Просмотр содержимого документа
«Авар мац1алъул олимпиада 10 класс»
Авар мац1алъул олимпиада 10 класс
_________________________________________________________
1.Бак1алъул падежалда ругел раг1аби рихьизаре:
1) инсул,вацас; 2)коч1ое,харицел;
3)столалда,рохьосан; 3)эбелалъул,чед.
2.Бит1ун слогазда бикьараб раг1и бихьизабе:
1)рик1 -к1а-д аб; 2)буц1 – ц1араб; 3)ро-ча-раб; 4)ре-лълъа-раб.
3. Лексика кинаб г1елму кколеб?
1)раг1ул бечелъи лъазабулеб г1елму;
2)словарал г1уц1иялъул х1акъалъулъ г1елму;
3)раг1абазул риххуларел раг1абазул дандраязул бицунеб г1елму;
4)каламалъул бут1абазул бицунеб г1елму.
4. Качествиял прилагательноял рате:
1)хехаб,т1аг1амаб; 2)ганч1илаб,жакъасеб;
3)цидул,г1арцулаб; 4)хвараб,ралъдалаб.
5.Деепричастиялъул наречияб г1аламат бихьизабе:
1)хисич1ого цох1ого формаялда хут1и;
2)буголъи-гьеч1олъиялъул форма бук1ин;
3)т1адч1арабги бухьарабги форма бук1ин;
4)цолъул ва г1емерлъул форма бук1ин.
6.Гьал терминазул кинаб грамматикиялъул кколеб?
1)хадурег1ел; 2)частица;
3)дефис; 4)гипербола.
7)Е х1арпалъ к1иго гьаракь кьолеб мисал бихьизабе:
1)бек1; 2)эхеде;
3)ессари; 4)векерухъан.
8)Кинаб падежалда подлежащее бук1унареб?
1)хаслъ.п; 2)акт.п;
3)жинда п; 4)кьов.п.
9 .Гьал раг1абазда гьоркьоса дандекколарел рихьизаре;
1)кваналев вуго,ц1алдана,ах1долев вуго;
2)кьижизе,к1анц1езе,кьурдизе;
3)хут1улев вуго,баккула;
4)ч1ола,валагьула.
10 .Гьал предложениязе синтаксисияб разбор гьабе.
Сон Муслимица нижее г1анк1 бач1ана.
Эбелалъ жакъа корохъ гьайбатаб чед бежун бач1ана.