Дарсил тема: Инхоса Г1алих1ажияв «Гьекъел -мехтел»
Дарсил мурад: Шаг1ирасул гӏумруялъулгун лъай –хъвай гьаби. Асар пасих1го ц1али.
Гьекъей ва мехти инсанасул сахлъиялъе бищун к1удияб зарар.
Бирцинаб г1умру гьабизе ккани, гьекъел ва мехтел рик1к1ад тезе ккола.
Дарсил алатал: т1ехьал, тетрадал, шаг1ирасул сурат.
Дарсил тайпа- ц1ияб дарс.
Дарсил план:
Дарсил ин:
Дарсиде х1адурлъи
Творчествогун лъай-хъвай (аудирование ва таржама)
Учителасул к1алъай
Дарсил х1асил ва рокъобе х1алт1и.
2..Г1алих1ажиясул творчествоялъ бихьулеб бак1 ккола Дагъистаналъул адабияталда жаниб. Гьев ккола гьал маш-гьурал раг1абазул бет1ергьан:
«Зах1мат бихьич1ого, рах1ат бокьарас,
Бекьич1ого лъилъе, нилъ гьеч1ого, хур».
Г1алих1ажияв гьавуна 1846 соналъ гьанжесеб Гумбет районалъул Т1адинхо росулъ Гъазимух1амад абулев мис-кинав векьарухъанасул хъизаналъе.
Анкьго сон барав Г1алих1ажияв инсуца ц1ализе кьола Казбек районалъул Миякьо росулъ бук1араб мадрасаялде. Гьенив гьев ц1алана 12 соналъ. Цинги гьев к1иго сонги баща-далъ дибирлъун х1алт1ана Г1орот1а росулъ. Даг1ба-къецалъе гьес ахир лъолаан, халкъалъги гьесде божилъи гьабуна. Гьеб-мехалъ Г1алих1ажияв машгьурлъана коч1охъан х1исабалдаги. Рак1 бац1ц1адго дибирлъи гьабулев чи вук1инги лъан, гьев жидехъего т1алаб гьавуна Казбек районалъул Буртунай рос-дал жамаг1аталъ. Гьенив х1алт1ана дагьабго заманалъ.
Г1алих1ажиясул рит1ухълъи раг1ун, гьев жидехъего т1алаб гьавуна Индиралъул (Эндирай росдал) жамаг1аталъ.
Г1алих1ажияс какулеб бук1ана г1адамал гукки, гье-зухъа мухь боси, садакъа х1алае ккун, жидеего жо бахъи ва гь.ц.
Гьев хвана 1891 с. Индиралда, ва гьесул хобги гьениб буго.
Гьесул бищун лъик1аб кеч1лъун ккола «Чияр зулму бергьарас гьеб халат х1ехьоларо». Гьениб абулеб буго:
«Боц1и ц1ик1к1ун, мехтарав вигьинего к1оларо»,
«Цо макъаналъ ч1ух1арав чияхъ валагьуларо», - ян.
Хъвана гьес лирикиял куч1дулги. Гьезда гьоркьосан цояблъун ккола Индиралда хъвараб «Хъах1аб рас» абу-раб херлъиялде гьабураб кеч1ги. Гьелъ бич1ч1изабула херлъизег1ан щивав чи жиндир заманалда халкъалъе г1емераб лъикГлъи гьабун, хъахГаб рас баккиялдаса нечо-лареб куцалда вук!ине ккей.
«Нужум г1елму» абураб коч1олъ бицунеб буго ц1вабзазухъ ралагьун, гьереси бицун, халкъ махсараде кко-лел жагьилал г1адамазул.
Г1алих1ажияс, росдал бут1руллъун рук1унел рук1арал бегавулзабазул, ч1ух1бузул, диванбегзабазул мекъал ишал какун, чанги куч1дул хъван руго. Гьелъ бицуна гьесул асаразулъ пасих1аб, бег1ераб сатирияб хасият бук1инги.
Гьабсаг1атги нилъер г1елалъе тарбия кьеялъе к1вар бугеб гьакълил «агьлуги» гьесда к1очон тун гьеч1о. Гье-динаблъун ккола гьесул «Гьекъел-мехтел» абураб кеч1ги.
Жиндирго куч1дузулъ Г1алих1ажияс хъвалеб буго ин-санас бет1ербахъи, живго х1алт1ун, гьабизе кколин.
Живго г1араб мац1 лъалев чи вук1иналъ, жиндирго коч1олъ г1емер х1алт1изарун руго г1араб раг1аби.
Цо чанго асар гурони гьесул къват1ибе биччан бук1инч1о. 1972 соналъ басмаялда бахъана нусгоялде г1агарун кеч1ниги, назмуниги, кици-абиялниги.
Авар адабияталъул тарихалда жаниве Г1алих1ажияв лъугьана тГоцевесев сатирик х1исабалда, ва гьенив живго вихьизавуна гьайбатав устарлъун. Гьесул вахъана гъвари-даб лъаялъул г1алимчи, философ, машгьурав шаг1ир. Гьев ккола маг1арул миллияб мац1 камилго къач1арав к1удияв раг1ул устар. Г1алих1ажияс нахъе тана адабияталъул бе-чедаб ирс: рокьул, кьалул, философиял, насих1атиял, са-тириял асарал ва поэмаби. Авар поэзиялда жаниб бищун цебе Г1алих1ажияс ч1ана инсан инсанлъун вук1ине ккеялъ-ул пикру т1ад т1егьараб коч1ол гъветГ. Гьес бихьизабуна инсан абун ц1ар тараб г1оларин, г1адамазде бач1араб къва-рилъиялда г1одизеги, гьезде щвараб рохелалъе велъизеги лъалев вук1ине кколин, вах1шилъи гъорлъ гьеч1ев ватизе кколин г1адан абун:
Берцинаб гьаркьихъе рак1 тирхич1они,
Тавбуг1аги, гьеч1о дур г1аданиб нах.
Гьуинаб раг1ухъе бер биччич1они,
Батиларо, мискин, дур каранда рак1!
Палих1ажиясул пасих1ал асараз жакъаги кьола нилъее г1умруялъул дарсал, к1удияб эстетикаялъул тату.
Поэт кидаго божулаан рит1ухълъи халкъалъе щвезе бук!иналда, г!адамал эркенаб г!умруялде рач!иналда.
Жиндир заманаялъул заралиял г1адатаздаса эркенав, г1умру бич1ч1улев, ц1одорав, рук1а-рахъин, хьвада-ч1вади лъалев чи вук1ун вуго шаг1ир.
3..Ц1ияб дарс. ГЬЕКЪЕЛ-МЕХТЕЛ
Инсанасе тарбия кьеялъул, гьев куцаялъул х1акъалъулъ шаг1ирасул жакъа нилъер г1умруялъецин пайдаял ва х1ажатал пикраби руго. Гьес къват1иб ч1вазабулеб буго са-яхълъи, ч1ух1и, пахрулъи, лъималазда гьикъич1ого, гье-зул разилъи гьеч1ого, ригьин гьаби. Хасго гьес къват1иб чГвазабулеб буго гьекъел ва мехтел. Абизе бегьула, гьес мехталиде данде ч1еч1ого рагъ гьабулеб бук1анилан. Г1алих1ажияс абулеб буго гьакълица питна бекьулин, хвел т1алаб гьабулин, гьелъул лъик1лъи лъалев чи цониги вахъинч1ил ан:
Гьакълил лъик1лъи лъалев чи Лъидаха гьев ватулев,
Питна бекьун, хвел гуреб Халкъалъул берда цебе.
Дур ц1акъ г1олохъанаб черх, Г1амал к1одолъулеб рак1,
Г1адада ч1аг1а гьекъон, Ч1ваге, пакъир, къай чангит.
Ч1аг1а г1ад гьабизе, гьелда карщанги абун, баян гьабулеб буго гьелъ г1адан ч1валевлъи:
Кинго дуй пайда гьеч1еб пайтун унеб гьакинух, Гьекъон хадуб парсисан парт1ан ун ворч1улареб. Рач1а, мискин, гьал къоял къокъал жалги ругелъул, Къулчгулеб дур карщица камизарун лъик1 гуро.
Каранда унти кколеб, кодобе щвараб маг1ишатги щу-щазабулеб, рукъдаруссин бух1улеб гьекъолеб жоялдаса нахъег1ан рук1аян абулеб буго:
Рокьараз квер хьваг1улеб, каранлъе унти кколеб,
Кодоб щвараб маг1ишат rlypye биччан толеб;
Пазаналлагь, къваридго къват1-къват1алда лъимал тун
, Къиямасеб къоги ч1ун, рукъдаруссин бух1улеб.
Гьекъолдухъан вугеб рокъоб кидаго х1алхьи бук1унаро, гьес сверухъ ругел киназулго рах1ат хвезабула, г1емерисёл инсанасде рещт1унел балагьал гьакълидалъун рук1уна, эбел-эмен, хъизан-лъимал ургъалилъе ккезарула, рак1алдаго гьеч1еб, хадуб рак1 бух1улеб абун батула, лъа-ди-рукъалдаса ват1алъула.
Къояца мугъ рехарал херлъарал эбел-эмен,
Хиял гьеч1еб амру щун, ургъалилъе рехулеб;
Кьог1аб хабар г1емераб, г1антаб пиша гьарзаяб,
Гьабулеб жо лъач1ого, лъадиялъ нух босулеб.
Гьакълица гьудуллъи биххизабулеблъи, бищунго жин-дие кумекалъе ватулев чи барщизавулевлъи, ях1-намусал-даса ват1а гьавулевлъи, берцинаб, гьайбатаб г1умру ч1валеблъи баян гьабулеб буго. Гьакълица инсан кьурсаги рехулев вуго, къват1 бакьулъ х1арщулъ г1одовги ккезаву-лев вуго, чГужуг1аданалъухъего г1одизеги т1амулев вуго.
Коч1ол цебесеб бутГаялда поэтас гьакълил кинабго квешлъи баян гьабулеб батани, гьелъул к1иабилеб бут1аялда ах1улел руго гьекъел-мехтел рехун теялде, гьел-даса рик1к1алъиялде:
Х1акъаб раг1ухъ г1инт1амун, г1одобе рехе мехтел,
-Г1умру къабих1 гьабулеб, рукъалда pyxl лъолареб.
Х1исаб гьабея, вацал, гьекъоге мехтулеб жо,
Жинца г1умру бикъулеб, Къуръаналъги какараб.
Мехтел рехун тани, тушманлъиялъги, питна-кьалалъ-ги, пашманлъиялъги инсан рехун толеблъи баян гьабулеб буго.
Коч1ол ахиралда шаг1ирас ах1улел руго гГумру роха-лида т1амизе, г1акълу камил гьабизе, ахираталъул пикру гьабизе, рак1ал цоцалъ журараб гьудуллъиялде:
Рохалил г1умруги ккун, г1акълу-лъай камил гьабе,
Кинавго чи бахилаб хвалие х1адур гьаре!
Х1акъаб иш сах1их1 гьабун, х1арамаб рик1к1ад гьабе,
Рак1ал журазе гьарун, гьаб г1алам вацал гьаре!
Гьеб коч1олъ Г1алих1ажияс инсанасул хасияталъул кинал г1унгут1аби къват1ир ч1вазарулел ругел?
Гьакълица щиб гьабулин абулеб бугеб ва гьелъие коч1ол раг1абаздалъун жаваб кье.
Гьекъолеб жоялдаса нахъег1ан рук1аян абиялъе г1илла щиб?
Инсанасул рокъоре балагьал сунца рещт1инарулел?
Гьекъолдулев чи гьакълица кинавлъун лъугьинавулев?
6. Г1алих1ажияс коч1ол к1иабилеб бут1аялда нилъ сунде
ах1улел ругел?
Г1умру кин гьабизе кколин абулеб бугеб? Гьелъие жавабалъе коч1ол мухъал рате.
Илбис коч1олъ кинаблъун бихьизабулеб бугеб?
4..Рокъобе х1алт1и: асар пасих1го ц1али ва сипатиял раг1аби ратизе.
Дарсил тема: Инхоса Г1алих1ажияв «Исрапчиясде».
Дарсил мурад: Цебе малъараб щула гьаби. Асар пасих1го ц1али. Квен исрап гьабизе бегьуларо , гьелъул къимат гьабизе ккола.
Дарсил алатал: т1ехьал, тетрадал, шаг1ирасул сурат.
Дарсил тайпа- ц1ияб дарс.
Дарсил план:
Цебе малъараб такрар гьаби (литературияб теория)
Учителасул к1алъай – ц1ияб дарс
Дарсил х1асил ва рокъобе х1алт1и.
Дарсил ин:
1..ОРГ момент
2..Литературияб диктант.
Эпитет….. Халкалъ ургъарал, г1елалъ цоцазе рицун т1ирит1арал художествиял асарал ккола
Метафора…. Рак1гъеялъе, анищал –хьулал рагьиялъе, малъа-хъваялъе г1оло, ургъун рахъарал харбидалъун рицунел асарал
Фольколор… Г1умруялъул х1албихьиялъул кьуч1алда халкъалъ инсанасе г1акълу кьун ургъараб, х1асиладе щвараб, гъваридаб маг1наялъул, къокъаб пасих1аб калам.
Баллада…. Х1икматаб лъугьа-бахъиналъул бицунеб коч1одалъун хъвараб асар.
Бицен… Релъен-хъваялъул кьуч1алда гвангъараб сипатаздалъун г1уц1араб, ц1ар балъго гьабулеб къокъаб асар.
Аллитерация… Инсанасул рек1ел х1ал, предметазул сипат-сурат баян гьабизе х1алт1изабулеб
хъвалсараб маг1на, цо предметалъе хасиятал г1аламатал цогиялде г1унт1изаби.
Маргьа …. Коч1ол калам пасих1лъизе ва бицунеб жоялдехун авторасул бугеб бербалагьи
загьирлъизе х1алт1изарулел гвангъарал сипатиял раг1аби.
Бицанк1о …. Коч1олаб каламалъулъ цого гьаркьал (рагьукъал) такрарлъиялда щибилан абулеб
Г1алих1ажиясе, коч1охъан х1исабалда, хасиятаб буго г1умруялъул бат1и-бат1иял г1унгут1аби къват1ир ч1вазари, малъа-хъваял гьари. Инсанасе буголъи щола, аслияб ку-цалда, к1иго бат1ияб къаг1идаялъ. Т1оцебесеб къаг1ида, гьеб ккола х1алалаб, жиндирго махщалидалъун, гьуна-ралдалъун, г1емер къо бихьун, х1алт1ун. Гьедин данде гьабураб бечелъиялдехун инсанасул х1урматияб, бет1ергьанлъиялъулаб, ц1акъго тадбирияб бербалагьи бук1уна, гьеб ц1уна-къаялде к1удияб к1вар кьола. Шиабилеб къаг1ида, гьеб ккола г1адамал гуккун, х1илла-макру бергьун, мискинзабазул зах1маталдаса пайда босун, божуда рек1к1 гьабун, данде гьабураб. Гьединаб боц1и инсанасе х1арамаб бук1уна. Гьедин данде гьабураб боц1и-бу-голъиялдехун цо-цоязул ургъел гьеч1еб, т1аса-масагояб бербалагьи бук1уна. Пумруялъул гьеб рахъалде буссараб буго Г1алих1ажиясул «Исрапчиясде» абураб кеч1. Гьеб коч1олъ шаг1ирас бог1оллъиялъул адаб-х1урмат ц1ик1к1ун гьабизе ккеялъул бицунеб буго:
Гьабихъе ун ххенола, ханжу г1емер бокьула,
Г1одобе ох унелъул, халго гьаз гьабуларо.
Хинк1ал ц1ик1к1ун, ц1ар буго, ц1алк1у ризаб какула,
Кванан г1орц1араб мехалъ, г1емераб калам ккола
Цох1о бусурманчияс гуребги, т1олго г1аламалъго чадил адаб-х1урмат гьабизе кколеблъи бич1ч1изабулеб буго. Нилъ ургъизе т1амулел руго чед сундулго бет1ер бук1иналда т1ад, гьеб бук1ине ккани, киг1ан зах1мат къулч1изе кколеб абураб суалалда т1ад:
Капуразул хан Пирг1ан г1едег1ун унелъулги,
Айгъирги ч1езе гьабун, бог1олги мугь босарав...
Месед-г1арацалъ бечелъаравги халкъалъе инжитлъу-ла, бог1оллъидул адаб рехани.
Рокъобги къват1ибги киса-кибго чадил х1урмат гьабизе кколин абураб пикру буго т1олабго коч1олъ:
Бог1оллъидул х1урмат ккве, х1алихьатил хъатир те,
Хинк1 дуца гьудул гьабе, гьелъ мун жанив вачунин
. Нухда бортун батараб тоге мугь пурч1инадул,
Гьелъ дуе квербакъила, ракъуда цебе ч1ела.
Г1емер кванай, черхалъе бак1лъиледухъ чехь ц1езаби заралияб бук1ин бихьизабулеб буго гьал мухъаз:
Ч1еч1ого кваналев чи какун вуго г1елмуялъ,
Г1адлу гьеч1еб чехьдила - дару гьеч1еб унтиян.
Инсанасе буголъи кин щолебин абулеб бугеб?
Х1алаллъи-х1арамлъиялъул х1акъалъулъ Палих1ажияс кин
абулеб бугеб?
Бог1оллъиялъул ц1ик1к1ун адаб-х1урмат гьабизе кколин абураб бак1 коч1олъ бате.
Чед бук1инабизе ккани, кин нилъ х1алт1изе кколелали бице.
Бог1оллъиялъул х1урмат кин гьабизе кколебали бице.
Роцен гьеч1еб кванай Г1алих1ажияс кинаблъун бихьизабулеб бугеб?
Чадил х1акъалъулъ нужедаго лъалеб хабар бице.
3..Рокъобе х1алт1и: асар рек1ехъе ц1ализе.
Дарсил тема: Инхоса Г1алих1ажияв «РАКЬ».
Дарсил мурад: Цебе малъараб щула гьаби. Асар пасих1го ц1али. Хварас цадахъ босула «Г1иц1го бозил анкьго аршин». Гьелда т1ад ургъизе ккей.
Дарсил алатал: т1ехьал, тетрадал, шаг1ирасул сурат.
Дарсил тайпа- ц1ияб дарс.
Дарсил план:
Цебе малъараб такрар гьаби (кроссворд)
Учителасул к1алъай – ц1ияб дарс
Дарсил х1асил ва рокъобе х1алт1и.
Дарсил ин:
1...ОРГ момент
2. Кроссворд.
Г1алих1ажиясе шаг1ир х1исабалда хасиятаб буго г1умруялъул балъголъаби рагьизе, хвел -хобалъул, рук1а-рахъиналъул хиялал гьарун, гьел темабазда т1асан аса-рал хъвай. Гьединал темабазда хъварал асаразул цояблъ-ун ккола «Ракь» абураб жибго гьит1инаб, амма маг1на гъваридаб асар. Цо чанго риторикияб суалги лъолаго, шаг1ирас нилъеда бич1ч1изабулеб буго щивав чиясул г1умруялъул ахир хвел бук1ин. Хвалица ват1а гьавуларо гГалимчиги, меседил кверал ругев устарги, ч1ух1арав хан-ги, г1акъилав инсанги, рос хирияй лъадиги, лъадухъ г1ашикъав росги. Гьеб асаралъ нилъ ургъизе, пикру гьабизе т1амула, рек1ее пашманаб асар лъугьинабула. Гьеб г1емерго ургъун хъвараб асаралъ инсан дунялалъулги ахи-раталъулги х1акъалъулъ пикру гьабизе т1амула
Шаг1ирас хвел рик1к1унеб буго бищунго г1адлу бит1араб, сундасаго жиб бергьараб, кинавго чи ващад гьавулеб судлъун:
Мун г1адаб бергьараб, г1адлу бит1араб,
Чи бащад гьавулеб щибго бихьич1о.
Мискин, пакъир, залим, вали, наибги,
Бат1а гьарич1ого, жанир рачунеб.
Хварас цадахъ босула «Г1иц1го бозил анкьго аршин». Гьелда т1ад ургъизе ах1улел руго Г1алих1ажиевас киналго ч1агоял г1адамал.
Г1алих1ажияс авар литературияб мац1алъе кьуч1 лъунин абизе бегьула. Авар поэзиялъулъе гьес чанго бат1ияб роценги формаги лъугьинабуна, аваразул классикияб поэзия гьесдасан байбихьана. Г1алих1ажияс к1удиял х1албихьаби гьаруна авар поэзия, чвахиялда аллитерациялда г!ей гьабун теч1ого, ахир рекъеялде - рифмаялде бач1инабизе:
Сундул х1акъалъулъ хъвараб кеч1 кколеб «Ракь»?
Щивав чиясда щиб гьес бич1ч1изабулеб бугеб?
Хвалица г1адан ват1а гьавунгут1иялъул х1акъалъулъ кин хъвалеб бугеб?
Гьеб кеч!алъ инсан сундул пикру гьабизе т1амулев?
Хвел авторас кинаблъун рик1к1унеб бугеб? Гьелъие коч1ол мухъал рате.
Инсанас жиндирго г!умру кин гьабизе кколеб?
3..Рокъобе х1алт1и: асар рек1ехъе ц1ализе.