Асаралъул анализ гьабиялъул суал бараб буго жибго асаралъул хаслъиялда . Ай, мисалалъе босараб асаралъул маг1наябгун сипатияб рахъалда . Амма киналго асаразе г1аммаллъун кколел,анализ гьабулаго ц1унизе кколел рахъалги рук1уна . Кинха хабарияб бук1а, лирикияб бук1а асаразул анализ гьабизе ц1алдохъабазда малъилеб. Узухъда ,т1оцебесеб иргаялда муг1алимасда лъазе ккола ц1алдохъабазе программалда кьураб теориялъулаб рахъги,кьолеб анализ данде ккезабизе ккола ц1алдохъабазул ригьалде. Лъабабилеб иргаялда муг1алимасухъа бажаризе ккола кинаб ригь босаниги,анализ гьабиялъул рахъ мух1кан гьабизе,ай муг1алим вук1ине ккола махщел камилав. Кинаб асар бугониги ,ц1алдохъабазда малъун бажарулев .
Лирикияб асаралъул ,ай коч1ол анализ гьабулеб къаг1ида :
1.Коч1ол библиография (кеч1 кида хъвараб –заман, гьелъул къисмат,авторасул творчествоялъулъ кинаб бак1 гьелъ кколеб.)
2.Тема (сундул х1акъалъулъ авторас бицунеб бугеб )
3.Жинс
4.Жанр
5.Аслиял , асаралъулъ авторас рорхулел суалал суалал
6.Композиция
7.Коч1ол сужетияб рахъ (бугони)
8.Коч1ол г1уц1и (къаг1ида, гьижа,рифма,аллитерация ,ассонансал)
9.Коч1ол мац1 -сипатиял раг1аби х1алт1изариялъул къаг1идаби:
-эпитетал
-метафораби
-ирония
-гипербола
-дандекквей
-олицетворение
10.Коч1ол каламалъулъ синтаксисиял рахъал :
-риторикиял суалал ,ах1иял ,хит1абал, инверсия ( гьез ц1алдолесул коч1олъ лъугьунеб ишалдехун пикру загьир гьабизе к1вар кьола)
-анафора
-эпифора
-рефрен
-мухъазул къадар
11.Лирикияв багьадурасе къимат
12. Коч1ол аслияб пикру.
13.Дурго пикру асаралъул х1акъалъулъ.
Прозияб асаралъул анализ гьабулеб къаг1ида.
Байбихьи.Асар кида хъвараб, авторасул творчествоялъулъ гьелъ кколеб бак1, т1олго литератураялда жаниб асаралъ кколеб бак1.
Проблемиял суалал
Асаралъул тема
Жинс
Жанр
Композиция(Асаралъулъ кколел лъугьа-бахъиназул рахас)
Сюжетияб мухъ(пролог-цо хасаб байбихьи, церехун карал лъугьа-бахъиназул х1акъалъулъ, экспозиция, завязка, градация-лъугьа-бахъиназул цебет1ей, кульминация, развязка, эпилог)
Асаралъул багьадурал(гьезул г1амал-хасият, хьвада-ч1вади, лъик1ал-квешал рахъал-гьезие, сверухъ ругезде данде ккун ,къимат кьела)
Диалогал, монологал,авторасул к1алъаял(гьез авторасе рес кьола лъугьа-бахъиназе къимат кьезе)
Пейзаж –гьелъ кумек гьабула багьадуразе къимат кьезе.
Асаралъулъ кколел тунка-г1усиял
Асаралъул идея (киналниги проблемиял суалазул рича-чвай,асаразда кколел лъугьа-бахъиназдалъун авторасе абизе бокьараб, нилъеда бич1ч1инабизе бокьараб жо.)
Асаралъул х1акъалъулъ дурго пикру.
Г1аммаб къаг1идаялда асаралъул жамг1ияталъе ,г1олеб г1елалъе бугеб к1вар.
Гьеб къаг1идаялда малъила ц1алдохъабазда асаразул анализал гьаризе. Узухъда ,
5 классалъул ц1алдохъабаздаги 11 классалъул ц1алдохъабаздаги цого къаг1идаялда малъуларо. Жиде-жидер программаялъул т1алабазда рекъон малъила жиб-жиб асаралъул бут1а.
Расул Х1амзатовасул «Авар мац1»кеч1алъул анализ.
Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб кеч1 ккола инсанас жиндирго рахьдал мац1 ц1унизе ккеялъе бачараб мисаллъун.
1.Библиография – кеч1хъвана 1959 соналъ. Гьеб хъваялъе г1иллалъунги ккана школазда , институтазда рахьдал мац1 малъизе кколарин абураб х1укуматалъул лъазаби. Г1исинал мац1азул бук1инисеб гьеч1ин, киназего г1аммаб мац1лъун бук1ине кколин г1урус мац1 абураб пикру. Гьеб суалалда т1асан»Баг1араб байрахъ»газеталъул редакциялда бук1ана к1удияб данделъи. Газеталъул редакторлъун вук1арав Мух1амад Шамхаловас гьарула Расул Х1амзатовасда рахьдал мац1алдехунбугеб жиндирго пикру загьир гьабеян. Гьеб гьариялъе жаваблъун хъвараб буго гьаб кеч1. Гьеб гуребги, живго Р.Х1амзатовги ц1акъ рах1атхун лъугьуна., рахьдал мац1азул бук1инисеб цебеч1езабун.
Шаг1ирасул унго-унгояб рек1ел гъварилъудасан бач1унеб ах1илъун ккола рахьдал мац1 ц1унизелъун хъвараб гьаб кеч1.
Авторасул т1олабго творчествоялъе кьуч1лъун ккола «Авар мац1» абураб кеч1.
Асаралъулъ х1алт1изарурал:
«Аваразул калам, гьелъул камиллъи!» абурал раг1абаздасан бич1ч1уна Расул Х1амзатовас кинаб къимат кьолеббугебали рахьдал мац1алъе.
Кеч1т1оцебе ц1аларабго, рек1елъе лъугьуна пашманаб, х1инкъараб асар, щай гурелъул лирикияв багьадур холев вуго, щивниги г1агарлъиялъул чиги аск1ов гьеч1ого. Гьесда рух1 лъола маг1арул мац1алда раг1араб каламалъ:
Къана данде цаби , вахъана т1аде.
Шаг1ирасул рак1-рак1алъулаб рокьи рахьдал мац1алдехун бугеб загьирлъула гьал раг1абазулъ
Метер маг1арул мац1 , хвезе,
Хваги дун жакъаго, жаниб рак1 кьвагьун.
Байбихьуда пашманал пикраби дагь-дагьккун х1алуцуна, рек1елъ хут1ула г1иц1го, кинабго жоялъе кьуч1лъун босараб рахьдал мац1алдехун бугеб х1айранаб рокьи.
Расул Х1амзатовас коч1олъ х1алт1изабураб пашманаб бакъаналъ нилъеда бихьула т1олго рек1ел ч1ваби авторасул рахьдал мац1алъухъ унтун рук1ин , гьев х1адур вуго г1агараб мац1алъе рух1 кьезеги.
2.Жинс-лирика
3. Жанр-лирикияб кеч1.
4. Проблемияб суал-мац1 ц1униялъул суал.
5. Тема: Авар мац1алъул бечелъи, гьелъул маданияб ва рух1ияб рахъалъул гъварилъи загьир гьабиялъе бачараб мисал.
6.Композиция:
Лирикияв багьадурасда живго макьилъ вихьи г1умруялдаса ват1алъулев
Рух1 дагьлъарав багьадурасда авар калам раг1ин, ва гьелъ чорхое къуват кьей.
Далилал рачун, авторас рахьдал мац1 инсанасул бищунго хирияб хазина бук1ине ккей бич1ч1инаби.
Г1агараб ракьги рахьдал мац1ги цого жо бук1ин бич1ч1инаби .
7.Сюжетияб мухъ:
Кульмин.
Метер маг1арул мац1 хвезе батани….
Эксп. Зав.
Авар калам развязка
Макьу раг1ин шаг1ирасул анищ-маг1арул мац1алъ хабада
цересан унез маг1арул мац1алда ц1ар
рехселилан
8. Коч1ол мац1.
Кеч1 хъван буго дурусаб , мух1канаб, рек1елъе бортулеб авар мац1алда. Гьеб бечед гьабун буго жинда жанир х1алт1изарурал эпитетаз, метафорабаз, дандекквеяз ва цогидалги сипатиял раг1абаз.
Эпитетал: Т1варамагъадисеб,пуланав,аваразул, г1агараб,камилаб,к1удияб ва гь.ц.
Дандекквеял: черхалда борчараб рачел киниги, маг1арул мац1алъ кинигин
Метафораби:сог1аб ракь,берал къанщулелъул т1аде къулизе,дир гьаракь бахъани дир лъималахъа ва гь ц.
Инверсия: Бокьула, Мух1амад, дие гьаб дунял.
Инверсия х1алт1изабиялдалъун авторас т1адч1ей гьабулеб буго хасаб рокьиялъ вухьун вугин жив жиндир рахьдал мац1гун абураб.
9. Коч1ол г1уц1и:
Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,
Д
ир гьаракь бахъани дир лъималахъа?! Риторикиял суалал ва ах1иял
Щай дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз
Чияр мац1 бицунеб жидерго гъаст1а?!
Къаг1ида-силлабияб, роцен-11 гьижаялъул, рифма жанисеб:
Аллитерация:д-д-д-д, б-б, хъ-хъ,м-м-м-м, г1-г1, ч-ч.
Ассонансал:
1мухъилъ--------
2мухъилъ-а-а-а-а,и-и,а-а-а
3мухъилъ-а-а,а-а,а-а
4мухъилъ-а-а
А
нафора : Щай коч1ол каламалъулъ раг1и авалалда такрарлъи
Щай
Э
пифора : К1алъалев гуро коч1ол каламалъулъ раг1и ахиралда такрарлъи
Гьарулев гуро
Г1емер х1алт1изарун руго риторикиял суалал ,ах1иял,хит1абал . Гьез нилъеда бихьизабулеб буго шаг1ирасул рек1ел х1алуцин.
10. Лирикияв багьадурлъун вуго живго автор. Гьев вуго ц1акъ ургъел карав, рахьдал мац1алъул бук1иниселда т1ад ургъун, ц1акъ рах1атхварав.Рахьдал мац1 инсанасул рух1ияб ва маданияб бечелъи бук1ин бич1ч1арав, гьеб ц1унизе ккей щивав инсанасул , Ват1ан ц1униго г1адаб, борч бук1ин бич1ч1арав. Гьесул рек1елъа божилъи т1аг1ун гьеч1о , гьесда жиндирго ва г1агараб халкъалъул бук1инисеб бихьулеб буго г1иц1го жиндирго рахьдал мац1гун цадахъ. Мац1 т1аг1ани , халкъги т1аг1унеблъи бич1ч1инабулеб буго шаг1ирас.
11.Коч1олъ х1алт1изарурал т1абиг1аталъул суратаз лирикияв багьадурасул рек1ел х1ал рагьизе кумек гьабула.Кьуру бат1алъи, лъар чвахи, ц1умазул ах1дей- гьеб киналъго загьир гьабула лирикияв багьадур бищунго хирияб г1умруялдаса ват1алъулев вук1ин. Рахьдал мац1алдаса ват1алъизе т1абиг1атцин рази гьеч1о.
12. Аслияб пикру:Умумуз ирсалъе тараб рахьдал мац1 ц1унич1они, ц1унуларо халкъ. Мац1 ц1уни буго, Ват1ан ц1унизе ккей г1адаб ,щивасул борч.
13. Дурго пикруги загьир гьабила асаралда т1асан.
Асаралъул анализ:
Автор: Эффенди Капиев
Проблема: цолъиялъул суал
Жинс-эпосияб,жанр- хабар
Тема: Халкъалъул къуваталъул сурат бихьизибизе бачараб мисал
Композиция:
1)Гох1ил х1акъалъулъ раг1и
2)Мух1амадил к1алъай
3)Сулейманил халкъалда цебе к1алъай
4)Халкъалъул х1укму
Асаралъул мац1:
Асаралъул мац1 буго г1емерал эпитетаздалъун, халкъиял кицаби абиял, багьадураз х1алт1изариялдалъун бечед гьабун. Хабаралъулъ х1алт1изабураб диалог формаялъ щивав багьадурасе къимат кьезе рес кьола, хасго аслияв багьадурасул сипат мух1канго рагьизеги
Аслияв багьадур- Сулейман, г1одове виччарав, гъваридал пикрабазул, халкъалъул божилъи бугев, жиндирго пикру рит1ухъ гьабизе к1олев. Гьесул к1алъаялдалъун кинабго халкъалъул щакдараби щущана.
Т1абиг1аталъул сураталъ- баг1арараб бакъалъ, бакъвараб ракьалъ рагьула пашманлъиялъул суал, халкъалъул рек1ел х1ал, аслияв багьадурасул г1амал-хасият.
Сюжетияб мухъ
Аслияб пикру: «Гуч»- асар ккола «Поэт» т1ехьалдаса босараб цо хабар
Гьелъул идея ккола: Халкъалъулъ къуват гьелъул цолъиялъулъ бук1ин, букъараб зар кинигин, гьеб лъиданиги къинабизе к1везе гьеч1еблъи. Халкъалъул газа кьурдаги рек1уна, гьединлъидал цолъани кинабго зах1малъи нахъа тола.