СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

«Салатавия поэтическая. Париза Гереева»

Нажмите, чтобы узнать подробности

Сценарий

 

литературного портрета «Салатавия поэтическая. Париза Гереева»

«Париза Гереева. Круг любимых произведений»

«За книжными страницами Паризы Гереевой»

 

Гьабулеб заман – 4 март

Гьабулеб бак1 – Дилималъул лицей

Г1ахьалчаг1и – классазул ц1алдохъаби

Аслияб мурад – авар маданият г1олеб г1елалда лъайзаби

                         - Париза Гереевалъул т1ахьалгун лъай-хъвай гьаби

 

Просмотр содержимого документа
««Салатавия поэтическая. Париза Гереева»»

Сценарий



литературного портрета «Салатавия поэтическая. Париза Гереева»

«Париза Гереева. Круг любимых произведений»

«За книжными страницами Паризы Гереевой»


Гьабулеб заман – 4 март

Гьабулеб бак1 – Дилималъул лицей

Г1ахьалчаг1и – классазул ц1алдохъаби

Аслияб мурад – авар маданият г1олеб г1елалда лъайзаби

- Париза Гереевалъул т1ахьалгун лъай-хъвай гьаби



Библиотекарь: Кинабго рекъон буго бакъулаб дунялалда

Т1ад к1алъайзе бак1 гьеч1о, рик1к1ун кьурал къоязда

Къварилъиялда цадахъ, квер ккун рохел бук1уна,

Рогьалил хъах1лъи хисун, сардил бец1лъи бач1уна…



Ворч1ами, х1урматиял ц1алдохъаби. Жакъа дун йиго нужер гьоболъухъ нилъер гьит1инаб районалъул к1удияб ц1ар жинда бугей, г1умруги г1адамалги жиндирго асаразда цере ккурай, г1адатияб г1амалалъул маг1арулай Париза Герееваялъул цо-цо асаралгун.

Щий кколей Париза Гереева? Унго – унгояй маг1арулай, хъвадарухъан, журналист Париза Гереевалъул х1акъалъулъ къокъго бицина_________

/ц1алдохъаналъ бицуна/

Библиотекарь: Баркала. Абухъего, Паризал творчество буго бечедаб, щвалде щвараб, г1умруялъул дарсаздасан босараб. Т1оцебесеб жиндирго кеч1 гьалъ хъвана 1969 соналъ. 1971 соналъ «Баг1араб байрахъ» газеталъул гьумералдасан Паризал куч1дул ц1ализе рес щвана аза-азар маг1арулазе.

Жакъа Париза Гереева ккола цо чанго т1ехьалъул ва куч1дузул автор.

Мух1канго бицине бокьун буго ахирисел соназ къват1ире риччарал к1иго т1ахьил – «Рек1ел бух1и ва ч1ух1и» ва «Г1умруялъул лах1затал». К1иябго т1ехь ккола Мах1ачхъалаялда къват1ире риччарал.

/рихьизе гьарула/

«Рек1ел бух1и ва ч1ух1и» - цо чанго бут1аялдасан г1уц1араб гьаб т1ехьалда жанир шаг1ир Паризаца рихьизарулел руго г1умруялъул киналго нухалги сук1алабиги.

Т1ехьалъе кьураб ц1аралъго баян гьабулеб буго гьениб чвахун балеб ц1адги, бух1ун щвараб бакъги, г1одиги, релъиги, къварилъиги рохелги квералги ккун, цодахъ цо кьералда ч1ун рук1ин.

Гьаб т1ахьида жаниб авторалъ рагьун цебе лъун буго эбел-инсуде, гьудул-гьалмагъзабазде, г1агарлъиялде, г1агараб ракьалде, бокьулеб улкаялде бугеб рокьиги рек1ел х1асратги.

Салатавия, Казбек район, гьаб ракьалъул сахаватал г1адамал – Паризал куч1дузул хасаб тема. Кие аниги, кие щваниги гьалъул рак1 буго инсул росулъ, г1ураб районалда:

Рек1ел т1иналдасан чвахулеб коч1олъ

Казбекалъул муг1рул рихьула дида

Рохалилъ рижарал жугьабазда гъорлъ

Жавгьарлъун кунч1ула г1агараб район.


Ккараб къо борхизе къараб зар г1адал

Г1адамалги ругел дир районалда.

Къварилъи ккаразе х1алай рахъине

Х1адуралги ругел нахъбак1алъулал.


Маданияталдехун Паризал рокьи бижиналъул «г1айибилав» вугин абизе бегьула гьелъул эмен Асрудин. Инсуца ц1алана ясалъул т1оцересел мухъал ва кьуна гьезие бит1араб къимат.

Асрудин живгоги вук1ана раг1ул устар, гьав г1емер хъвадарулаан районалъул ва республикалъул газет - журналазде.

Х1асратго, бух1улеб рек1елъа раг1абиги росун хъван руго Паризаца эбел-инсуде киналго жиндирго асарал.


Гьалъул г1умрудул бищун зах1матал лах1заталлъун рук1ана жиндасаго эбел-эмен рат1алъарал къоял.


Инсуде:

Эмен, чанго моц1 ана дуца ниж таралдаса,

Раг1изе бокьулеб дур гьаракь къот1аралдаса.

Дур г1акъилал малъиял г1унун хут1аралдаса,

Т1адвуссунареб сапар дуца бухьаралдаса…



Эбелалде:

Щибаб къойил дуе гьабураб хъулухъ

Дагьлъун бихьун буго дир рак1 г1екколеб,

Г1умруялъ дур адаб рехич1ониги,

Бадирч1ваяз буго гьумер бух1улеб…


Лъиениги балъголъи гуро, жалго эбел-эменлъун рахъиндал гурони лъималазда эбел-инсул къимат бич1ч1уларо.

Эмен – г1ат1илъиялдаги къварилъиялдаги нилъеца мугъ ч1валеб чармил къед.

Эбел – х1асратай, х1еренай, нилъер рак1азул гвангъи, гъаситоялъул хинлъи.



Чтец: Париза Гереева «Ц1унила дица мун квешлъабаздаса»

/кеч1 рик1к1уна/

Библиотекарь: Париза Гереевалъул киналниги асаразда жанисан бахчунги т1атунги ина буго цо пикру – инсан пайда гьеч1ев чи вуго эбел-эменги рокьич1они, г1агараб ракьги ц1унич1они, гьудул-гьалмагълъиялъул къиматги гьабич1они.

Лъимал, нужецаго эс гьабе – киг1ан г1емерал гьалмагъзаби рук1ине колел хъвадарухъан, журналист, нухмалъулей Паризал?

Гьаб т1ехьалда жанир руго школалдаги институталдаги цадахъ ц1алараздеги, киналго х1алт1абазда цадахъ рук1араздеги, росуцояздеги, ц1ар раг1арал ракьцояздеги рахъарал коч1ол мухъал.

Дир г1умрудул талих1 – дир гьудулзаби,

Дие бичасул ц1об – дир гьудулзаби,

Берцинлъигун ч1ух1и – дир гьудулзаби,

Бечелъигун къуват – дир гьудулзаби


Нуж ругелг1ан мехалъ кунч1ила дие

Дунялалъул рокъоб ч1ор меседил бакъ,

Нуж цадахъ рук1аго к1очона дида

Даим къвал бан бугел къасдазул бух1и…


Паризал бицунаго нилъеца абурал киналниги берцинал раг1абазде т1аде чара гьеч1ого жубайзе кола «унго-унгояй бусурман ч1ужу» абураб каламалъул ц1ар.

Гьей ана х1ежалде, бищана мюридлъиялъул нух, тирич1ого т1уралел руго исламияб диналъул шарт1ал.

Шаг1ир х1исабалда коч1ол мухъазде рикьулел руго Паризаца диналдехун жиндирго бугеб къадру-къимат.

Амма сахлъулареб ругъун шаг1иралъул рек1елъ лъуна Ч1ик1аса Саг1ид-афанди камиялъ, гьесул мюрид х1исабалда бест1ал хут1иялъ.


К1оларо божизе, рух1ияв эмен,

Мун нижеда т1ок1алъ вихьиларилан.

Хьухьилъан баккараб бакъ г1адаб гьумер,

Г1аламалъе т1ок1аб гьимиларилан.


Раг1аби маг1иде руссунел ругин,

Росе шапаг1аталъ бесдаллъарал ниж,

Дур камиялъ керен кваналеб бугин

Камун тоге муршид нижей баракат.


Париза Гереева ккола махщел т1ок1ай шаг1ир гурейги, прозалъул бечедаб х1албихьи бугей хъвадарухъанги.

2017 соналда къват1ибе биччана ц1ияб т1ехь, харбаздасан г1уц1ц1араб «Г1умруялъул лах1затал» - /«Мгновения жизни»/.


Унго-унгоги, г1адамасул г1умру буго хадусеб лах1заталъ киниса хисилебали лъалареб жо.

Т1ехьалда жаниб бицуна буго ургъич1ого т1амураб галуца, хехлъун абураб раг1уца, квешлъиялъе бижараб пикруялъ г1адамасул г1умрудул лах1затал г1азабазде сверизе гьарулин.


Щибаб харбил руго жиндирго героял, сюжеталъул х1ущ, пикрудул г1уц1и.

«Талих1», «Бук1араб лъик1, ккараб квеш», «Ц1уралъухъ – ц1ун», «Бач1унеб г1агарда» абурал ц1араздасан нилъеда бич1ч1улеб буго кинал пикраби ва пишаби авторалъ героязе къун ругелали.

Т1ахьил ахирисел 11 хабар абизе бегьула Паризал г1умруялъул т1анчал ругин.


Цо гьит1инабго бут1а «Г1умрудул лах1затал» абураб Париза Гереевалъул т1ахьидасан нилъее ц1алила _______________________

/ц1алула/

Библиотекарь: Унго, г1ажаиблъи гьаб дунялалъул,

Лъаларо лъидаго гьалъул балъголъи.

Бугеб х1икматаб жо дунялалъул рукъ

К1оларо батизе гьалъие жаваб.

Унгоги, гьаб дунялалъул х1икмалъи. Лъида кколеб бук1араб Салатавиялъул гьит1инаб Хубаралдаса маданияталъул зодибе инин берцинай маг1арулай Париза Гереевалъул ц1ар.

Амма Паризал ц1ва гвангъана сахаб Дагъистьаналда хъвадарухъан х1исабалда гурейги, журналист х1исабалдаги, к1удиял идарабазул нух малъулей х1исабалдаги, божарай гьудул-гьалмагъ х1исабалдаги, щаклъи гьеч1ей лъади х1исабалдаги, мисалияй эбел х1исабалдаги.


Париза г1емер дандч1вала г1адамалгун, идарабазул коллективалгун. Гьелъул х1еренаб, санаг1алъи бугеб к1алъай раг1ине бокьула киназего.

Цо чанго макъала хъвана Паризал х1акъалъулъ Шигьабудин Яндаевас, Юсуп Мух1амадовас, Уматай Х1ажиевалъ, Мух1амадшарип Г1абдулашимовас.


Халкъалъе машгьурай

Маг1арулазул шаг1ир,

Дур асарал ц1алидал

Ц1илъулин нижер рак1ал.


Культуралъул х1алт1ухъан

Х1аракатчаг1азда гъорлъ,

Бищун цебесеб кьерда

Даимго хут1аги мун!


Гъизилюрт шагьаралдаса Т1алх1ат Ахъбердиевас Паризаде хъварал гьал раг1абаздалъун лъугьине тезе бокьун буго нилъер жакъасеб данделъи. Баркала г1енеккаралъухъ.