Олимпиада по родным языкам
Школьный этап
Аварский язык 9 класс 2018/2019 учебный год
Т1оцебесеб т1адкъай – лексико-грамматикиял тестал (жавабал хъвай т1оцебесеб номералъул бланкалда кьун бугеб таблицаялда)
1. Хъвавул каламалъулъ бит1араб къаг1идаялда маг1на кьезелъун, бат1и-бат1иял лъалхъул ишараби х1алт1изариялда г1амго абула:
1) пунктуация; 2) орфография; 3) орфоэпия; 4) графика.
(3 балл)
2. Предложениялда жаниб ц1арубак1 определениелъун ккараб мисал бихьизабе:
1) Роц1аде балеб ц1адги, ц1орораб иццул лъимги,
Лъарал чучаб чвахиги черхалъе ц1акъ рекъола;
2) Щибаб рогьалида х1елкал ах1дола;
3) Инсанасул г1акълу ккола рек1арав,
Рек1ел гьава ккола гьесул сог1аб чу;
4) Хъах1аб гьинкатнилъан гьумерги баккун,
Гьай щий щуабилеб кьерда йигей яс.
(3 балл)
3. Бицен гьабулеб иш цого заманалда цадахъ лъугьунеб бук1ин бич1ч1изабулеб союз гьеч1еб жубараб предложение бате:
1) Г1азу бана, лъималаз чангъал къват1ире рахъана;
2) Сардилъ пири пирхана – сверухълъиго гвангъизабуна;
3) Камил саг1аталъ гаргадана – нижеда щибго бич1ч1ич1о;
4) Эбел юкъарилей йиго, эмен газет ц1алулев вуго.
(3 балл)
4. Модальниял гурел частицаби рате:
1) -ищ, -г1ан; 2) -ха, -г1адаб;
3) -ни, -х1а; 4) -ге, -ани;
(3 балл)
5. А гьаракь ккола:
1) т1асияб борхалъиялъул;
2) гъоркьияб борхалъиялъул;
3) гьоркьосеб борхалъиялъул.
(3 балл)
6. Фразеологиял синонимал рате:
1) к1удияб даран, г1емераб давла щвезе;
2) бице-кицаде хут1изе, мисаллъун бук1ине;
3) г1омо борлъизе, ч1анда бицине;
4) цилгун гени квине, х1инкъизе.
(3 балл)
7. Бит1ун слогазде бикьараб раг1и бате:
1) рах-хан; 2) ре-лълъин; 3) г1и-лла;
(3 балл)
8. Ц1арулал раг1абазул дандраял рате:
1) г1емер лъик1аб, вач1ине х1адурав;
2) бергьенлъи босизе, хехго ине;
3) велъулаго к1алъазе, гьанже бицине;
4) ц1акъ лъик1, г1емер мех.
(3 балл)
9. Управление абула:
Жиб нахъбилълъараб раг1и аслияб раг1иялъ цо хасаб падежияб формаялда бук1ин т1алаб гьабулеб бухьеналда;
Жиб нахъбилълъараб раг1и аслияб раг1игун рекъон кколареб, г1иц1го маг1наялъул рахъалъ цолъун бугеб бухьеналда;
Жиб нахъбилълъараб раг1и аслияб раг1игун жинсгин формаялъулъ рекъон ккараб бухьеналда.
(3 балл)
10. Подлежащее баянлъич1еб предложение бате:
Рокъоб жаниб бец1го буго;
Асиятица нуц1ида тункана;
Мух1амад директорлъун т1амуна.
Гьале нилъер бак1.
(3 балл)
Гьаб тексталда т1аса гьаризе ккола к1иабилебги лъабабилебги т1адкъаял
1)Щибаб соналда, къоло анкьабилеб ноябралда, дунялалдаго к1одо гьабула Эбелалъул къо. 2)Гьеб къоялъ т1орит1ула байрамал, лъималаз улбузда баркун, сайгъатал кьола. 3)Бихьизабула гьездехун бугеб рокьи. … 4)Щийха кколей эбел? 5)Унго, гьеб раг1ул берцинлъи, х1еренлъи, х1алимлъи, гьайбатлъи, борхалъи, гъварилъи. … 6)Эбелалалъ х1ехьолареб жо дунялалда щибниги бугодай? 7)Муг1рузда т1егьалел т1угьдузег1ан г1емер кьун руго эбелалъул рек1ее бат1и-бат1иял кьерал. 8)Щивав инсанасул г1умруялъулъ гьелъ цо хасаб бак1 ккола. 9)Г1адан ч1аго вугебг1ан мехалъ, пикрабазулъаги рек1елъаги унаро гьеб раг1и, амма ч1аго йик1аго киназдаго гуро гьелъул къимат гьабизе лъалеб. 10)Эбел йокьулилан гаргаданиги, гьелъие рокьи кьолеб гьеч1о, гьелда аск1ор г1одор ч1ун хабар бицине, гьелъулгун ургъел бикьизе замангицин батуларо г1емерисезда. 11)Кидаго батула гьабизе кколеб х1алт1иги, чара гьеч1ого т1уразе кколел х1ажатал ишалги. 12)Т1аде къварилъи бач1индал гурони, аск1оре рилълъине лъаларо, кинал ургъалабаз гьелъул рах1атхвезабун бугебали г1инт1амуларо, унтун бусаде ккараб мехалъ гурони кант1уларо. 13) Гьей гьеч1еб мехалда бич1ч1ула гьелъул къиматги. 14)Эбел ч1аго йигебг1ан заманалъ щай гьей йохизаюларей? 15)Щай гьейгун г1одор ч1езецин рег1уларел? 16)Жакъа нилъер г1емер руго росабалъ улбулги тун шагьаралда ч1арал, гьел Херазул рокъоре щвезарулел, лъимал рук1аниги гьел г1агарлъиялде рехун тарал. 17)Гьелъиейищха эбелалъ нилъ, къаси сардал рорч1ун, г1езарурал? 18)Лъимер кинаб бук1аниги, эбелалъе гьеб бокьула. 19)Гьелъ жиндирго лъимералде г1айибги киданиги рехуларо. 20)Г1умруялъго рак1бакъвазабун батаниги, эбел сундасаго т1аса лъугьуна.
21)Заманищ гьадинаб, г1адамалищ вах1щиял? 22)Дунялалъул маг1ишаталдаса эбел-инсуде руссине лъималазул заман г1олеб гьеч1о. 23)Гьединазда кват1ун гурони бич1ч1уларо эбелалъул къимат. 24)Дида лъала яс к1алъач1ого хварай эбел. 25)Гьебги щиб сабаблъун? 26)Васазе минаби ран кьураб мехалда, жиндиеги мина кьеч1огойилан квеш бук1ун бугоан гьелда. 27)Васазе маг1ишат гьабулей йик1анин муниланги абун, гьанже гьезул руччабаз хьихьейилан, гьикъун к1алгун, барщун ч1ана гьей. 28)Ясалъе къвариг1унарей эбел, нусабазеги щиб гьабизе? 29)Гьелъ кин к1одо гьайун ятаниги, гьединан гьайиларищ цогидазги. 30)Унтун бусаде ккараб мехалъги эбелалъухъе яккизецин инч1о гьей, росдал г1адамал хьваданиги, гьей жиндие цеего хванилан абулеб бук1ана вах1шияй ясалъ. 32)Хвалил босной лъурай эбелалъ чангиял рит1ана ясалъухъе ахирисеб нухалъ йихьизе йокьун йигин, щвезе яч1айиланги абун. 33)Щив к1алъаниги, эбелалъухъе ине яс мук1ур гьайизе к1веч1о. 34)Г1агаразда эбелалъ абуна, гьелда абейин, кинай йик1аниги дие гьей йокьулин ва гьелда т1асаги лъугьарай йигилан. 35)Гьедин, чохьол рижиялъ рехун тун, хвана эбел. 36)Кинал к1вар ц1ик1к1арал ругел: эбелищ, минайищ?
37)Эбел хведал гурони, кант1ич1о яс. 38)Бич1ч1ана цогидав чиясе жий ва жиндир ургъалаби къвариг1ун гьеч1олъи. 39)Росдал жамаг1аталда гьоркьобги гьелъул адаб хвана. 40)Гьелда бич1ч1улаан, жинца мугъ рехарабго, г1адамаз жиндир бицунеб батилеблъи. 41)Гьезул ургъел бук1инч1о, г1олей йик1инч1о эбел. 42)Г1олеб бук1инч1о эбелалъул г1акълуги г1умрудул малъа-хъваялги. 43)Ч1обоголъун бук1ана рак1, маг1ил ц1ун рук1ана берал. 44)Гьанже киг1ан г1оданиги гьей кват1ана.
45)Дирги гьеч1о эбел. 46)Гьей хваралдаса нахъе дир къо релълъуна чирахъ свараб рукъалда. 47)Эбел йигеб мехалда г1адаб рек1ел тирхиги, гьурмал гьимиги гьанже дир бук1унаро. 48)Гьеб бук1ана унго-унгояб талих1аб заман. … 49)Гьединлъидал ц1уне эбел.
(Сидрат Х1усенова, «Х1акъикъат» № 49, 25.11.2011г.)
К1иабилеб т1адкъай – цебехун кьун бугеб тексталъе грамматикаялда хурхарал т1адкъаял (жавабал хъвай т1оцебесеб номералъул бланкалда кьун бугеб таблицаялда)
11. 4-8 предложениязда гьоркьоб жинда жаниб сок1к1иналъул бухьен бугеб предложение бате (таблицаялда предложениялъул номер хъвай)
(3 балл)
12. 9-12 предложениязда гьоркьоб жинда жаниб частица –ги х1алт1изабун бугеб предложение бате (таблицаялда предложениялъул номер хъвай)
(3 балл)
13. 16-20 предложениязда жаниса росун хъвай рач1ул падежалда ругел киналго раг1аби (таблицаялда хъвай нужеда ратанщинал раг1аби)
(3 балл)
14. 40-44 предложениязда гьоркьоб интонациялъул кумекалдалъун г1адатал предложениял цолъизарун ругеб жубараб предложение бате (таблицаялда предложениялъул номер хъвай)
(3 балл)
15. 45-49 предложениязда гьоркьоб тайпа цоял членал гъорлъ бугеб предложение бате (таблицаялда предложениялъул номер хъвай)
(3 балл)
16. Лъабабилеб т1адкъай – цебехун кьураб тексталда т1аса сочинение-рассуждение хъвай
(21 балл)
Цебехун кьун бугеб текстги ц1алун, гьелда т1аса сочинение-рассуждение хъвай. Сочинениялда бук1ине ккола лъабкъоялда анц1гоялдаса ц1ик1к1ун раг1и. Сочинение хъвалеб мехалъ текст жисизабич1ого (переписать гьабун) хъван бугони, сочинениялъе цониги балл лъоларо.
Сочинение хъвалеб мехалъ, к1вар кьезе ккола:
– кинаб суал борхулеб бугеб авторас жиндирго статьялда?
–кинаб пикру бугеб авторасул гьеб суалалдехун?
– мун рази вугищ авторасул пикруялда? Щай?
– дурго г1умруялъул х1албихьиялдаса яги литератураялдаса мисал баче тексталда борхулеб суалалде данде кколеб?
– дурго пикру баян гьабе.