«Т1ехь – нилъер гьалмагъ»
Мурад:
Пасих1аб каламалъ к1алъазе лъимал ругьун гьари, калам цебе т1езаби. Рахьдал иац1алдеги, т1ехьалдеги, гьит1инго рокьи бижизаби.
1.Коробкалда жаниб лъела: матрешка, гъуд, кубик, къалам, т1ехь. Лъималаз щияб къватйибе босун абила: предмет, щиб материалалъул гьабун бугеб.
- Лъимал, гьал предметазда гьоркьоб т1ехь кин ккараб?
- Т1ехьалъ дида бицана г1ажаибаб хабар. Рач1а лъимал, г1одор ч1а,, дица нужее гьеб лъугь-бахъиналъул бицина.
(экраналда презентация бихьизабила)
2. Т1ехь нилъехъе бач1араб буго рохьосан, гьабунги буго гъвет1алъул. Цо къоялъ рохь къот1улел чаг1и рач1ун гъут1би хъухъанила. Ч1ах1иял машинаби рач1ун фабрикалде раччана. Фабрикалда хъал бахъун г1исин гьарун, гьелъул опилка гьабула. Хадуб опилка белъун кагъаталъул рулонал гьарула.
- Лъимал, гьелдалун нилъер т1ехь лъугьанищ гьабун?
- Лъималазе г1ажаибал маргьа, хабар лъица хъвалел?
- Берцинал суратал лъица рахъулел?
- Нилъеда бихьана, лъимал, цо т1ехь гьабизе ккани г1емерал г1адамал х1алт1изе кколеблъи.
- Нилъеда г1емерал т1ахьал кир ратизе бегьулел? Г1емерал т1ахьал рук1унеб рукъалда кин абулеб? Дун жакъа йик1ина нужер библиотекарь. Дица нуж библиотекалде экскурсиялде рачина.
4. Гьале цоябилеб полкаялда ругел бат1и-батиял т1ахьал. Гьаб т1ехьалда руго нилъ берцинго, эркенго,пасих1го к1алъазе кумек гьабулел упражненияби.
(«Улыбочка», «Трубочка», «Лопата», «Лошадка»)
5. Гьанже нилъ балагьила к1иабилеб полкаялде.
Хал гьабе, лъимал гьанир ругел т1ахьазул. Рач1ая цо т1ехь кодобе босизин. Гьаб т1ехь кинаб бугеб?
(берцинаб, ц1ияб, басрияб, бокьулеб, к1удияб, гьит1инаб,
къвак1араб, тамахаб, лъималазул, маргьабазул,
биццатаб, тамахаб ва гь.ц.))
- Хал гьабе, «т1ехь» абураб раг1иялъул авалада кинаб гьаракь раг1унеб?
- Т1 – гьаракьгун нужеда цоги кинал раг1аби лъалел?
- «Т1ехь» - абураб раг1и чан бут1аялдасан г1уц1ц1ун бугеб?
Г1одобе т11имугъ рехун,
Т1агьир т1охде вахана.
Т1илгун г1ияде унев
Т1айгибида бер ч1вана.
5. Гьанже нилъ щвана лъабабилеб полкаялде. Гьенир яшав гьабун руго бат1и-бат1иял маргьабазул т1ахьал. Нужее рокьулищ маргьаби?
(Т1ехь рагьун, лъималазе гьенисан «Ч1илбик1 ва хъарт», «Ват1ан», «Бац1 ва хъаз» маргьабазул цо - цо бут1а ц1алула. Лъималазда кинаб маргьаялдаса босараб лъазе ккола)
6. Хадусеб полкаялда щибдай батила? ( Лъималазда аптечка батула)
Аптечка щай къвариг1унеб?
(Аптечка х1алт1изабун т1ехь сах гьабила)
Нужеда т1ехь х1алт1изабиялъул кинал къаг1идаби лъалел?
8. «Новая книжка»
(лъималаз гьит1инабго кьурди бихьизабила)
9. Рефлексия.