Расул Х1амзатовасул
" Хъах1ал къункъраби" к1одо гьабун т1обит1араб тадбир
| Щибго мац1 лъаларел лъимаца г1адин Дица цо бат1аго бут1а--бут1аккун Цин Дагъан, цингиги Дагъистанилан Щурула, угьула ,ах1ула дур ц1ар |
| Расул Х1амзатов |
1-вед
Дун Дагъистаналъул маг1арулазул ,
Ункъабилеб лъимер лъабабилев вас .
Дун гьавуна бищун мискинаб соналъ,
Маг1арулаз ракъун хер кунеб мехалъ.
2-вед.
Жеги нак1к1 бук1ана бац1ц1адаб зодихъ,
Жеги бац1 бук1ана рурулеб сардилъ,
Жеги кеторузил рук1ана гьаркьал
Ва бук1инч1о макьу къвек1ал ц1умазул.
1-вед.
Лъабкъоялда анц1го ц1араки цебехун мегъ, нахъехун кьураби ,сверухъ т1охдаса берталъе лъимал г1адин ,т1аде къуларал г1аздалал муг1рулги кьурабиги.
2-вед.
Ракьул ч1абар бугеб ,ганч1ил къед бугеб,
Къаница бахчараб гьит1инаб рокъоб,
Дий дах1абабаца киниги к1ик1ун ,
Ах1улаан куч1дул бачунаан ахх.
(Сценаялда ясал рук1уна кини к1ибик1улел ,квас самулел , кун дургъулел)
(Кини к1ибик1улаго ,Пат1иматица ах1ула гьаб кеч1)
Кьижа, кьижа, кьижа мун
Духъ балагьун ракьалда ,
Рокьиги ццинги буго,
Рогьоги ц1арги буго.
Дица мун рокьиялъе
Гьавун вуго ракьалда ,
Куркьбал дицаги гъуна
Кьижа дир вас ,кьижа мун
( 9 кл ц1алдохъанас рик1к1уна )
Инсуца ц1ар Расулин лъуна
Расул г1араб мац1алъ вакил раг1ула,
Дун кинаб ракьалъул щив васин колев ,
Щай гьаб дунялалда духъ вач1ун вугев ?
Бице г1агараб ракь ,бокьулеб Ват1ан
Бокьун буго лъазе дирго х1акъалъулъ,
Дун хехаб хаселищ ,кват1араб ихищ
Я лъарал ,я пайда гьеч1еб гьурийищ?
Ц1ад къвариг1арабго щвараб бакъищ дун
Бакъ къвариг1арабго бараб горойищ,
Бице ,г1умруялъулъ гьеч1ищ дур маг1на
Г1ададайищ ракьалъ дун ваччун вугев ?
1-вед.
Бице , лъида лъалеб т1адмаг1арухъ кида кеч1 бижарабали ?
2вед.
Гьет1-гьет1араб гъвет1алъул
Къот1ун т1амур гьабуна ,
Гьелда даг1нил бакьалъул
Бахъун к1иго ч1ва бана .
Ч1вабзазда килщал к1ут1ун ,
Угьун х1ухьел биччана.
Аман дир къисматилан ,
Къваридаб кеч1 ах1ана !
1-вед
Жакъа нилъ данделъун руго бац1ц1адаб муг1рул гьаваги ,
ц1орорал иццазул лъимги, берцинаб бечедаб т1абиг1атги бугеб маг1арул т1алъиялда .
2-вед
Муг1рул кьурабазе хасиятаб бах1арчилъиялъулгун къвак1иялъул рахъалъ ц1арал арал , маг1арул г1аданлъи ,
ях1-намус бугел г1адамазул рахьдал мац1алъул бицине.
1-вед.
Умумуз абула ;»Рахьдал мац1 лъаларес - чияралъулги адаб гьабуларилан» Гьединлъидал нилъер маг1арул мац1 бечелъизабизе, пасих1лъизабизе ,берцинлъизабизе щивав чиясулъ бижизе ккола гьелдехун рокьи.
2-вед
Щибаб халкъалъул хъвадарухъабаз , шаг1ирзабаз жидерго мац1алда хъвала асарал . Маг1арул мац1алда Расул Х1амзатовас г1адин ,мац1алъул х1акъалъулъ лъицаго хъвач1о
1-вед
Салам дир хирияб, маг1арул миллат,
Нужго г1адатиял, г1акълу камилал
Гьаб т1абиг1аталъул т1аг1ам бич1ч1улел,
Т1адал наслабазе хилиплъуларел
Ассаламу г1алайкум , маг1арул миллат,
Ккани рачел къалел, чуял кьололел,
Заман мехтаниги, мех гьет1аниги
Т1ад лъурал т1агъразул къадру рехич1ел
(7 кл ц1алдохъанас рик1к1уна )
Расул дир хирияв маг1арул шаг1ир
Муг1рул т1алъиялъул т1ерхьунареб ц1ва
Ункъого соние бет1ерги къулун
Къолъик1ищ гьабураб гьанже ниже
Дуца гьаб ракьалъе куркьбал гъун кьуна
Кьурабалъ рагъулел х1асратал куч1дул
Киналго мац1азда ах1улеб буго
«Хъах1ал къункърабазул» къваридаб сарин
Цо-цоял камуна эбел-инсуе
Эбелг1ан г1агараб г1ураб росдае
Цо-цоял камуна Дагъистаналъе
Расул, мун камуна дунялалъего
Бач1ана замана ц1арч1ван тараб бак1
Дуца къункърабазул къокъадулъ кколеб
Т1ураб рахас г1адин роржун унел гьез
Ана цадахъ вачун Расул къо-мех лъик1
.
(8 кл ц1алдохъанас биография бицунаго ,Расул Х1амзатовасул слайдал риччала)
Дагъистаналъул халкъияв поэт Расул Х1амзатов гьавуна 1923 соналъул 8 сентябралда Хунзахъ районалъул Ц!ада росулъ ,машгьурав шаг1ир Х1амзатил хъизамалда .Т1абиг1аталъги т1адег1анав бет1ергьанасги Расулие кьуна къанаг1атаб ва х1икматаб гьунар , бергьараб к1алзул пасих1лъи , рек1ел ц1одорлъи.
Расулил вахъана к1удияв щаг1ир , гьесул асараз рохел щвезабуна ,маг1арулазе гуребги, дунялалъулго миллионал г1адамазе. Расул Х1амзатовасул т1олабго г1умру ва творчество бечедаб буго.Поэтасул аслиял темабазул цояблъун ккола халкъалъул вацлъи ,цолъи,гьудуллъи ва щулалъи.Киве кканиги , киг1ан рик1к1адал х1икматал улкабазде щваниги гьесул рак! ва пикраби кидаго г1агараб Дагъистаналда ,хирияб маг1арул т1алъиялда бук1унаан….
(Кеч1 ах1ила 10 кл ц1алдахъан Ах1мадова Муица )
Сценка ( Т1аргъал рехи )
2 вед
Нилъер буго к1икъого миллат.Гьезулги буго жиде-жидер мац1
Кисаха нилъер гьит1инаб Дагъистаналда гьелгощинал мац1ал ?
1-вед
Мац1ал рикьизе унев вук1арав рек1арасухъа Дагъистаналъул муг1рузда бортун буго мац1азул таргьа .
Гьелъ щущан руго гьел киналго мац1ал нилъер Дагъистаналда
Р.Х1 «Маг1арулай»
(цо бут1а бихьизабула муг1алимзабаз )
2-вед
Гьарула умумуз ирсалъе тараб Иях1ги намусги маг1арулазе.
Гьарула г1асрабаз нахъе ц1унараб
Ц1арги г1аданлъиги даим нужее.