Аслияб мурад: Авар литератураялъул тарихалда жаниб Инхоса Г1алих1ажиясул творчествоялъ кколеб бак1алъул. Рит1ухълъиялъул эменилан кин абураб жо гьесда.
Дарсида пайда босулел
Аслияб мурад: Авар литератураялъул тарихалда жаниб Инхоса Г1алих1ажиясул творчествоялъ кколеб бак1алъул. Рит1ухълъиялъул эменилан кин абураб жо гьесда.
Дарсида пайда босулел алатал: И.Г1алих1ажиясул портрет, гьесул творчествоялъул х1акъалъулъ хъвараб литературияб выставка, гьев х1алт1арав бак1азул (росабазул) суратал, доскаялда гьоркьо-гьоркьор риччазе къач1арал слайдал ва гь.ц.
Доскаялда ч1ах1ахат1алъ хъварал Г1алих1ажиясул кицабиял-алфазал:
Черхалда г1ет1 ц1ирич1еб боц1и данде гьабуге,
Бац1ал дуй х1одурлъилин х1арамаб рикъзи квине.
алатал: И.Г1алих1ажиясул портрет, гьесул творчествоялъул х1акъалъулъ хъвараб литературияб выставка, гьев х1алт1арав бак1азул (росабазул) суратал, доскаялда гьоркьо-гьоркьор риччазе къач1арал слайдал ва гь.ц.
Доскаялда ч1ах1ахат1алъ хъварал Г1алих1ажиясул кицабиял-алфазал:
Черхалда г1ет1 ц1ирич1еб боц1и данде гьабуге,
Бац1ал дуй х1одурлъилин х1арамаб рикъзи квине.
Просмотр содержимого документа
««Рит1ухълъиялъул эмен»»
Адабияталъул дарсида
Дарсил тема: Инхоса Г1алих1ажияв «Рит1ухълъиялъул эмен»
Аслияб мурад: Авар литератураялъул тарихалда жаниб Инхоса Г1алих1ажиясул творчествоялъ кколеб бак1алъул. Рит1ухълъиялъул эменилан кин абураб жо гьесда.
Дарсида пайда босулел алатал: И.Г1алих1ажиясул портрет, гьесул творчествоялъул х1акъалъулъ хъвараб литературияб выставка, гьев х1алт1арав бак1азул (росабазул) суратал, доскаялда гьоркьо-гьоркьор риччазе къач1арал слайдал ва гь.ц.
Доскаялда ч1ах1ахат1алъ хъварал Г1алих1ажиясул кицабиял-алфазал:
Черхалда г1ет1 ц1ирич1еб боц1и данде гьабуге,
Бац1ал дуй х1одурлъилин х1арамаб рикъзи квине.
Х\ал кьун щвараб буголъи - бищун бечедаб давла, Дорег1ан къазе гьаре гьелда г1ей гьабуларел.
Ват1анияб т1олаб т1обит1улаго,
Иерхьарал ц1вабзазул ц1ар к1оченаро.
Дарсил ин
Муг1алим: Рорч1ами, хириял ц1алдохъаби! Жакъа нилъеца бицине буго авар литератураялъул гьумерлъун кколев, лъик1ав Налимчи, махщел т1ок1ав шаг1ир, беНераб раг1ул устар, къокъго абуни, литератураялъе кьуч1 лъурав Инхоса Г1алих1ажиясул х1акъалъулъ.
Цересел дарсазда нилъеца бицун бук1ана к1алзул гьунаралъул асаразул. Бицун бук1ана гьел асаразулъги якъинго бихьулеб бугеб миллатазул гьудуллъи, гьунки, вацлъи. Къват1исел тущбабазде данде къеркьей. Нилъеда бихьана халкъалъул вацлъи ва цолъи сунданиги къезабизе к1олареблъи.
Киналха гьел асарал рук1арал нилъеца щуабилеб классалдаса нахъе жакъалъизег1ан ц1аларал, рицарал?
Ц1алдохъан: «Ганч1ил вас», «Х1ожоги гуржиявги», «Хочбар», «Парту Пат1имат», «Гьайбатай бика», «Надир-шагь щущахъ виххизави».