Просмотр содержимого документа
«Урок- презентация "Причастияб сверел"»
Причастияб сверел
6 класс
Х1адур гьабуна авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алим
Идрисова Р.Б .
Дарсил мурадал
Причастияб сверелалъе баян кьезе;
Предложениялъулъ причастияб сверел батизе ругьун гьари;
Причастиял сверелал х1алт1абазулъ ратизе малъи
Авар мац1алде рокьи бижизаби.
ХIай «Рахас гьабе»
Цо-цо хIарпалъул гурони батIалъи гьечIел причастиял руго авар мацIалда. Гьединаб «рахас» гьабе.
Багъараб – Ба…араб – ба… араб
Ба… араб – ба … араб – ба … араб
Ба … араб – ба … араб - ба… араб
РекIелгъеялъулаб грамматика
ТIанкIазул бакIалда цо-цо хIарпги хъван цIиял рагIаби лъугьинаре.
… урана … урана
… урана … урана
… урана … урана
… урана … урана
… урана … урана
… урана … урана
Малъараб материал такрар гьабизе суалал
- - Причастие сунда абулеб?
- Кинал грамматикиял гIаламатал причастиялъул нужеда лъалел?
- Щай причастиялда глаголалдаса лъугьараб прилагательное абулеб?
- Предложениялда жаниб кинаб членлъун ккун букIунеб причастие?
- Глаголалда релълъараб рахъ щиб гьелъул бугеб?
- Прилагательноялдаса причастие кин батIа бахъулеб?
ЦIияб тема
- Рогьалилъ баккараб бакъ бакъанида тIерхьуна.
- Рогьалилъ абураб рагIи буго причастиялъе мутIигIаб наречие. Гьебгун цадахъ причастие ккола бакъалъе определениелъун.
Баян:
- Жинда бараб цо яги цо чанго рагIигун бугеб причастиялда абула причастияб сверелилан.
- Предложениялда жаниб причастияб сверел цо суалалъе жаваблъун бачIуна ва предложениялъул цо членлъунги букIуна.
Бате причастие.
- Боярзаби ч1ва-ч1вала, хъазахъал лъукъ-лъукъула,
- Хъат базего к1оларо бух1аяб Ах1улгох1да.
- Чияда гьикъарав- г1акъил, г1акъиласда хадув вилълъарав – ц1одор.
- Лъик1лъи гьабулев – ахир вохула.
Раг1и г1емерав – вакъарав, буг1а г1емерав – г1орц1арав.
Хвалчен кьабун къот1улареб, г1уруцаги босулареб.
(Причастиял рат1а росун хъвай, жинсги формаги бихьизабе).
Дунго хвананиги, халкъалда лъалел Къасидатал ругел таманал рокьул; Ракьулъ вукъаниги, къанихъ урхъараб Къо гIемер бач1ина г1ищкъу ккаразе. Мах1муд
Дарсил хIасилал гьари.
- Причастияб сверел сунда абулеб?
- Предложениялда жаниб кинаб членлъун ккун букIине бегьулеб?
Рокъобе хIалтIи.
- § 38
- ХIалтIи №5 гьум. 117