Ватlаналъе хилиплъи хlехьезе гьечlо
Тема: Гl.Расулов «Хазина».
Мурад:
Гl.Расуловасул творчествоялъул хlакъалъулъ баян;
«Хазина» хабаралъулгун лъай-хьвай гьабизе, гьелъул магlна рагьи;
художествияб г1уц1иялъул ва мац1алъул гlадатлъи бихьйзаби;
багьадуразул сипатал рагьи;
лъугьа-бахъиналъе бит1араб къимат кьун бажари;
тарихмяб бухьен гьанже заманалъул.
ДАРСИЕ Х1АЖАТАЛ АЛАТАЛ:
мультимедиялъул проектал, слайдал: муг1рул росабазул; рагъул, Турциялъул; тесталъе суалал карточкаби; иллгострациял, телеграммалъул конверт (нашид...).
СЛОВАРИЯБ Х1АЛТlИ:
Накъира - музыкалияб алат;
Лангар - якорь;
Гизма - ясазул т1ут1аб хъвада-чlвади;
Гьундул - кlалг1аби, рукъзал;
Гид - цевехъан;
Долма- Бахча - Турциялда бугеб султанасул кlалгlаби;
Истанбул - Турциялъул тахшагьар (Стамбул).
ДАРСИЛ ИН
1. Ралъдал видео биччала (1-2 минута).
2. Рорч1ами лъимал, гlодор чlа.
Рорчlами х1урматиял гьалбал. Цlакъ йохарай йиго жакъа нужгун дандчlвазе. Лъимал, бокьилаан гьаб нужеда бихьараб ралъдал сураталъги раг1араб гlодобе биччараб бакъаналъги нужер ракlазе кинаб хlикмалъи гьабурабали нужеца бицине.
Цlалдохъан: кlвахl гьеч1еб г1умру-инсан чlечlого, ралъдал карачелал гlадин, г1умруялъул нухдасан цеве унев ва унев вукlуна.
Цlалдохъан: ралъдал берцинлъиялъ тlаде цlала, амма гъварилъиялъ рекlелъе хlинкъи рещтlуна.
Цlалдохъан: Аллагьасул хlалкlолъи
Мугlалим: Машааллагь, узухъда нилъеда киданиги кlочене бегьуларо т1олабго дуниялги нилъее нилъ жалгоги Тlадегlанав Аллагьас рижарал рук1ин, Альхlамдулиллагь. Лъикl буго, хlалчlахъадал. Лъица дида абилеб лъил рагlаби гьал кколел, ва киса росарал рагlаби гьал:
- Иисанасул г1умруги гьалдолел карачелазда релълъунин ккола дида. Гlумруго г1адин, абадиялъ ч1ей гьеч1ого гьелчола гьел. Къуват дагьлъарал риун, тlагlун уна. Гьезул бакlалда цlиял, гlолохъанал рижун рач1уна. Чlей гьечlеб, даимаб чвахи, хlалхьи лъалареб захlмат...
Ц1алдохъан: Гlабас Ибрагьимовичас, Гl. Расуловасул «Хазина» абураб хабаралъул аслияв герояс, абурал раг1аби.
Муг1алим: Битlун буго, х1алч1ахъад. Нилъер жакъасеб дарсил тема
буго Гl. Расуловасул «Хазина» хабаралдасан « Ват1аналъе хилиплъи
хlехъезе гьечlо».
Дарсил мурадалги ккола:
1. Г1. Расуловасул творчествоялъул хlакъалъулъ баян;
2. «Хазииа»-хабаралъулгун лъай-хъвай гьабизе, гьелъул маг1на рагьизе.
Словарияб хlалтlи
Цин нилъеца рачlа ракlалде щвезабизин Гl. Расуловасул г1умру ва адабияб творчество. (биография цlалдохъабахъе бикьила)
(слайдалсан суалал кьела)
1. Гlарип Расулов кида гьавурав?
А. 1936
Б. 1937
В. 1938
Г. 1939
2. Кинаб миллаталъул кколев Гl.Расулов?
А. лъарагlав
Б. аварав
В. лезгияв
Г. даргияв
3. «Хазина» - рагlи гьаб хабаралда кинаб сипатияб рагlи кколеб?
А. эпитет
Б. метафора
В. гипербола
Г. дандекквей
4. Кинаб росулъ гьавурав Гl.Расулов?
А. Бакълъухъ
Б. Гьидалъ
В. Къахlиб
Г. Гъодобери
5. Гьесул тlоцебесеб тlехьалда цlар:
А. «Гlумрудул нух»
Б. «Мугlрузде сапар»
В. «Гlумрудул анищ»
Г. «Гlумрудул къатlра»
Мугlалим: Лъимал, кинаб гlажаиблъи бахчун бугеб гьаб хабаралъул ц1аралъулъ? «Хазина» - батанищ нужеда цониги нухалъ гьеб раг1и асаралда жаниб х1алт1изабун. Нилъер пикруялда хазина кколаха.... (диск мультфильм «Простоквашино»). - Хазина! Унго гьеб бечелъиялъул х1акъалъулъищ гьаб асаралда бицунеб бугеб? Х1акъикъаталда асаралъул ц1аралъ якъинго баян гьабула гьелъул темаян абула. Гьеле нужее дарсил ахиралда рагьизе суал. Гьеб лъазе нилъеего бигьалъиялъе нилъ сапаралде рахъина нилъерго аслияв багьадургун, щив гьев?
Цlалдохъан: Гlабас Ибрагьимович.
Муг1алим: Цоги ругищ нилъер аслиял багьадурзаби?
Цlалдохъан: Гьеч1о. Гьеб ккола хабар. Хабаралъулъ цо-к1иго багьадурасул гурони рехсон бук1унаро.
Муг1алим: Цоги щиб букlине кколеб хабаралъулъ?
Ц1алдохъан: Хабарияб каламалдалъун хъван бук1ине ккола.
Цlалдохъан: Гьенир диалогал руго, чанго бутlаялдасан гlуцlунги буго.
Муг1алим: Лъикl буго, хlалчlахъадал, гьеб буго эпосияб асар, щай гурелъул гьениб тарихияб лъугьа-бахъин бихьизабун буго. Гьанже нилъерго хазина балагьизе нилъ асаралде жанире лъугьун, балагьизе ккола. Асаралъул сюжетги гlуцlиги данде кколеб гьечlо, гьениб аслияб кlвар кьун буго багьадурасул ракlалдещвеязе. Рачlа нилъеца сапар бухьинин героясда цадахъ.
Сценка «ТЕЛЕГРАММА»
Гlабас, гlайибаб рукьалда гъоркь къазабун журналгун, учительскаялде вач1ана. Жиндирго бак1алда журналги лъун, мелалъул цlураб кверги бацlцlун, къватlиве лъугъинехъин вукlана.
ДИРЕКТОР: - Гlабас, мун ун ватилин ккун букlана дида. Ма, тел буго духъе. Анкьидасан мун Махlачхъалаялде щвезе ккола.
ГlАБАС: Щибгlаги гьелъ бицунеб жо?
ДИРЕКТОР: Ине хlадурлъеха. Нухда регlизе нижги рачlинин.
ГlАБАС: Гьай баркала! Гьай баркала! (Пикрабалъ восарав Гlабас уна)
Гьаб хабаралъул аслияв геройгун тlоцебесеб дандчваялъ нилъер жеги цlикlкlун суалал раккула: гьесул рукь щай гlайиблъараб? Гьаб диалогалдасан нилъеда бичlчlуна гьев учитель гlадатав учитель гуревлъи, гьев вукlин цо балъгояб рухlияб бечелъи рекlелъ бугев инсан. Гьанже нилъерго героясда цадахъ нилъ къокъинин Истамбулалде. Гьенире щвезегlанги гьасул рек1елъе рещтlуна таманал ракlалдещвеял.
(РАГЪУЛ ДИСК) ( 2 мин.)
Гlабасида цебе чlола дол соназул кьогlлъи, пашманлъи ва бергьенлъабазул рохелал. Чlунтарал шагьаразулги чlварал гlадамазулги сурат цебе бачlиндал, гьесул гьумер кьерхунаан, кьунсрул данде рукlкlун унаан. Рекlедайин абуни гlодобнакlкl лъураб гlадин, лъугьунаан.
-Лъимал, гьал рагъул кьог1ал соназул ракlалдещвеязул бицунаго кинал сипатиял рагlаби дица х1алт1изарурал?
Цlалдохъан: Гьумер кьерхунаан - метафора
Ц1алдохъан: гlодобнакlкl лъураб гlадин - дандекквей;
Мугlалим: Щайдай, лъимал, гьаваялда рекъон кьерхарал гьесул пикрабиги?
Цалдохъан: Хъвадарухъанас инсанасул рек1ел хlал загьир гъабизе, тlабигlаталъул сурат, гьава-бакъ гьесул пикрабазда рекъон бихьизабула нилъеда.
Мугlалим: Хlалчахъад, битlун буго!
Гьанже, лъимал, нилъер Гlабас Ибрагьимович щвана Турциялде. Гlабасил гъира-шавкъ бухlана шагьаралъул кинабниги берцинлъиялъухъ валагьизе, музеязда сверизе, архитектураялъул хаслъи лъазе. Щай гьедиг1ан гьесие архитектура бокьараб? (Гьесул доб рухlияб бечелъи нилъеда кватlичlого бичlчlила...)
Гьанже Истамбулалъул тарихалъул бицине нилъехъе гьоболлъухъе ячlун йиго историялъул мугlалим Джамиля Сулеймановна. Гьай йиго нилъер гид. Бухьинин нилъецаги сапар Гlабас Ибрагьимовичасда цадахъ Турциялде.
Историк: 27 гlасруялъул гlумру буго Истамбулалъул.
Хlурматиял туристал! Нужеда цере руго 19 г1асруялда рарал султанасул гьундул.
«ТУРЦИЯ В 19 ВЕКЕ» (3 мин.)
Мугалим: "Лъимал, Гlабасиеги, нужееги х1икмалъи гъабунищ гьеб Турциялъул тарихалъги, султанасул бажариялъги, гьел архитектуриял раязги?
Ц1алдохъан: Гьабуна.
Мугlалим: Сунца нужее цlакъго к1вар гьабураб?
Цlалдохъан: Архитектураялъ.
Мугlалим: Гьале, лъимал, нилъер вукlинесев художник. Бихьулищ гьасиеги, нилъер героясе гlадин, жибго тарихалъ гуреб, гьеб кинабго берцинлъиялъ цlикlкlун кlвар гьабураб. Гьанже нилъеца сапар бухьинин Гlабасида цадахъ суратазул салоналде.
СЦЕНКА: «СУРАТАЗУЛ ВЫСТАВКА»
Гlабас суратазухъ валагьизе салоналде жаниве лъугьана. Хlурматго бетlер къулун, къабул гъавуна гьев кlалтlа эхетарас. Щибаб сураталъ хlайран гьавун, гlемераб мехалъ пикрабазда хутlула.
(суратазул выставка бихьизабила);
(«Магlарул росаби»- суратазул видеоролик).
Мугlалим: Рекlее гlагараб жиндирго росдал сурат, росу рагlалда бугеб кlиго тарихияб си; цереселго минаби, иццдаса лъел гlеретlги ц1ун ячlуней магlарулай.
ГlАБАС: Вай, бетlергьан Аллагь! (рекlеда кверги чlван)
Сабур, цойги нухалъ сабур, щиб лъалеб дун мекъи ватизеги бегьула, дидаго гьедин ккун батила. (аскlовегlанги ун, лъикl хал гьабула росдал сураталъул). (Кlалтlа эхетарасда аскlове уна).
-BaxI, дун мекъи ккезе pec гьечlо. Дие къваригlун буго гьаб сурат бахъарав чи вихьизе.
-Агьа, бичlчlана... Гьабсагlат дов гьанив гьечlо. Метер радал вачlине ккола. Дуйго хlажатаб жо абун теха, дица досда лъазабила.
ГlАБАС: Баркала, метep дунго вачlина. (нахъе уна).
Мугlалим: Лъимал, бокьун буго нужеца нужерго росдал сурат бахъизе. Нилъеца гьебги гьаб выставкаялда лъела... Гьеле гьел суратал рати- ккола хабаралъул завязка. Гьелда хадуб Гlабасил рекlее хlалхьи гьечlолъиялъул нилъеца тlехьалдасан цlалила. ( гь. 197-198 диалог ц1алдохъабазда ц1ализабила).
Мугlалим: Гьеб ккола ишалъул цебетlей, жеги Гlабасица советияб консульствоялде кагъат хъвайги, цинги гьесухъе радалго гьобол вачlинги.
СЦЕНКА «ГОСТИНИЦАЯЛДА»
Нуцидаги кlутlун, жаниве вачlуна цо чи.
ТУРКАВ: Бегьилищ вачlине?
XIACAH: Бегьичlого щиб гьабилеб, жаниве вачlун вугелъул.
ТУРКАВ: Мун кколаха господин Ибрагьимов?
XIACAH: Гуро, дун батlияв господин вуго. Господин Ибрагьимов гьабсагlат вачlина.
ТУРКАВ: Tlaca лъугьа. Вачlинегlан дун досухъ валагьун гьанив чlезе бегьилищ?
XIACAH: Бегьила, гьале бакlги, гlодовчlа!
ТУРКАВ: Баркала, дун эхетун чlела. Мун господин Ибрагьимовасул гlагарав чийищ кколев? (пикрабалъе ккарав XIacaн, гъваридго хlухьелги биччан, валагьун чlола. Гlабас вачlуна).
XIACAH: Гlабас Ибрагьимович, гьав гьобол духъе вачlун вугоха.
ТУРКАВ: О, господин Ибрагьимов, ворчlами! Дида цlар ккола Хlамит-бей. Дие бокьун буго дургун кlалъай гьабизе.
Г1АБАС: Дида мун лъаларо, сундул калъай нилъер букlунеб?
ТУРКАВ: Дие бокьилаан цохlо дургун кlалъай гьабизе.
ГlАБАС: Гьав дир вацасул вас вуго, гьасдаса балъгояб жо дир букlунаро.
ТУРКАВ: Лъикl буго. ( сундасан байбихьилебали лъаларого, ургъулаго хьвадарана, цинги лъалхъана).
ГlАБАС: Дун гlенеккун вуго.
ТУРКАВ: Гьабсагlат, гьабсагlат... гlемерал ракьал сверана дица, гьаниб хlалхьиги, рахlатги, чадил кесекги щвезегlан, господин Ибрагьимов. Гьарула дуда дие ахирисеб чадил кесек щвезе бугеб рес дихъа бахъугеян. Дур устарлъи махщел буго. Дуда цlиял суратал рахъизе кlвела… Тlадегlанав бетlергьанасе гlоло гьарула дуда. Гьале дуе гьезухъ рецlелги… (чвантиниса бахъун гlарац цебе ккуна).
(Рагъул рак1алдещвей муг1алимас ц1алила - гъум. 200).
ГlАБАС: Дир суратал?... Кин гьел духъе карал? Мун щив? (надалдаса гlетlги бацlцlунаго).
ТУРКАВ: Дир гlумрудул тарих тlалих къараб букlун буго. Дол рукlана рикlкlадал рагъулал сонал. Дун хlалтlулев вукlана Лейпцигалда суратазул музеялда. Чанго нухалъ гьоркьов хутlаниги, ахирги дун вачана Армиялде. 1344 соналъ Македониялъул мугlрузда партизаназде гьужумги гьабун, гъезул база щущахъ биххизабуна нижеца. Гьенир дихъе щвана сураталги. Дица гьел командованиялдаса рахчана ва нахъе цlунана.
ГlАБАС: Кинха мун Х1амит-бей лъутарав?
ТУРКАВ: Дун фашистазул армиялдаса лъутана ва гьаб хlукуматалъул гражданлъи босана... Бусурман динги къабул гьабуна.
ГlАБАС: Мун немцав вуго. Щиб цlар букlараб дур?
ТУРКАВ: Дирищ? Дир Альберт Крун, х1урматияв Гlабас Ибрагьимович, гьарула дуда нужерго консульствоялдаса гlарза нахъе босе. Доз цlех-рехалде байбихьизехъин буго.
XIАСАН: Дудаго кин кколеб, господин Круп, чияр захlматги асаралги рикъун чlей битlарабищ кколеб?
ТУРКАВ: Цин дида рак1алде ккана автор валагьизе. Амма киса дица гьев валагьилев?!
XIACAH: Кисаха дуда гьеб жакъа лъараб?
ТУРКАВ: Гьеб дида цlакъ бигьаго лъана. Нужер консульствоялъ хlукуматазул идарабазухъе кагъат битlун бачlун буго. Гьезги дидасан цlех-рех гьабизе байбихьана...
ГlАБАС: Суратал дие хlажат гьечlо.
ТУРКАВ: Кlудияб баркала дуе. Дида кидаго кlоченаро дур рекlел сахаватлъи…
ГlАБАС: Амма гьел суратазул бетlергьан ккола дир халкъ, дир Ватlан. Къваригlани, гьел суратал дир Ватlаналъ тlалаб гьарила… (къватlиве уна).
Мугlалим: Гьеб ккола хабаралъул кульминация. Кинха нужеда бичlчlулеб гьел Гlабасил рагlабазул магlна? Жиндирго г1умруялда барахщинчlого, сахлъиялъе гlузруги ккун, анищалги хlурудахъ ун, Ватlаналъе гlоло бахlарчиго вагъарав Гlабасие бокьилищ гьединаб хилиплъи Ватlаналъе ккезе?!
Цинги развязкаялъ нилъее рагьула кинабго балъголъи. Ахиралда Гlабас Москваялде ахlун, телеграмма бачlин. Гьесул 17-абго сурат Ватlаналде тlадбуссун бугиланги абун. Эпилог букlана гьесул гlолохъанлъиялъул хlасрат- шавкъги анищги тlадбуссин, нахъеги бокьулеб махщелалде тlамулел тlоцересел галабазул такрарлъи.
Мугlалим: Гьале нилъер сюжеталъул ахир. Кинаб хазиналъулха, лъимал, нилъеда гьаб хабаралда Гl.Расуловас рехсолеб батараб?
Цlалдохъан: Инсанасул кверзул махщел - хвел гьечlеб хазина ккола.
Мугlалим: Бит1ун буго, хlалчlахъад, гьеб жиндирго дов инсанасул хазина кколаро, гьеб ккола Ватlаналъулго хазина. Нуж лъикlго кlвар кьун гlенекке хазинабаз нилъер ракlазе гьабулеб асаралъухъ.
РОКЪОБЕ ХlАЛТlИ: Сочинение: «Хвел гьечlеб хазина»
Дагьалищ ругел Дагъистаналда махщел бугел гlадамал? Тlубарал росаби руго нилъер жидер махщалидалъун Ватlан бечед гьабурал: Кубачиязул месед-гlарацалъул тlагlел кколарищ нилъер хазиналъун? Рачlа цоги рехсезин:
Цlалдохъан: Дербенталъул халичаби.
Цlалдохъан: Аксадерил хунжрул.
Мугlалим: Хазиналъун нилъехъе щвараб фольклор нилъеда кlочани, кин букlунеб лъимал? Нилъер поэтал, хъвадарухъаби кколарищ нилъер хазина? Бищун тlадегlанаб хазина гурищ нилъее Расулил шигlраби?
Цlалдохъан: Инхоса Гlалихажиясул насихlатал;
Цlалдохъан: Цlадаса Хlамзатил сатириял асарал;
Цlалдохъан: Махlмудил лирика;
Мугlалим: Бечедаб буго нилъер адабият. Амма бищунго кlудияб хазина нилъее ккола халкъалъул эркенлъиялъе гlоло, бацlцlадаб исламияб диналъе гlоло къеркьарал нилъер имамал, гьезул муридзаби, гьел шагьидзаби.
Шамил Имам гlадав къвекlаб наслу: жакъа нилъ чlухlизе ккола нилъерго ракьалдаса, гьайбатаб пейзажалъ кверде босараб тарихалдаса, Ватlаналъул къадру гlодобегlан биччачlеб. Мацlалдаса, нилъер шагlирзабаз дунялалда щущазабураб диналдаса, Тlадегlанав Аллагьас нилъ тlаса рищун кьураб хазиналдаса.
Жеги, лъимал, Ватlаналъул хазина ккола жиндирго тарихалда, жиндаго танкl лъезе течlого, рагъарал рагъухъабиги. Салатавиялъулги дагьал гьечlо гьединал бахlарзал.
Нилъер гвангъараб 6укlинеселъе гlоло рагъул гlахьалчагlи ккола:
1. Темирбулатов Халит
2. Салаев Исрап
3. Абазатов Булатхан
4. Алиукаев Алиука
5. Гитинов Иразихан
6.Гаджиев Хисамудин
7. Шемеев Мамад
8. Магомаева Юлия
9. Магомедов Хlасангилав
10.Пашуков Анар
11. Шарабудинов Ансарияв
12.Гаджиев Гlабдурахlман
13. Мансуров Тlарикъат
14. Абакаров Паша
15. Бишиев Хlайбула
16. Хадаев Гlабдулгlазим
17. Абдулкеримов Хlосейн
18. Рурахмаев Рурахlма
19. Асиров Аду
20. Хlасанов Хасбула
Жеги нилъеда цадахъ ругел:
1.Бишиев Хlайбула (с. Дылым)
2.Хlаджиев Гlaдурахlман (с. Дылым)
3. Рурахмаев Рурахма (с. Дылым)
4.Магомедов Гасангилав (с. Дылым)
5.Магомедов Абдурахман (с. Ленинаул)
б.Мусаев Насрула (с. Алмак)
7. Хасмагомедов Магомед (с. Алмак)
-Раккизин, лъимал, рухlияб хазинаялдеги. Унго кколарищ нилъер хазиналъун нилъерго гlалимзаби, устарзаби, шайихзаби?
( диск о шахидах)
Кlвелищ нужеда гьел кlочене? Гьел ракlалда кквей - ккола нилъер аслияб борч.
Амма гьеб кlочон тани, Ватlаналъе хилиплъи хlехьезе гьечlо халкъалъ... Бокьилаан, нилъер рухlияв цевехъан, Сайфула Расуловичасе рагlи кьезе.