1уц1иялъул хаслъаби (лъабц1уллъи, релълъараб авал, кидаго рит1ухълъи бергьин, т1екълъи къезаби).

  3. Маргьаялъул аслиял бут1аби къокъго рицине ругьун гьари.

  4. Ханзабазул, багьадурасул, г1ажаибал ясазул хасият-г1ама-лалъул анализ гьабулаго, ц1алдохъабазул г1акълу ц1убазаби.

Мурадлъун босараб гьеб ункъабго масъала т1убазе санаг1атаб форма буго гара-ч1вари. Гьанибги анализалъе лъимал ругьун гьариялъулги гьезул г1акълу ц1убазабиялъулги х1алт1и цадахъ бачине кколелъул, дагьаб г1ат1идго хал гьабизин гара-ч1вари ине кколеб куцалъул:

  • Т1оцевесев ханас — васазул инсуца — ханлъи гьабугеян, т1олабго бечелъи жиндирго хоб къач1аялъе харж гьабийилан васигат тана. Гьубарабищ васаз гьеб?

  • Кинха гьесул лъималаз (к1иявго васас) бет1ербахъи гьабизе кколеб?

  • Гьезул маг1ишат ва бет1ербахъи лъилалда релълъине бокьун инсуца гьезие ирсалъе жо теч1еб?

  • Гьанже васазул къадру-къимат сунда бараб бугеб?

  • К1иабилев ханас бащадаб, лъабабилес т1олабго улка-ракь багьадурасе кьолеб буго. Х1акъикъиял ханзабаз гьедин гьабулебищ? (Гьез жидерго улка-ракь г1ат1ид гьабизелъун халкъалъул биял т1урал рагъал гьарула). Гьел, маргьабазда рехсарал, киналха кколел? (Лъималазе жаваб кьезе зах1малъани, учителас баян гьабила гьеб суал: г1акъилав, рит1ухъав, бечелъиялда, рецц-ц1аралда хадув лъугьинч1ев, халкъалъул т1алаб-агъазалъе г1оло х1алт1улев, Г1адатал, ц1одорал г1адамазул г1амал-хасияталда вуцарав, г1адилав т1адчи ханлъун гьавулев вуго халкъалъ, гье­сул ясалги мусудузул бук1унеб берцинлъи, ц1одорлъи, х1еренлъи, х1алимлъи, г1адатлъи жиндилъ бугел героял рук1уна).-Лъабабилев ханги гьесул улкаялъул халкъги багьадурасда дандерахъун рач1уна. Гьеб ишалъ хан кинав чилъун вихьизавулев?

- Ясал рихьизе берцинал рук1ин сундалъун ч1езабизе к1олеб?

- Жанисан гьел загьруял рук1ин сундасан бихьулеб?

- Лъие г1оло ва сундухъ багьадурас гьунарал гьарурал? Щай гьев pyxl бичун, къеркьезе жуварав?

- Х1акъикъиял ханзабазул васаз халкъалъе г1оло, pyxl би­чун, х1алт1и гьабулеб бук1арабищ?

- Лъабго гьунар гьабурав бах1арчиясулъ лъил г1амал куцан бугеб? (Жаваб кьезе к1веч1они, живго учителас баян гьабила).

- Щиб кьуниги, кивниги къват1иб ракьалда ч1еч1ого, багьадур нахъ вуссиналъе г1илла щиб?

- Гьаб мисалалдалъун маргьаялъ нилъеда щиб малъулеб бугеб?

Хадубккун маккал-ясаз халкъалъе къварилъи гьабизе бугодай? Кидаллъизег1ан гьал квешлъи гьабич1ого ч1езе ругел? Щай? Гьав лъабго гьунар гьабурав бах1арчиясул руго Ганч1ил васасда релълъарал рахъал. Гьезул хасият-г1амалалъул кинал рахъал гьезул релълъарал ругелали ургъун рихье. (Щалдохъабазухъан бажарич1они, суалазул кумекалдалъунниги, учителас баян кьунниги, гьеб рахъ мух1кан гьабила: Ват1ан хиралъи, халкъалъе г1оло pyxl кьезе х1адурал рук1ин, х1инкъи лъангут1и, бахиллъи-хъант1и гьеч1олъи ва гь. ц.)

Ахираб къокъаб х1асил гьабила учителас ва гьелдалъун лъуг1изе тела гьеб маргьаялда т1ад гьабулеб х1алт1и.

Нилъеца г1ат1идго кьуна гара-ч1вариялдалъун т1обит1улеб гьеб маргьаялъул анализ, цогидал гьеб тайпаялъул асаразулги анализалъе мисаллъун бук1ине. Учителас рехсараб анализ къокъ­го яги г1ат1идго бачине бегьула, xlaттa дагьабги санаг1атаб фор­ма батун, бат1айисан т1обит1ани, т1адеги лъик1 Г1иц1го анализалда цебе лъураб г1акълу лъадариялъул, асаралъул идея жалго лъималаз рагьиялъул масъала т1убаралдаса, т1обит1улеб форма т1аса бищи учителасул творчествоялда бараб буго.

Х1айваназул х1акъалъулъ ругел маргьабазул анализ гьабулелъул, х1исабалде босизе ккола жанаваразул ц1око-т1омалда гъоркь халкъалъ кидаго г1адамал рихьизарун рук1унеллъи. Цо рахъалъ лъимал хадур гъола бат1и-бат1иял жанаваразул хьвада-ч1вадиялда, жинди-жиндие хасиятаб т1абг1алда, гьелдалъун гlaгараб т1абиг1аталъул берцинлъи лъала, рек1ее г1агарлъула; цоги рахъалъ босани, х1айваназул т1абг1 г1адамаздалъун борцине, дандекквезе, релълъен-хъвай батизе, гьелъул кьуч1алда героязе бит1араб къимат кьезе ругьунлъула. Маргьаялъул герояллъун росулел г1адамазе халкъалъ хисич1ого кьолеб цо-цо г1амал бук1уна. Масала: царал—сих1ирлъи, макрулъи; борхьил—мац1ихъанлъи, балъго х1анч1ун, загьру биччалеб хасият; бац1ил—хъант1и, г1анк1ил—х1инкъи, хехлъи; х1амил—х1алт1и, цо-цо нухалъ — г1антлъи ва гь. ц. Царал ц1ар бахъарабго, цеве вач1уна х1илла-макру кодосев чи, борхьил бицарабго,—питначи, мац1ихъан, бац1ил рехсарабго—хъант1арав чй?

Гьединлъидал маргьа байбихьулаго, героязул ц1ар бахъараб­го, г1енеккаразда лъала гьел герояз гьабизе бугеб иш. Босизин «Х1амаги Бац1ги». Байбихьула: «Бук1анила, бук1инч1ила, Х1амаги Бац1ги бук1анила. Лъималазда бач1инахъего лъала Бац1ица Х1ама ч1вазе бук1ин (лъай щваралдаса рокъобги, лъабго класс лъуг1изег1ан, школалдаги раг1ун). Кин ва киб бак1алда гьезул дандч1вай ккелеб, сундалъун гьеб лъуг1илебали лъазе бокьун, ц1алдохъаби г1енеккула, цойги гьезул интерес бижула, гьезул ц1око-т1омалда гъоркь ругел г1адамазул ккезесеб тунка-г1усиялде.

Бац1 (бац1ил г1амалалъул чи) халкъалъ какизе бук1инги цебеккунго баянаб буго лъималазе, гьединлъидал гьелде г1айиб г1унт1изарулел сипатиял раг1аби ратизе, гьездасан х1асил гьабизе кколаро. Гьелъул идея рагьараб буго, гьединлъидал анализалъул к1иго рахъалде к1вар кьуни г1ела. Анализ х1исабалда ролазде бикьун, пасих1го ц1али г1уц1ила. Тексталда т1ад х1алт1улаго, лъималазда асаралъул идея лъик1го бич1ч1ун бугони, гьеб таипаялъул анализги квеш кколаро. Амма литературияб курсалда байбихьаралдаса ц1алдохъабазда гьеб дандч1валелъул, учителас цин цебеккун бихьизабила ц1ализе кколеб куц: гьаркьил гугьар хисизабун, чучлъи-х1алуцин рекъезабун, Х1амилги Бац1илги щибалъул т1абг1 ва лъугьараб х1ал бихьизабун, ц1алила. Масала, Бац1ил рахъалъ бихьизабила: вах1шилъи, хъирхъиди, т1аде-т1аде къалаго, рак1 регьараб лазат, Х1ама кодобе щвеялдаса ч1ух1и, Х1амил «къот1иялдаса» разилъи, чи ворч1иларедухъ гъугъго к1алъай, ццин бахъун, гьаракь борхун, гаргади; хъач1го, гъанкъулеб ццидалъ ах1дей. Х1амил рахъалъ: х1инкъи бихьизабулеб, бабадулеб, сородулеб гьаракь, х1елх1еди, хадуб—кьварун, гьаракь борхун к1алъай, рак1релъун, г1ад гьабун жаваб кьей. Цинги лъималги т1амила гьеб бихьизабураб куцалъ ц1ализе. Гьелдаса хадуб г1аммаб х1асилалде рач1ине ц1алдохъабазе зах1малъуларелъул, жинцаго г1амлъизабич1ого, учителас къокъабго гара-ч1вариялъулаб анализ т1обит1ила:

  • Бац1ил г1амал босарал г1адамазе халкъалъ кинаб къимат кьолеб бугеб?

  • Бац1ги Х1амаги кинаб ц1одораб?

  • Бац1ица Х1ама ц1одораблъун толищ?

  • Сундалъун гьеб бихьулеб?

  • Гукки кинаб г1амаллъун рик1к1унеб?

  • Маргьаялъ нилъеда щиб малъулеб бугеб?

  • Маргьадалъ кинал бергьарал?

  • Щай халкъалъ Х1ама бергьине гьабураб?

Х1амил т1омалда гъоркь к1вах1 гьеч1ев х1алт1ухъан вугин, Бац1 чияр би ц1ц1ун ругьунав бечедав т1адчи (хан) вугин, зах1матчи бергьин анищ-мурад бук1анин, гьедин ккезеги кканила лъималаз х1асил гьабуни, мурад т1убараб буго. Гьединаб г1ат1идаб г1амлъиялде ц1алдохъаби рачин буго х1асилалъулаб анализалъул аслияб мурадги. Гьелде рачинч1ого лъимал тани, хадубккун цогидал асаразул героязул хасият-г1амал дандеккун, бат1и-бат1иял хъвадарухъабазул творчествоялъул кьуч1алда литератураялъул цебет1ейги гьелъул к1варги рагьун, обществиял гьоркьор-лъабазе, тарихиял лъугьа-бахъиназе бит1араб къимат кьеялде рач1ине ц1алдохъабазда к1оларо.

Анлъабилеб классалда г1ажаибал маргьабаздаса «Ралъдал чу» малъулелъул, анализ х1исабалда баян кьовул ц1али г1уц1изе бегьула. Гьениб маргьаялъул маг1наялда гъорлъе раккулаго, гьабула анализалъулаб х1алт1и. Ахиралде гьадинал суалаздалъун, г1аммаб х1асилалде лъималги рачун, лъуг1изе тела:

- Маргьаялъ нилъеда щиб малъулеб бугеб? Сунде кант1изарулел?

- Маргьадалъ к1иго ханасул бицун буго. Кинав гьезул вохарав, кинав пашманлъарав?

- Щай гьезул къисмат гьедин ккараб? Г1илла?

Къайицадахъал» малъулелъул, учителасул нухмалъиялда гъоркь, лъималаз гьеб сценаялъе къач1айги анализлъун бук1ине буго.

Гьединаб х1алт1уе ц1алдохъаби куцан ругони, сценария г1уц1изе жидедаго к1вани, лъай-г1акълу щвеялда цадахъ лъималазул творческияб рахъ цебет1ола.










Х1асил

Учителас кьурал логикиял суалазги, т1уразе т1адкъарал творческиял х1алт1абазги, кинаб формаялда аниги, анализалъги лъимал т1амула ургъизе, дандекквеял гьаризе, лъугьа-бахъин ккеялъе г1илла балагьизе, г1адамазул г1амал квешлъиялъулгун-лъик1лъиялъул ц1адирабазда лъезе, жидерго х1албихьиялда мугъги ч1ван, героязе къимат кьезе ва жидерго пикру кьуч1аблъун гьабулел мисалал рачине. Гьелъ квербакъула ц1алдохъабазул рух1ияб культура бечелъизабиялъе ва г1акълу ц1убазабиялъе. Цо заманаялъ т1олабго лъай-г1акълу учителас ч1амун ц1алдохъабазул к1алдиб лъолеб бук1араб батани, жалго ургъизе ва х1асил гьабизе бак1го теч1ого, гьанже педагогасул аслияб масъалалъун лъугьун буго жидецаго лъай босизе, ургъизе, жидее щвараб х1албихьиялда рекъон х1асилал гьаризе малъи. Программаялъул ас­лияб т1алабги гьеб буго. Гьединлъидал учитель х1ажатавлъун лъугьана лъималазул ц1али г1уц1изе, гьел т1адч1ун х1алт1изе ва ургъизе т1амизе, х1асилазде, г1амлъиялде гьел рачине. Анализалъул маг1на ккола малъулеб асаралъул г1аммаб х1асил бич1ч1ун хадуб, гьелъул хасал рахъал рат1а рахъи, гьезул щибалъухъ мух1канго хал гьаби, героязул ва лъугьа-бахъиназул гьоркьорлъаби т1атинари, гьел ккеялъе г1илла бати.

Маргьаби малъулелъул, гьел рахъал т1уралеб куц нилъеца бицана. Гьелдалъун асаралда т1ад гьабулеб х1алт1и лъуг1изе тани, мурадалде щвеч1ого, нилъ нухда хут1ула. Къвариг1араб буго щибаб дарсида лъималазе щвараб лъай г1амлъизабизе ва г1акълу цебет1езабизе. Гьеб рахъалде учительзабаз г1ураб к1вар кьолеб гьеч1о. Ц1алдохъабазе щвараб лъай абуни, т1ок1к1инабизе ккола.

Асаралъул анализ гьабулелъул, гьелъул хасал ва г1аммал рахъал дандеккун, х1асилал гьабизе лъимал куцани, цин цо асар босун, хадуб к1иго-лъабго дандеккун, ахиралде халкъалъул рух1ияб культура цебет1еялъул законал рич1ч1иялде рагьизег1ан, лъималазул г1акълу лъадарани, абизе бегьила учителасул мурад т1убанилан.

Маргьа буго Ват1аналде рокьи бижизабизе жиндилъе бахараб цойги жо гьеч1еб, ц1акъго санаг1атаб рух1ияб ицц. "Ват1ан хиралъиялъул асар бук1уна маргьаялъул маг1наялъул т1инда. Халкъалъ г1уц1аралдаса азарил соназ ч1аго ругел маргьабазул образаз лъимадул рек1елъе ва г1акълуялде г1ат1идго каву. рагьула зах1матхалкъалъул гучал гьунаразул ва х1икматаб махщалил лъарал жанире чвахизе, гьелъул мурадал, къасдал, рух1иял г1орхъаби г1умруялъул роцада къабул тьаризе.

Маргьаялъ эбелаб ракьалде рокьи бижизабула, гьеб халкъалъ ургъараб асар бук1иналдалъунги. Маргьа ккола халкъияб культураялъул рух1ияб бечелъилъун.

Маргьаби малъулаго, лъималазе щвараб лъай г1амлъизабулелъул, г1агараб халкъ бокьизабиялъул, гьелъул рух1ияб культура рек1елъ босизабиялъул масъала т1убай аслияб суал бук1ин учителасда лъала, амма ц1алдохъабазда бич1ч1изабич1ого гloларо щибаб миллаталъул рух1ияб культураялъул г1аммал рахъал г1емерал рук1ин. Квешлъи-т1екълъиги рит1ухълъи-сахаватлъиги киналго улкабазул зах1матчаг1аз цого роцада борцунеблъи, цого кьолеблъи. Гьединаб г1амлъиялде лъимал рачине бегьула дагьа-дагьалккун, гlypyc литератураялъул дарсазда малъарал маргьабзда дандеккун, гьезул г1аммал ва хасал рахъал ратизе т1амун хадуб. Гьелъ рес кьола киналго миллатазул зах1матхалкъалдехун гьудуллъиялъул ва вацлъиялъул асар бижизабизе, т1олабго инсанияталъ ч1езарурал г1аммал рух1иял законал лъазе. Гьелдалъун лъималазул эстетикияб культура борхула ва г1акъу ц1убала.








Пайда босараб литература:

  1. Расулов М.А. Изучение поэтических и прозаических произведений дагестанской литературы в 10-11 кл. – Махачкала: Дагучпедгиз, 1990.

  2. Усахов М-Р.У. Вопросы изучения многонациональной литературы в школе и вузе. – Махачкала: Дагучпедгиз, 1995.

  3. Х1айбуллаев С.М. Фольклор школалда. – Мах1ачхъала: Дагъучпедгиз, 1979.

  4. Х1амзатов А.Гь. 4 классалда авар литература малъи. – Мах1ачхъала: Дагъучпедгиз, 1983.

  5. Х1амзатов А.Гь. Школалда авар халкъалъул к1алзул гьунаралъул асарал малъи. – Мах1ачхъала: Дагъучпедгиз, 1990.

  6. Хайбуллаева Х.М. Методическое руководство к учебнику-хрестоматии «Литература народов Дагестана» для 5 класса. – Махачкала: Дагучпедгиз, 1994.

  7. Хайбуллаева Х.М. Преподавание дагестанской литературы в 9-10 классах. – Махачкала: Дагучпедгиз, 1985.

  8. Шейхова Б.Б. Внеклассная работа при изучении дагестанской дагестанской литературы в 8-10 классах средней школы. – Махачкала: Дагучпедгиз, 1979.

  9. Шуайбов М.Д. 4-5 классазда литературияб ц1алиялъул дарсал. – Мах1ачхъала: Дагъучпедгиз, 1977.


15



Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!