Дарсил тема: Ц1адаса Х1амзат « Айдемир ва Умайгьанат»
Дарсил мурадал : Ц1адаса Х1амзатил творчество щула гьаби. « Айдемир ва Умайгьанат» пьесалъул анализ гьаби. Умайгьанатил, Гъазил, Асмал, Симисханил образал рагьи.
Дарсил план:
1.Орг. момент
2.Цебе малъараб такрар гьаби.
3.Дарс щула гьаби.
4. Дарсил х1асил.
5.Рокъобе х1алт1и ва къиматал.
Дарсил ин:
Организационный момент
Рорч1ами лъимал,рорч1ами гьалбал. Урхъараб салам нужее гьабатаб Гуни росдадасан. Жакъа дарсие эпиграфлъун росун руго дица гьадинал раг1аби:
« Метер маг1арул мац1 хвезе батани,
Хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун».
Лъил раг1абидай лъимал гьал руго? ( Расул Х1амзатовасул). Бит1ун буго.
Расул Х1амзатов ккола лъимал 2018 соналъул юбиляр. Лъида лъалеб кида гьев гьавурав? (1923-2003) -95. Щалха кколел юбилярал?
Цебе малъараб такрар гьаби.
Лъимал, жакъа нилъеца сапар бухьине буго ашбазалде. Лъида лъалеб, щиб жоха кколеб ашбаз?(кафе)
Бит1ун буго х1алч1ахъадал. Рак1алде щвезабе лъимал лъил асар гьебали ( Ц1адаса Х1амзатил).
Рач1а нилъеца класс бикьилин 2 ашбазалде. К1иябго ашбазалъул менюялда бук1ине буго раг1икъот1.Гьеб раг1икъот1алъ рагьила нилъер жакъасеб темаги.
Рач1а байбихьилин.
К1иябго ашбазалъе кьела т1адкъай.
Нужеца рагьизе буго раг1икъот1.
Гьеб буго нужер менюялъул т1оцебесеб кванил ниг1мат. Лъимал, г1урус мац1алда кин бук1инеб т1оцебесеб кванил ниг1мат? ( 1 блюдо).
Кьола командаялъе ургъизе заман.
К1иябго раг1икъот1 бала доскаялда. Гьеле лъимал, нужеца рагьана жакъасеб дарсил тема.
Проекторалдасан бихьизабила дарсил тема ва мурадал.
Дарс щула гьаби (дарсил анализ).
Дарсил анализ гьабулаго к1иябго командаялъе кьела т1адкъай.
1 командаялъ рагьизе руго Симисханил ва Асмал образал.
2 командаялъ рагьизе руго Гъазил ва Умайгьанатил образал.
Гьеб буго нужер менюялъул к1иабилеб кванил ниг1мат ( 2 блюдо).
Ашбазалде кваназе гурониги цоги щиб гьабизе рач1унел ,лъимал?(Х1ухьбахъизе)
Гьанже нилъер буго х1ухьбахъиялъул лах1зат.
Гьеб бук1ине буго нужер десертлъун.
Сценка бихьизабила лъималаз.
Нилъеца цодагьаб х1ухьбахъиги гьабуна, рилълъинин нилъ дагьалги цере.
4.Дарсил х1асил.
Хириял ц1алдохъаби, жакъа дие дарсил х1асил гьабизе бокьун буго ЩИБ? КИБ? КИДА? (Что ?,Где? Когда?) абураб х1аялдалъун.
Гуниязул ц1алдохъабазе бокьун буго асаралда т1асан нужее суалал кьезе.(Сайгъат бит1араб жавабалъухъ).
«Айдемир ва Умайгьанат» абураб асаралда жаниб инсанасе хасиятаб ЩИБ какулеб бугеб?
(Хъант1и, к1игьумерчилъи, ц1огь)
2.Халкъалъул г1аммаб бет1ергьанлъи бикъа- хъамиялдаса ва г1азизаб Ват1ан тушманзабаздаса ц1униялъул темаялда хъвараб «Айдемир ва Умайгьанат» пьеса бук1ана дол рагъда цересел соназда маг1арулазда,хасго г1олилазда гьоркьоб ц1акъ машгьураб асарлъун.
Гьеб асар т1убанго КИБ бахъун бук1араб?
Кинаб газетаялда?( «Маг1арул Большевик»)
«Айдемир ва Умайгьанат» пьеса КИДА чамабилеб соналъ хъвараб? (1940с.)
Пьсалъул ахир рак1алда бугищ нужеда лъимал?
Щибха ахиралда ккараб?(Вач1ун милиционерас Гъази вачун уна…..)
Гьединаб бук1уна ц1огьалъул ахир.
Бихьулищха лъимал , цебе заманаялдаги жакъа 21 векалдаги г1адамасул г1амал-хасият цо-цоязул цого бук1ин. Босизин нилъер политика . Щиб гьениб кколеб бугеб?
Гъази г1адал ц1огьал, к1игьумерчаг1и жанир лъолел руго. Кида-къадги квешал ишал т1атинч1ого хут1уларо.
Дие бокьилаан лъимал нужеца киданиги гьереси бицинч1ого бук1ине, нужеца киданиги жо бикъич1ого бук1ине.Нуж т1олалго Ват1ан ч1ух1арал, эбел-эмен разиял лъималлъун рахъине.
5.Тестирование (заман хут1ани).
Жакъасеб дарс лъуг1изабизе бокьун буго дие лъимал Фазу Г1алиевалъул гьал раг1абаздалъун:
Гьаб мац1 дие кьуна маг1арулаца.
Маг1арул намусгун, бечедаб ирслъун.
Бац1ц1адго ц1уне гьеб, бечед гьабе гьеб,
Гьелда ах1е дуца х1асратаб кеч1ан.
Ф.Г1алиева йик1ана лъимал нилъер гъоркьиса 2017 соналъул юбиляр. Гьединлъидал дица гьал раг1абаздалъун лъуна дарсие ахир. Байбихьун бук1ана дица дарс Расул Х1амзатовасул раг1абаздалъун.
Кинал раг1аби лъимал гьел рук1арал? ( Восп. Минут ).
Рокъобе х1алт1и: Ц1адаса Х1амзатил « Г1умрудул дарсал» ц1ализе хадусеб дарсиде.