СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Фазу ГIалиева «Рии тIад бан буго дир тIалъиялда»

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Фазу ГIалиева «Рии тIад бан буго дир тIалъиялда»»

Фазу ГIалиева

« Рии тIад бан буго

дир тIалъиялда»













Хадурана ва кьуна:

Набиева Зульфия Шуайфовналъ

1. Дарсил тема: Фазу Г1алиева «Рии т1ад бан буго дир т1алъиялда»

Дарсил мурад: 1. Расул Х1амзатов «Маша»-абураб асар щула гьаби.

2. Фазу Г1алиевалъул «Рии т1ад бан буго дир т1алъиялда» -абураб коч1ол анализ гьаби.

3 Пасих1го ц1али камил гьаби,теориялъул баянал щула гьари,г1акълу бег1ери, малъулеб дарсил кьуч1алда тарбия кьей, х1асилал гьаризе ц1алдохъабазул бажари камил гьаби.



II Дарсил алатал ва х1алт1изабизесеб материал:

Расул Х1амзатовасул ва Фазу Г1алиевалъул суратал Хунзахъ районалъул суртал ,интерактивияб доска,проектор ,т1ахьазул выставка, компьютер.



III Дарсил тайпа :г1адатияб гуреб дарс.

IY Дарсил план:



1 Дарсиде х1адурлъиялъул лах1зат. Салам кьей.

2 Рокъобе кьураб х1алт1ул хал гьаби.

3 Ц1ияб тема малъи

4 Малъараб щула гьаби.

5 Дарсил х1асил гьаби.

6 Рокъобе т1адкъай.







Дарсил ин:

Дарсил байбихьи

Учителасул раг1и

Ассаламу г!алайкум,

Аваразул миллат мац1!

Адаб кьоч1ое лъураб.

Ахир рокьуе гьеч1еб!

-Жакъа нилъер бук1ине буго г1адатияб гуреб дарс.

Нилъер дарсил тема ккола Ф.Г1алиеваъул «Рии т1ад бан буго дир т1алъиялда»-абур - Дарсил мурадал: Расул Х1амзатовасул «Маша»-абураб кеч1 щула гьаби.

Фазу Г1алиевалъул творчествоялъул бицине «Рии т1ад щун буго дир т1алъиялда»-абураб коч1ол анализ гьаби.

- Гьанже лъимал цере квералги лъе берцин гьабун г1одорч1а.

Разминка

Рокъобе х1алт1ул хал гьаби

1. Рак1гъеялъе, анищал – хьулал рагьиялъе, малъа- хъваялъе г1оло, ургъун рахъарал харбидалъун рицунел асарал? (маргьа)

2. Г1умруялъул х1албихьиялъул кьуч1алда

халкъалъ инсанасе г1акълу кьун ургъараб х1асалалде щвараб, гъваридаб маг1наялъул,къокъаб пасих1аб калам. (кици)

-Лъица бицинеб «Щиб кьун бук1араб нужее рокъобе лъазабизе?»

Рокъобе х1алт1иялъул фронталияб ц1ех-рех гьаби.

-Гьанже лъимал берцин гьабун г1одор ч1а.

Ц1ияб тема малъи

Нилъеца жакъа сапар бухьине буго г1емерал бах1арзал г1алимзаби рахъарал ва маг1арулазул ц1ар раг1арай Дагъистаналъул т1оцеесей поэтесса Фазу Г1алиева гьаюраб ва г1ураб ват1аналде. Фазу Г1алиева хъвадарухъан, шаг1ир, драматург гьаюна Хунзахъ районалъул Гиничукь росулъ 5 декабралъ 1932 соналъ. Ц1алана Мах1ачхъалаялъул руччабазул пед институталда.Геб ц1али лъугун хадуб лъуг1изабуна Москваялда Максим Горькил ц1аралда бугеб литературияб институт. Генир к1удиял г1алимзабаз ,машгьурал хъвадарухъабаз кьурал дарсаз камил гьабуна коч1ое бугеб гьунар,гъварид гьабунаг1акълу лъай.Фазуе дарсал кьуна рек1елъ къвак1иги,чорхолъ гьунарги бугел Михаил Светлов ,Владимир Луговской г1адал поэтаз.Ц1али лъуг1ун хадуб Фазу х1алт1ула Дагъучпедгизалъул редакторлъун,хадуй гьей х1алт1ана «Дагъистаналъул ч1ужуг1адан» журналалъул редакторлъун .1968 соналда Фазуе кьуна Сулейман Стальскиясул ц1аралда бугеб республикаялъулаб премия .1969 соналъ Фазуе кьуна Дагъистаналъул халкъияй поэтесса абураб х1урматияб ц1ар.

Асарал хъвана адабияталъул лъабабго тайпаялдасан

1 Эпосиял асарал

2 Лирикиял асарал

3 Драмиял асарал

Г1ат1идаб буго гьелъул творчествоялъул тематика.

Жиндирго асаразулъ Фазуца махщалида рагьун руго рагъул, рокьул,

Маг1арул ч1ужуг1аданалъул,эбелалъул,диниял темаби.

Гьелъ г1емер куч1дул хъвана эбелалде. Нужеда лъай цониги гьеч1о хъвадарухъан эбелалъул х1акъалъулъ хъвач1ев.Гьелъул вук1ана к1иго вас :Галиги Мух1амадги.

Рич1ч1уларел раг1аби

Хъандиро - кулак

Лъилъари-глубина

В.Учителасул мисалияб ц1али.

Г. Лъималаз ц1али.

Ц1ияб тема щула гьаби

1 « Щай дун мехтарай» абурал метафораялъул маг1на бице

Дарсил х1асил

Эбелалъул х1акъалъулъ кицаби

кинал нужеда лъалел?

-Эбел инсул адаб гьабе

  1. Жакъа дарсида лъил бицараб?

  2. Фазу Галиева щиб районалдаса кколей?

  3. Чанабилеб соналъ гьаюрай Фазу Г1алиева?

  4. Нилъеца ц1алараб кеч1 сундул х1акъалъулъ бугеб?

Рокъобе т1адкъай.

Фазу Г1алиевалъул «Рии т1ад бан буго дир т1алъиялда » пасих1го ц1ализе лъазабизе. «дун сверун Т1абиг1ат» проектнияб х1алт1и