Тема:Инхоса Г1алих1ажияв «Бечедал чаг1азде»
Дарсилмурад:1. Бит1ун ва пасих1го ц1алиялъул бажарикамилгьаби.
2. Г1адатаб анализалъулкумекалдалъунчияргъиналдалъун
Бечелъарал чаг1азул рух1ияб хъарцинлъи, талих1алъул
Бег1укълъи, г1акълудал мукъсанлъи, намус-ях1
гьеч1олъи, гьезул г1умруялъул ч1ег1ерлъи бихьизаби.
Жидергогъиналдалъун бет1ербахъи гьабулел
Мискинзабазулсахаватлъи, ях1-намусалъул к1одолъи,
рек1ел бечелъи баян гьаби.
3. Нек1сиябги гьанжесебги г1умруялъул шарт1ал
дандеккун, х1асил гьабизелъималаздамалъи.
4. Аллитерациялъулгунпрактикияблъай-хъвайгъварид
гьаби.
Дарсилалатал:поэтасул портрет, интерактивияб доска, т1ехь «Асарал».
Дарсил ин.
Дарсбайбихьи.
Поэтическая пятиминутка.
Ибрагимова Ф.Т1абиг1ат - берцинабжо, бицине ц1акъ бокьулеб,
Ц1унизе гьеб х1акъабин, х1исабхун къиматбугеб.
Вакъарасе г1инт1иги г1олеб кванил бак1алда,
Кодоблъидагьлъараб мех дандч1вани,х1ажат ккараб.
Магомедов М.Къиматгьабе гъут1бузул, гъоркьбатарабпихъилги,
Вакъуниндал, х1ал ккани, х1анч1изе дуй батулеб.
Гьеб къот1изе къасдлъуравкъанкверккун ч1езе гьаве,
Квешлъиялъулнухккурал кант1изе ваг1за гьабе.
Г1умру долъул ч1агояб, бач1ун к1алъач1ониги,
К1удал г1алимзабазги г1емер къиматкьунтараб.
-Лъимал, гъвет1 к1алъалеб бук1арабани, щибгьелъгьаризе бук1араб шаг1ирасда?
Хадубквешлъиялъулрахъккуразда?
Ахирнужерщивасда?
- Лъайги г1акълуги ц1ик1к1араб нилъерзаманалъ т1абиг1ат ц1унизе кколеб х1ал
бугебищ? (Гьанже г1адин т1абиг1ат ц1унизе ккарабзаман бук1инч1илан: химиялъул
дарабазги, загьруялъги, гучабтехникаялъги, заводазвафабриказги, хасал г1адамазги
гьавачорокгьабиялъул, лъим, гъвет1-хер, ччуг1а, рух1ч1аголъаби пасатгьариялъул
мисалал г1емер ругилан).
- Лъималлъицахъварабгьаб кеч1? (Инхоса Г1алих1ажияс)
Цевеккунго х1адурлъарав ц1алдохъанас бицинагьесул г1умруялъул х1акъалъулъ.
Магомедов Ш. Гьев кола аваразулхъвавулаблитератураялъул мац1 къач1арав,
бергьарав раг1ул устар. Гьес г1умру гьабулеб бук1ана 1846-1891 соназда.
Г1алих1ажияв гьавунвугоГумбетрайоналъул Т1адинхо росулъ Гъазимух1амадил
мискинабхъизаналъе.Гьев вук1ана жиндирзаманалда ц1ар бугев г1алимчи,
философ(г1акъил), гьунар т1ок1ав поэт. 45 соналъул г1умруялда, бищунго
гьунаргипагьмуги ц1убараб г1ужалъ хвана .Вукъунвуго Хасавюрт районалъул
Эндирейросулъ.
Пасих1лъиялъги маг1наялъул гъварилъиялъгигьесулкиналго куч1дул г1адамазда
рек1ехъе лъалел рук1ун руго.Г1емерисел коч1ол мухъалкицабилъунгилъугьунруго.
Ц1алдохъабаз гьелкицабиялалфазал рек1ехъе рицина.
Ризванова П.: Ват1аналъул т1алаб т1обит1улаго,
Т1ерхьарал ц1вабзазул ц1ар къот1иларо.
Магомедов М. : Къабих1лъун чивихьун , ч1ух1и гьабуге,
Х1инкъарасул зарин зазг1ан бег1ераб.
Саидова А. : Зах1мат бихьич1ого, рах1ат бокьарас
Бекьич1ого лъилъенилъ гьеч1ого, хур
Исмаилов М. :Гьерсилчода рек1арав хехгогъоркье рещт1уна,
Цинги лъелговилълъине х1ат1ида г1иц1го ккола.
Магомедов Ш. : Калам дагьлъибеццараб, рек1еда нурбалебжо,
Г1емер к1алъай какараб, каранлъпардавлъолебжо.
Ибрагимов И. :Жиндийго гьавудич1ев гьардухъанлъунвихьула,
Зах1мат къабул гьабич1ев гьеч1олъигун вук1уна.
Магомедова А. :Чидаегвендбухъани, бухъаравжанивккола,
Бахъунхвалченкьунани, кьалбугес ч1ван рехула.
Ц1ияб тема.
Цебераг1и.
19 г1асруялъул ахиралдехуняргъилкъуваталдалъунэркенлъи ц1унизеги к1веч1ого, Шамилгиквердеун, хадуб 1877 соналъбагъарарабвосстаниеги ч1инт1ун, Дагъистан т1убанго г1урус пачаясулкверщаликьеккана. Гьелъул х1асилалда маг1арул мискинзабиккана к1игъатаб зулмуялдегъоркье: цорахъалъан бак1алъул ханзабаз, бегзабазвабечедал чаг1аз, цогирахъалъанпачаясул т1адчаг1аз рукьалдаги рана.
Зах1матчаг1азул гъийиналъ (дагьа-макъабмухьдахъгьелцере х1алт1изарун) бечелъулелцоял, киг1ан х1алт1аниги, маг1ишаталда рух1лъезабизе к1оларого
цогидал-бечедаздегимискинзабаздеги маг1арулал к1ийиде рикьи ц1акъго кутакалда ц1ик1к1ана. Добмехалъмискинзабазебугеббечедазул г1азаб зулмубихьарав Г1алих1ажияс хъвана«Бечедал чаг1азде»абураб кеч1.
Гьелда т1ад х1алт1изе ругонилъжакъа.
(Слайд )
Словарияб х1алт1и
Зайну-берцинлъи; щокълъич1ого-унтич1ого; рикъзи-ниг1мат; далил-х1ужжа,
х1акъикъат; сух1мат-зурма-къалигун ихтилат.
Бит1ун ц1ализе:кьолболъанго,квание, къвалакь, щвараб, хьваг1илеб, бич1ч1а.
Учителас кеч1 ц1али
Учителас, лъуг1изег1ан лъалхъич1ого, к1вараб пасих1лъиялда, х1унчулеб накуялда, бечедаздатункизабун, кеч1 ц1али.
-Лъималкинабасаргьабурабнужеегьаб коч1оца?
Коч1ол анализ гьаби (Слайд)
Т1оцебесеб куплет ц1ализе т1амила ц1алдохъан. Киназго г1инт1амила.
Г1одосанго кьибилкьурарабилан,
Кьурдизегурониаздалъалареб;
Кьолболъанготухумбечедабилан,
Кваназегуронидуррмахщел гьеч1еб.
-Сундаса ч1ух1улел бечедал чаг1и? (Кьибилпахруяб, тухумбечедаббатиялдаса)
-Сундасащивавсахаватавчи ч1ух1изе колев? (Гьунаралдаса, махщалидаса, халкъалъепайдаябишгьабизе к1веялдаса)
-Щибхабечедазухъангьабунбажарулебжо? (Кьурдизе, кваназе).
-Гьебщибкколеб-халкъалъепайдаябгьунарищ яги махщелищ?
Лъиегьелдасапайдабугеб? (Цох1о жиндиего)
Цоги ц1алдохъанас ц1алила к1иабилеб куплет
Ах1улел куч1дулги кепалхарбалги,
Керенчучиялъе, чан гьелнужее.
Чамасдакил гъот1окь гъоркь г1одорги ч1ун,
Г1умру киназулго кеп-сух1маталда.
-Сундеруссун ,щибгьабулелгьел рук1унел?(Кеч1-бакъаналда, сух1мат-кепалда)
Лъабабилеб куплет ц1алила
Квание х1алги кьун, х1алт1и к1очон тун,
К1варал мискинзабизурулелгьанже.
Зарукь х1инкъарал къан, къуралхъатикьккун,
Къват1иб-щакабзайну, зулму-халкъалда.
Халкъалъепайдаяб х1алт1и гьабуларев, жиндирго маг1ишат г1уц1уларев чиясул г1умру, пихъбижулареб гъот1ол г1адаб, ч1обогояб, г1адада унебжо бук1уна.
Гьебрахъалъ х1исаб гьабуни, поэтаскинабкъиматкьолеббугеббечедазул ч1аголъиялъе?
-Пайдаяб х1алт1и гьабуларел чаг1и, чара гьеч1ого, заралиябишалде-квешлъиялде рала.
Лъимал, гьезгьабулебквешлъикинаббугеб? (Мискинзабизури, чохьодасаун, кванай, халкъалъезулмугьаби)
Ункъабилеб куплет ц1алила
Заманахисизе къот1и гьеч1илан,
Къвалакь т1ехь ккуразгикверхех хьваг1илеб,
Хьибил щокълъич1ого щварабдуррикъзи
Щивавчиясинаэдинмунги тун.
Поэтас х1укму къот1улеб буго «Заманахисизе къот1и гьеч1илан, къвалакь т1ехь ккуразе», ай кидагогьеб х1алалда жал рук1ине ругилан т1ахьазда хъванбугилангаргадулел г1алимзабилъун х1алел бечедазе: нужецаги «кверхехго хьваг1илин», ай гьабдунялалъулгуннужецаги кват1ич1ого къо-мех лъик1гьабизебугилан, цо х1алалда чиги г1умруги бук1унарилан.
-«Щивавчиясинингьеббечелъи,гьединмунги тун,-ан щайпоэтасабулеббугеб?
Чияргъинквананнуж г1емер мехалъ хут1иларин абулеббуго шаг1ирас.
Бечедаздасащивавчиясжинди-жиндир зах1мат т1алаб гьабуни, гьезухъщиб хут1илеб?
Ц1ализе т1амила щуабилеб куплет.
Надалъ г1ет1 ц1ирич1еб боц1ухъ балагье,
Багьанадуйгищун, щиб колебали.
Щаклъи гьеч1еб, далил, дуда гьеб бич1ч1а,-
Гьобо г1адин дунялдаимсверулеб.
Ц1ехела:
-«Надалъ г1ет1 ц1ирич1еб боц1и» кинщварабжобечедазе?(жалго г1ебеде регун, мискинзабицере х1алт1изарун).
-«Багьанадуйгищун» абураб калима кин бич1ч1изе кколеб?
Кинаббагьанагьеб бук1ине бегьулеб? ( ч1ван, хун, бикъун, т1асарехун, ц1а ккун бух1ун, тала гьабун).
Аллитерациялъулгунлъай-хъвайгъваридгьаби (Слайд)
Кваниех1алги кьун, х1алт1и к1очон тун , К-Х1-Х1-К1
К1варал мискинзабизурулелгьанже. К1-З-З-
Зарукьх1инкъарал къан, къуралхъатикьккун, З-Х1-Къ-Къ
Къват1иб щакабзайну-зулмухалкъалда. Къ-З-З-Къ
Лъабабилебкуплеталдажаниббакъан-чвахилъугьинабулелгьаркьалратизе т1адкъай кьела.
Гьеласлиялгьаркьаз коч1ол чвахигибакъангилъугьинабунбуго. Гьел рук1инч1елани, пасих1лъиго гьеч1еб хабаралдесверилаан коч1ол калам.
3.Ц1ияб дарсщулагьаби
-Поэтас коч1олъ щиввеццулев, щивкакулеввугев?
-Бечедал чаг1и сундаса ч1ух1улел?
-Талих1аллъун гьел чаг1и рик1к1ине бегьилищ? Щай?
-Эбел-эмен, тухумбечедаббатунилан, лъималгьелдаса ч1ух1изе кколищ?
-Лъил зах1маталдалъун вагьунаралдалъунгьелбечелъарал?
-Бечедал чаг1азул г1умруялъул мурад–маг1на кинаббугеб?
-Гьездасахалкъалъебугебпайда яги заралщиб?
-Халкъалдазулмугьабулел чаг1и талих1аллъун рук1ине ресбугищ?
-Халкъалъ талих1лъун щибжо рик1к1унеб? (Халкъалъехъулухъгьаби, гьелъул мустах1икъав васлъун вук1ин)
- Мискинзабазул г1ет1алдалъун г1уц1араб бечелъиялъулгигьелдаса ч1ух1арал бечедазулгиахиркинаб бук1инилан поэтасабунбугеб?
4. Дарсил х1асил гьаби. (суалал)
5.Рокъобе х1алт1и
Кеч1 пасих1го ц1ализе лъазаби.
Ц1алул т1ехьалда ругел т1адкъаял т1уразари.



