СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Рагьараб дарсил план 11 классалда. Дарсил тема: Расул Х1амзатов «Хъулбузул х!акъалъулъ»

Нажмите, чтобы узнать подробности

       Рагьараб дарсил план 11-б классалда.

Дарсил тема: Расул Х1амзатов «Хъулбузул х!акъалъулъ»

Просмотр содержимого документа
«Рагьараб дарсил план 11 классалда. Дарсил тема: Расул Х1амзатов «Хъулбузул х!акъалъулъ»»

Рагьараб дарсил план 11-б классалда.

Дарсил тема: Расул Х1амзатов «Хъулбузул х!акъалъулъ»

Дарсил алат: Расул Х!амзатовасул т!ухьдул , суртал , проектор, доска, компьютер .

Дарсил мурад :

1) Ц!алдохъабазда Расул Х!амзатовасул творчество ц!ик!к!ун лъай.

2) «Хъулбузул х!акъалъулъ» коч!ол маг!на, х!асил бич!ч!и идейно – тематикияб разбор гьабизе бажари.

3) Г!аданлъиялъул гьоболлъилъул к!вар бук!ин нилъер г!умруялда ц!алохъабазда бич!ч!изаби.

Дарсил ин:

1)Г1уц!иялъул момент (ц!ех-рех, къо-моц!)

2)Бицен (хъулбузул хъакъалъулъ ) учителалъ бицина инсуца васасе тараб васияталъул, васасда гьеб мекъи бич!ч!иялъул.

3)Гьудул-гьоболлъизабул кицаби рак1алде щвезарила, лъималаз гьел рицина.

4)Араб дарсил ц!ех-рех.

1.Лъица хъвараб «Лъукъараб кеч1»?

2.Кида ва кив гьавурав Абдулмажид Хачалов?

3.Коч1ол тема ва идея рагьи (аллитерация, гьижа, риторикияб суал, дандекквеял, эпитетал рати)

4.Коч!ол х!асил бицине т!амила ц!алдохъаби.

5.Кесек рек!ехъ бицинеги риччала.

…Гьанжеги бертабазда тола цо бак! ч!обого.

6.Рак1алде щвезабила рагъулъ хварал бахъарзазде гьабураб кеч!. «Къункъраби» лъица хъвараб ?

Ц!ияб дарс: «Расул Х1амзатов»

1)Слайд « Р. Х!амзатов» бихьизабила.

2) Лъималаз биография бицина.

3)Учителалъ т!адеги жубала биографиялдаса ва творчествоялдаса х!ужаби.

4)Рак!алде щвезаре Расул Х!амзатовасул асарал.

5)Т!адкъай. Класс анлъго группаялде бикьила. Анлъго т!анчида хъван т!адкъаял кьела, т!адкъаял Расул Х!амзатовасул творчествоялда хурхарал рук!ина ,гьел т!урайгун киналго доскаялда лъун цо хъалаялъул т!убараб сурат бихьила.Гьедин байбихьила ц!ияб дарс.

Ц!ияб дарс:

Тема: Расул Х!амзатов: «Хъулбузул хIакъалъулъ»

1. Цин учителалъ доскаялда лъималаз бахъараб хъалаялъул суратги интернеталдаса бахъараб суратги данде кквела, хъулбузул хасиятал рахъал рицила ва мух!канго коч!ол х!асил бицина.

2.Дарс мух!канго бич!ч!иялъе цин словарияб х!алт!и гьабила.

3.Словарияб хIалт1и.

Хъала – крепость Шагьар – город

Си – башня КъватI – улица

Гьин – дворец(гьундул - дворцы)

Мина – дом

Рук1ел – жилище

4. Берцинго, дурусго чвахун кеч! ц!алила ц!алдохъабигун цадахъ ва идейно-тематикияб анализ гьабила. Ц!ахъ пайдаяблъун бук!ина литературияб минута т!обит!и.

5.«Литературияб дакъикъа:

Тема

Идея

Силлабикияб система

Гьижа

Аллитерация

Эпитет

6. Ц!ияб дарс бицунаго, лъида ва щай Ц!адаса Х!амзатица хъулбиян абулеб бук!араб баян гьабила. Эбелалъул раг!аби ратила ц!алдохъаби ц!ализе т!амила. Доскаялда Ц!. Х!амзатил «хъулбузул» сиях! лъела, ва жив-живасул хъакъалъул къокъаб раг!и абила.

ЦI. ХIамзатил «хъулби»

АбдурахIман Даниялов

Раджаб ДинмухIамаев

АбутIалиб Гъафуров

МухIамад Сулейманов

Сулейман Стальский

МухIамад Шамхалов

7.Х!ухьбахъиялъул минута гьабила.



8. Г!урус литератураялдаса босараб франц. мац!алдаса бач!араб раг!и х!алт!изабила дарсида. Цебехунго классалда г!уц!арал группабазе т!адкъай кьела буриме г!езабизе гьудул-гьалмагълъиялъул темаялда т!асан.

Буриме

_________________ рачIана

_________________ кванана

_________________ гьекъана

_________________ бихьана

_________________ рицана

_________________ гьаруна

_________________ разилъана

9. Дарс щула гьаби.

Суалал ва т1адкъаял.

а)Щай Х1амзатица васасда «хъулби» риххизе тогеян гьарараб?

б)Ц1адаса Х1амзатица кинал гьудул-гьалмагъзабазул бицунеб бугеб?

в)Расулица инсул васигат кин т1убазабураб?

г)Жавабалъулаб куплет бате ва ц1але.

д)Инсуца Расулихъе кьуна ирсалъе жиндирго хъулби. Расулица лъида т1адкъалел ругел гьел ц1унеян?







10.Рокъобе х1алт1и.

1)Расул Х1амзатовасул биография ц1ик1к1ун лъазабизе, шаг!ирасул «хъулби» ратизе ва гьезул сиях! гьабизе.

2)Кеч1 «Хъулбузул х1акъалъулъ» пасих1го ц1ализе, х1асил лъазе, ахирияб 5 куплет рек1ехъе лъазабизе.

3)Ц!ех-рехалъул х!алт!и гьаби: «Дир инсул гьобол».

11. Дарсида лъик! х!алт!арал ц!алдохъабазе рак!алде щвеялъе грамотаби кьела, журналалда ва дневниказда къиматал лъела.

12. Дарсил ахиралда М. Т!. Синдикъовас ах!улеб коч!охъ «Гьудулзаби ц!уне» г!енеккила ва ц!алдохъаби ах!ила гьудулзабазул къимат-къадру гьабизе ва гьел ц!унизе. Къо-мех лъик!.





















Муг!алим: Зиявудинова П.М.

Агъвали 2017 сон.

МКОУ «Агвалинская СОШ»

Рагьараб дарс:

Расул Х!амзатов «Хъулбузул х!акъалъулъ» (11кл).





Муг!алим: Зиявудинова П.М.

Агъвали 2017 сон.