СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Тематическое планирование

Нажмите, чтобы узнать подробности

Жакъасеб школалда т1адаб борч ккола г1ун бач1унеб г1елалъе гъваридаб ва щулияб г1елмияб лъай кьей, гьеб жидер практикаялъулъ х1алт1изабизе ругьун гьари, дунялалдехун материалистияб бербалагьи лъугьинаби.

Просмотр содержимого документа
«Тематическое планирование»

МКОУ «Ст.Карланюртовская СОШ им А.И.Гаджиева»









Тематическое планирование

по родному языку













Подготовила : Идрисова З.И.







Программаялъе баян

Жакъасеб школалда т1адаб борч ккола г1ун бач1унеб г1елалъе гъваридаб ва щулияб г1елмияб лъай кьей, гьеб жидер практикаялъулъ х1алт1изабизе ругьун гьари, дунялалдехун материалистияб бербалагьи лъугьинаби.

Гьеб масъала г1умруялде бахъинабиялъулъ к1удияб бак1 ккола рахьдал мац1алъ.

Миллиял школазда рахьдал мац1 малъиялъул аслияб мурад буго бац1ц1адаб литературияб мац1алда жидерго пикру эркенго загьир гьабизе ц1алдохъаби ругьун гьари (бицунги, хъванги),

Мац1 берцин гьабулеб алаталдаса пайда боси, миллияб художествияб ва г1елмияб литература ц1али ва бич1ч1и.

Авар литературияб мац1алъул кьуч1 ккола болмац1, амма литературияб мац1 бечелъизе к1вар бугеб маг1данлъун ккола киналго диалектал ва наречиял. Цогидал мац1азго г1адин авар мац1алъги г1аммаб куцалда т1олго маг1арулазул рух1ияб бечелъи жанибе бачуна.

Школалда авар мац1 малъиялда цереч1арал масъалаби

Авар мац1 школалда лъазабиялда цереч1арал масъалабилъун ккола: ц1алдохъабазул к1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби, пасих1го ц1али камиллъизаби ва каламалъул культура борхизаби.

Школалда авар мац1 малъиялъул мурад буго: ц1алдохъабазе фонетикаялъул, лексикаялъул, раг1и лъугьиналъул ва хисиялъул, грамматикаялъул, стилистикаялъул х1акъалъулъ лъай щвей, жамг1ияб г1умруялда жаниб гьелъул к1варалъул х1акъалъулъ баянал кьей, бит1унхъваялъул ва лъалхъул ишараби камиллъизари, лъималазул раг1ул нахърател бечелъизаби.

V-IX классазда авар мац1алъул курсалъул г1уц1и

Рахьдал мац1алъул программаялда рекъон, 5-9 классазда ц1алдохъабазда малъизе ккола фонетика, графика, лексика, раг1и лъугьин,грамматика (морфология, синтаксис). Гьединго ц1алдохъабазда лъазе ккола стилистикаялъул ва мац1алъул х1акъалъулъ г1аммал г1елмиял баянал. Ц1алдохъаби ругьунлъизе ккола бит1ун хъвазе, бит1ун ц1ализе, калам г1уц1изе ва лъалхъул ишараби лъезе.

Ц1алдохъабазул калам цебет1езаби ва гьел пасих1го ц1ализе ругьун гьари

Школалда авар мац1 малъиялъ ц1алдохъабазул логикияб пикру ва калам цебет1езабула.

Калам цебет1езабиялда хурхараб 3 нух буго:

1. Авар мац1алъул дарсазда лъималазул раг1ул нахърател бечед гьаби. Гьеб бечед гьабула бат1и-бат1иял словариял х1алт1абаздалъун, учебникалда ругел ругьунлъиялъул х1алт1абазул текстаздалъун, к1алзул ва хъвавул изложенияздалъун, сочиненияздалъун.

2. Авар литературияб мац1алъул раг1аби лъугьиналъул, гьел дандраялъул, предложениял г1уц1иялъул, бит1ун ц1алиялъул ва гь.ц. нормаби лъай.

3. Авар мац1алъул дарсазда бат1и-бат1ияб темаялъул ва жжанралъул материалазда т1асан ц1алдохъаби к1алъазе ругьун гьари.

Ц1алдохъанасда лъазе ккола тексталда т1ад х1алт1изе,гьелъул аслияб пикру батизе,къокъаб ва г1ат1идаб план г1уц1изе, гьелда рекъон материал тартибалдеги ккезабун, (бицунги хъванги) изложение т1обит1изе.

Изложениязе текстал ва сочинениязе темаби т1аса рищулеб мехалъ, гьел тарбия кьеялъул ва г1елмияб рахъалъан дандекколел рук1ине ккола.

Ц1алдохъабазул калам цебет1езабиялъе бихьизабураб лъабабго нухалъ гьезул каламалъулъ дандч1валел г1унгут1аби ва гъалат1ал т1аг1инаризе квербакъула.



5 класс (35 саг1ат)

5 – контролияб диктант

4 – калам цебет1езаби

Темаби

Саг1ат


1

Мац1 цоцазугун бухьен гьабулеб алат х1исабалда

1


2

Такрар гьаби

2


3

Синтаксис ва пунктуация

7


4

Фонетика ва графика. Орфография.

5


5

Лексика. Каламалъул культура.

3


6

Морфемика. Орфография. Каламалъул культура.

2


7

Морфология. Орфография. Каламалъул культура.

Предметияб ц1ар



2


8

Глагол

4



ДАРСИЛ ТЕМА

5 класс


ПРАКТИКИЯБ.

Х1АЛТ1И

СЛОВАРИЯБ

Х1АЛТ1И

РОКЪОБЕ Х1АЛТ1И

Сагlтил

къадар

КЪО


Мац1 цоцазулгун бухьен гьабулеб алат х 1исабалда – 1с

1

Мац1 ва инсан. Каламалъул стилал.

Фонетикияб ва морфологияб разбор

Рогьел,хъухъай,хъухъадиро, кьибил, суффикс, ахир, аслу.

§§1-2, хI.6

1



ТАКРАР ГЬАБИ – 2с.


2

Раг1ул г1уц1и. Геминатал ва лабиалиял гьвркьал.

Слов.диктант синтаксисияб разбор

Биччана, баккана, биххана, балъгояб.

§§3, хI.17

1


3

Жанибе лъугьиналъулаб контролияб диктант. Мац1алъул хазина.


Текст хъвазе



1


4

Каламалъул бутǀаби.

Раг1аби падежазде свери, словарияб диктант

Г1ет1, чаргъедо, Ч1ег1ерг1ор, инсан, гугарухъан.

§4, х1.24

1



СИНТАКСИС ВА ПУНКТУАЦИЯ – 7с.


5

Раг1абазул дандрай. Предложение. (Хабариял, суалиял, ах1ул предложениял)

Словарияб х1алт1и, синтаксисияб разбор

Г1ажаибаб маргьо,кват1араб заман, лъик1аб хъулухъ. Т1алаб, тушман, эркенлъи, бак1-бак1ал


§§5-8, х1.47

1


6

К.ц. Маккалги чанахъанги, -текстгун х1алт1и.

Текстгун х1алт1и

Синтаксисияб разбор, морфологияб разбор

Микки, лъалк1, г1уч1, ракъдаллъи, ц1унц1ра

Синтаксисияб разбор

1


7

Подлежащее, сказуемое, бит1араб дополнение.

Синтаксисияб разбор

Гъира, гъоркьбак1, гъолбас, барщи, бахчи.

§§10-13, х1.84

1


8

Контролияб диктант. Гъалбац1ги гьойги.

Диктант хъвайзе



1


9

Определение, хъвалсараб дополнение, х1ал. Т1ирит1ич1ел ва т1ирит1арал предложениял.

Синтаксисияб разбор гьаби

Баг1аргьинаб, зирараб, ккалч1вай, къабуллъи. Куц-мухъ, рорч1изари, рук1к1ен, х1анкъва.

§§14-18, х1.109

1


10

Тайпа цоял членалгун предложениял.

Словарияб х1алт1и, тайпа цоял членалгун предложениял ургъизе

Х1алхьи, х1асралъи, ццин, ц1амх1алаб.

§19, х1.124

1


11

Хит1аб (обращение).

Текстгун х1алт1и

Ц1умур, чанагъ, чанаоц, чангит, чалухълъи, ц1урахинк1.

§20, х1.133

1


12

Г1адаталги жураралги предложениял

Синтаксисияб разбор, раг1. разбор гьаби

Ц1огьоди, ц1уяб, чвархъи.

§22х1.143(Текстгун х1алт1и)

1


13

К.ц. Изложение. Оцолги къоркъолги х1акъалъулъ1.

Планалда рекъон х1алт1и



1


14

Бит1араб калам. Диалог.

Предложениял ургъизе

Диалог г1уц1изе

Гъур-гъури, гъанцǀи, къабихǀаб, къиркъири. Диванбег, диван гьаби, къисмат, къиса

§23, х1.160

§24

1


15

Контролияб диктант. Наязул гьужум.


Диктант хъвазе



1



ФОНЕТИКА ВА ГРАФИКА. Орфография – 5с.


16

Фонетика. Рагьарал ва рагьукъал гьаркьал

Фонетикияб разбор

Щекъер, гьаркьил гарц1ал, мукъулукъ, маг1арзул къалал.

§§26 – 28 , х1.174

1


17

Лабиалиял гьаркьал ва геминатал. Графика. Алфавит.

Словарияб х1алт1и. Фонетикияб разбор

Нахъекъай, нахъхут1и, квербакъи, ничгьеч1Жаниккей, квен-т1ех. Квербац1ц1, къобихьи.

§29. х1.184

§30, х1.192

1


18

Е, Ё, Ю, Я х1арпал.

Ъ ва Ь.

Словарияб х1алт1и

Фонетикияб разбор

Лъангут1и, лъай-хъвай, мада-гъадар, оцбай. Егана, ёлка, юкъарана, яч1ана, йоржана. Гьуърул, вабаъ, масъала, съезд, объект.

§31, х1.199

§32, х1.204


1


19

К.ц Хабар г1уц1и.

Хабар г1уц1и



1


20

Слог ва раг1и бикьун боси. Ударение.

Рагǀаби слогазде ракьи

Раг1абазулъ ударение лъезе

К1алъалаго, х1ухьел, гъеж, дандбай, слог. Ишара. Схема, бец1аб, ах1и-х1ур, гъуни.

§§33 - 34

х1.217

1


21

Фонетикияб разбор гьабулеб къаг1ида.

Фонетикияб разбор

Рагьараб, рагьукъаб, алфавит, биччана.

§35 , х1 220 Фонетикияб разбор гьабизе



1



ЛЕКСИКА . КАЛАМАЛЪУЛ КУЛЬТУРА– 3с.


22

Раг1и ва раг1ул лексикияб маг1на.

Словаргун х1алт1и, предложениял ургъизе

Лексика, ц1улакьо, словарь, тартиб. Орфография, к1ул(замок рагьулеб), к1ул(машина къач1алеб). Мухь, меседил кверал, меседил к1илик1.

§36, х1.225



1


23

Цо маг1наялъул ва г1емер маг1наялъул раг1аби. Раг1ул бит1араб ва хъвалсараб маг1на.

Текстгун х1алт1и

Ц1ц1ани маг1арде рахун руго (ццин бахъин).

§§37 – 38.

Х1. 237,

1


24

Омонимал. Синонимал. Антонимал.

Предложениял ургъизе

Бет1ер(иццул), бетер(чиясул), нус(чед къот1улеб), нус(вас. ч1ужу).

§§39-42,

х1. 250

1


25

Контролияб диктант. Туристазе насих1ат1.



Насих1ат, турист.


1





МОРФЕМИКА. ОРФОГРАФИЯ. КАЛАМАЛЪУЛ КУЛЬТУРА – 2с.






26

Морфема – раг1ул бищун гьит1инаб маг1наялъул бут1а. Раг1ул ахир ва аслу.

Словарияб х1алт1и, раг1аби бут1абазде риххи

Ах, ахихъан, ахикь, ахалъул, чан, чанаве, чанахъан. Х1алт1ухъан,ц1алдо

хъан, гугарухъан.

§43, х1.258

§44, х1.264

1


27

Раг1ул кьибил. Суффикс. Раг1ул кьибилалъулъ ва гьаркьазул хиси. Разбор.

Словарияб х1алт1и, раг1аби бут1абазде риххи Суф-л кумек-н рагǀаби лъугьинари

Кьибил-кьолбол, хер-харил, пер-порол. Ясик1о, васик1о, хъухъадиро, рат1ликъ, ресукъ, бег1укъ

§§45 - 48, х1.283

1



МОРФОЛОГИЯ. ОРФОГРАФИЯ. КАЛАМАЛЪУЛ КУЛЬТУРА.

ПРЕДМЕТИЯБ Ц1АР – 2с.






28

Предметияб ц1аралъул маг1на ва грамматикиял г1аламатал. Хасал ва г1аммал ц1арал

Синтаксисияб разбор, раг1ул диктант

Мочо, мугь, накку, пагьму, оцх1ут1, падишагь. Нису-нах, курхьен, къункъра. Дибир-дибир, Къебед-къебед, Чакар-чакар

§§ 49 - 50, х1.303

1


29

Предметияб ц1аралъул жинс. Предметияб ц1аралъул форма

Словарияб х1алти Преметияб ц1ар ц. ф. г1ем. ф. лъезе

Релъа-рохи, релъен, релълъин, рецц, рец1ел. Цер-цурдул, х1ет1е-х1ат1ал, квер-кверал

§§51 – 52 , х1.322

1


30

К.ц. Изложение. Рохьоб ц1а ккей.

Планалда рекъон х1алт1и хъвазе


Изложение лъуг1инабизе

1



ГЛАГОЛ - 4 с.






31

Глагол. Рухьарал ва т1адч1арал глаголал

Синтаксисияб разбор, гл. ц1ар лъугьин

Х1алт1и, к1алъай, къач1ай, ах1дей, квачай.

§§54 - 55, х1.331

1


32

Жинсиял ва жинсиял гурел глаголал. Глаголияб ц1ар.

Глагол-л жинс-л г1алам-л рихьи-ри

Бегана-вегана-егана, т1убана-т1увана-т1уяна.

§56 - §57,х1.340

1


33

Контролияб диктант

«Риидал рохьоб».

Диктант хъвазе



1


34

Глаголалъул заман.

Текстгун х1алт1и Предл. гл. ратизе ва заман бихь.

Ц1алана-ц1алила-ц1алула-ц1алулеб буго Кунч1ана, кунч1ила, хинлъила. Рахала, т1убала, бахъула, дургъула.

§§58-62,

Х1.346


1


35

Такрар гьаби.

Разборал гьаризе.



1









Ц1алдохъабазда лъазе ккола:

раг1ул бит1араб ва хъвалсараб, г1емер ва цо маг1на бук1ин, омонимал, синонимал ва антонимал;

раг1ул фонетикияб, морфологияб ва г1уц1иялъул разбор гьабизе;

бат1и-бат1иял тайпабазул г1адатал предложениял г1уц1изе;

учебникалда кьурал схемабазда рекъон, предложжениял г1уц1изе;

раг1улъ ругел рагьарал ва рагьукъал гьаркьал хисизарун, предм.ц1аралъул г1емерлъул форма лъугьинабизе.

Ц1алдохъабазда бажаризе ккола:

г1адамазул ва географиял ц1аразулъ, къват1азул, байданазул ва пачалихъиял байрамазул ц1аразулъ к1удияб х1арп хъвазе;

т1ахьазул, газетазул, журналазул, суратазул, кинофильмабазул, литературиял асаразул ц1аразул бет1ералда к1удияб х1арп хъвазе ва кавычкаби лъезе;

журарал раг1аби рит1ун хъвазе;



Авар мац1алъе къиматал лъезе ч1езарурал нормаби.

1. К1алзул жавабалъе къимат кьолеб куц.

«5» къимат лъола, мух1канго, г1ураб гъварилъиялда малъараб материал ц1алдохъанас бицунеб ва мац1алъул г1елмиял баяназе бит1араб определение кьолеб бугони, гьединго ц1ехолеб материал т1ок1к1ун лъалеб ва, гьелдаса пайдаги босун, т1ехьалда ругел гурелги, жинцаго ургъарал мисалаздалъун жаваб кьуни.

«4» къимат лъола щуйил къиматалъе мустах1икъаб, амма маг1наялъулъ, яги хадуб-цебе рекъон бач1иналъулъ,1-2 гъалат1 яги бицадулъ 1-2 сакъат ккараб жавабалъе.

«3» къимат лъола ц1ехолеб материал аслияб куцалъ ц1алдохъанасда бич1ч1ун ва лъан бук1ин бихьизабулеб, амма определение кьолаго, яги бит1унхъваялъул къаг1ида бицунаго, г1унгут1аби риччараб, т1убараб мух1канлъи гьеч1еб жавабалъе.

«2» къимат лъола малъараб материалалъул ц1ик1к1унисеб бут1а ц1алдохъанасда лъалеб батич1они, бицунеб жоялъул тартиб гьеч1ого, бак1-бак1алде к1анц1ун бицунеб бугони.

Диктантазе къимат лъолеб куц.

«5» Къимат лъола гъалат1 гьеч1еб х1алт1уе. Гьеб къимат лъолеб диктанталда бук1ине бегьула бит1унхъваялъулъ биччараб 1 сакъат яги лъалхъул ишараялъулъ ккараб 1 г1унгут1и.

«4» къимат лъола бит1унхъваялъулъ 2 ва лъалхъул ишараби лъеялъулъ 2 гъалат1 бугеб, яги бит1унхъваялъулъ 1, лъалхъул ишарабазулъ 3, яги бит1унхъваялъулъ цониги гъалат1 гьеч1еб, лъалхъул ишарабазулъ 4 гъалат1 биччараб диктанталъе. Бит1унхъваялъулъ цого тайпаялъул 3 гъалат1 батаниги лъезе бегьула «4» къимат.

«3» къимат лъола бит1унхъваялъулъ 4 ва лъалхъул ишарабазулъ 4 гъалат1 батараб джиктанталъе, яги бит1унхъваялъулъ 3 ва лъалхъул ишарабазулъ 5, яги бит1унхъваялъулъ цониги гъалат1 гьеч1еб, лъалхъул ишарабазулъ 7 гъалат1 ккараб х1алт1уе.

«2» къимат лъола бит1унхъваялъулъ 7 ва лъалхъул ишарабазулъ 7, яги бит1унхъваялъулъ 6 ва лъалхъул ишарабазулъ 8, яги бит1унхъваялъулъ 5 ва лъалхъул ишарабазулъ 9, яги бит1унхъваялъулъ 8 ва лъалхъул ишараби лъеялъулъ 6 гъалат1 биччараб диктанталъе.

Грамматикиял т1адкъаял т1уразариялъе къимат лъолеб куц

«5» къимат лъола, гъалат1 гьеч1ого, киналго т1адкъаял т1уран ратани.

«4» къимат лъола, киналго т1адкъаязул ункъилъа лъабил бут1а (3/4) бит1ун гьабун батани.

«3» къимат лъола, бащадалниги т1адкъаял рит1ун гьарун ратани.

«2» къимат лъола, бащдалдаса дагь гурони бит1ун т

«1» кьурал т1адкъаял ратич1они.



Хъвавул х1алт1абазул к1одолъи борцуна раг1абаздалъун ва ч1езабун буго гьезие гьаб къадар.

Класс

Диктант

Словарияб

Сочинение

Изложение

Раг1и

Диктант

Раг1и

Т1анчил

гьумер

Раг1и

Раг1и

V

80-90

10-15

90-100

0.5-1

100-140

VI

90-100

15-20

120

1-1.5

140-180

VII

100-120

20-25

140

1.5-2

180-220

VIII

120-130

25-30

160

2-2.5

240-300

IX

130-140

30-35

180

2.5-3.5

300-400

Баян: Х1асилазул (контролияб ) диктантги гьебго роцада гьабила, амма цадахъго грамматикиял т1адкъаял кьолел ругони, диктант къокъ гьабизе бегьула 10 раг1иялъ.