«П» х1арп цебе хъвараб дун
Кваназеги бегьула,
Амма к1ал – мац1 бух1ула,
Бадиб маг1у хулула.
«Х» цебе хъван хадуса
Хирияб дун боц1уе,
Хасалоде бук1ине
Дир нахърател гьабула.
«Ц» х1арп хъван байбихьани,
Г1алхул х1айван лъугьуна.
«Г1» Х1арп хъвараб мехалъни,
Халатаб т1ил лъугьуна.
2«Ч» ахиралда бугеб
«Намусалъул» синоним.
«Лъ» ахиралде ккани,-
Лъилъаризе босула..
3 «И» гьоркьоб бугеб мехалъ,
Гьеб раг1и раг1арабго,
Гьуинаб макьуги тун,
Танкан т1аде вахъуна.
«О» гьаракь лъураб мехалъ,
Раг1ул маг1на хисула.
Гьеб раг1идал рекьул оц
Рахъниб лъалхъун хут1ула.
«Е» гьоркьоб бугеб мехалъ
Диалектизм ккола гьеб:
«Вач1аялъе» - синоним
«Аялъе» эб- антоним.
4. «Гъ» х1арп бакьулъ бугони,
Бет1ералда лъола дун.
«Гъ» хисун «М» х1арп хъвани,
Дунги хъван кеч1 ах1ула.
5. «Ч1» х1арп лъун байбихьани,
«Ч!алг1аде хабар» ккола;
«Хъ» ялдасан абуни,
Рач1 гьеч1еб гьве лъугьуна.
6. Т1оцебесеб лъабго х1арп
Х1ажалъула халкъалъе,
Хасалил квач ц1ик1к1индал,
Ц1а бакун, рукъ хинлъизе.
Ункъабилеб х1арпалъ нилъ
Аск1оса рачахъула.
Ахирисел х1арпаца
Лъет1асан нух цолъула.
Т1олго х1арпал ц1алани,
Пихъида ц1ар лъугьуна,
Барщич1ого х1анч1ани,
К1ут1би рух1изарулеб,
Барщидал х1анч1анани,
Цаби рекизарулеб.
К1иго раг1и ургъе,
Ункъ –ункъ х1арп бугеб,
К1иялдаго цо – цо
«А» х1арпги бугеб:
а) Ц1ирц1идулеб, к1анц1олеб,
К1ич1арал бохдул ругеб,
«Риидала кьурдулеб,
Кьиндал гьардухъ хьвадулеб».
б) Бохдулги халатаб,
Рут1биги къокъаб
Ламадур хирияб,
Херги кваналеб.
Дун лъадалги бук1уна,
Дун гьоролги бук1уна ,
Гьанже дун г1емерисеб
Токалъ х1алт1изабула ,
Х1арп т1аде жубанани ,
Т1убан маг1на хисула :
Маг1арулазе бищун
Хирияв чи лъугьуна.
«Гъ» х1арпгун байбихьани,
Рохьорги гьел рук1уна,
Ахикьги гьел рук1уна.
«К1» х1арпгун байбихьани,
гьурмада гьел рук1уна.
«Р» х1арпгун байбихьани,
Х1айваназда рук1уна.
Лъабабгоги эб раг1и
Г1емерлъул раг1и ккола,
Г1емерго ургъич1ого
Ратизе к1велин ккола.
«У» х1арп бакьулъ бугони,
Рукъаризе къвариг1уна.
«У» хисун, «и» х1арп хъванани-
Суалияб ц1арубак1.
Ребусал
чи
лъи
Журарал раг1аби рате
Гьал ребусазда рекъон 3 прилагательное ц1але
,
а-е
къ
къ
Х1аял
Гара- ч1вари
_Рокъоб дурго библиотека бугилан раг1ана, Г1али дида.
_Бугоха Г1умар.
_ Чан т1ехьха дур библиотекаялда бугеб?
_ Авр алфавиталда чан х1арп батаниги, гьедиг1ан т1ехь Г1ун буго гьанже дир библиотекаялда.
_ Куч1дузул т1ехь чанха бугеб?
_Авар алфавиталда чан рагьукъаб х1арп батаниги, гьедиг1ан т1ехь бугоха куч1дузулги.
_Харбазул т1ехь чан бугеб?
_ Авар алфавиталда ругел рагьарал х1арпазда бащад.
_ Г1урус мац1алда чан т1ехь бугеб?
- Алфавиталда чан жубараб х1арп батаниги, гьедиг1ан т1ехь буго г1урус мац1алда.
_ Журарал х1арпал кинал рук1унел, Г1али?
_ Журароал х1арпал ругогъ, гь, г1 г1адинал х1арпал.
_Щай эл журарал рук1унел?
_ Щайгурелъулха гьел к1иго г1аламаталдасан г1уц1ун ругелъул: г+ъ, г+ь, г+1. Бич1ч1анищ?
_ Бич1ч1ана.
Т1адехун кьураб гара-ч1вариги ц1алун, гьадинал суалазе жаваб кье:
Г1алил библиотекаялда кинабниги чан т1ехь бугеб?
Куч1дузул чан т1ехь бугеб?
Г1урус мац1алда чан т1ехь бугеб?
Харбазул чан т1ехь бугеб?
Маг1арул мац1алда чан т1ехь бугеб?
9