СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до 05.06.2025

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Урок по творчеству Махмуда 9 класс

Нажмите, чтобы узнать подробности

Дунилан чапулев чи вуго, эбел

Чорхол гьанги бакъван, берзул нурги ссун;

Къот1и гьабун буго гьесулгин дица,

Дуда цвич1они черх чабхилъ лъелилан

Показать полностью

Просмотр содержимого документа
«Урок по творчеству Махмуда 9 класс»

Мах1муд

Дарсил тема: Мах1мудил асарал..

Дарсил мурад: Мах1мудил асарал ц1али, ч1ужуг1аданалъул образ ва гьелъул рух1ияб рахъ бихьизаби. . Инсанасул рух1ияб гъварилъи. Гьеб заманалъул социалияб рахъ .



Дарсил тайпа- ц1ияб дарс.

Дарсил план:

  1. Цебе малъараб такрар гьаби (аудирование ва таржама)

  2. «Макьу» анализ

  3. «Эбелги ясги», «Почтовый кагътиде» ва гь.ц.

  4. Дарсил х1асил ва рокъобе х1алт1и.

Аудирование ва таржама

Мах1муд гьавуна гьанжесеб Унсоколо районалъул Хъах1абросулъ Анасил Мух1амадил хъизамалда 1873 соналъ. Инсуца малъана васасда т1оцебе ц1ализе. Хадуб г1елмуялда хадув гьев вит1ана рокьи батараб Бекьилъе, Г1ашилт1е, Рихьуниве ва цогидалги росабалъе, лъик1аланго лъазаруна доб заманалъул г1елмаби, хасго г1араб мац1 ва адабият.

Мах1мудил г1олохъанго рокьи ккола Бекьилъа Муихъ, амма гьей росасе кьола пачаясул офицерасул вас Къебедмух1амадие. Гьесда цадахъ Муица бан буго микьго сон, гьавун вуго к1иго вас. Йокьарай яс росасе араб мехалъ Мах1мудица т1оцее ячана жиндирго росулъа Рабиг1ат абурай яс, лъимер лъугьинч1ого рат1алъана. Гьел соназ (1899-1902) Мах1муд вук1ана росулъ дибирлъун. К1иабизе гьес ячана Ц1ат1анихъа Жамилат, гьелде шаг1ирас абурал раг1аби руго:

Эбел-инсуца гьел халатаб заманаялъ тун гьеч1о цадахъ г1умру гьабизе, рат1алъун руго. Рат1алъиялъе цойги г1илла бук1ана Мах1мудида Муи к1очене к1веч1олъи.

Рос хун микьго сон т1убараб мехалъ Мах1мудица Муида гьарула жиндие яч1аян, цин разилъиги кьун, хадуб йокьулелъ хиянатлъи гьабула, гьелъул къуват г1оларо г1агарлъиялде ва г1адатазде данде ине. 1914 соналъ Мах1муд Т1оцебесеб дунялалъул рагъде уна. 1918 соналъул риидаялде полк биххула, поэт Дагъистаналде т1ад вуссуна. Гьес бухьен гьабула Мах1ачилгун ва гьесул т1адкъаял т1урала. Гьеб иш лъарал тушбабаз поэтасе къор гъола, Игьаливе ах1ула, гьекъезеги гьавун Магьдил Мух1амад абурав чияс нахъасан таманчаги реч1ч1ун ч1вала.


Ц1. Дарс.

Йокьулелъ хияналъи гьабилалде цебе, г1ага-шагарго 1910 соналъ Мах1мудица хъван бук1ана х1икматаб поэма «Эбелги ясги». Гьеб буго романтизмаялъулги реализмаялъулги периодазда гьоркьоб г1уц1араб асар. Поэтасул хьул бук1ана Муи жиндие яч1иналда, гьединлъидал йокьулелъе мисаллъун йихьизаюлей йик1ана жийго мурадалде щвезе къеркьарай таваккалай яс. Гьелъул гъваридал пикрабаз ва т1адег1анаб ц1одорлъиялъ мук1ур гьаюла эбел. Поэмаялда кьун руго рокьи ккарал ясалъулги васасулги образал. Гъваридго ва пасих1го рагьун буго рокьул психология, гьедин гьабун цониги маг1арул поэтасухъан бажарич1о. «Эбелги ясги» поэмаялда вокьулесе ясалъ гьабураб г1адаб сипат-сурат дунялалъулго литератураялдаги къанаг1атго батула. Гьале гьеб, нужецаго пикру гьабе:

Дунилан чапулев чи вуго, эбел

Чорхол гьанги бакъван, берзул нурги ссун;

Къот1и гьабун буго гьесулгин дица,

Дуда цвич1они черх чабхилъ лъелилан.


Цо дир хъергъу буго хъархъица х1улун,

Х1ат1ил малъал т1аг1ун т1омол х1ули гъун,

Х1еренал лугбазда бараб гъаргъаралъ

Дица квер босулеб керен дурилан.


Кванилгун кьал ах1ун, макьилгун рагъ лъун,

Кьурул лачен буго чан гьабун дие,

Чорхол рух1ги бичун, хадубги лъугьун,

Гьаваялде бахун дихъ балагьун ч1ун.

Гьедун дун ц1унарав ц1адал х1инч1 буго

Ц1илада, каранда квешал ругъналгин.

Гъарим дирги рек1ел бук1уна пикру

Кваркьида хъвалаян, хъатдай балаян.


Бакъгин къокъун унеб итарк1о буго,

Угьараб х1охьелалъ хьухьал рух1араб;

Дунилан тирулеб тулпаралдаса,

Туманк1 реч1ч1аниги, би баккуларо.

Гъваридго г1умру бихьизабулел, реалистиял поэмабилъун рик1к1ине бегьула «Рек1ел гьаваялъул гьундул рихханин», «Почтавой кагътиде керенги чучун» ва «Мариям».

Поэтас «Почтовой кагътиде керенги чучун» поэмаялда къасд гьабула г1адамазул цоцаздехун бугеб рокьи бищунго гучаб, къуватаб бугилан абураб бербалагьи загьир гьабизе. Гьединаб къасд нилъеда бихьула гьал мухъазулъ:

Х1асрат ц1ик1к1арасе ц1ар щолебани,

Ц1ер г1адин, дуниял дир бук1инаан,

Ц1ик1к1ун хиял лъурав хан лълъуневани,

Халкъалъул ихтияр дихъе щвелаан.

Халкъалъул кверщел кодоб бугел ханзабиги рокьи рек1елъ бугев живгоги аск1ор ч1езарун, шаг1ирас г1адамазул цоцаздехун бугеб рокьиялдаса т1ок1аб, т1адег1анаб жо гьеч1олъи бихьизабун буго. Амма гьеб пикру ц1акъ къокъ гьабун буго. Гьелъие г1иллаги буго фронталъул г1умруялъ гьесие т1ок1аб бат1ияб рес кьолеб гьеч1олъи. Амма армиялъул, рагъул жинда бич1ч1араб рахъ, пачаясул армиялда бугеб т1илияб г1адлу гьес къват1иб ч1вазабулеб буго, гьелда т1ад велъанхъулев вуго:

Гьеб балагьалдаса бичасул ц1обалъ

Вац1ц1ад хут1ун вуго, хирадай гьудул,

Харда т1егь балелде т1ад вуссинч1они,

Т1олго щолеб балагь диде бук1ина.


Мах1мул киназго рик1к1уна халкъияв поэтлъун – новаторлъун. Гьеб гьедин бук1ин бихьула «Мариям» поэма ц1алараб мехалъги.

Учителасул раг1и: 1961 соналда «Поэтасул библиотека» абулеб к1удияб сериялда къват1ибе биччана «Дагъистаналъул лирика» абулеб лъик1аб т1ехь. Н.С. Тихоновас цебераг1иги хъван бахъараб гьеб т1ехьалда Дагъистаналда XVIII-XIX веказда рук1арал цогидал поэтазулазда цадахъ Мах1мудил куч1дулги лъун руго. Мах1мудил поэзиялъул х1акъалъулъ Тихоновас гьадин хъвалеб буго: «Заманаялъул рахъалъ Хъах1абросулъа Мах1муд нилъеде г1агарав вуго, гьесие хъван бук1ун бугин ккола маг1арулазул лирикияб поэзия цебет1еялъул х1исаб тун к1удияб нух г1иц1го Дагъистаналъул гуреб, дунялалъулго лирикаялъул т1адаг1анаб мисаллъун кколел асарал хъваялдалъун ахиралде щвезабизе. Гьесул творчествоялъул бищунго к1удияб бергьенлъилъун «Мариям» абулеб поэма бук1ана. Гьеб бук1ана г1адатаздасаги, исламалъул законаздасаги эркенаб рокьул манифестлъун ва гьеб муг1рул ч1ужуг1адан макьидасан йорч1иялъул кеч1 г1адин раг1улеб бук1ана. Гьеб поэма бижизе рес бук1ана г1иц1го Мах1мудица цересел г1емерал цогидал коч1охъаби т1ад х1алт1араб тема ц1ияб ва г1ат1идаб куцалъ рагьиялъул х1асилалда. Рокьул х1акъалъулъ Хъах1абросулъа Мах1мудица хъварал куч1дул халкъиял куч1дул г1адин ах1улаан. Бечедаб ва гучаб буго гьесул коч1ол мац1.

Хъах1абросулъа Мах1муд вуго к1удияв лирикияв поэт. Дица кидаялиго цебе гьесда Кавказалъул Блокилан абун бук1ана ва гьанжеги гъираялда гьеб такрар гьабулеб буго»1.

Сверухъе бугеб дунялалъухъ поэт валагьулев вуго рокьул роцадалъун. Х1асратаб рокьул бицунаго, гьес цояб рит1ухъ гьабула, цогидаб нахъ ч1вала.

Эркенаб рокьуе бугеб ихтияр рит1ухъ гьабулаго, Мах1мудида к1олароан ва гьесие рес бук1инч1о бусурман диналъул г1адлуялде данде вахъинч1ого ч1езе. Гьеб нилъеда бихьула гьесул г1емерал асаразулъ, хасго империалистияб рагъул фронталда вук1аго хъвараб машгьураб «Мариям» абураб поэмаялъулъ. Х1атта рагъул пашманаб х1акъикъаталдацин к1веч1о Мах1муд жиндирго творчествоялъул аслияб темаялдаса т1езавизе. Т1адег1анаб рокьул асар поэтас данде ккола хвелги г1акъубаги г1емераб бидулаб рагъгун:

Къирал-пачазаби рагъул ургъалилъ

Эргъелел рук1уна, бак1арун халкъгун,

Холев вугониги, диргони пикру

Дур гуреб каламалъ гаргадуларо.

Поэтас щибха гьабулеб? Рик1к1адасан поэтас маг1арухъ хут1арай йокьулелде гьадин хит1аб гьабулеб буго:

Лъилгун къец гьабулеб, къаг1ида берцин,

Мун жаниб гьеч1еб ракь жагьаннамлъидал;

Мун яхунел т1охал, т1асан унеб нух –

Эб гуребдай алжан иман бугезе!



  1. Рокъобе х1алт1и. Мах1мудил бокьараб кеч1 рек1ехъе ц1ализе.

  1. Дарсил х1асил гьабила.



1


Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!