СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Проект на тему: «Расул ХIамзатов"

Категория: Прочее

Нажмите, чтобы узнать подробности

Цо бакIалда гьес хъвалеб буго гьадин: "Дица тIоцебесеб кечI гьабуна 11 сон барав гьитIинав васас, рагъида тIамураб оцол тIомода тIадги вегун. Гьеб букIана 1934 соналъ,нижер росдада тIад бугеб гIурдада тIоцебе самолет рещтIараб мехалъ, унтун рукIарал мадугьаласул лъимал гьелда данде рортиялъул хIакъалъулъ" - ан. Гьеб кечI къадал газеталда бахъунги букIун буго.

Просмотр содержимого документа
«Проект на тему: «Расул ХIамзатов"»



Проект

на тему:

« Расул ХIамзатов»












Подготовила : ученица 5б класса

Султанова Бурлият

МКОУ " СОШ№8"

г.Кизилюрт


Расул ХIамзатов.

Расул ХIамзатов гьавуна 1923 соналъул 8 сентябралъ Хунзахъ районалъул ЦIада росулъ дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан ЦIадаса ХIамзатил хъизамалда.

Кидаха Расул ХIамзатовас хъвараб тIоцебесеб кечI?

Цо бакIалда гьес хъвалеб буго гьадин: "Дица тIоцебесеб кечI гьабуна 11 сон барав гьитIинав васас, рагъида тIамураб оцол тIомода тIадги вегун. Гьеб букIана 1934 соналъ,нижер росдада тIад бугеб гIурдада тIоцебе самолет рещтIараб мехалъ, унтун рукIарал мадугьаласул лъимал гьелда данде рортиялъул хIакъалъулъ" - ан. Гьеб кечI къадал газеталда бахъунги букIун буго.

Цоги кечI гьитIинав Расулица хъвана, жиндирго рукъалда бараб басрияб лъугъурги бахъун, хъарщи кквезе рачIарал Хунзахъа устарзабазде.

Устарзабаз нахъе рехизехъин бугеб лъугъуралда ЦIадаса ХIамзатица хъван букIана : "Расул гьавуна 1923 соналъул 8 сентябралда" - ян. Гьале устарзабазе Расулица хъвараб кочIолъа мухъал:

"ГIабдусаламил лъимал,

Лъай бугел устарзаби,

Дун гьавураб сон хъвараб

Хъварщи хвезабугея..."

"...Амма устарзабаз гьеб хъарщи, дир кечIалдаги релъанхъулаго, нахъе бахъана. Хадуб дица чанго кечI гьабуна дирго школалде, учительзабазде. ЦIалулев вукIана дун дир росдадаса кIиго вёрсталъ рикIкIада бугеб, Хунзахъ хъаладухъ рагьараб тIубачIеб гьоркьохъеб школалда..."

ТIоцебе печаталда Расул ХIамзатовасул кечI бахъана анкьабилеб классалда цIалулеб мехалъ "МагIарул большевик" (гьанжесеб "ХIакъикъат") газеталда.

Гьелдаса нахъе ана замана, сверана ихал Расул ХIамзатовасул цIарги дунялалдаго рагIана. ЦохIо нилъерго улкаялда гуребги, къватIисел улкабаздаги буго гьесул асаразде рокьиги, адабги, хIурматги. Италиялда тIобитIараб шагIирзабазул 300 кочIохъан гIахьаллъараб бахIсалда Расул ХIамзатов мустахIикълъана "20 векалъул шагIир" абураб дипломалъе ва медалалъе. Р.ХIамзатовасул тIахьал руссинарун руго 80- гIан батIи - батIиял мацIазде. Рокъобги къватIибги гьесул тIахьазе кьуна мустахIикъаб тIадегIанаб къимат. Гьесул асараз нилъеда малъулеб буго гIаданлъи бугел, магIарул яхI-намус бугел гIадамаллъун рукIине. Умумузулго батараб лъикIабщинаб цIияб гIелалъухъе кьей, хIалихьалъи, мацIихъанлъи, гIасилъи рикIкIад гьаби. Гьединаб мурад буго шагIирасул.


Нилъер заманалде.......

ГIадада гьардола гьаб векалда дун,

Гьаб базар къайилан, низам гьабеян.

Базар кин букIинеб низам бугони?!

Низам кин букIинеб базар бугони?!


Чанги даран ккана дуниялалда,

Хисарабщинабги, босанщинабги,

Амма гьанже гIадаб гIассияб даран

ГIаданлъи бичулеб дида бихьичIо...


Багьа учузлъана чилъидул гьанже,

Гьаб чорхол яхIалъул, бахIарчилъидул.

Багьа кIодолъана чин- хъулухъалъул,

Чияс чиясдасан гьабулеб мацIил.


Расул ХIамзатовасул творчество гIагараб буго цохIо дагъистаниязе гуребги, цоги гIадамазеги. Гьеб лъала нилъее гьесухъе рачIунел рукIарал кагътаздасанги. Кагътал рачIунаан батIи-батIиял бакIаздасан ва батIи-батIиял миллатазул гIадамаздасан.


".......

Дур асарал тIолабго творчество миллион цIалдолезего гIадин диеги цIакъ хирияб буго. Расул, цохIо дуда кIола гIадамазул рекIелъе рортулел асарал хъвазе. Дур поэзиялъул аслиял темаби руго: эбел, чужугIадан, рекъел.

..."

Ростов - на - Дону.

Валентина Коржова.


КигIан асаралха Расул ХIамзатовасул къватIире риччарал, нужеда кин кколеб?

МагIарул мацIалда рахъарал тIахьазда гьоркьор кIвар бугеб бакI ккола гье-сул 6 томалде данде гьарурал асараз. Гьелдаса хадуб къватIире риччана кучIдузулги поэмабазулги тIахьал: "Ахирияб багьа", "КучIдул", "МагIарул къиса", "ГIумруялъул гьоко", "Концерт", "Къо бащалъухъ щобда Дагъистаналда". Гьел киналго тартибалда сокIкIани гIолеб буго 12 салама- таб тIехь. ТIахьални гьел гурелги гIемерал риччана. Гьал рехсарал тIахьал ккола жиделъ такрарлъи гьечIел цIиял асараздасан гIуцIарал. Гьел тIахьазде гьоркьоре рачунел гьечIо пьесаби, киносценариял, кIалъаял, маданията- лъул ва адабияталъул тарихалъулги балъголъиялъулги хIакъалъулъ хъварал асарал, нилъер ва къватIисел улкабазул ахIвал- хIал загьир гьарурал макъалаби. Гьел данде гьаруни гьезулги лъугьина 2-3 кIудияб тIехь.

Р.ХIамзатовас хъвана ВатIаналъул хIакъалъулъ, эбелалъул хIакъалъулъ,гьудуллъиялъул ва рекъелалъул хIакъалъулъ. Расул ХIамзато-васе бокьула ва кIодо гьабула живго гIураб бакI, магIарул мацI.

2003 соналъ Расул ХIамзатовас тIобитIана жиндирго 80 сон тIубаялъул юбилей.

Гьев мустахIикълъана орденалъе "орден Святого апостола Андрея Первозванного". ГIемер заман инчIого гьебго соналъ гьев нилъедаса ватIалъана.


Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!