СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ
Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно
Скидки до 50 % на комплекты
только до
Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой
Организационный момент
Проверка знаний
Объяснение материала
Закрепление изученного
Итоги урока
Унсоколо росдал тарих,шамиль иммамсул заманлъул лъугьа-бахъинал,г1адаамазул яшав ва г1умру.
ЦЕБЕ РАГ1И
Цо рукъзал гьаризе кканани гlемераб гамачl,хъарщи-цlул хlажалъулеб гlадин,гьадинаб кlудияб росдал тарих хlужабаздалъун чlезе гьабизе кканани гlемераб жо лъазе ккола. Унсоколоб росдал тlубараб тарихалъул т1ехь гьеч1елъул гьеб лъазе гьабизе бигьаяб жо гуро. Кин бук1анигин дихъе гьелъул лъик1аланго баянал щвана. Дида лъай бижилалде Унсоколоб ратана 100 – 113 ва 120 сон г1умруялъул барал чаг1и: гьезул 1. Арутанил Г1алих1ажияв 1924 соналъ хварав, 2. Чирахъил Вух1ама 1935 соналъ хварав, 3. Салих1ил Вух1ама 1943 соналъ хварав, 4. Г1алиласул Х1асан 1943 соналъ хварав, гьездаса цевеккунго дида вихьилалде хун ватана маг1арул улкаялдаго машгьурав к1удияв г1алимчи Гаргадул Вух1амах1ажияв ва к1удияв Г1алих1ажияв ва гь. ц. Гьездасан ва цо – цо г1араб т1ахьаздасан ругел хъвай – хъваг1аял, гьединго цо – цо баянал, хабалазда ругел заназда ратарал хъвай – хъваг1аяздасанги щвана дихъе.
Дида к1очонароан г1олохъанаб мехалъ бицунеб раг1арабги ва бихьарабги хабар.
Гьединалго чаг1и рук1ана гьел дица гьаниб цебе ц1арал рехсарал г1адал ч1ах1иял чаг1иги.
УНСОКОЛО РОСУ
Гьеб ц1аралда т1асан бат1и – бат1иял гара – ч1вариял рук1ана кинан лъураб, кисан бач1араб ц1ар гьебан. Цо – цояз абулеб бук1ана ансадерида бищун г1агарухъ бугеб Харач1и росулъа Унсо абулев чиги вач1ун, т1оц1ебе гьаниб цо кули банилан ва гьелдалъун лъугьанила Унсокули абун. Гьеб щибго кьуч1 гьеч1еб раг1и буго. Я Харач1иб, яги Унсоколоб Унсо абун ц1ар бугев чи ватич1о. Маг1арул яги цогидал мац1азда гьоркьобги батич1о гьединаб ц1ар. Гьеб раг1и гьереси бук1иналъе нуг1лъи гьабулел жал цойгиги руго. Масала, Ансадерилги, Хереч1дерилги бищун цоцаде г1ага – г1агарал росаби рук1аниги цадахъ гьезул мац1 данде кколаро ва ракьазул г1орхъалабаздасан к1уди –к1удиял даг1бабиги рук1ун руго.
Харач1иса Г1умарил Х1усен абулев г1араб ц1аларав чияс абулаан Ансадерил хинлъимит1а бак1 жидер бук1анилан, жиндир церегусел умумузулго бук1араб къуръаналда гьелъул х1акъалъулъ хъвай – хъваг1ай бугила гьениб совхозалъул рукъзал жанир ругел хур нижер мажгиталъул хур бугила. Г1еб бук1инеги бегьула росабаз росабазул ракьал рахъулеб, боц1и талавур гьабулеб заманалда ансадерил росуги к1удияб бук1ун гьез гьеб хереч1дерихъа бахъун батизеги бегьула.
Харач1исес росу ккун бук1арабани хереч1дерил росу ц1акъ санаг1ат гьеч1еб бак1алда буго,бищун инсанасе х1ажалъулеб гьекъезе г1ураб лъинцин г1ениб бук1инч1о,лъик1аб пихъ батизе г1ураб хьиндаллъиги гьениб гьеч1о,хереч1 киналго гочине бегьилаан Унсоколоре,гьезул гьениб хасало бакъги щоларо.
Цо-цо г1адамаз Харач1и росу ц1акъго цебегусеб росулъун рик1к1уна, ай гьеб бук1анила г1урул раг1алда бараб росуян абула, гьанже г1ор г1одобе ккун бугеб куцалъул х1исаб гьабураб мехалъ гьелъ бан бук1ине ккола чанго миллион сон. Гьедин батани гьенир церегусел хабалаби рук1ине кколаан ва к1удияб ансадериладасаги ц1ик1к1караб росуги батилаан. Гьеб буго жибго жинцаго гьереси гьабулеб раг1и.
2. Цоги хабар бук1ана г1андадерил мац1алъ Унсоколоб абураб ц1ар хинаб лъел кули абураб ц1ар бугилан. Г1андиса гьенире рач1арал чаг1азда гьениб хинаб лъим батун гьез гьениб лъик1аб гьава – бакъ рекъараб бак1 х1исабалда кулиги бан, гьелги гьенир ч1ч1ун гьез ккураб кули бугилан. Гьебги кьуч1 гьеч1еб раг1и буго. Ансадерил ракьалда кибниги хинаб лъим батич1о.
3. Дида Г1алиласул Х1асаница бицана бит1араб хабар, цебеккун гьаб т1ехьалда ц1ар рехсарав г1арабист, Гаргадул Вух1амх1ажиясул цо т1ехьалда хъван батанила гьанже ансадерихъ бугеб ракьалда 9 росу бук1анила: 1 Щугъиб, 2. Марк1а, 3.Кушмат1а яги рачугох1илъ, 4. Колоб, 5. Г1инт1и, 6. Маккаби, 7. Ракьанлъалабазда, 8. Ругьулъ, 9. Унсоколоб гьанже росу бугеб бак1алда.
Гьел росаби гьедин рук1иналъе нуг1лъи гьабула гьабсаг1атги гьенир хут1ун ругел ч1вадназ ва цо – цо хабалазги. Х1акъикъаталда гьел росаби руго церегосел капурзабазул ай хъанчазе лагълъи гьабулел къавмазул росаби. Гьеб рит1ухъ гьабула бак1 – бак1азда гьезул хабалазда жаниб хъанч батиялдалъун, хобал бакъ баккудехун г1адин русине гьарун ратиялдалъун, гьел росаби рихун халкъул ват1анги бичун, лъутун руго Дагъистаналде г1арабиязул чабхъенал к1анц1араб 8 векалда. Бет1ералда Абул Муслим Шейхгун гьел к1анц1ун руго Хунзахъе, гьениб к1удияб рагъги лъун гьез хундерил т1алъи бахъун буго. Гьел хундерил г1адамал г1емерисел лъутун руго Грузиялде бет1ералда Баяр Г1абасгун, хундерил дагьалго чаг1и абуни Муслим шейхасде руссун бусурманлъун руго.
Нахъеги Баяр Г1абас гуржистаналдасан кумекгин Хунзахъе к1анцун г1арабал нахъе хъамун руго. Гьезде руссарал маг1арулазеги к1удияб г1акъуба кьолеб бук1ун буго. Цинги гьел бусурманлъарал маг1арулазда гьеб исламияб динги рехун тезе к1веч1ого гьел гьениса лъутун, гьанже Унсоколоб росдал гох1т1а мажгит бугеб бак1алда рещт1ун руго, сверун рохьги бугеб г1адамаздаса балъгояб г1адаб бак1ги бук1ун гьениб кулал гьарун руго, нахъеги 40 чияс довго Абул Муслим шейх Гъазигъумекисан цик1к1араб къуватгун Хунзахъе к1анц1ун хвалчадул рагъалдалъун гьел мут1иг1 гьарун руго, гьениб мажгитги бан гьеб мажгиталъуб хут1ба гьабулеб Минбаралъуб хвалчен лъун буго. Щибаб рузман къоялъ гьениб хут1ба гьабулеб мехалъ дибирас гьеб хвалчен кодоб кколаан, гьелъул маг1на бук1ана гьаб росу хвалчаца бахъараб бугин абураб.
Унсоколо ч1арал гьел г1адамазги гьениб мажгит бан буго, гьенибе Абул Муслим шейхас жиндирго г1анса бит1ун буго. Бусурман кули абун гьелда ц1арги лъун буго. Кидаго рузман къоялъ хут1ба гьабулаго ансадерил дибирас г1анса кодоб кколаан, гьаб саг1ат рагьараб мажгит бугеб Генуб мажгиталъубги г1анса буго.
Хут1ба гьабулаго дибирас кодоб кколеб гьелъул маг1на буго хвалчен бахъич1ого г1онсот1е руссарал бусурбаби абураб.
Унсокули абураб ц1ар буго – бусурман кули абураб раг1удасан бач1араб гьеб бит1араб, т1ехьалда батараб буго. Ансадерил г1адамал т1илал ричизе бат1и – бат1иял бак1азде унеб цебег1ан заманаялъ 4 – 5 цадахъ компания гьабун унел рук1ун руго, гьез къай ай т1илал цоцалъ журан унел рук1ун руго, гьелдалъун гьез цоцазда къайицадахъ абун абулеб бук1ун буго. Гьеб раг1и дагьаб нахъеде къасдахъ абун тана, гьанже г1емерисез (1980 сонал) асдахъ абун тола. Гьеле гьедин сверун бач1араб буго бусурман кули абураб раг1иги Унсоколоб абун.
Ансадерил гьедин ккураб росулъе, бусурманлъарал г1адамал бусурман кули абураб ц1аралъухъе г1емер бат1и – бат1иял бак1аздасан рач1ун лъик1аланго к1удияб росу лъун буго.
Нахъе – нахъеги рач1ун руго гьенире г1емерал г1адамал: масала, Унсоколоб бугеб Г1усманаби абураб к1удияб тухум К1ик1унисан бач1ун буго, Герега абулев чи Мок1сохъан вач1ун вуго, чангоял Грузиялдасан рач1ун руго, гьабсаг1атги цо – цо тухумалда гьезул ц1арал руго: къунц1и, исилал, гвергилал, арутаби, къумандаби ва гь.ц. Гьаниб абизе ккола Унсоколоб наник1арал – узданал абураб раг1и кисан бач1араб абун. Гьелъие гьадинаб жаваб буго. Цебеккун гьенире росу кквезе рач1араз гьениб г1емераб ракь ккун, гьелде кверщел гьабун буго. Гьезул ц1арал цо – цо бак1алда гьабсаг1атги хут1ун буго. Масала: 1. Рекъав Исмаг1илил майдан
2. Тамазал Хьунлъи
3. Г1аличил Лъет1абак1
4. Рапиг1ил гох1
5. Рапиг1ил гомог
6. Г1инт1и Къанц1ил ракьан
7. Гъазилт1ала ва гь. ц.
Гьездаса хадур рач1аразе гьез кьун гурони ракьал щун гьеч1о, цере рук1арал узданал, хадур ккарал лагъзал абун буго. Цере рук1араздасан х1укумат г1унц1ун буго, гьелда ц1ар бук1ана диван, гьелъул вук1ана 5 член. 4 чиясда абулаан ч1ух1бийилан, 5-абилев киназулго бет1ер бегавул вук1ана. Цо – цо бекьизе яги ах къвариг1арав чияс гьел гьоболлъухъ ах1улаан, г1емераб ц1олбол ч1аг1аги гьабун, оцги хъун кванан гьекъон рахъараб мехалъ гьез гьесда гьикъулаан бицедила дур мурад нижей гьабураб гьоболлъиялъухъ дуе баркалайилан.
Гьес ц1ар ч1валаан пуланаб ракь х1ажат бугилан, гьез жидедаго гьоркьоса цояв вит1ун кьолаан гьеб ракь. Гьебго заманаялда шариг1аталъул х1укму дибирги вук1унаан. Дибирасул х1укму диваналъ билъанхъизабулаан. Цо – цо мехалъин абуни дибирасулги бегавуласулги даг1ба раг1и кколаан, бегавуласе бокьахъе х1укму дибирас гьабич1они.
Цо – цо г1антал пикрабазул г1адамаз абула т1оцебе Унсоколо росу ккурал г1адамал чабхъенал гуржиялъе гьарун, давлаялъ ун гьенисан гьезулгун рагъалги гьарун пленалъ ккун рач1арал чаг1и ругилан, Унсоколо ругел наник1араби абулел чаг1иян. Гьеб кола ц1акъго к1удияб гьереси, щайгурелъул гуржиял руго Дагъистаналдаса чанго нухалъ г1емерал чаг1и, ансадерил цо нусго г1анав чияс гьенире к1анц1ун рагъал гьарулеб мехалъ гьел х1айваналги гурелъул гьел кире руссун рук1арал? Унсоколореги канц1ун гуржияз ккун анин г1адамалин абун бук1арабани божизе бегьилаан. Дагъистаналъулги чачаназулги боялги данде гьарун гуржистаналде к1анц1арав Шамиль имамасда к1веч1о гуржиязул ракьалъул цо бут1а гурони бахъизе, бахъараб гьебги кквезе к1веч1ого гьенисан щвараб давлаги босун нахъ вуссана Шамиль,т1аде жоялъе гьез сверун ккун гьезул асирлъуде ккезеги вахъун вуго. Бит1араб буго ансадерил г1адамазул чабхъенал гуржиялъе унаан балъгого гьезул рохьазда рахъун, сардил г1ужалда росабалъе к1анц1ун къачагъ х1исабалда гьениса боц1и бикъун,рукъалъул къай бикъун, щибго бер бахилаб жо щиб щваниги бикъун лъутулаан.Цо-цо мехалъ гьез ккун гъоркь ч1елал гьарун к1уди-к1удиял гъалмагъирал, ай рагъал кколелги рук1ана. Гьенив ч1ван вуго Унсоколоса «къанц1а» Маллах1ма, «Хан»Малачилав, Х1уричул Г1усман ва гь.ц. Гьезде гьабурал маг1аби ва гьезул х1акъалъулъ харбал дица нахъа баян гьабила. Буссурбан диналде руссине бокьун Гуржиязул г1адамал жидерго ханзабазул зулмуялдаса лъутун, яги гьениб бет1ер бахъи зах1мат бук1ун Дагъистаналде гочун рач1унел рук1ун руго.Гьедин рач1арал чаг1и гьанир Унсоколор г1емер руго, хасго гьел Унсоколоре г1емерал рач1ун руго исламияб диналъе г1оло хехгого бусурманлъарал чаг1аздасан г1уц1араб росу бусурман кули ц1ар бугеб бак1 бук1индал. Абулмуслим шейхас исламияб диналде руссине гьарурал хундерида гьоркьоб ц1идасанги ханзаби ц1илъун рач1ана ва гьез кверщел гьабулеб бук1ана т1олабго аваристаналда, гьезда т1ад к1удияб магъало (налог) лъун бук1ана, хасго к1одолъун бач1унеб Унсоколо росу гьезие бокьулароан. Гьезда т1ад бат1аго ц1ик1к1араб бук1ана налог.Гьел ханзабаз ансадерида т1ад лъун бук1ана ц1ибил, доб заманалда сапуналъул бак1алда рет1ел чуризе х1алт1изабулеб бук1араб ц1улакьодул ц1ул бух1ун ккараб рахъу, гьединго Хунзахъ бук1унареб ч1ег1ераб заз щиб-щибниги бак1 бацизе ва т1орщелги.
Ансадерие гьел налогал гьезул зулмабиги ц1акъ зах1малъун рук1ана,хадубккун гьезда данде къеркьезе,гьезул лагълъиялдаса киндай рорч1илаян ургъулел рук1ана.Гьеб заманаялда гьоркьоб росу лъик1го к1одолъана. Ансадерил росдал х1акимзаби ва г1акълучаг1и ургъана Хундерил халкъалда данде рагъизе г1ураб аскарги кутакги гьеч1о, кин гьабунги гьаб х1алалдаса рорч1ич1ого чараги гьеч1о абун.Гьез т1аса бищана гьадинаб х1илла. Г1емераб гьекъолеб жоги гьабун,г1емерал оцал хъун гьанги белъун гьел ханзаби гьоболлъухъ ах1ана.
Гьезие гьоболлъи г1уц1ана «маргъал иццт1а» къулг1адухъ щиб кканиги росдадаса бат1а т1ураб бак1алда лъик1илан. Гьенибе нахъехун нохъода жаниб абулеб бак1алда гьез жидерго бугеб къуваталда армия г1уц1ана хвалчабигун,хунжрулгун ай заманалда рекъараб рагъул алатаздалъун хьезабураб.
Ансадерил г1акъилзабаз х1акимзабаз х1укму гьабун буго, кваназарун гьекъезарун гьел ханзаби мехтизеги гьарун гъуризе. Рагъухъабазул бет1ерасда гьез лъазабун буго «т1огьиб щугъи» курак барщун бугилан, жидеца ах1идал х1адурго т1аде канц1ун гьел ханзаби гъуреян. «Т1огьиб щугъи» гьеб буго цо борхатаб мег1ералда ц1ар, гьеб курак барщулеб бак1 гуро, кинигин ханзабазда бич1улареб жидедаго лъик1 лъалеб г1аламаталдалъун к1алъазе, гъоркь бак1ги рекъезе гьабун ах1ун руго гьенире хундерил ханзаби. Гьелги рач1ун кваназе гьекъезе кеп гьабизе лъугьун руго. Зама – заманалда ц1ехолаанила г1олохъабаз «т1огьиб щугъи» курак барщун бугищан, ай гьел мехтун ругищан абулеб раг1и. Ханзабазе квен гьекъел кьолел чаг1аз жеги барщун гьеч1оян абулеб бук1ун буго. Ахир гьел лъик1го мехтун руго гьеб мехалъ ах1ун буго г1олохъаби «т1огьиб щугъи» курак барщун бугилан, гьеб мехалъ т1аде к1анц1ун г1олохъабаз гьел нуцаби ханзаби гъурун руго, гьелдаго цадахъ ансадерица сверун ругел хьиндалазул росабалъе ах1и бан буго ханзабазул лагълъиялдаса хвасарлъизе, гьезул магъалаби т1аса рехизе бокьарал чаг1и нижгун цолъизе рач1аян.
Г1андиг1урул раг1алдасан ругел росаби Игьалие щвезег1ан игьелгин цадахъ ансадерилъе рач1ун руго ва Могьохъе щвезег1ан авар г1орул раг1алдасан ругел росабиги рач1ун гьезул лъик1аб бо г1ун буго, гьез хундерие т1ок1аб магъалоги кьун гьеч1о. Гьеб бахъизе рач1ине гьездаги к1ун гьеч1о.
Гьелдаса хадуб цо Игьалисев щун вуго Г1орт1а Харахьиве, гьесда гьениб борхалъудасан гьородахъ биччан ролъ бац1ц1унел г1адамал ратанила. Игьалисес ц1ехон буго гьаб щиб бат1ияб къаг1идаялъ бац1ц1унеб ролъан, гьесда бицун буго Хунзахъ вугев ханасе магъалоде кьезе гьадин лъик1 бац1ц1ад гьабураб ролъ къвариг1унилан. Игьалисес гьезда абун буго нижеца хундерил ханасе магъало кьоларилан, ниж гьелдаса эркенлъанилан, ансалги цолъун нижерго бо ракьгин, нижерго ч1ух1бигун бегавул г1адабигун ругила ниж /г1алал/ абулел чаг1и х1акимзабазул амру т1убалел исполнителал. «Рач1а нижгун цолъе, ханасе магъало кьугеян» абунила Игьалисес. Г1орт1а колосел гьеб раг1иялдаса ц1акъ роханила. Ниж нужгун цолъила, амма нужоца кумек гьабизе ккела, нижецаги гьев ханасе магъало кьеларо гьесул чукъби рач1ине мех щолеб буго, гьезда данде ч1ей гьабизе х1адурлъизе нижее кумекалъе рач1аян. Игьалисес гьезие раг1и кьун буго богун гьениве вач1ине. Гьез гьесие росдае сайгъаталъе цо оц кьун буго, Игьалисев оцги бачун Игьаливе щун вуго. Жидерго г1адамазда данд бан буго жиндирги Г1ара Харахьдерилги ккараб жо. Игьелги разилъун руго гьезие кумекалъе рахъине, гьез сайгъаталъе бач1араб оц гьез ансадерие бит1ун буго бищунго г1емералги ва гьеб бо жеги г1емерлъизе къвариг1аралги гьел ругилан.
Ансал ц1акъго разилъун руго, оцги къабул гьабун Игьалибе лъик1алан боги бит1ун Игьелгин цадахъ г1орат1е ун руго. Гьенире магъало бак1аризе рач1арал ханасул г1алабиги чукъбиги рухулаго нахъе гъун руго. Гьеб мехалъ ханас жиндирго бо бит1ун Г1аралХерехьдерида рагъ лъун буго, гьениб / ахидуни / абулеб бак1алда хьиндалазул боца хундерил лъик1алан чаг1и гъурун руго. Рагъда жанир ансадерилги г1адамал ч1ван руго, гьабсаг1атги гьезул хабал гьеб ахидуниб абулеб бак1алда руго. Лъик1алан камиги ккун къвинеги къун хунз гьениса хъамун руго.
Г1орат1а ч1варазул рукъзабахъ маг1ирукъал рук1ун руго, Хунзахъги гьениб цо к1одоца маг1у гьабун гьадин ах1ун буго:
Ах1уд цере ккарал, ццим бахъин ц1акъал
Бах1арчилъи т1ок1ал, гьунар бергьарал
Хьиндалазде данде рахъинч1ел ани
Бихьилароан хунз гьаб къо нужода – абун
Гьей к1одот1а ццим бахъун хундерил г1олохъабаз гьелъул оц хъун буго. Гьелдаса хадуб ансадерилги бодулги лъик1го бах1арчилъиялъул хабарал т1орит1ун руго. Росдал х1акимзабаздаса бак1 – бак1алде давлаялъ чабхъад унел бол бут1рул, ай церехъаби абун жудоца абулел чаг1иги г1езег1ан рук1ун руго.
Гьединал чаг1аздасан кола:
Г1усманил Нурух1ма
Г1усманил Мух1амад
Къанц1а Малах1ума
Хазул Дарбиш
Гъуниял Вух1амаг1али
Валил Хъарах1ума
Хан Малачилав
Мух1адизал Вух1ама
Х1уричул Г1усман
Г1умарил Гъазих1ума ва гь. ц.
Гьезул лъугьа бахъиназул хадубги бицана, гьел чабхъад унел рук1ун руго Гуржиялъе ва лъараг1алде гьенисан г1ули – чуязул илхъаби, г1емераб г1и – боц1и хъамун, гьединго рукъзабахъе к1анц1ун гьел талавур гьарун гьабулеб бук1ун буго.
2 хабар
Гьарак1унисезулги бук1ун буго жалго жодода ч1араб жодорго ч1ух1би бегавулги бугеб гучаб росу:
Гьез Рихьундерил росдаде канц1ун,гьезул боц1и бахъун, ракьал рахъун гьел х1акъир гьарулел рук1ун руго. Гьеб х1алалдаса рорч1изеги к1оларого рихьундерица ансадерит1е ах1и бан буго. Ансадерил бо гьенибеги ун гьез гьерек1 гъурун руго. Гьеб рагъда ансадерилги ч1ван руго г1адамал. Хадур лъугьун ансалгин гьениса гьерек1 нахъе лъутун руго.
Гьерек1дерилги Рихьундерилги г1урхъуде щвараб мехалъ ансадерил бет1ер Хан Малачилас нахъ руссаян ах1ун г1олохъаби нахъ руссун руго, гьезул бищун цеве вук1арав цо г1инкъав чиясда гьеб ах1иги раг1ич1ого нахъеги валагьич1ого гьезда хадув вортун гьерек1дерил эхедиро абулев бак1алде щун вуго цере лъутулел гьерек1гин. Гьеб мехалъ гьев г1инкъас ах1ун буго гьанже нахъ руссун лъик1илан, нахъехун балагьарал гьерек1дерида гьев живго цох1о вихьун вуго, вах1 ансадерил чиги жеги нилъеда хадув вук1ун вугиланги абун гьебсаг1ат гьенив ч1ван вуго. Гьанже нахъаги гьерек1дерил эхероялъул ахаде гьесул хоб бук1ана.
Ансадерица гьабураб гьеб кумекалъухъ Рихьундерица гьезие подарок гьабун кьун буго «Нак1к1и мег1ерги» кинабго «Кушмат1а» бак1ги. Рихьундерилги ансадерилги лъик1аб мадугьаллъи ва цоцазе кумек гьаби гьелдаса нахъе г1емерго лъик1лъун буго.
Унсоколоса Х1уричул Г1усманил хабар.
Гьев Г1усман бах1арчияв цевехъан вук1ун вуго. Жиндирго чабхъенгун бак1 – бак1алде давлад хьвадулев вук1ун вуго. Жиндирго мут1иг1ал чукъбигун гьев чанго нухалъ лъараг1алде ва гуржистаналде ун вуго.Гьенисан къиматал давлабиги щолел рук1ун руго. Цо нухалъ Гуржи ц1ораде чабхъад араб бак1алда гуржиязулгин рагъги ккун гьев гьенив ч1ван вуго. Гьев ч1вараб мехалъ гьесул яцалъ гьадинаб маг1у гьабун буго:
Меседил хат1 хъвараб халатаб байрахъ
Диналъул х1убилъе Х1уричул Г1усман
Байрахъалда т1огьив т1угьилаб дарай
Алжаналъул т1егь лъе дир т1охьол аят
Хехго вач1а абе дир Г1усманида
Т1ут1акь лъураб бак1ил бох бекун бугин
Кват1угеян абе т1улил вацасда
Хъвехъари балелъуб хъанхъра бан бугин
Рагъуе гъурулел гъолодиселгун
Вагъизе т1амурав т1ул бикьарав вац
Байрахъуе ц1акъал ансадерица
Кквезе байрахъ кьурав гьагав байрахъчи
Гьабураб гъазаги дур т1убагеяв
Гъазияв ватундай Малачи тарав
Щварай х1урулг1инги х1алаллъугеяв
Х1урулг1ин ятунищ таманч к1очараб
К1игъежгу ц1вакараб дур г1арцул ярагъ
Лугби т1ерк1елаго т1ут1ун раг1ула
Г1ака кьун босараб Х1анапил ханжар
Ц1оралда тушманас борчун раг1ула
Зазгун хъарахъ баги Алазаналде
Гьанже Г1усманица бо бач1инег1ан
Ц1орол т1окъал лъеги гор къварилъухъе
Цинги Г1усманица байрахъ кквезег1ан
Бест1аллъи абизе дур лъимал гуро,
Бест1аллъана Г1усман маг1ида хъирин
Хунутай абизе ч1ужуги гуро
Хунутана Г1усман хведаб аргъумахъ
Раг1анищ г1адамал гьаб квешаб хабар
Цо т1ул бикьарав вац вокьун хут1арав
Раг1абаз бицинч1ищ абурай ч1ужу
Дур рек1ел вокьулев ракьалда лъунин.
Унсоколоса Г1усманил Мух1амад – ансадерил бах1арзазул ва церехъабазул цояв вук1ун вуго. Гьев Гуржиялъа Унсоколове гочун рач1аразул наслуялъул чиги вук1ун гьесда гуржи мац1 лъик1го лъалеб бук1ун буго. Гьев бах1арчи давлаялъ Гуржиялъе г1емер хьвадулев вук1ун вуго, къасде – къасде гьезул росабалъ сверулев вук1ун вуго ва жиндие санаг1атаб жо хал гьабун гьебги бикъун рохьазде унев вук1ун вуго. Гьезул цо росдал годек1аниб г1адамал т1ад г1одор ч1езе гьарурал ч1алаби рук1ун руго. Г1усманил Мух1амад къасде гьел ч1алабазда гъоркь вахчун ч1ун вуго къадги гьезда вихьулареб х1алалъ. Къад рач1ун гуржиял ч1алабазда г1одор ч1ун хабар – к1алалда рук1анила гьезухъ г1енеккун Г1усманил Мух1амадги вук1анила. Ч1алабазда гъоркьан гьесда раг1ун буго цо гуржияс цогидаздехун абулеб: нилъер гьаниб рохьазда Унсоколоса Г1усманил Мух1амад абун цо ц1акъав бах1арчи раг1улилан къачагълъун абун, амма гьесул ч1ужу цо бачавехьасухъ балагьулей раг1улилан ай гьесулгун рокьи гьабулей раг1улилан.
Гьеб хабар раг1идал Г1усманил Мух1амадил лугбузда сири банила ва сордо кидалдай бач1инаян ц1акъ х1алакун вук1анила. Къасде мех щварабго гьев къват1иве вахъун кивго ч1еч1ого Унсоколове вилъанила, гьасда жиндирго ч1ужуги рокъой ятана. Хал – шал гьабураб мехалда гьеб хабар гьасда бицунев чиги ккеч1ила жиндихъаго щвараб давла – жоги гьелъухъе кьун цо к1иго – лъабго къоги рокъоб бан гьес ч1ужуялда абунила жиндие нухда босизе квен къач1айдила жив гьанжисала цо лъараг1алдехун унев вугилан. Гьан белъун, чед бежун гьелъул хулжалги чода нахъа рухьун ч1ужуялъ гьав нухда рег1анила. Г1ор кьоги бахун Генуве г1агарлъулаго гьав цо рохьов вахчанила, къасде кват1араб г1ужалъ рокъове т1ад вуссанила, росдада гъоркь магъилъ цо балъгояб бак1алда чуги бухьун сих1ирго рокъовеги щун хал гьабунила. Гьесда ч1ужуялда аск1ов чи вук1ин лъанила, гьес нуц1ида к1ут1ун нуц1а рагьеян абунила. Х1инкъарай йиххарай ч1ужуялъ жиндирго вокьулев рокъоб бук1араб цо к1удияб къалиги к1ала гъоркье сверизе гьабун гьелда жанив вахчанила. Вай Мух1амад, щиб ригь гьеч1еб мехалъ вач1арав, щай вилъарав нухда г1араццин гурищ батарабанги абун гьев жаниве виччанила. Квешаб гъара батана, чудасаги ват1алъана хвеч1ого ворч1анаян абунила Г1усманил Мух1амадица. Йилъа мун эменги к1иявго ваццги ах1изе а, гьел дие къвариг1ун ругилан йит1анила ч1ужу гьел ах1изе, гьей ингин бак1 – бак1алде ваккулаго къолода гъоркь ватанила бачавехь. Г1усманил Мух1амадица гьесда абунила: мун расги х1инкъуге, дица мун хвасар гьавила шурич1ого гьенив вахчун вук1аян.
Кват1ич1ого ч1ужуги, гьелъул эменги вацалги т1аде щванила. Г1усманил Мух1амадица гьезда абунила дица гьай нужор яс йччан танила ва гьелда лъабабго ц1арги т1амунила, нужорго къай къват1ибе босеян.
Гьез къай – ц1а бак1арун рагьт1а сук1анила, гъоб къали эх1единго бук1анила, къолода аск1ов эхетун Мух1амадги вук1анила. Гьас гьикъанила гьазда лъуг1анищ нужор къай бак1арун, гьаз лъуг1анилан жаваб кьунила.
Лъуг1ич1ин, нужор жеги гьаниб къай бугилан абун бегизабун къалигун Г1усманил Мух1амадица бачавехь восун ч1ужуялъул къавуда т1ад лъунила гьавги нужор вугилан.
Гьеб мехалъ гьелъул эменги вацалги гьев ч1вазейилан лъугьанила. Мух1амадица гьезда лъазе гьабунила нужоца гьав ч1ваге, гьав нужоца ч1ванани дица нужги ч1валилан, жеги гьесие ч1ужулъун гьай кьеч1онанигин дица нуж ч1валилан. Гьес абухъе гьей гьев бачавехьасе кьун йиго.
Цо заманаялдасан хамил хулжалги ц1ун Г1усманил Мух1амад ц1оралдасан вач1унеб мехалъ т1у – т1ураб рет1елги рет1ун росу раг1алда бачада цее ч1ун ятанила гьесда жиндирго цее йик1арай ч1ужу, гьей гъарим жиндирго г1адаллъиялъ, гьелда бихьараб къоялъухъ балагьун, гьелда рак1 гурх1ун Г1усманил Мух1амадица гьелъие хуржиниса бахъун гурде гьабизе хам кьунила. Х1уричул Г1усманилги ва Г1усманил Мух1амадилги х1акъалъулъ хъвараб гьаб к1иябго хабар Аргъваниса Шамхалав Г1абдулат1ипил цебегусеб г1ажамалъ хъвараб т1ехьалдасан босана ва ч1ах1иял чаг1азул бицалъги гьадин батана.
Хан Малачиласул хабар.
Унсоколоса Хан Малачилав. Гьев вук1ун вуго к1удияв бах1арчияв цевехъан, реч1ч1изе лъугьинеги гьунар бугев, раг1и билъарав бах1арчи. Гьев жиндирго чабхъенгун давлаялъ гуржи –ц1оралде г1емер хьвадун вуго. Г1емер лъадахъани г1ерет1 бекулин абухъего, гьениве арав цо сапаралъ гуржияз гъоркьч1ел гьабун сверун ккун гьениб ккараб рагъда Хан Малачилав ч1ван вуго. Гьев ч1варав мехги хаслихъе мех бук1ун буго.
Гьев ч1ванилан хабар бач1индал гьесул ч1ужуялъ гьадин ах1ун буго:
Раг1уларищ ясал бац1ал рурулел,
Дир Малачиласул чорхол гьанги кун,
Рихьуларищ яцал нохъал сверсвелел
Цо дир вокьулесул бералги гьекъон,
Гогол барти хваяв Хан Малачилав,
Хъатул мута хваяв дир баг1арав хан,
Охолиса хварал харилъ рахчула,
Хасалихъе хварал т1адалъ рахчула,
Т1адалъдай вахчана Хан Малачилав,
Чалинивдай лъуна дир рокьул керен.
Гьаб хабар Г1алиласул Х1асаница бицараб буго. Хан Малачиласул ч1ужуялъ ах1араб гьаб маг1у к1удияб жо бук1ун буго гьасдаги т1убан лъалеб гьеч1о.
Къанц1а Малах1ума.
Гьев вук1ун вуго бах1арчияв цевехъан. Гьев хьиндалазул бодул щунусил бет1ер вук1ун вуго, ай щунусго чиясул командир. Гьев лъараг1алдеги чабхъенгун унев, кутакав чи, данде ккарал чаг1и х1инкъулеб бихьинчияб жинсалъул чи. Гьев чабхъенгун ц1оралде араб бак1алда, к1удияб гъоркьч1елги гьабун гьенив ч1ван вуго.
Гьев Малах1умил абурай ч1ужу ва щуго яцги рук1ун руго. Гуржи ц1оров гьевги ч1ван гьесул бо бихун буго, гьезул цодагьал чаг1и ансадерил (щалабат1а) абулеб магъилъан бугеб бол нухалъ рач1унел рук1ун руго. Гьенир нухда т1адехун жидерго хур лъалъалел рук1ун руго Малах1умил к1иго яц. Гьел рач1ине рихьидал данде к1анцун рач1ун гьез гьезда гьикъун буго кир рук1арал абун. Гьез абун буго Ц1оралде чабхъад ун рук1анилан, нахъеги гьез ц1ехон буго бодул хабар щиб бугебан: нахъеги гьез жаваб кьун буго к1удияб гъоркь ч1ел гьабун батун Къанца Малах1умаги ч1ванилан жалги риханилан. Гьенир цо цалъ реч1ун ч1и ч1идун к1ияйго яцалъ т1ад бук1араб рет1ел бихъ – бихъун банила. Нухлулал гьезухъ балагьун хут1анила, цоги нахъег1ан рук1аразда ц!еханила гьазул г1агарав чийищ гьев вук1араван, гьез бицун буго вац вук1анилан. Гьезул ц1акъ рак1 бух1ун буго гьезда гьеб бициналдаса. Гьесул гьел яцал к1анцолаго щванила росулъе, цо т1убараб моц1алъ гьезул рокъоб маг1ирукъ бук1анила. Гьез маг1илъ ах1улаанила «Щуяйго яц хваяв щунусил бет1ер» - абун. Гьей Къанц1а Малах1умие абун йик1арай ясалъ гьадин ах1ун буго:
Бокьуларо эбел рии бач1ине,
Риидал рахуна чуял маг1арде,
Рек1ейго г1оларо их бач1инеги,
Ихдал къач1адула къукъа ц1оралде,
Маг1ардаса лочнол чу бач1ун бугин,
Рагьея дир эбел гьел билал гордал,
Т1икъва маг1ал ч1валел чуял рихьизе,
Къирея дир эбел гьел къарал нуц1би,
Валлагь рагьиларо гьал билал гордал,
Гордада цун керен дур тураниги,
Валлагь къириларо гьал къарал нуц1би,
Нуц1ихъ эхетун мун танкан хванигин,
Яхъа ле Меседо т1охил раг1алде,
Ц1оралде къач1алеб къукъа бихьизе,
Яхъана Меседо т1охил раг1алде,
Т1икъва маг1ал ч1валел чуял рихьула,
Чуязда сверун лъун гьудул вихьула,
Инарилан абун дидаги абун,унев вуго эбел гьудул ц1оралде,
Теларилан дие къот1иги гьабун,
Толей гурищ йигей дун дир вокьулес,
Дун гьудулги яче жаниб ц1оралде,
Гьалмагълъун дунги ккве ц1орол муг1рузда
Мун цадахъ ячине пурсат гьеч1о дир,
Руг1ун г1азул ц1урал рорхатал муг1рул,
Гьалмагълъун мун кквезе къаг1ида ккелищ,
Чапун лъадал ц1урал гъваридал к1к1алал,
Дуца квер кьунани дунго йилъина,
Месед кунал чалу г1арцул язипат,
Рет1унге буртина, тоге дун рехун,
Абуравлъи лъазе кверг1аги баче,
Ячунейлъи лъазе т1агъурги хьваг1е,
Абурайлъи лъазе кверги бачана,
Ячунейлъи лъазе т1агъур хьваг1ана,
Меседил кьили ч1ван кьолон айгъиргун,
Ине хиял лъуна халатаб нухда,
Мунали чучила чу ярагъалда,
Дун лъиде чучилей чи гьеч1еб рокъой,
Цинги мун вуссинин сонгрода нахъе,
Дун лъиде юссиней инсул рокъое,
Жанибе ц1оралде цун къабукъанин
Ц1одорго ч1а абе гьел ц1оросезда
Ц1орол байдабахъе хъиргъуги анин
Ясал ц1уне абе гуржистаналда
Жаниб ц1орор ругел ц1орорал иццал
Ц1ердул чакарлъайги дур вокьулесе
Ц1орор ругел хъах1илал маччлал
Хъах1аб г1арацлъайги дир гьудуласе,
Къокъа ц1оралде ун анкь т1убарабго
Ясай къокъанила лъадай ц1езилан
Меседил г1ерт1ида г1арцул къвалги бан
Лъел ц1олел къулг1ада дандеги руссун
Гаргалел ратана къорол руччаби
Щурщудулел руго г!исин мусудул
Нужой талих1 кьеял къорол руччаби
Нужоца бицунеб дидаги бице
Талих1 кьун роххаял г1исин мусудул
Нужоца щурулеб дидаги щуре
Нижеца бицунеб дуда бицани
Дур баг1араб гурде ч1ег1ер белъина
Нижеца щурулеб дуда щурани
Дур чилайдул гъалал маг1ид пурщила
Бач1унеб раг1ула ц1оросеб къукъа
Ц1умур бараб барти гъорлъаги бахъун
Вай дун йилъинаро нахъ юссинаро
Гьадаб къокъаялда гьикъардич1ого
Бач1ун т1аде щвана ц1оросеб къукъа
Къукъаялъул бет1ер бат1ияв вуго
Ассалам г1алайкум г1олилал ясал
Ваг1алайкум салам ц1оралъул къукъа
Дир хъурайсин т1агъур кибехун тараб
Дир ч1ег1ераб чухъа щиб мохъалдехун,
Дур хъурайсин т1агъур дида лъаларо
Цо хъурайсин т1агъур хъазахълъиялда
Хъазахъасул гулид керенги борлъун
Дур ч1ег1ераб чухъа дида лъаларо
Цо ч1ег1ераб чухъа ч1ег1ер г1урулъе
Ч1ег1ераб нохъаца бералги гьекъон
Дуда гьеб гьикъараб дир к1ал ц1оройги
Гьикъидал бицараб дур щулайлъаги
Мугъзада бук1араб меседил г1ерет1
Агъат1аги тирун къадалъ кьабуна
Г1ерт1ида бук1араб г1арацалъул къвал
Квер ч1ван къот1ун кьуна бесдал лъимахъе
Симис меседилаб т1еренаб катан
Т1ут1ун г1одой бана къулг1адул к1алт1е
Босе г1исин ясал ясик1абазе
Накалда хъурщана квач1ид яхъана
Кват1ич1ого щвана инсул рокъое
Букъулеб батан баг1араб дарай
Лъут1улеб батана т1еренаб катан
Букъуге дир эбел баг1араб дарай
Лъут1уге дир эбел т1еренаб катан
Дарай баг1ар бугин рак1 ч1ег1ер бугин
Катан т1ерен бугин т1ул биццат бугин
Т1аме дие эбел хулайдул бусен
Лугби туризег1ан кканин егизе
Т1адеги реххея харайдул юргъан
Гъалал х!улизег!ан гъоркье яхчизе
Къаданибги лъея хумил къандалъо
Къунщбал х1улизе т1ад бет1ер лъезе
Дур гъоркьияб хьибил ракьгун жубаяй
Гъалал х1улизег1ан мун щай яхчулей
Дур ч1ух1арав эмен мажгитул гордухъ
Дур пахруял ваццал годек1абазухъ
Зодихъе вахъаги ч1ух1арав эмен
Ч1ух1арав инсухъищ дир рокьи ккараб
Жужах1алъуй ккайги пахруял вацал
Пахруял вацахъищ балай бергьараб
Дир рокьи ккарав вас хъазахълъиялда
Хъазахъасул гулид керенги борлъун
Балай бергьараб жо ч1ег1ер г1урухъе
Ч1ег1ерал нохъаца бералги гьекъон
Гьардарал гурелдай рохьазул чанал
Дир г1амал берцинил чорхол гьан кварал
Цогиги дах1алал ч1ег1ерал нохъал
Цо дир вокьулесул берал гьекъарал.
Къанц1а Малах1умил х1акъалъулъ хабар, Арутанил Г1алих1ажиясдасан бицараб буго, гьаб маг1у ансадерил г1ачиязда вехьлъун вук1арав цо Буц1раса Вух1ума абурав чиясдасан лъараб буго.
Ххазул Дарбишги гьесул к1иго гьалмагъги ц1оралде щвараб мехалъ жодорго къокъаялдасаги рат1алъун жодойго санаг1атаб давла балагьизе цо рохьосан ун руго. Гуржиязул гъоркь ч1алиде т1аде кканила, гьенир гьез сверун ккун ч1вазехъин рук1анила. Дарбиш гьезде вортанила к1иявго гьалмагъ ралагьун хут1анила бахъун ханжаргун цоязде вортун цоязда кьабун, гьесул гьунар бихьидал гуржиял рахъ – рахъалде лъутун рихизе лъугьанила. Дарбишица гьалмагъзабазде ах1анила: «Нужор кверал къот1аял, нужоцаги кьабе дица г1адин, нуж сундухъ ралагьун ч1арал» - абун. Гвергил Нурух1ума абулев гьезул цояв гьалмагъас абунила ансадерил годек1анив дун т1ок1алъ гьав Дарбиш вугев бак1алда г1одов ч1еларилан. Гьезие гьенисан лъик1алан давлаги щванила. Цойгидав гьалмагъас абунила жинца гьеб давла босиларилан.
Г1умарил Гъазих1ума
Гьев расги х1инкъич1ого хвалда данде вортулаанила, жиндие санаг1атаб давла бугеб бак1алде бер къанщун к1анц1улаанила. Гьев жиндирго гьит1инаб къокъагун цадахъ ц1оралъул рохьазда свердилел рук1анила, бак1 – бак1аздасан сардилъ рохьабазде раккарулаанила. Гьезда цо росулъ жанирехунги къват1ирехунги хъаравуллъиги бугеб цо ханасул хъала батанила.
Гъазих1умица гьалмагъзабазда лъазе гьабунила гьаб цояб рахъалдасан нуж гъол хъаравулзабазде кьвагьдеян, доб рахъалдасан цо халатаб рахиги къадат1а базе гьабун дун жаниве к1анц1илилан. Гьедин къвагьдезе гьалги т1амун Гъазих1ума жинцаго абулеб бак1алдасан хъалаялъуве к1анц1анила. Гьалмагъзабазул кьвагьиялъул гьаркьихъе к1алт1у бугеб рахъалде рак1арарал хъаравулзабазда нахъасан бахъун ханжаргун кьабизе лъугьанила. Каву рагьеян гуржи мац1алъ цо гьаракь гьабунила цоцалъ ч1ван риххун ккарал гьез каву рагьанила. Гъазих1умица гуржи мац1алъ рагье – рагьеян ах1анила, къват1ирехун рук1аралги жанирехун рук1аралги цадахъ лъутанила. Гьезда рак1алде кканила жудодаго гьоркьоса гьалмагъас ах1улеб гьаракь батилин гьебан. Гьебсаг1ат Гъазих1умил гьалмагъзаби т1аде к1анц1анила, гьез хъаладул к1алт1а жидерго хъаравулзабиги тун жанир свердун щварас щварабги босун дунял рогьиналде гьеб ракь тун, жудоего х1инкъи гьеч1еб бак1алде рорч1анила. Киназго щвараб жо данде рехараб мехалъ гьезул лъик1аланго давла ва гарац месед г1унила. Гьез х1укму гьабунила т1ок1алъ нахъ балагьич1ого гьебги босун Унсоколоре т1ад русcине. Гьедин руссун Унсоколоре щвейгун Гъазих1умица жиндиего щвараб бут1аялъухъ «Г1олот1а» абулеб магъилъ цо к1удияб хур босун буго. Гьеб хур гьанже нахъа колхоз гьабизег1анги ункъоязе кьун бук1ана, лъимадул лъимадулги лъималазе, гьабсаг1атги дида лъала гьеб совхозалда кодоб буго.
Мух1адизал Вух1амил хабар
Гьев вук1ун вуго нусил бет1ер, ай бодул нусго чиясул командир. Гьевги г1емер Гуржистаналде ва Лъараг1алде чабхъаде унев, давладе ругьунав гьунар бугев чи вук1ун вуго. Гьев жиндирго рек1аразул къукъагун цадахъ, ай хьиндалазул росабалъан лъик1алан г1олохъабиги рак1арун Лъараг1алдехун унев вук1ун вуго.Гьезда цадахъ цойги щунусил бет1ерги вук1ун вуго,амма киса щив вук1аравали лъач1о.
Гьединаб к1удияб къукъагун Гьарак1унисан гьерек1дерил г1олохъабиги г1ахьаллъун гьел Шишилик1 маг1арде рахун руго. Къасе канлъи къот1изег1ан гьенирги рук1ун канлъи къот1арабго гьел т1аса гъоркье ралагьун ун руго. Гьарак1унибе г1агарлъулеб к1к1алахъ гьезие к1удияб гъоркьч1ел х1адурун бук1ун буго лъараг1аз. Чабхъада цеве вук1ун вуго щунусил бет1ер Мух1адизал Вух1ама. Гьел т1аде щолаго лъараг1аз гьезулгун рагъ боркьун буго. Гьенив ч1ван вуго дов щунусил бет1ер Мух1адизал Вух1амаги. Гьенисан гьезул бо биххун муг1рузде балагьун лъутун руго.
Гьедин лъутулаго гьезие бет1ерлъи гьабун буго Гьарак1униса цо Къадар абулев чияс. Гьезул цо к1иго-лъабгоясул чуял ч1ч1ун хут1ун руго, гъоркьго хут1улелги рук1ун руго.Гьезда гьоркьов живги вук1анилан бицун буго Арутанил Г1алица.Къадарица ах1анила: «Ле г1олохъаби, нилъер щунусил бет1ерги ч1вана, ч1аго ругел г1олохъаби гъоркь хут1улел руго, гьел тушманзабахъе щвани нилъее лъуг1улареб рогьо бугоян». Гьеб мехалъ г1олохъаби кьурун т1адги руссун гьел хадур хут1арал чаг1и гьез цере къот1анила. Лъараг1азухъе щварал щунусил бет1ер Мух1адизал Вух1амилги цойги Унсоколоса Вух1амг1али абулев чиясулги бут1рул къот1ун Щурае росун ун руго лъараг1аз.
Унсоколоса Г1усманил Нурух1ума
Ансадерил церехъабазда гьоркьов гьел церехъабазул заманалда бищунго хадув вахъун вуго Г1усманил Нурух1ума. Гьев вук1ун вуго цо рахъалъ тухум к1удияв чи, к1иабизе бечедав сих1ирав чиги. Гьесул заманалда ансадерил росу лъик1аланго к1удияб бук1ун буго. Гьенир г1олохъабиги г1емерал рук1ун руго. Гьев ц1оралдеги г1емер хьвадун вуго.Гьесул заманалда росулъ г1емераб г1адлу-низам лъугьун буго. Къват1исел сверухъ росабиги гьесде руссун руго. Х1асил хьиндалазул росаби гьесда сверухъ гъункун руго. Гьес абун буго маг1аруллъи хундерида ай гьезул ханзабазда хадур ругеб г1адин хьиндалал ай куракудул гъвет1 бугеб щинаб бак1 жинда хадур рилъаян. Гьедин рилъунелги рук1ун руго.
Гьедин гьел жинде мут1иг1лъулел рук1инги х1исабалде босун гьес цойги сих1ираб нух т1аса бищун буго. Гьесул божарал гьалмагъзабиги рук1ун руго: «Бурт1ил Исх1акъ», Г1алил Гъазих1ума, Х1анзалав, Ищт1улав ва гь. ц.
Г1усманил Нурух1умица гьел жиндихъего гьоболлъухъ ах1ун руго. Оцги хъун, г1емераб ц1олбол гьекъелги гьабун. Гьениб квана – гьекъолеб бак1алда гьес гьоркьоб лъун буго: жив хьиндалазул ханлъунги гьавун гьел жиндирго хадур чаг1и, ай вазирзабилъунги гьарун хьиндалазул росабат1а магъало лъезе, ай щибаб рукъалда т1ад гьеб соналъ цо –цо г1анк1удал хоно лъезе хадубккун к1и –к1и лъаб – лъаб хоно лъун дагь – дагьккун гьеб ц1ик1к1инабизе. Маг1арулаз хундерие ханзабазего г1адин хьиндалаз жиндиего магъало кьолеб къаг1ида г1уц1изе.
Жодоегоги магъалодул бут1а щвеялда хьулги лъун цо – цоял гьелда разилъун руго. Бурт1ил Исх1акъиц1а абун буго: «Нурух1ума, хундерилги гьезул ханзабазулги зулмуги т1аса рехун гьадин эркенго ругеб мехалъ дур ханлъи х1ажат гьеч1ила, жакъа хоно лъела дуца хадусала оцги лъела, гьебищ дуда рак1алда бук1араб? Гьелъиейищ дуца ниж гьанире ах1арал», цо кунеб бук1араб гьанал мах1у г1одоб реч1анила Бурт1ил Исх1акъиц1а, гьаб квараб гьекъараб жоялъухъ ханлъи къвариг1унищ мун вук1арав абун. Цо – цоял Нурух1умихъан рахъун, цоял Исх1акъида нахъасан рахъун к1удияб даг1баги ккун щибго х1асилги ккеч1ого рихун руго гьениса. Гьелдаса нахъе к1ийиде бикьараб х1исаб ккун буго росдалги.
Цоял цоязда хадур рилъинч1ого цоцахъе ц1ай гьарун г1адамалгин цоцалъ жах1да – х1усуд бижун буго. Гьелдаса хадуб цо игьалисев вач1унев вук1ун вуго Унсоколове. Росда т1адехун цо колода вук1ун вуго Бурт1ил Исх1акъ, гьесда т1аде вач1ун вуго игьалисев. Хъваш – башги гьабун Бурт1ил Исх1акъица гьикъун буго киса киве унев чи абун. Гьес бицун буго дун игьалиса вугилан, дие цо сапаралъ ине бокьун буго, гьедин лъидал Г1усманил Нурух1умихъа кагъат босизе вач1унев вугилан. Исх1акъица гьесда абун буго ц1акъ лъик1 вач1ун вуго гьедин Нурух1умихъа кагъат босич1ого сапаралъ рик1к1аде ине бегьулареблъи кин лъараб абун.
Игьалисес абун буго жодор бегавулас гьедин лъазе гьабунилан. Исх1акъица гьев рокъове гьоболлъухъ вачун вуго. Квана – гьекъезеги гьавун къасде нилъехъе Г1усманил Нурух1ума щулариланги абун г1адамал кьижизе заман щвезег1анги тун Исх1акъица гьев рукъалъул х1обода вухьун вуго ва лъик1 сверун жоялъ вухун вуго. Гьелдаса хадуб гьедин вухьахъего цеве къот1ун гьевгун росдал ракь тезег1ан ун вуго. Г1ашилт1ехун регулеб бак1алде щвейгун вичун виччан гьесда абун буго: «Нужоца Нурух1умие гьединаб ханлъи кьоге, нужор бук1а, цогидал росабазул рук1а гьесухъа кагъат босизе гьаниве вач1арав чиясе гьадинаб тамих1 гьабулила жодоца» - абун. Гьеб хабар бак1 – бак1алда т1ибит1ун буго. Исх1акъица жиндие квешезе гьеб иш гьабураблъиги лъан гьев ч1вач1ого теларилан вук1ун вуго Нурух1ума.
Гьев Г1усманил Нурух1умал «Гебегалилъ» абулеб бак1алда г1емераб рекьиги,г1и-боц1уе мина-къайги бук1ун буго.Гьесда т1адехун бекьдерил гъамит1а абулеб бак1алда Бекьилъа К1орчиласул Г1али абулев чиги вук1ун вуго жиндирго г1игин,къай-минагин.Нурух1умил г1ухьбуз Г1али тухаб щинаб заманги т1аса бищун,гьесул куйдул рикъулел рук1ун руго.Нурух1умица жиндирго г1и-боц1и риидалил муч1дузде Г1арахъ маг1арде рит1араб мехалъ гьев г1ухьбузде,г1и-боц1иялде ваккизе маг1арде унев вук1ун вуго.Гьев щун вуго бекьдерил гъамит1е,гьесда гьенив ватун вуго К1орчиласул Г1али,бах1арчияв чийилан абулев чи вук1ун вуго гьев Г1али.Г1алица Нурух1умида абун буго: «Я гъарин Нурух1ума,хварав чиясда хадуб хъвезе барахщарал дир куйдул дур г1ухьбуца рикъун,хъун дие ц1акъ дие г1акъуба кьолеб бугилан» - абун. Нурух1умица ч1ух1адго абун буго дир г1ухьбуз гуро дур куйдул хъурал дир ясаз хъун руго, гъозда абеян. Г1алил кутакалда ццим бахъун буго, бахъун к1удияб ханжаргун эхедеги к1анцун Нурух1умил гьодилъ кьабун гьев чодаса гъоркье вортизе гьавун вуго.
Ансадерил ах1и бахъун Нурух1ума молот1а лъун Унсоколове хвеч1ого восун вуго. Росулъе щолеб мехалъ гьес абун буго Бурт1и Исх1акъил рукъалда цевесан восуге живан. Бат1ияб нухалъ восун рокъове щвейгун Нурух1ума хун вуго. Гьеб мехалъ гьесул тухумалъул чаг1и чабхъен гьарун ансадерил г1олохъабигун Бекьилъе рортун руго К1орчиласул Г1али ч1вазе. Гьедин гьел рач1унел рук1ин лъарав Г1али росу раг1алде цо щулияб сиги гьабун гьениве жаниве лъугьун ч1ун вук1ун вуго. Бокьарав вач1а, вач1 –вач1арасда туманк1 реч1ч1илиланги абун. Гьев гьедин вук1ин лъарал ансал бат1ияб нухалъ Бекьдерил росулъе к1анц1ун руго. Гьез Бекьдерида лъазе гьабун буго жодохъе кверде вач1ине гьавун Г1али кьеян, нужое щибго заралги гьабиларилан, амма гьев кьеч1онани гьесул хъизан – лъималги гъурилин, дандеч1ей гьабуни нужер росуги бух1улилан. Гьеб мехалъ Бекьдерил г1адамал Г1алиде аск1оре ун гьесда гьарун буго мун сабаблъун к1удияб балагь бач1унеб бугин кверде вач1анани дуеги нижееги щибго заралги гьабизехъин гьеч1илан. Гьезул гьари къабул гьабун Г1али кверде вач1ун вуго. Ансал бекьдерил мажгиталъуре руссун руго т1аде Г1алиги вач1ун вуго. Гьез Г1али гьенив мажгиталъув ч1ван вуго.
Г1ага шагарго гьеб бук1ун буго 17-еб г1асруялъул бакьулъ заман.
Гьаб Гусманил Нурух1умил хабар дие бицана гьесул наслуялъул чи Шагьасул Вух1ама абулев маххул къебедас. Гьев ц1акъ хабар лъалев чи вук1ана, гьев хвана 1940 соналъ. Гьабсаг1ат Унсоколоб бугеб Г1усманаби абулеб тухум гьев Г1усманил Нурух1умил буго.
3 хабар.
Шамил Имам вахъиналде цебе гьеб бук1ун буго 18-еб г1асруялъул авал. Гьеб заманалда имам Гъазимух1амадги, имам Шамилги Унсоколо мутаг1илзабилъун г1араб ц1алулел рук1ун руго. Гъазимух1амад гьит1инго бесдалго хут1ун вук1арав куц буго, гьесие эменлъи гьабулеб бук1ун буго Унсоколоса Къебед – Якъуб абулев чияс. Гьев Шамилидаса 3 – 4 соналъ к1удияв вук1ун вуго. Гьел к1иялго г1олохъаби г1елалдего лъик1ал гьунар бугел чаг1и рук1ун руго. Гьанже нахъе 1938 соналде щвезег1анги Унсоколоб к1удияб мажгиталъуб мокърукье г1агарараб бак1алда цо маг1 бук1ана Шамилица векерун г1одосангун эхедеги к1анцун гьеб маг1ида бараб т1агъур бортизабулеб бук1анила. Г1одосан борцун гьенибе 3 метралде г1агарараб манзил бук1ана. Гъазимух1амадихъ цо Унсоколоса г1аданалъул рокьи ккун буго. Гьелъул г1агарал чаг1ада гьебги лъан гъалмагъир ккезехъин бук1ун Къебед – Якъубица Гъазимух1амад Генуве щвезе гьавуна, гьениб ч1ужуги ячун жиндирго васлъун гьавун рукъалде вуссине гьавун вуго.
Гьелдаса хадуб Гъазимух1амадица имамлъи гьабизе лъугьараб мехалъ гьев Унсоколове вач1ун Къебед – Якъубил бак1алде рещт1ун вуго. Гьев Къебед – Якъубил рукъзал гьанже Къебед Вух1амил Муртазг1алил ругел рукъзал руго. Гьанже РАйПОялда аск1ор ругел гьел рукъзабазда цебе бак1алда бачал гъолеб бак1илан абула ан, гьениб собраниялде росдал жамаг1ат данделъулаан кидаго. Гьев Гъазимух1амад имамлъун Унсоколове вач1араб мехалъ гьенибе росу бак1арун буго. Гьес гьезие хабар бицун буго жиндирго имамлъиялъулги, росдал г1адлу тадбир ц1идасан шарг1алда рекъараб къаг1идаялъ г1уц1изе ккеялъул х1акъалъулъ. Гьелда росдал г1адамал цо – цоял ц1акъ разилъун гьесул мюридзабилъун лъугьун руго, цо – цо бечедал росдал х1акимлъи кодосел чаг1и гьесде данде ч1ун руго. Гьесда данде ч1арал чаг1азда мунафикъзаби абун ц1ар лъун буго. Ч1ег1ерав Х1ожоги гьесул чукъбиги Гъазимух1амад радал т1аде вахъиналде басриял хабалалъ гьесие гъоркьч1ел гьабун гьесда туманк1 реч1изе къач1ан рук1ун руго. Цо – цояз Къебед – Якъубил мадугьаласда абун буго дурр азбаралъусан санаг1ат бук1инин гъосда туманк1 реч1ч1изе ниж гьенире риччаян. Мадугьал Х1амзалас гьел риччан руго жиндирго рукъалъул гордунисан Гъазимух1амад ч1вазе. Гъазимух1амадиде руссарал чаг1азда гьебги лъан гьез гьев ц1унун вуго. Гьел Гъазимух1амадгун цадахъ къват1ире рахъун руго.
Гьезда гъорлъ рук1ун руго:Къарнайил Т1агьир, Аладил Муса, Г1алисултанил Г1ама, Гаргадул Мух1астан, Къурманил ДибирВух1ама, Арутанил Г1али, Бербаг1ар ва гь. ц. гьев Къарнайил Т1агьир гендерил к1к1алахъ Гъазимух1амадида цадахъ ч1ун вуго. Гъазимух1амадица гьесие яс кьун гьев гьесул дурцги вук1ун вуго. Гьев Гъазимух1амад ч1вараб гендерил к1к1алахъ ккараб рагъда Шамилидаги г1емерал ругънал щун руго. Гьев сардил г1ужалда Унсоколове вач1ун вуго гьезул Колоб магъилъ абулеб бак1алда ва Г1адилгерей абулев чиясул Колода рещт1ун вуго. Шамилилги гьесулги лъик1аб лъай хъвай бук1ун буго. Г1адилгерейица балъгого гьениве Шайихил Х1усен абулев ругънал устар ах1ун гьес Шамил сахлъизе гьавун вуго.
Гьелдаса хадуб Гьоц1алъа Х1амзат имамлъун вахъун вуго. Гьес киналго хьиндалазде ах1и бан буго Хундерил ханзабазеги гьезул магъалоялъеги ахир лъезе живгун цолъизе рахъаян. Хьиндалал гьенире гъираялда рахъун руго ва гьез нуцаби гъурун руго. Гьезул х1акъалъулъ гьабураб гьаб назму щвана дихъе Унсоколо г1ачиязда вехьлъун вук1арав довго Буц1раса Вух1амихъан:
Ансал генал рекъон диванги гьабун
Дов Гьоц1алъа Х1амзат имамлъунги тун
Игьалиса Саг1ид дибирлъунги тун
Дов генуса Шамиль цевеги гьавун
Рач1ун рещт1ун ч1ана Хундерил магъилъ
Г1ангисил хуриб чадиралги ч1ван
Чол рехъед гъун ана г1урччин магъилъе
Рахъа Хунз къват1ире лъик1ал бах1арзал
Лъаг1алий бекьараб цо лъаг1алил хур
Чол рехъед жаниб гъун кваналеб бугин
Рахъинарищ ч1ух1би ч1ух1арал ч1унк1би
Ч1ух1дае гьарурал ханасул гьундул
Гьобогьун рач1огун гъобе ц1олбокье
Кваниги к1варич1о цо лъаг1алил хур
Г1умахан Нуцалхан ч1аго ругони
Ч1алг1аде бекьила гьаб соналъул хур
Я гьел ханзабазда рух1 бугонани
Кидаго нак1к1 лъеч1еб Г1акаро мег1ер
Лъоле к1к1уйдул пача муг1рул раг1алда
Гьеб гьересийилан лъач1ез абуни
Бахъинч1ищ бидул ихх Гьолокьа эхе
Гьанже къач1адана гьидгун къаралал
Мугъзад къуч1биги ран къач1азе лъана
Ах1дезе рек1ана Х1амзатил магъущ
Анщинахъе давла лъик1аб щоларо
Бекьанщинахъе хур ц1ун бач1унаро
Хвалчадул г1оркьал ккве лъик1ал бах1арзал
Г1умаханги вуго чодрода жанив
Чакарал гьанада г1арцул ярагъ бан
Нуцалханги вуго тобтил раг1алда
Бидул х1оринибе х1ат1алги риччан
Меседил кинида куцараб булач
Кин к1варал хагенал г1уруй виччазе
Г1арцул тахбак1ида куцарал лугби
Сук1анищ Г1умахан сумал хурибе
Г1умаханил Бахул халатаб габур
Хвалчаца къот1араб къиямасеб къо
Бахуе гьарурал гьиналъул васал
Г1ияхъе хъвехъарал ахир замана
Г1умахан вук1унеб билал к1алг1абахъ
Гьанал хьагал лъуна дол хьиндалаз
Х1асанхан вук1унеб сивуда жаниб
Къосол къай ч1вана дол багулаца
Азарилав Шамхал,Хунзахъ Г1усман
Гъумекив Сурхайхан,хансултан Ах1мат1
Ругеланищ ч1аго гьел айгъурзаби
Ч1аго дунялалда гьанже риччазе.
Гьоц1алъа Х1амзатица гьединал рагъалги гьарунХундерил т1алъи кодобе босун буго, заманаялъ гьелги гьесде мут1иг1лъун руго. Х1амзатица жиндирго бо, ай бодул г1адамал рокъо – рокъоре риччан руго т1ок1алъ жинда данде вагъулев чи Хунзахъги гьеч1илан. Гьедин бугониги Х1амзатица жиндирго г1акълучаг1илъун, наибзабилъун,ай г1адлу тадбир росабалъ билъанхъизабизелъун щибаб росулъа цо-цо раг1и билъарал чаг1и жиндаго аск1ор тун руго. Гьез росабазе нухмалъиги гьабулеб бук1ун буго. Гьезда гьоркьор рук1ун руго: Игьалиса Саг1ид,Генуса Шамиль,Унсоколоса бецав Г1алилав,Балахьуниса Муса ва гь.ц.,х1асил гьезул вук1ун вуго 30 г1анасев чи. Гьедин г1одоре риччан рук1адго цо тохаб заманги хал гьабун хундерил г1адамал ургъун руго имам Х1амзат ч1вазе. Рузман къоялъ мажгиталъуб гъоркь ч1елги гьабун цо Г1усман абулев чияс Х1амзат таманча реч1ун г1одов ккезе гьавун вуго. Х1амзатида цадахъ вук1арав Х1ажиясул Мух1амад абулев чияс Г1усманги ч1ван вуго, гьев Х1ажиясул Мух1амад хундерицаги ч1ван вуго. Гьенив кинавниги 7 – 8 чи ч1ван вуго. Гьенир Х1амзатгун рук1арал росабазул г1адамал рихун руго ва гьенисан рач1унаго гьел данделъун руго Г1арахъ мег1ералда гъоркь Г1орк1ич1ибе г1агарараб бак1алда, цо нохъода гьез гьоркьоб лъун данд бан буго гьадин къун рук1ине къабул гурилан, Хундерил ханлъиги ц1илъун бач1ун гьез нилъ ц1акъго х1акъир гьарилилан. Гьаб бак1алда имамги тун унго –унгояб г1адлу низам г1уц1изе х1ажат бугилан киналго разилъун гьенив имамлъун тезе ц1ар ч1ван буго Игьалиса Саг1идида, амма гьес гьеб къабул гьабун гьеч1о. Гьес ц1ар ч1ван буго г1умруялъулъги к1удияв, к1удияв росулъа чи Унсоколоса Бецав Г1алиласда. Г1алилас абун буго дида гьеб баччизе к1веларила, дун херлъунги вугила бищунго гьелъие мустах1икъав чи Генуса Шамил вугилан. Гьесие алх1ам ц1ализе лъугьанила Г1алилав, хадуб киназго Шамилие алх1ам ц1аланила. Гьенир гьел киналго ургъун г1акълу данд банила щивав чияс балъго 10 – 10 чи жидерго рахъалде ц1азе ва гьезул лъабнусго чи г1ураб мехалъ гьезиеги гьединабго т1адкъай кьун 3000 чи вугеб бо г1езе гьабизе. Гьелдаго цадахъ цо – цо росабалъ х1акимлъи гьабулел жидеда данде ч1арал чаг1и балъгого ч1вазе. Гьедин сардилъ ун ч1ванги руго гьез лъик1алан чаг1и. гьез ч1ван вуго Унсоколоса Мух1адиза абулев чи сардилъ гьабихъ хадурги ун.
Гьедин жидерго планалда рекъон боги г1езе гьабун Шамил г1ешдерил ах1улгох1ги ккун хьиндалазда жаниб шариг1ат лъезе, ай жиндирго имамлъи гьабизе лъугьун вуго
Шамилица имамлъи гьабизе байбихьараб мехалъ ансадерил рук1арал х1акимзаби.
Гьеб заманалда Ансадерил росдал х1акимлъи гьабулел чаг1и рук1ун руго: 1. Тутумилав; 2. Ч1ег1ер Х1ожо; 3. Хъарагишилав; 4. К1удияв Къебедх1ажи; 5. Сурхай; ва гь. ц.. Гьезул цо – цоял Шамилида данде ч1ун руго, гьез х1исаб гьабун буго жидехъа гьеб х1акимлъи Шамилица бахъилилан, цо – цоязе бокьун буго Шамилил рахъги ккун Шамилица жодое дагьабги лъик1аб кумек гьабизе. Гьезда гьоркьоб к1удияб даг1ба ккун буго ва росдал г1адамалги к1ийиде рикьун руго. Жиндего руссарал г1адамалги рачун Хъарагишилав Шамилихъе даргъиве ун вуго ва гьесда бицун буго ансадерил х1акимзабаз жинда данде ч1ей гьабулеб бугилан.
Шамилица Хъарагишилав жиндирго наиблъун гьавун 600 мюридги кодове кьун Унсоколове гьезда гьоркьоб г1адлу тадбир гьабизе вит1ун вуго. Хъарагишилавги гьесул боги сардил г1ужалъ рач1ун Унсоколо рещт1ун руго. Туманк1 кьвагьич1ого цониги чиги ч1вач1ого росу кодобе босун буго. Хъарагишилас росдал х1акимзабазда лъазе гьабун буго,нуж г1одор ч1а,тезе ккарав чи дица тела х1акимзабилъун,жинца гьабила г1адлу тадбир,жиндие мут1иг1лъуларев чиясе жиндир хвалчен бугилан. Гьел къун г1одор ч1ун руго. Росдал бигавуллъун Къебедх1ажияв т1амун вуго Хъарагишилас.
Гьедин ругеб мехалда Хъарагишиласул мюридзабаз росулъ пасалъаби гьаризе лъугьун руго,щибаб рукъалдасан квана-гьекъезе жо бахъулеб бук1ун буго. Т1охазда ц1олбол гьагьал камурав чи нагагьги вук1ун гьеч1о гьеб заманаялъ ансадерил. Гьез гьел ц1олбол гьагьал т1охдаса гъоркьеги ран кваналаанила ц1ибил, рукъалъул ч1алабазда ран ратарал мохмохал гьенисаги рахъун бежич1ого,белъинч1ого кваналеб бук1ун буго ва гьелда релъарал зулмаби гьарулел рук1ун руго.
Гьезул зулмабиги бак1лъун ансадерил х1акимлъиялда рук1арал Тутумилавги,Ч1ег1ер Х1ожоги,Апсер Х1усенги ва гь. ц. балъго данделъун руго сардил заманалда щиб гьабун лъик1илан.Гьел ургъун руго сардил заманалда цо 10 чи росдада цебехун бугеб «х1ажил хурзал» абулеб бак1алде кьвагьдезеги рит1ун росулъе г1урусал рач1унел ругилан ах1и-х1ур гьабизе. Хъарагишиласда гьеб лъазе гьабизе цо 3-4 чиги вит1изе. Гьез гьедин гьабунги буго. Гьеб ах1и-х1уралъухъе Хъарагишилав къват1иве вахъун вуго ва ах1т1ун вуго хехго г1урусазде данде рагъизе рортаян. Мюридзаби гьенире рортулел рук1ун руго,Тутумилас Хъарагишиласда туманк1 реч1ун гьев г1одове ккезе гьавун вуго. Гьеб саг1ат гьениве т1аде щун вуго Хъарагишиласул яцалъул вас Апсер Х1усен. Гьес абун буго: «щиб гьаниб лъугьараб» - абун. Хъарагишилас абун буго жинда туманк1 реч1ун жив г1одов ккун холев вугилан. Х1усеница:огь кверал къот1ад лъицадай дуда гьеб реч1ана»-янги абун ма эбелалъул вац цо дир рахъалъгиянги абун бот1ролъ туманк1 реч1ун буго ва гьеб бак1алда Хъарагишилав хун вуго. Гьесда цадахъ нахъеги 6 чи вук1ун вуго,къват1ире рахъарал гьелги ч1ван росдал г1адамал дол мюридзабазда хадур кьвагьдон руго. Гьел г1емерисел лъутун рорч1ун руго,ч1ванги руго. Росулъ г1ак1а ах1ун буго,росулъ хут1арал Хъарагишиласул мюридзаби кквейин,росдал дибирги туснахъ гьавеян. Гьел мюридзабазул100 г1анасев чик ккун,рухьун квералгун лъараг1алъул мег1ер бегизе гьабун Щурае г1урусазухъе кьун руго ансадерица. Г1урусазул бет1ер ц1акъ вохун вуго,Хъарагишиласул мюридзабаз гьабураб заралалъухъ ансадерие г1емераб г1арац кьун буго. Унсоколоса лъутун рорч1арал мюридзаби Шамилихъе щун гьесда лъугьараб жо бицун буго.
Гьелдаса хадуб,ай цо лъаг1ел г1езе бахъараб заманаялдасан Щамилица 2000-ялдасаги ц1ик1к1арав чи вит1ун вуго ансадерил росу бахъизе. Гьеб заманаялдаги Къебедх1ажияв ансадерил бегавуллъун вук1ун вуго. Гьес балъго Шамилие раг1и кьун бук1ун буго жинцадила рузман къоялъ «Мугьит1а» абулеб бак1алда росдал хер бецизе руччаби рит1илила,нужер бодул цо чабхъен гьел руччаби асир гьаризе гьенире к1анц1еян,хут1арал,ай нахъидаб бо т1асан сверун росулъеги к1анц1еян. Гьеб ургъараб сих1руялда рекъон бит1ун рузман базе мажгиталъубе халкъ буссараб г1ужалъ гьел к1анц1ун руго мугьит1е рецарулел руччабазде. Гьеб саг1аталъго росулъе хабар щун буго Шамилил чабхъен мугьит1е к1анц1анилан,жамаг1ат рузман базе къач1адилел рук1анила. Гьел рузманги бач1ого гьенисан риххун,хьиталги рет1инч1ого мугьит1е рекеранила,росда нахъа бугеб к1к1алахъе щвараб мехалъ цо Гьаридал Вух1ама абулев чияс ах1анила:»нилъей х1илла гьабулеб батизеги бегьула,бащадал росулъе т1ад русса»-ян. Гьедин т1ад руссун росулъе гьел щвеялда цадахъго т1аса гъоркье Курагул иццдасан чвахун бач1ине лъугьанила мюридзабазул бо. Росу т1арадехунги рортун кутакаб дандеч1ей гьабун,гьезде къвагьдезе ансалги лъугьун,гьениб ц1об гьеч1еб рагъ боркьун буго. Мугьит1е щваразда гьенибе к1анц1араб чабхъен данд ч1ван буго, гьенир рецарилел рук1арал руччаби харицелаз рагъун руго мюридзабигун. Т1аде щварал г1олохъаби хунжрузги, тунк1азги рагъун руго. Цо Щабагил Г1умар абулев чияс абун буго жакъа рузманги хут1анин, какги хут1улеб бугин абун, гьев къаде как базе лъугьун вуго. Мюридзабаз гьев туманк1ги реч1ун ч1ван вуго.
Гъалигъалбац1ил Къурман абулев чиясул ункъго вас вук1ун вуго. Гьезул эбел гьений лъукъун йиго, т1аде щварав Х1ажих1ума абулев цо васги ч1ван вуго. Эбел гьенисан лъутун гебегалилъе жидерго колот1е йорч1ун йиго. Гьезда хадув лъугьун гьелъул цойги Г1алигъалбац1 абулев вас вацги ч1ван ватун эбалалда хадув свердулаго гьесда лъан буго эбел жидерго колоде щварайлъи. Гьениве щвараб мехалъ Г1алигъалбац1 эбелалда рак1 бух1ун ва вацасда хадубги рак1 бух1ун гьениве г1одизе лъугьун вуго. Эбелалъ гьесда абун буго, г1одуге ле бихьинчи, жакъа г1адинаб т1аде балагь щвараб бак1алда хвезейин дица керенги кьун нуж г1езе гьарулал,жакъа ункъо васасда гьоркьосан цояв г1аги ч1вач1ев ани дун ансадерил росдада йихьизе нечелаан абун. Гьединан Мугьит1аги, росдада т1адехунги гьарурал рагъаз лъик1аланго чаг1иги камун ансадерил росуги бахъизе к1веч1ого нахъ руссун руго мюридзаби. 50 г1анасев чи ч1ван ва лъукъун руго ансадерилги.
Гьелдаса хадуб гьоркьоб киг1анасеб замана арабали мух1канго лъалеб гьеч1о. гьеб заманаялда Шамилил рагъда ч1варазул заназде балагьараб мехалъ г1ага – шагьарго гьеб бук1ине кола 1844 сон. Гьеб мехалъ Шамил имам 12 азарго чигин цадахъ т1аса гъоркье вач1ун «Зирарил гох1» абулеб бак1алда чадирги ч1ван ч1ун вуго. Гьес ансадерида лъазе гьабун буго я рагъде рахъа, яги рекъел гьабеян, ай кверде рач1аян. Гьеб мехалъ ансадерица росу сверухъ щулалъаби гьарун руго. Гьезул ц1арал гьаб саг1атги хвеч1ого руго: «щулалъуда нахъа», «Сивухъ» ва гь. ц. Ансадерица гьениб к1удияб оборона г1уц1ун данде рагъ гьабун буго. Шамилида Унсоколоб ах1улеб какил гьаракь раг1улаанила, цо – цо мюридзабаз гьесда абулаанила: «Я Шамил, гьагъадин как ах1улел бусурбабазул росдада гьадиг1ан к1удияб рагъ лъей бит1ун бугищан». Шамилица абун буго: «Гьагъадинал бах1арзал нилъехъан ругони нилъер гуч ц1ик1к1ина. Кинан гьабунги гъол нилъер рахъалде рач1инарич1ого чара гьеч1о» - абун. Щибаб къоялъ радал т1аса гъоркье Шамилилаз ах1улаанила рекъел гьабиларищан, ансадерица гьезде кьвагьиялдалъун жаваб кьолеб бук1ана. Гьеб рагъулъ ансадерие бет1ерлъи гьабулеб бук1ана росдал дибир Шаг1баниласул Нурмух1амад абулев чияс.
Шамилил наиб вук1ун вуго Г1аквариса Микаг1ил абун. Гьев вук1ун вуго ц1акъав къуватав г1олохъанчи. Шамилил бодулъе унеб мехалъ гьес инсуда абун буго гьанже дидаса къуватав чи гьаб Дагъистаналда вугодаян. Инсуца гьесда абун буго: «дир вас гьедин абуге чиясда данде чиги, чода данде чуги камуларилан. Гьев Микаг1ил жиндирго болчаг1иги данде гьарун гьезулгун хабаралда вук1анила «гъоркь маккаби» - ругьулъе унеб нухда.
Гьев гьенив вук1инги, гьесул хабарги лъан буго Тутумиласда гьев гьесда аск1ове щун вуго. Т1огьилаб чалма къарав наиб гьесда вихьигин лъан вуго. Микаг1илица гьесда абун буго: «мун нижехъе лъутун вач1аравищ» - абун. Тутумилас абун буго «гуро дун вортун вач1арав вугиланги» - абун гьев Микаг1илида т1ад реч1ун гьес Микаг1ил г1одовги т1амун бахъун ханжарги горбониб лъун хъолев вук1ун нилъуги къот1ун хут1ун вуго. Гьесул мюридзаби Тутумиласда т1ад реч1ун гьез гьев ккун вуго т1аса вахъиялдалъун ва гьеб бак1алдаго тунк1ал реч1ун гьез Тутумилав ч1ван вуго, ч1вагеян ах1делев Микаг1илгун.
Гьев ч1ван г1одов ккараб мехалъ Микаг1илица абун буго: «Нужор кверал къот1аги гьасда туманк1 реч1арал, г1айиб гуроанищ гьагъадиг1ан ц1акъав къуватав бах1арчи нужоцаги дицаги ч1вазе» - абун. «Рокъоса къват1иве вахъунеб мехалъ инсуца дида абураб раг1и жакъа гьаниб батанин дида» - ян абунила Микиг1илица.
Ансадерилги Шамилилги рагъул хабар босун цо унсоколосев Щураве ун вуго. Гьенив вук1арав г1урусазул командирас ансадерие х1алае жиндирго солдатал рит1ун руго. Гьел рач1ун руго Рихьунисан, г1урул раг1алдасан ансадерил магъил ахадещварал гьел «Миккалъ» абулеб бак1алде щун руго. Гьеб хабар лъарабго Шамилица мюридзабазул цо къукъа гьезда данде рахъине рит1ун руго.Харач1ибе унеб нухт1а Колоб магъида т1ад бугеб майданалда гьел цоцалъ тункун ц1об гьеч1еб рагъ ккун, гьениб г1емерал, г1урусал гъурун руго, гьабсаг1атги гьелда ц1ар «г1урус гъурараб майдан» абун буго. Г1урусазул хут1араб армия лъутизе лъугьун гьел г1олот1а раг1ал абулеб борхатаб кьурул раг1алде ккун гьенисан к1анц1ун хун руго, гьезул цо чи г1урулъанги вахун Щугъиб рохьове ворч1ун, гьенисан Щурабе нух бахъун буго.
Кинабго рахъалъ Шамилил аскаралъ сверун ккурал ансадерица Шамилилазде рекъел гьабун ах1и бан буго нижер рекъел бугилан. Гьеб мехалъ Шамилил аскар росулъе лъугьун бач1ун буго. Гьезул цо – цоял жидеего давла гьабизе лъугьун руго, рукъзабахъе раккун гьениса сахаб къай бахъулеб, бак1арулеб бук1ун буго. Къваридаб къват1 абулеб бак1алда цо Гъазил Г1али абулев чиясул рукъ талавур гьабулаго, гьев Г1алица цо хъазан кодоб ккун буго, гьабг1аги дие те дунги нужго г1адав бусурман чи вугилан абун буго. Гьеб бак1алда гьез Г1али ч1ван вуго.
Гьединал зулмаби гьаризе мюридзаби лъугьиндал ансадерица ц1идасанги данде ч1ей гьабун росулъ жаниб хунжрулгун, туманк1ул рагъ боркьун буго.Заргьал Х1асанилав абулев чи жиндирго рокъов жанив ч1ун вагъун гьес г1емерал мюридзаби ч1ван руго.ахир рукъалъул т1ох борлъун т1аса гъоркье ц1аги гъун харил гулал жаниреги рехун. Къват1иве к1анцизе гьавун гьевги ч1ван вуго.
Г1алимусалав абулев цойги г1олохъан чияс жиндирго рокъосан кьвагьдон мюридзабазул анкьго чи ч1ван вуго, ахир гьез гьевги гьесул эбелги ч1ван руго.
Гьаридал Вух1ама абулев кьвагьдохъанас жиндирго бокьосан гьит1инаб карат1ги бахъун гьениб цебесан мюридзаби хьвадулеб бак1ги бук1ун, гьев гьезде кьвагьдон вуго, гьесухъе ц1ун – ц1ун туманк1 кьолей гьесул ч1ужуги йик1ун йиго. Гьес абун буго лъабкъого гула бук1анин, лъабкъого чиги ч1ванилан. Кодоса гула –хер лъуг1идал гьев кверде вач1анила гьанже нужоца бокьараб гьабеян. Мюридзабаз гьев ч1вач1ого Шамилихъе вачун вуго. Шамилица гьев т1аса лъугьун кодобе кагъатги кьун нахъе вит1унт вуго. Гьадинав бах1арчи ч1вазе бегьуларилан, жиндир рагъдаги бах1арчиял ишал гьарилин гьасан. Гьев Гьаридал Вух1амил рукъ бук1ун буго гьанже гостиница, баня бугеб бак1алда т1адехун, дагьаб бакъ баккудег1ан бугеб Г1абдулжабарил Мух1амадг1алил рукъзал ругеб бак1алда. Росу т1арада бак1ги гьеб бук1ун буго.
Марталав
Гьев вук1ун вуго бищунго г1ужилав кьвагьдохъан. Гьес данде гьабун буго 120 туманк1ул гула ва гьелда рекъараб туманк1ул херги. Гьесул рукъ бук1ун буго иццухъ к1к1алал раг1алда, гьанже Г1абдулхаликъил Х1ажил рукъзал ругеб бак1алда. Гьеб заманаялда рекъараб сих1ирлъиги ц1одорлъиги бугев чияс к1к1ал бахун доб рахъалда цо хурул раг1алда жиндирго чу бухьинабун буго. Жиндирго бокьосан карат1ги бахъун цин – цимаб ц1олеб кьвагьулеб туманк1ги чу бачине вач1унев вихьарав чиясда реч1ун лъик1аланго чаг1и ч1ван руго. Кисан реч1улеб гьеб бугебали лъаларого мюридзабазул цояв халзулъ х1оринивги вахчун гьенисан ваккун реч1ун – реч1ун, росулъе кьвагьдон гьес анлъго чи ч1ван вуго. Гьеб хабар бицун буго Марталасда. Марталав х1адурго х1орил раг1алде ишанги босун ч1ун вук1адго х1оринисан бет1ер къват1ибе баккулаго кьвагьун, Марталас мюрид нахъехун рехизе гьавунила. Гьев Марталас абун буго жиндихъ бук1араб120 гула цониги г1адад ккеч1илан.
Гьединаб ах1вал – х1алалда Шамилица жиндирго аскарги бачун ансадерилгун щулияб рекъел гьабун буго. Унсоколо наиблъун Ичич1алиса Къади, бегавуллъун довго Къебед Х1ажияв т1амун вуго. Къебед Х1кажиясул вац Жабраг1ил х1ежалде ун гьенисан Египеталде, Турциялде щун, гьезул ярагъалъул хал гьабун г1арадаби гьаризе махщелги щун Шамилида цадахъ г1арадаби гьабулев чилъун вук1ун вуго. Шамилил божарал ва бах1арчиял рагъухъабилъун рук1ун руго: Арутанил Г1али, гьесул эмен Вух1амах1ажияв байрахъчи Къурбанил Дибирвух1ама, Вух1амагъази, Гъуниял Мух1амад, Бербаг1ар, Мух1амадх1ажияв ва гь.ц.. Гьев Бербаг1ар Шамилида цадахъ вук1ун вуго. Гъуниб маг1арда Шамил кверде унеб мехалъги гьес г1урусазда гъорлъ жуван вагъизе гъуждул гурун руго ва абун буго рач1а Шамил нилъер к1алт1е алжан бач1ун бугин, нилъ гьаб бак1алда хвезин абун. Шамилил к1удияв тохтир, ай ругънал устар вук1ун вуго Унсоколоса Шайхил Х1усенги. Гьаниб ц1арал рехсарал чаг1и бодуе бет1ерлъи гьабулел чаг1и рук1ун руго.гьелъул х1акъалъулъ Унсоколоса Нурмух1амад дибир абурав к1удияв г1алимячис гьабураб гьадинаб турки щвана дихъе:
Ансадерил васал к1ал къуял чукъби
Чан бах1арчи арав ч1ег1ер ракьалде
Диналъухъ рух1 кьурал, Шамил вокьарал
Гьесул хьибил ккурал х1инкъи лъаларел
Гъазимух1амадил кваранияб квер
Т1агьир шагьидлъана гендерил к1к1алахъ
Хвалил ругънал щварав Шамил имамги
Унсоколов гурищ сахлъизавурав
Лъик1ав ругънал устар Шайхил Х1усен
Шамил сахлъизег1ан г1одой вуссинч1о
Эркенлъи хириял ханлъи рихарал
Лъик1ал бах1арзаца ярагъ борчана
Т1олго хьиндалазул боял рак1арун
Дов Гьоц1алъа Х1амзат имамлъунги тун
Шамилгун, Г1алилав цадахъги гьавун
Хунзахъе к1анц1ана гьезул цо къукъа
Ханзаби гъурана нуцаби ч1вана
Магъало рехана халкъалдасаго
Г1умахан, Нуцалхан цинги дой Баху
Бут1рул къот1ун рана Тобот лъарахъе
Хунзахъ т1алъи босун к1алт1а байрахъ ч1ван
Т1убана дур мурад беццав Г1алилав
Хунзахъ мажгиталъуб рузман къоялда
Балъгояб гъоркь ч1еялъ Х1амзат ч1ван хадуб
Гьеб зах1малъанщинал т1олго бах1арзал
Данделъун ургъана имам вищизе
Г1арахъ мег1ералъул цо нохъода ч1ун
Шамилида ц1ар ч1ван ц1алана алх1ам
Цинги Шамилица т1адеги вахъун
Т1адчи к1алъалареб калам гьабуна
Гьенив г1ахьаллъарав лъеберго чияс
Анц1 – анц1 чи валагьун чабхъен г1уц1еян
Лъабнусго чи г1урав гьеб чабхъеналъе
Нахъеги гьабуна гьадабго буйрухъ
Бах1арзал ц1ик1к1ана бо г1емерлъана
Махщел бугелщинал цере рахъана
Рагъуй къвариг1унеб ярагъ гьабуна
Цинги къват1ир рахъун къо ккун рагъана
Дагъистаналъул халкъ данде ах1ана
Зулмучаг1азухъа ханлъи бахъана
Ханзабазул мулкал кодой росана
Бац1адаб шариг1ат х1алт1изабуна
Гьелда данде ч1арал ч1ух1ухъабиги
Бут1рул къот1ун рана ракьул чохьонир
Хъерендерил росулъ сардил г1ужалда
Бегсултанил ясал асир гьавурав
Арутанил Г1алил г1еларищ гьунар
Гьесда щварал ругънал дагьал рук1инч1о
Къасирилав, «Г1ама», дов Г1усманилав
Г1урусалгун рагъун гъазават щварал
Яргъил махщел т1ок1ав Жабраг1илх1ажи
Т1оц1ебе г1арада жинца гьабурав
Гьесул г1арададул кутак бихьидал
Г1и г1адин т1урана г1урусазул бо
Къанц1а Малах1ума щунусил бет1ер
Гуржи ц1ор бахъулев рагъда ч1ван хвана
Гьесул лебалав вац Вух1амагъази
Хьаргаби вукъана къеркьохъабигун
Жиндир кваранаб гъеж лъукъараб мехалъ
Квег1аб квералъ босун хвалчен хьваг1ана
Г1урусазул бода гъолъеги жуван
Гъазават т1убана багьадурасул
Гьезул эбелалъул лъабабилев вас
Вух1амил хо бугеб Шишилик1алда
Чабхъенгун Щураве унев вук1ана
Нухда гъоркь ч1ел батун гула щун хвана
Лъабавго бах1арчи г1езе гьавурай
Гьардарай гурейдай цо гьезул эбел
Гаргадул Мух1астан, Мусах1ажияв
Солдаталги гъурун гъазават т1убарал
Гъуниял Мух1амад дур х1ал ч1ахъаяв
Ч1вараб х1ободаг1ан х1инкъи лъаларел
Х1ал квешал тушбаби т1аделъаниги
Я хвалчен чучич1о, я чу свакач1о
Къурманиласул вас Дибирвух1ама
Байрахъчи вук1ана мюридзабазул
Салт1а хъалаги ккун рагъулеб мехалъ
Асир гьаруна гьес чанги г1урусал
Дов Х1ажимурадил божарав гьудул
Валил Хъарах1ума хъиргъу г1адав чи
Шамил кверде унеб зах1матаб къоялъ
Ях1 рехиларилан ч1ана Бербаг1ар
Алжаналъуб лъураб х1ет1е бугилан
Мах1аби гурана гъуждул гурана
Жакъа хирияб къо алжан щолеб къо
Унге имам кверде капурзабахъе
Хвалчен хъатикь ккуна хъирим борчана
Гали цебе т1амун х1адурго ч1ана
Имамасул раг1ухъ г1енеккизе ккун
Г1ащикъго хут1ана хвалченги гьевги
Шамилида цадахъ Маккаялде ун
Х1аж г1умраги т1убан т1ад вуссана гьев
Гьединал бах1арзал дагьлъидал гурищ
Саригабуразул гуч ц1ик1к1ун ккараб
Цо – цо наибзаби чучидал гурищ
Шамилие икъбал къварилъун ккараб
Хиянатчаг1азул х1иялъ гурищ
Гьеб диналъул х1уби бекун рехараб
боц1уца г1орц1ич1ел г1ачичахьаца
Г1арцухъ бичун ана имамги, динги
Дин бичун босараб гьезул бечелъи
Цо –цо багьана щун пасалъун ана
Шамилил хьибил ккун диналъухъ рух1, кьун
Ракьалде араца алжан босана
Нуж абадиялъго к1очене гьеч1о
Гьаб халкъалда лъалеб гьунараздалъун
Г1алам хун анигин ц1ар нахъе буго
Бах1арчилъи т1ок1ал Гъазизабазул
Шаг1баниласул хабар
Ансадерилги Шамилилги т1убараб рекъел ккун хадуб ансадерил рагъул бет1ерлъун вук1арав Шаг1банилав дибир Шамилица жиндихъего даргъиниве ах1ун вуго ч1вазйилан, цо –цояз Шаг1баниласда абун буго: «Мун унге Шамилихъе гьес мун ч1вазе ах1улев вугилан». Гьес абун буго: «Гьев Шамил унго –унгояв имам ватанани гьес жив ч1валарилан, имам гурев чи ватанани жиндие гьес ч1ваниги к1варич1о» - абун. Шаг1банилав Шамилихъе щун вуго ва гьесулгун гара –ч1вари гьабун Шамилица гьесда гьикъун буго щиб ккараб нилъер гьаб рагъул абун. Шаг1банилас абун буго: «Дир рагъда ч1варал шагьидзаби ругин, дурал гъазизаби ругилан» - абун. Щай гьебан гьикъун буго Шамилица, Шаг1банилас абун буго, щайгурелъул нижер будун – дибирги, мажгитги бугин, ниж нижерго эркенлъиялда ругел гьадинго те ян бусурбаби руго, т1олабго бусурбабазул Дагъистаналде гъорлъе цолъун киназего исламалъул агьлугин цадахъ рахъаян лъугьаяв мунги вуго к1иябго рахъ бит1араб бугилан. Гьеб гуребги цебе г1емераб г1араб т1ехьалги росун гьезул гьениб к1удияб к1алъай ккун буго.
Ахир Шамилица абун буго ч1вазеяли киса гурин бегьулев Шаг1банилав, гьесдехун мугъ рехизецин бегьиларилан рет1ел гьабизе сугъурги кьун вит1анила Шаг1банилав.
КЪЕБЕДХ1АЖИЯВ
Унсоколов Шамилица бигавуллъун тана Къебедх1ажияв. Гьесул вац Жабраг1илх1ажияв Шамилил г1арадаби гьабулев чи, гьезул цойги Х1усен абулев вац г1урусазда гъорлъе лъутун ун Щура вук1ун вуго. Къебедх1ажиявги дагьав щакав чи лъугьун вуго, цо рахъалъ гьес росдал г1адлу хвезе тун. Цойги рахъалъ гьес цо жасуслъи (шпионлъи) гьабулел г1адинал жалгин Къебедх1ажиясдасан Шамилихъе г1арза бач1ун буго. Шамилица гьев кквезе Унсоколоса жиндирго чаг1и рит1ун руго. Т1аса гъоркье гебегалилъан гьел рач1унел рук1ин лъарав Къебедх1ажияв гъоркьан Мугьит1асанхун гьез кквезеги ч1еч1ого живго Шамилихъе лъутун вуго, Даргъиве гьесухъеги щун жиндирго х1акъикъат бицун г1айиб т1аса ккезабун буго, Шамилги т1аса лъугьинавун вуго. Ансал Шамилиде мут1иг1лъун хадубги, росдал г1адлу – диваналде мут1иг1лъуларел цо – цо г1орхъулъа рорч1арал чаг1и рук1ун руго, щвараб бикъун, щвараб бахъун, бергьарас къварасда зулму гьабулел г1адамал рахъун руго. Гьезул х1акъалъулъ кагъат хъван буго Шамилихъе. Шамилица гьезул х1акъалъулъ жиндирго т1адкъайгин, хасаб делегация бит1ун буго. Унсколо росулъе щвейгун гьез росдал жамаг1ат данде ах1ун, гьединал чаг1азул анлъго – анкьго чи гьоркьоса рат1а гьарун ч1езарун руго. Бакьулъан борлъараб цо х1убиги г1одоб ч1ван, гьениб аск1обго ц1аги бакун нахул ц1ураб хъазан гьалдезе ц1ет1а лъунила. Дов анлъавго чи иргадал ч1езе гьарун гьадаб х1обол карт1инисан гъеж баккизе гьабеян буюранила, т1оцебесесда гьес гъеж баккизе гьабунила гьеб гъеж къот1изе г1ашт1и гьесулаго гьес квер нахъе бахъанила, нахъеги бегьизабунила гъеж нахъеги бахъанила лъабабизеги гьединго нахъе гъеж бахъидал Шамилил чапарас гьесул бот1ролъ таманча реч1ун гьев гьеб бак1алда ч1ван вуго, шарг1ияб г1адлуялдаса лъутарав чиясе гьеб тамих1 бугиланги абун. Нахъидал щугоязда лъазе гьабун буго иргадал х1обол карт1инисан гъеж бегьеян гьез гъеж бегьун буго. Бегьа – бегьараб къот1ун т1ад г1ащт1и кьабун квер г1одобе бртизабун буго къот1арал гъуждул гьалделеб нахул хъазмида жанир ччун чвахулеб би къот1изабун буго. Гьанже нахъалъизег1анги гьеб х1уби кавут1а мажгиталда цебе бугеб т1окъода бук1ана. Гьеб г1адлу – тадбиралдаса хадуб Унсоколоса ц1огь ва цогидабги питна – х1ур лъуг1ун буго. Гьелдаса хадуб Шамилилги ансадерилги лъик1аб гьоркьоблъи бук1ун буго, Шамилил рагъазулъги гьел лъик1го г1ахьаллъун руго. Лъик1ал тунк1ал ва тунчул гьарулел, хвалчаби хунжрул ва гь. ц. рагъуе къвариг1унеб алатал гьарулел къебедалги Унсоколоб рук1ун руго. Ярагъ гьабулел чаг1азе х1алт1изе ва хер гьабизе гьабураб ярагъги, херги лъолеб склад бук1ун буго Арутанил Вух1амах1ажияв абулев чиясухъ, рагъул пленги гьесул ихтияралда рук1ун руго, гьес гьел лъик1 хьихьулел рук1ун руго кваназе ц1ибил, пихъ, гьан, гьарзаго ч1езе гьабун, гьев Вух1амах1ажиясухъ росдада гьоркьосеб кинабго маг1ишат бук1ун буго, ай мажгиталъе малъарал хурзал гъут1би ва гь. ц.. Ансадерил годек1абахъ гьанже нахъаги рук1ана жаниб ч1ах1иял хер бухулеб гундби, ругел ч1ах1иял къанал гьезда ц1ар бук1ана «Шамилил хер бухулел къанал» абун гьединаб г1адлу тадбиралда рег1ана Ансадерица г1умру Шамил Имам г1урусазул кверде инег1ан. Шамилица гьукъун бук1ана хъалиян ц1азе чагъир гьекъезе. Гьеб гьекъарал ц1арал чаг1азда тагзир кьабулаан 10 – 20 ва 30 т1ил кьабиялдалъун. Ц1огьалъи квер къот1и, хъах1балъиялъе х1ад ай 100 т1ил кьабун чи ч1варав чи ч1вазе къот1улебги г1адлу бук1ана.
ШАМИЛ КВЕРДЕ ИН.
1859 соналда Шамил г1урусазде кверде ун хадуб цо хъалиян гьекъел хирияв чияс ах1ана хъалиян ц1ай г1олохъаби г1аракъи бахъеян. Кват1ич1ого Унсоколове наиблъун Унсоколоса Ансер Х1усен вач1ана.Унсоколоса Агъагиш абулев чиги Шамилидасан т1урун г1урусалъе арав офицер вук1ана. Темирхан Шура рук1арал Х1усенги Агъагишги губернаторас цадахъго г1адин Унсоколоре рит1ана цебе гьенире щварасе наиблъи бугиланги абун. Агъагиш Гьарак1унисан вач1ун Рихьуниве щвелалде офицер Х1усен вач1ун Унсоколове щвана гьенив наиблъун х1алт1изеги лъугьана. Агъагиш Рихьунисанго нахъ вуссун жиндирго нукарзабигун Щураве ана гьенив губернаторас к1удияб хъулухъги кьун к1удияб къадру къиматалда хвезег1ан гьенив вук1ана. Гьеб заманалда Ансадерил халкъ жодорго ракьалдасан бет1ер бахъи гьабулел ай т1орщалил пихъил г1и – боц1иялъе чидаде х1ажалъич1ого жалго жидецаго т1убарал чаг1и рук1ана , гьезул жалго бет1ергьанал рохьалги рук1ана х1асил – ц1амут1е, нартит1е ва хамит1е гурони гьел росу тун къват1ире ине кколароан, ххамги гьез г1емерисез жодорго квасул сугъур гьабулаан нартил бак1алдаги нах яги рохьоса босун канн х1алт1изабулел чаг1иги Ансал рук1инч1о.
Лампа Чирахъ ва Чай.
Т1оц1ебе Унсоколоб лампа чирахъ ай т1ад ц1ер лъураб нартица бакулеб чирахъги чайги офицер Х1усеница бач1ана гьеб заманалда гьит1инав г1олохъанчи ДарбишМух1амил Х1ажияв абулев чи офицер Х1усенил нукарлъун лъугьана гьев Х1ажияв вук1ана маххул къебед къадал устар ва ц1улал устар бокьараб иш бак1арулев чи гьединав чи вук1индал нукарлъун ай милицилъун виччаравги гьев гьунар бугев чот1ахъанги вук1ана гьесул бекерулеб чу камулароан гьанже херав 100 рахарал сонал рараб мехалъги бук1унаан гьесул чу гьев хвана 1935 соналъ. Гьев Х1ажиясги Х1усен наибасул лампа бихьидал гьеб къанаг1атаб техника цо жиндиеги балагьеян гьарула Х1усенида. Х1усеница щураве араб мехалъ балагьун Х1ажиясе лампа кьуна. Х1ажияс къасде лампа бакана ц1ералда жаниб лах1 рек1ун рокъобги нартил к1уй ч1ола гьесда рак1алде ккола Х1усеница жиндие хвараб лампа кьун бугилан нахъеги Х1ажияс х1исаб гьабула гьадинав боржарав чияс дие х1илла гьабиларо дида гьаб лампа бакизе лъаларогоцин гуродай, гьев Х1усенил бак1алде вилъуна марк1ач1ул г1ужалъ гьас чирахъ кинандай бакулаян хал гьабизе гьикъизеги намуслъун. Х1усенил ч1ужуялъ лампа бакула т1ад ц1ерги лъун гьелъул чалу базе эхедеги кьурун рекъезеги гьабула. Вах1 дун мекъи вук1ун вугилан Х1ажияс рокъовеги вилъун гьелъ г1адин чирахъ бакана. Цо пуланаб къоялъ офицер Х1усен рагьда самоварги лъун чайги гьалун гьеб гьекъолев вук1уна. Гьесул бак1алда вач1уна Исил Вух1ама абулев цо чи. Вехь Х1усеница гьесда цебе ц1ун гьалделиб чаялъул стакан лъола Вух1амица гьеб кодобиги босун чагъирги рагъул стакан г1адин цойидасанго гьекъон биччан буго, Х1усенги гьесухъ балагьун хут1ун вуго. Чаялъ к1алги ургьи – месги бух1ун Вух1ама гьак1к1ан хут1ула Х1усеница абула цойги ц1елищ Вух1амаян. Вух1амица абула гьагъалъги квеш мехтизе гьабулев вуго дун т1ок1аб ц1огеян нахъаги бицуна ан Вух1амица чаялъ бух1ун к1алдиса щокъроса хъал бахъун ун цо анкьалъ лъилъич1ила гьев. Вух1ама хвана 1925 соналъ.
Г1урусазулгин рекъел ккун хадуб росдада гьоркьоб г1адлу.
Шамилги кверде ун гьес гьабулеб г1адлу тадбирги чучлъун пачаясул г1адлу щулалъич1еб мех бук1ана 1860 ай 1870 сонал росдал бигавул Х1ажиясул Вух1амаги наиб Х1усенги ругеб мех. Гьеб заманаялдасан пайдаги босун цо – цо г1оркьилал рахъана росулъ г1орхъулъ борч1арал г1адлу хварал жал гьаризе щвара – щвараб бикъулел к1варазда зулму гьабулел гьединазул бет1ер вук1ана Малачиласул Гъази абулев чи, гьесул рук1ана наибасул г1адал нукарзаби бак1 – бак1алде гьесулел г1адамал х1акъир гьарун рухулел оцал рикъун хъвехъулел чуял рикъулел ричулел цо – цо х1инкъарал чаг1и кканаги гьесухъа боц1и г1арацги бахъулел г1адамазул ц1ибил бикъун ва бахъун гьелъул чагъир гьабун гьекъолдулел пасалъиялъул бет1ергьан вук1ана гьев Гъази. Гьесул рук1ана 3 – го ч1ужу 1 гарц1илай, 2 ишт1улай, 3 гамил Гьат1ина. Гьев Гъазица жинда данде ч1арав вук1а дова гьанив вихьарав вук1а боц1улъ г1арцулъ рес бугел г1адамал чаг1азул х1алал рихьулаан, жиндасан х1инкъуладаян х1инкъизавизе к1веч1есулгун гьудуллъи гьалмагълъи гьабулаан. Жиндикьа х1инкъаравлъи лъани г1арац яги цогидал жал рахъулаан. Гьесда данде ч1аралги росулъ г1емерал рук1ана. Хуриса Вух1амил Мух1астан « Гьот1о Вух1амил Мух1астан» « Гьот1о Вух1амил Х1ожол Мух1амад» Ражабил Вух1ама ва гь. ц.
Цойги к1иго ц1огьор вук1ана Унсоколоса 1. Мах1уч1 Х1усен, 2. дадал яцалъул Вух1амаг1али абун.. Гьез бикъулаан г1иси – бикъинаб жо пихъ – гьич1 гьабураб квен т1ех, г1анк1о, х1елеко ва гь. ц. Т1ад рет1ине рет1ел, т1ехх тамахьу г1адинал жал. Гьеб заманалда гьоркьов Унсоколове наиблъун вит1ун вач1ана Х1оц1оса доногъонол Вух1ама. Гьев Вух1ама Шамилил наиблъунги вук1ун гьесие хиянатги гьабун г1урусалъе лъутун ун вук1арав вуго. Гьев Унсоколове вач1индал гьесде росдал г1адамаз г1арз гьабуна гьел г1адлу биххарал чаг1азул х1акъалъулъ. Гьев наибас лъазе гьабуна гьединал чаг1и жиндихъе кьеян, гьез хъван кьуна дов Малачиласул Гъазиги гьесул чукъбиги дол к1иялго г1исинал ц1огьалги. Росдал жамаг1атги данде гьабун наибас гьел т1амун руго цо пуланаб бак1алда маххул къалалги лъун гьезда жанире ч1ег1ерал ва хъах1ал ч1инхал разе, гьелъул маг1на бук1ана гьезие гьел ч1инхал г1емерисез рехани гьел руссунареб сибиралде ай заман ц1ач1ого хвезег1ан гьенире тезе. Маххул къалал хал гьабизе тарал комиссиялъул чаг1и Малачиласул Гъазил г1агарал рук1ун руго гьез Гъазиги гьесул чукъбиги хвасар гьарун дол г1исинал ц1огьрал инжит гьаризе х1укму къот1ун буго гьеб мехалъ Х1оц1оса наибас гьеб х1укму тасдикъ гьабич1о гьес абуна: « Т1охил г1екколеб бак1ги жибго тун г1екколареб бак1 мерхьунеб бугин ножоцаян». Гьев Гъази г1емер заман гьоркьобго иналде цо сордоялъ цо пуланаб бак1алда ц1оролъал ч1урч1унеб гвай бук1ана гьеб гваялъулъ г1емерал васал ясал рук1ана. Гьенив вук1арав Гъазица х1укму гьабун буго г1олохъабазухъа г1арац бахъизе.
Гьес жиндирго чукъбиги къот1нор, гьеб азбаралда к1алт1а ч1езе гьарун лъазе гьабун буго, жиндир нус бикъун ана гьаниб гвавулъ . Дица г1олохъабазухъ ч1ухь балеб бугоян гьедин гьезул кисабахъ ваккизе лъугьун вуго батаразухъа г1арацги бахъун буго. Гьесда цеве ч1ч1ун дов Ражабил Вух1амил вас Вух1амаг1алица гьарула Гъазида жинца дур нусги бикъич1о жиндихъ чухь багеян. Гъазица гьев г1ад хоч1 гьавула инжит гьабун абула т1аса рет1ел бахъун г1одоб лъеян. Вух1амаг1алица, малъуниланги абун бахъун ханжар Гъазил чохьолъ ч1вана. Гъази ч1ич1иялда гьарулаго гьаркьалгун гьенив г1одов ккун хола гьесул дол чукъбиги рахъ – рахъалде лъутула Вух1амаг1али гьезда хадувги вортула ах1дола нуж лъик1ал бах1арзал лъутуге нахъе гьадин додин абулеб батани, гьанире Гъазида аск1оре рач1а к1олеб батани. Гьев Гъазил жаназаялда т1аде къулун ч1ана лъик1алан заманаялъ. Т1аде наибги жиндирго эменги вач1ун нахъе ваччунги ана. Гъазил зулмабиги ц1огьги гьелда лъуг1ула дол к1иялго г1исинал ц1огьал гьелдаса хадуб сибиралде рит1ун ана т1ад руссинч1о.
Гьелдаса хадуб 1870 – 1880 соназда росдал бегавуллъун ккана Тутумиласул Вух1ама, дибирлъун Нурух1ма, наиб довго Х1оцоса Вух1ама. Бегавуласда хадусел ихтиярал жодохъ бугел 4 ч1ух1бузги гьез росдал жамаг1аталда гьоркьоб кьварараб г1адлу г1уц1ана гьеб заманаялъ ц1олбол ах камурав чи вук1унароан. Цоцазул ц1ибил г1адамаз бикъулелъул жодо – жодорго ахикьа ц1ибил кваназеги гьукъана гьез ц1ибил кванан бугищан бихьизе гьел заманаялъ рилъизарун гьезул гъосохъ балагьулаан нагагь кванан батани лъабго – яги 5 гъурущ бахъулаан цо анкьица жанирги т1амулаан.Хаслихълъи бащалъигин ах биччан къо гьабулаан. Гьеб бук1ана к1удияб рохел жинди – жиндир ахикье ц1ибил баччулел рук1унаан росулъе къват1иса рач1арал г1араб ц1алулел мутаг1илзаби рук1унаан росу раг1алазда нухазул ракьанда турталги т1амун росдал г1адамаз гьезие г1емераб ц1ибил балаан цо лъик1ав ахихъанасул г1анасеб ц1ибил гьезулги г1олаан. Гьединабго г1адлу ц1улакьуде ц1оросоролъуе бук1унаан. Хаслъихъи щвезег1ан ц1улакьо ч1вазе толароан ц1оросоролъ барщун жиб – жиб мегъ биххизе росулъ г1ак1а ах1улаан росулъ бигавуласулги ч1ух1бузулги амруялде мут1иг1ав 12 г1ел /исполнитель/ вук1унаан гьев щибаб моц1идасан хисулаан гьеб исполнителлъи гьоркьов чи теч1ого, 15 соналдаги гьоркьор ругел чаг1азда гьабизабулаан.
Кодоб кьурабги ккун дибир росулъ сверулаан цадахъ ч1ух1бузул чаг1игун. Гьез щибаб рокъобги лъугьун кинавго чи гьедизавулаан ах биччазег1ан ц1ибил кваналаро гьединго г1ак1а ах1ун изну кьезе ц1олакьо ц1оросоролъ бак1ариларо чидар милкалда жанив лъугьинаро ва чидар жо бикъуларо, бикъулев вихьаравги вицина абун. Гьез росдал сагаби муч1дул ц1акъ ц1унулаан риидалие хасаб хасалоялде хасаб сагаби ч1езарун къинлъарал г1ачиязе бат1аго бачазе бат1аго х1ораб боц1уда г1ухьби рук1унаан 1 маялдасан 25 декабрялде щвезег1ан. Гьел г1ухьбузе щибаб х1айваналдаса сах1 ц1оросоролъил хаслихъе кколаан ихдал бащадаб сах1 ханжу кьолаан. Гьединабго г1адлу бук1ана рохьазда харибак1аздаги. Гьез хасаб рохь /т1ураб рохь/ ц1унун бук1ана жамаг1аталъул кьоял разе къач1азе мажгит къулг1а базе гьеб рохьове лъугьарав чиясулги бахъулаан 3 гъурущ г1арац. Гьединго росдал хурдул г1инт1и «Миккалъ мугьит1а» цох1о къоялъ г1ак1аги ах1ун жив – жив чиясе т1ун кьолаан. Росдал гьабун бук1ана 12 участок щибалда цо –цо бет1ер гьезул ц1ар бук1ана анц1ил бут1рул, щибаб анц1ил бет1ерасда т1адги вук1ана цо – цо х1аким гьел рук1ана нусил бут1рул. Росулъ вук1ана лъабго нусил бет1ер гьел киналго х1акимзабаз г1адлуги тадбирги гьабун данде бачун ч1езе гьабун бук1ана. Росулъ гьез бищунго г1адлу гьабулаан ракьазе росдал ракьазул г1урхъулъ жодорго милк яги рукъ бугел чаг1азул список /дайтар/ бук1ана дибирасда кодоб лъолеб. Колоб, г1олот1а, г1инт1и, мугьит1а, ругьулъ росу сверухъ пуланав чиясул бак1алда гьадиг1ан г1еблъи гьадинаб бугилан хъван бук1унаан зама – заманалдасан гьезул гьеб борцунаан нагагь х1арималдасан т1аде бак1 гьабун батани къадал рихун гъут1би къот1ун к1уди к1удияб г1ак1а т1ад лъун гьарулаан.
Чи ч1варал чаг1азе бук1араб г1адлу жинде т1аде зулму х1алги щвеч1ого бокьун бусурман чи ч1варав чиясул шарг1ияб судалъ ч1вазе къот1улаан.
Бат1и – бат1иял г1илабазе г1оло чи ч1ван вугони гьев 9 – 10 – 12 сонги кьун росулъа къват1иве вит1улаан. Гьел рит1улел бак1 бук1ана хайдакъ табасаран округ гьениб ансадерил г1адамаз лъик1аб бет1ер бахъи гьабулаан гьезие ихтияр бук1ана хур бекьизе яги жодорго ругьунаб пиша т1илал гьаризе, амма гьезие ихтияр бук1инч1о жал ругел росдал бигавуласул ихтияр гьеч1ого росу тун рик1к1адег1ан ине цо моц1алдаса ц1ик1к1ун заманаялъ ине. Жуламул ц1ул г1емераб бак1 х1исабалда ансадерица гьенир г1емерал т1илалги гьарун бигавулги рекъезе гьавун гьел т1илал ричизе г1урус рахъалде унаан.
АНСАДЕРИЛ Т1ИЛАЗУЛ МАХЩЕЛ.
Гьел ц1акъ цебего ругьунлъун руго т1илал гьаризе хъалияналъул мундштукал ва гъутухъал гьаризе, гьез т1оцебе байбихьана жиндир хъал ц1вакараб гьенкьелидул издекал ва ц1алал г1оркьал гьаризе. Гьелдасан дагь – дагьккун ругьунлъана жуламул ц1улал т1илал ва куракул ц1улал хъалиянал гьаризе мундштукал гьаризе гьел ц1вакинаризе, ишан ч1вазе, маршадул иш лъалелдего гьез гьел т1ад накъищги бахъулаан, бакун аск1об чирахъги лъун т1еренаб марщуги к1алдиб ч1ван гьенисан чирахъалде пун чирахъалъул ц1а т1илалде реч1ч1изе гьабун бух1ун накъищ гьабулаан.
Гьел гьеб бичизе Гъази Гъумекире Ц1адах1арире ва цогидал Дагъистаналъул машгьурал росабалъе унаан. Шамил кверде ун хадуб гьезие рес щвана Россиялъул шагьарабаздеги инеги, гьенисан босизе марша щведал ишан ч1вазе гьеб махщел камил гьабизе. Т1оц1ебе гьеб ишан ч1варав чи Х1ажиявилан абула. Рохьоса т1илал рахъизе гьел рик1к1адал лъараг1азул ва хайдакъазул рохьазде унаан. Гьенисан къот1ун т1илал гьаказда лъун Хъаранире яги Къудукье х1амузда лъун баччулаан. Щибаб бач1унеб хасалоялде гьединаб запас т1илазулги ч1езе гьабун 10 – 10 чи рекъон цо – цо рукъги ккун хаселалъ т1илал цогидалги т1аг1елал гьарулаан. Ихдал дунял хинлъарабго гьабураб къай х1амузда лъун добго Хъаранибе гьенисан гьаказ Темирхан – Шурабе рехулаан. Щурасан гьез чуял гьакал ричун росулаан. Маххул нухалго гьеч1еб ва автомашинабиги гьеч1еб мехалъ, гьел чулбакада т1илалги лъун Россиялъул г1емерал ч1ах1иял ч1ух1аралщинал шагьарабазде унаан: Бакуялде ,Ростовалде,Москваялде,Кисловодскаялде, Пятигорскаялд ва г1емерал цогидал шагьарабазде. Абула гьел чода гьакалги ран Петроградалдеги щванилан гьезул 5 – 6 чи къайги данд бан цадахъ унаан гьелдасан бач1араб раг1и буго къай цадахъ /къасдахъ/.Россиялъул шагьрабаздаги ч1еч1ого гьел ругьунлъана Америкаялде, Англиялде, Франциялде ва цогидалги пачалихъазде ине.
Ансадерил г1адамал гьеб махщалида ругьунлъиялдалъун гьезул ахихъанлъиялъул иш лъик1аланго г1одобе ккана т1аса квер босизе бегьуларел ц1олбол ахал лъедерлъун рук1ана.
Жинди – жиндир ц1олбол ахнигин г1иял рехъабигин камурав чи Унсоколоб цонигин вук1инч1ин абизе бегьула. Гьеб мехалъ гьелдаго цадахъ г1ияхъанлъиги дагьлъана. Гьедин т1илал ричизе хьваданигин гьединаб зах1мат бихьун х1ал танигин гьезие гьелдасан щолеб г1арац бук1инч1о, гьез бач1унаан нахъидаб соналъги добго ишан кьабизе марща кунги жодоего рокъор ругезе цо –цо форма рат1лилги. Гьенисан руссаразда лъик1 руссаралан абизе тухум кьибилалъул лъимал рач1унаан гьезие цо – цо к1и – к1и конфетги кьолаан. Ц1акъго цересезе гьит1инаб сапун кьолаан х1асил гьанже Унсоколоб художественный фабрикалда гьоркьохъев х1алт1ухъанасе к1иго моц1ица щолеб г1анасеб г1арац гьезие цо лъаг1алицаги щолароан.
Дагъистаналда восстание багъарараб мехалъ ансал.
1877сон.
Гьеб заманалда бакълъулазул «багулазул» «г1ахьвалазул» боялги гьарун Г1алибегх1ажияв, Куракул Вух1ама абун чаг1и рахъана гьез к1удияб восстание багъаризабун г1емерал биял г1одоре т1урал рагъал рук1ана.
Гьеб заманаялъ Гъуниб округалдасан Сугъралъа Г1абдурах1ман Х1ажиясул вас Мух1амадх1ажиявги вагъана гьенив . Гъуниб, Лавашиб, Г1ахъуша ва Гъумекибги ккана к1удиял рагъал, гьенисан Г1абдурах1ман Х1ажиясул васас Унсоколове вит1ун вач1ана К1ик1униса Шайих апанди. Ансал живгун цолъизе ва жиндир божиялде рач1ун г1урусалгун рагъизе рахъине гьареян. Гьев Шейх апанди вач1ун вуго росдал бигавул Тутумиласул Вух1амил бак1алде гьев бигавулас гьев къват1иве гъуна, жинца Мух1амад Х1ажиясул бодулъе цо г1адан вит1илариланги абун. Гьедин гьев т1ад вуссун унаго гьесда цадахъ Унсоколоса 10 – 15 г1анасев чи ун вуго. Гьезул цояв Г1алигъалбац1ил Исх1акъ дир инсул эбелалъул вац вук1ана (Г1абдулх1алимил Г1абдулагьил) дида лъик1го лъалев чи гьев хвана 1927 соналъ, гьес г1емераб хабар бицунаан. Гьев Мух1амад Х1ажиясул болъа арал чаг1и хут1арал чаг1и чангоял ч1вана ч1аго хут1арал восстание бергьун, ай гьел къун хадуб пачаясул чукъбуз руссунареб Сибирь къот1ун Иркутскаялде рит1ун руго. Гьезул цо – цоязул ц1арал рак1алда руго- Гьаридал Вух1ама, Жабраг1ил Х1ажияв, Ах1ал Мух1амад ва гь. ц. Гьел Сибиралдаса нахъе руссинч1о. Г1алигъалбац1ил Исх1акъин абуни гьениб 20 сон бараб мехалъ гьесул вац Дах1адаги хадув ун гьенисан паспортги щун заманаялъе гьенисан г1еведе вач1араб мехалъ Унсоколове вач1араблъиги лъазе биччач1ого гьаниб счеталдаги лъеч1ого вук1ана гьев Совет х1укумат бахъизег1ан. Заманаялъ паспорт ц1и гьабизе унаан Иркутскаялде. Ахиралда араб мехалъ г1емераб г1арацги хвезе гьабун гьес живго гьениса счеталдаса вахъизе гьавуна гьелъие г1илла бук1ана дова счеталда вугони жиндир к1иявго вас армиялде рачунаан, Дагъистаналдаса пачаяс солдат восуларилан.
Гьебго восстаниялъул заманалда Унсоколоб наиблъун вук1арав Х1оц1оса Вух1амица ансалги ва цогидал росабиги рахъине гьаруна Г1ахьвахъ, Ц1умаде, гьебги багъарараб восстание ч1инт1изе ай пачаясул рахъги ккун х1алица гьел рагъде рахъинаруна ва г1урус Армиягун цадахъ рагъулаго гьенив ч1вана Унсоколоса Куцил Г1абдулагьги.
Х1оццоса Вух1амил жигаралдалъун гьел маг1арулазул росаби рахъана ва рух1ун талавур гьабун гьел т1убанго руччаби лъималгун цадахъ т1ок1аб т1ад руссунареб х1алалъ рит1ана. Гьедин гочине гьарун унел чаг1и гьел Унсоколосан рач1ана. Росу т1арада бук1араб майданалда рещт1ун рука1арал гьезие ансадерица кваназе квен кьолаан, гьезул херал чаг1и ах1долаан я Аллагь Х1оццоса Вух1амил бихьинаб наслу лъуг1аги нижеда гьаб балагь бачарав чи нижер бищун к1удияв тушманилан.
Гьел маг1арулазда бачараб бак1аб балагьалъ Х1оцоса Вух1амие г1емераб давла щвана гьел росабазул г1и – боц1и щвей гуребги гьесухъа пачаясул рахъалдасан г1емераб г1арац месед бач1ана восстаниял къезабизе гьес жинца рахъинарурал ай Х1оцоса Вух1амил бодуе бикьизе нахъидаб жиндиегоги тези бач1араб гьеб г1арцул 2 – 2 гъурущ бодуеги бикьун кинабго г1арац Х1оцосес жиндиего тана. Ва гьеб г1арцудасан гьес босана хъутан жиндирго г1ияе. Гьесул хъутан бук1араб бак1алда гьанже Мах1ачхъалаялда г1орхъулъ Ленинкент шагьар г1ун бач1ана.
Х1оцосесул нахъе хут1араб г1арац жиндирго рокъоб хазинаялда лъун бугеб бак1алда ккалан батун гьес гьеб цо къоялъ бакъалде т1охде бахъана ва бакъанида бакъвараб мехалъ гьеб гъоркьеги бахъана, годек1аниса цо чи ах1ун гьесда горбода бан лъабго раччи гьабун гьесда рокъоб баччизабуна ва гьесие 10 гъурщил месед кьуна гьебги гьес жиндиего ц1аруе гьабураб иш бук1ана.
Гьев Х1оцоса Вух1амил вац вук1ана Ах1мадх1ажи абун, цойги васги вук1ана Г1абдулат1ип Х1ажияв абун. Гьел лъик1го г1арац щолел х1ежалдеги арал чаг1и рук1ана. гьез цонигинас Вух1амил г1арцудасан яги г1и – боц1иялдасан жо кваналароан.
Гьез абулаан халкъалде балагьги бачун бусурбабазда зулмуги гьабун балагьараб х1арамаб боц1и бугилан. Нажмудиница гьеб киналдаго кверщел гьабуна.
Тутумиласул Вух1амил заман гьеб кола 1875 – 1879
сонал.
Гьесул заманаялъ ц1акъаб г1адлу бук1ана, амма т1адеялдаса т1аде гьесул ханлъи ц1ик1к1унеб бук1ана.
Гьелъие цо мисал: ансадерил бук1ана Буйнакск районалде унеб мег1ер, ай риидалил муч1дул, гьелги рук1ана Хереч1деридаги Эрпелдеридаги гьоркьор 1. исмаг1илил мег1ер, 2. х1акква мег1ер, 3. т1инч1 мег1ер, 4. ц1ар лъач1о. Тутумил Вух1амица гьел муг1рул щибаб соналъ лъараг1азе ричулаан ва гьезухъ щвараб г1арацги жинцаго кваналаан. Гьев хвараб соналъ Арутанил Х1ажияс гьенивеги ун гьел муг1рул ричана 2000 гъурщиде ва гьеб г1арац росулъ бикьана щибаб рукъалъе 5 – 5 гъурущ щвана. Гьелдаса нахъе муг1рул гьедин ричун гьев Г1алих1ажияв хазиначилъун тун гьесда кодоб касса бук1ана росдат1е бач1араб налог г1емерисеб гьелъ бец1улаан.
Гьедин бегавуллъи ханлъиялде сверизабурав Тутумил Вух1амил г1усахъ абулеб бак1алда к1удияб ц1олбол ах бук1ана, гьесдаго цун гьесул вац Ах1мат1хъанилги бук1ана ах. Вух1амица г1адамазда гьарулел зулмаби Ах1мат1хъание рокьулароан. Гьеб Г1усахъ ахил мадугьалихъан ай г1урхъулъан к1иявго вацасул к1алъай ккана. Гьеб бак1алда Вух1амица вацасда к1иц1ул таманча реч1ана, ва гьев г1одов ккезе гьавуна. Гьенире т1аде рач1араца Ах1мат1хъан рокъове восана, ва гьел гулбиги рахъун Шайхил Х1усеница гьев сахлъизе гьавуна. Ах1мат1хъаница жиндего реч1ч1арал гьел гулби нахъе ц1унун рук1ана. Живго сахлъун вахъараб мехалъ росдал къаса хъолеб бак1алда жиндирго танчида гьел гулбиги лъун гьев Вух1амие гъоркь ч1елги гьабун вук1ана. Гьениве т1аде щварав Вух1амида гьесги к1ицул таманча реч1ана. К1к1уялъ т1ерхьарав Вух1ама бахъулаго ханжаргун вацасде вортана Ах1мат1хъан гьениб аск1об бук1араб базар Мух1астанил бак1алде к1анц1ана, ва Вух1амица гьесда хадуб ах1ана -гьай хъах1ба, щай лъутулеван. Гьес гьебсаг1ат бахъун ханжаргун т1ад вуссун вацасул чохьолъ ханжар къазабуна Вух1амица гьесул чохьолъги ч1вана ханжар. Гьезда гьоркьоб бук1ана ч1ег1ма къоноги гъурун Вух1амица гьев вуг1изе гьавун къеда рек1ине гьавуна. Ах1мат1хъанихъе гьесул ханжар ккураб квер кквезе щун бук1ана гьедин бук1аниги Ах1мат1хъанида къараб ханжар рек1ет1ег1ан ккун бук1ун буго. Вух1ама гьеб бак1алда г1одов ккун хвана, гьесул чохьонисан къват1ибе к1анц1араб к1удияб т1ат1ул горо бук1ана, цо дагьал къоялги гьоркьор рахъун Ах1мат1хъанги хвана.
ТУТУМИЛ ВУХ1АМИДА ХАДУСЕБ БИГАВУЛЛЪИ
Гьеб заманаялда бигавулзаби росдаца рищун толароан, наибасда берцин бихьарав чи т1амулаан. Наибги Хунзахъ росулъ округалъул начальникас т1амулаан.
Довго Х1оцоса Вух1амие хирияв чи Тутумил Вух1амаги вук1ун, гьес т1адег1анаб хъулухъ бат1ияв чиясе кьолароан, наибас Тутумил Вух1амил вас Х1усен бигавуллъун т1амуна.
Цо сордоялъ марк1ач1уда к1удияб мажгиталда цебе росдал жамаг1атги бак1арун Х1оцосес лъазе гьабуна т1адег1анаб къадру – къиматалъул чи Тутумил Вух1амаги вук1ана гьесдаго релъарав гьесул вас Х1усенги вугелъул ножор бигавуллъун Х1усен т1амунила. Баркала нужее бигавул Х1усен абун, гьедин гьев к1алъалаго гьениб аск1обег1ан т1охдасан цо чияс г1ак1а ах1ана гьадин г1анаккиялде гьаб данделъараб росдал жамаг1ат живго хвезиг1ан Тутумил Вух1амица нилъер росдал муг1рул ричарабги, г1ак1аде бахъарабги г1арац кванана. Росдал дибирасухъги гьев г1енеккич1о. гьединав х1арамзадат1а бахиллъунищ гьесул вас Х1усен бигавуллъун т1амулев вугев абун, щив гьев г1ак1а ах1арав чияли гьеб рук1к1араб заманалда лъидаго лъач1о. Хадув наибги Х1усенги г1емер ц1ехолдана гьезухъе гьев щвеч1о. Гьелдаса г1емер мехго иналде Х1оцоса Вух1амида хвалил унти ч1ван гьев Х1оцове ун хвана.
Хадув ккарав наибасде росдал г1адамаз г1емерал г1арзал гьарун, гьев Х1усен бигавуллъиялдаса рехана. Гьев реххун мех бахъич1ого цо пуланаб сардил г1ужалъ кущмат1е г1орда т1асан росдаца бараб ц1улал кьо бух1ана. Гьеб кьо росдал жамаг1аталъе квешезе Х1усеница бух1анилан абулаан. Гьев вихьарал чаг1азда гьесул к1удияб тухумги бук1ун гьездаса х1инкъун гьеб бицине к1веч1илан абулаан. Гьелдаса хадуб хисулаго толагун бигавулзабигун наибзабигун бук1ана Ансадерил росу. Гьеб заманалда мискинчиясе х1акимлъиги ц1алиги щолароан. Х1ата наник1аразеги щоларо х1акимлъи хъулъухъ.
Кват1ич1ого Унсоколове наиблъун вач1ана Х1оцоса Вух1амил вас Нажмудин. Гьев Нажмудиница наиблъи ц1акъго к1удияб ханлъиялда сверизе гьабун гьес к1алъа – к1алъарал, ай дагьа – макъаб жиндие бокьулареб жо гьабурал чаг1и рухулаан. Гьесуд щибниги г1адамасда гурх1улеб ц1об бук1инч1о к1ала гъоркье регизеги гьарун т1аде нукарзаби т1амун нус – нус ц1алги кьабун гьес рухана: 1. Малачиласул Ажик1, 2. Нурил Мух1амад, 3. Хъах1аб росулъа Мах1муд ва гь. ц. Нукарзабаз вухиялдаги х1ал г1еч1ого Мах1муд гьев вухулеб бак1алда вук1ана ч1ах1иял г1араб ц1аларал чаг1и 1. Г1абдуразакъ Х1ажи, 2. Арутанил Х1ажияв, 3. Гьит1ин Вух1ама, 4. Якъубил Х1ажих1умаца нахъаги бицунаан Г1абдуразакъ Х1ажияв Мах1мудида чанц1улго абунилан Мах1муд дир вас мун дут1е г1унт1изабулеб г1айибалъе мук1урлъе, мун хвезе гьавулев вугилан Мах1мудица кьварун жаваб кьола дир мук1урлъизе ккараб жо щибго гьеч1о виччанте дун хвезиян 100 ц1алги кьабун ччук1 – ччук1ун бидул гьодги ц1ун т1аде вахъараб мехалъ гьес Нажмудинида цевеги ч1ун абуна х1ал хванищ дур лъуг1анищ дидасан босулеб щинаб. Гьеб мехалъ Х1оцосес гьесул чорхолъ мал бан гьев лъавудаса ун г1одов ккана Гьит1ин Вух1амица ццим бахъун Нажмудинида абуна мун лъик1го г1араб ц1аларав г1алимчилъун рик1к1уна нижеца хабарго т1ибит1ун бук1ана дур, амма дуда гьеб лъалеб бук1ун гьеч1о кинаб т1ехьалда кибехун хъван бугеб гьадин г1адамал рухеян. Гьединги абун Гьит1ин Вух1амица Мах1муд вахъине гьавун аск1ор рук1араз кумекги гьабун ваччун жиндирго рокъове вачун ана. Лъик1алан мехалъ дагьавго сахлъизег1ан гьес Мах1муд рокъов хьихьана.
Нажмудинил гьел вах1шиял ишал рекъеч1ел зулмаби хьиндалазул росабалъ т1ибит1ана ва гьелдасан г1емерал г1арзал рук1ана Хунзахъ начальникасухъ ва Щура губернаторасухъ гьебго заманалда Хунзахъ шариг1ат диваналъул къадилъун вук1ана Унсоколоса Г1абдуразакъ Х1ажиясул вас Къадиги, гьевги г1емерав хъвадарун Нажмудин Унсоколоса нахъе вачун ана, ва гьев судалде ай шарг1ияб диваналде кьун довгун Къадил кумекалдалъун гьев 10 соналъ Ахти Куралалъе т1амун судалдеги ун г1емераб г1арац меседги хвези гьабун Хунзахъ шариг1ат судалъул х1укму хвезе гьабуна ва гьев ц1идасан Хунзахъ наиблъун т1амуна.
Унсоколоса Мусал Вух1амил Мух1амад абулев чи цо гьит1инаб г1айибалъе г1оло Нажмудиница вухизе жиндихъего ах1улев вук1ана гьев лъутун г1инт1и жиндирго Колода вахчана гьесда цо – цояз абун буго мун щай лъутараван гьес абун буго 9 пут бугев Нажмудинги 1 пут досул чакмаяздаги 10 путги т1аде бахун мерхьараб мехалъ ч1ч1инт1ун хвелилан абун буго Мусал Вух1амил Мух1амадица.
Гьеб наиблъи ханлъиялда цадахъго Нажмудинил к1удияб х1инкъиги бук1ана6 гьесда к1олароан къасде дуниял рук1к1аралдасан радал бакъ баккизег1ан рокъоса къват1иве вахъине. Гьес рухарал чаг1иги ва гьеб зах1манлъалщиналги гьесие чан къан рук1ине кисандай гьесда туманк1 реч1ч1изе къаг1ида ккелаян рук1ана. Мах1мудица абун буго Щамазал Х1усенил Мух1амадица дуе г1олойин тун вугев жинца гьев ч1вач1огоян, амма кидал ч1ваниги жинца гьев ч1вазе вугилан.
Росдал мажгитаялде рузманаялде вач1унев мехалъги гьев к1иябго хьолбохъги нахъа цереги жиндирго нукарзабигун вач1унаан гьев ццидалго балагьулаан г1адамахъ жив т1аде щолаго жиндир х1урмат гьабун т1агъур бахъун т1аде вахъинч1ев чиясухъ гьев ц1акъго квеш валагьулаан.
Гьеб заманаялда кьог1ав пачаясул къвак1араб законги бук1ана цо чияс ай цо росулъа чияс наибасда кьабани гьев чиясул росу бух1улеб бигавуллъун даг1бадани лъабго моц1ица Хунзахъе вачун жанив т1амулаан. Аби буго Г1умар абулев наиб Хунзахъе унаго Хереч1дерил росдал гъоркье щвараб мехалъ гьев щували лъач1ого Хереч1дерил лъималаз гьесде кьурда т1асан ганч1ал ранилан. Г1умарица Хунзахъе щвейгун начальникасде г1арз гьабун начальникас гьезул росу бух1изе Хунзахъе солдатал рит1улел рук1анилан. Гьениве т1аде вач1ана Хереч1дерил дибир Унсоколоса Г1умар гьев вук1ун вуго Къарнайил Г1умарил божарав гьудул Г1умар дибирас гьарун гьеб гьит1инаб росдал г1абдалал лъималазе г1оло гьезул росу бух1угеян тези гьабун буго.
Гьединав кьварарав пачаясул законалда цадахъ гьес Дагъистаналъул щибаб округалда жиндирго солдатазул армия ч1езабун бук1ана. Дагьабниги жиндир законалда данде ч1арал чаг1азда т1ад рагъ гьабулаан. Гьединаб яргъид г1уц1араб солдатазул Хунзахъ хъала ц1ун бук1анилан.
Гьединаб заманалда ансадерида гьоркьоб цо – цо партизанал рук1ана наибзабаца зулму – х1ал гьабун. Нижеца гьел ч1вазе къач1арал гьединаздасан кола: Х1усенил Мах1ач, Х1усенил Ажик1, Арутанил Г1абдулагь, гьесул вац Г1алих1ажияв, Дах1адал Жабраг1ил ва гь. ц.
Унсоколове наиблъун вач1ун вук1ана Хунзахъа айтер /Мух1амад/ абулев наиб. Гьев вагъун вортахъун вуго росдал дибир херав чи Г1абдуразакъ Х1ажиясде гьеб зах1малъун сабру т1аг1ун росдал г1олохъаби Айтерил лъик1ал гьудулзабилъун рук1арал Дах1адал Жабраг1илицаги Х1усенил Мах1ачицаги гьесие гьекъолеб жоялда цадахъ балъго загьру кьунилан абула гьезда аск1ов гьеб къоялъ хвана Айтир.Ч1ик1аса Х1анза Х1ажияв Унсоколоб наиблъун вугев мехалъ Ансадерилги ц1ет1ендерилги г1урхъулъ бугеб илъаршу абулеб сагаялдасан к1иго росдал даг1ба ккун бук1ана. Ансадерил г1олохъаби гьенире рахъун гьез маг1арда бук1араб жодорго боц1ул рехьед гьенибе Илъарщуе гъуна сверун жалгоги ччун гьез гьеб сага боц1уда кваназабулеб бук1ана. Ц1ет1ендерил г1адамал наибасде г1арзалъ к1анц1ана. Х1анза Х1ажияв чодаги рек1ун ярагъги борчун гьениве щвана ансадериде ах1долаго кодоб бугеб ц1алги хьваг1улаго г1олохъабазде т1аде щвана. Гьесда данде рортана г1олохъаби гьезул бищун цеве вук1ана Темирханил Дах1адаги, Арутанил Г1абдулагьги. Гьез наибасда кьварун лъазе гьабуна мун нижеда гьоркьове вач1унге чуги мунги рик1к1адег1ан ч1ч1а, нижехъ ярагъги буго т1илалги руго нижеда гьоркьове вач1анани, яги цонигин чиясда ц1ал кьабг1анани нижеца гьеб баччуларо ниж нижерго ракьги г1урхъиги ц1унун руго абун. Наибасда к1веч1о гьезда т1аде ине, гьеб мехалъ гьес абуна жив гьаб саг1ат Хунзахъе инилан гьаб ножоца гьабулеб жо начальникасда бицине. Лъазабиян бокьаралъуве аян гьезги абуна. Ц1ет1ендерил чаг1и наибасдасаги цере Хунзахъе начальникасухъе щола ва гьесда бицуна ансадерица дур наибги вуханин нижер ракьги бахъанин, гьеб саг1ат т1аде щвана наиб Х1анза Х1ажияв. Начальникас гьесда гьикъана «щиб ккараб вухаравищ ансадерица»-ян. Наибас абуна вухич1о дун гьезулъ вагъич1о. Гьезулги Ц1ет1ендерилги гьоркьосеб ракь бук1ана гьеб г1емерисеб мехалъ Ц1ет1ендерица ккун буго, гьезда ццин бахъун ансадерица гьенибе жодорго рехьедги гъун кваназабулеб батана дидаян. К1иябго росдал вакилзабиги гьанире ах1ун гьеб цойиде ккезабизе вилъанила жив абун Х1амза Х1ажияв ун вуго Унсоколове, хадуб ккунги Унсоколо наиблъун вук1ине кканани ансал кьаллъун лъик1 гурилан.
Гьединаб гъалмагъиралда рег1ана 19 абилеб г1асру (век).
Губернатор Унсоколове вач1ана 20 векалъул авалалда. Унсоколове Темир – Хан – Щурасан губернатор вач1иналъул хабар т1ибит1ана, гьеб заманаялъ росдал г1адамал къач1ана къват1ал рац1ц1ун рохьоса г1емерал нак1к1ил гъут1би къот1ун гьел раччана наибасул гох1де. Гьеб гох1да рук1ана наибасул канцелярал, гьезда сверун ц1езиг1ан нак1к1ил гъут1би ч1ана, т1убараб рохьалда релъинабун бук1ана гох1. Щурасан х1амузда лъун Унсоколобе г1емераб ч1ег1ераб нарт баччана, щибаб рукъалъеги цо – цо якъия, ай цо литра г1анасеб нарт бикьана киназего. Наибасул буюрухъ бук1ана щивасул т1охда гьеб нарталда ц1а бакизе, росдада сверун ругел гох1азда, щобазда рук1ана ч1ах1иял ц1аял ракун, кинабго жаниблъи гвангъизабун бук1ана. Ансадерил росдал г1адамал ва сверухъ росабазул вакилзаби гьев вач1унеб нухда к1иябго рахъалъ строялда ч1ун, гьесие честьги ккун рук1ана. Гьесда дандч1вай гьабулеб бодул бет1ералда вук1ана Г1абдуразакъ Х1ажияв, гьесухъ бук1ана к1удияб чед, чадида т1ад цойгиги кесек гьенибго ц1ам. Губернаторас ц1амуда ччун чадил кесек кванана, цинги абуна: «Щиб х1ал бугеб нужор жамаг1аталъул, хур – хер, боц1и – панз нужоде рак1 щун нуж рихьизе бокьун вук1ани – лан». Г1абдуразакъ Х1ажияв к1алъана: «Дур бет1ер ч1ахъаяв, губернатор, ниж ц1акъ лъик1 руго, нижги духъ урхъун рук1ана». Гьениб к1иябго рахъалдасан ч1араб бода гьоркьосан гьев чодаги рек1ахъего наибасул бак1алде ана, гьениб гьес халкъалъе пайдайищ яги заралищ гьабурабали лъач1о. Гьев вач1иналде гьабулеб х1адурлъиялъе росдал г1адамал наибасги бегавуласги мухь гьеч1ого х1алт1изарулаан. Губернаторги г1емер вач1унаан Унсоколове.