СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Открытый урок по родному языку "РикIкIен"

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Открытый урок по родному языку "РикIкIен"»

Тема. Рик1к1ен

Дарсил мурад:

  1. Рик1к1еналъул х1акъалъулъ щвараб лъай щула гьаби, рик1к1ен каламалда х1алт1изабизе к1вар кьей.

  2. Ц1алиялде гъира бижизаби, берцинхъваялда т1ад х1алт1и.

  3. Калам цебет1езаби, нахърател бечед гьаби.

Алатал: таблица, карточкаби,

  1. Байбихьи

Рорч1ами, лъимал, жакъа нилъер буго авар мац1алъул дарс. Жакъасеб дарсида нилъеца

  1. Араб материал ракӏалде щвей

- а)Рокъобе кьураб хӏалтӏиялъул хал гьаби.

-б) Рагӏабазул диктант

Бигьаяб, гьудул, х1еренаб, бечелъи, гьит1инаб х1инч1, анц1го, лъик1аб, лъеберго, нижер.


в) синтаксисияб разбор

Тамахаб раг1уца маххулал каваби рагьула.(характеристика кьела)


-г) Фронталияб гьикъи:


( Гьанже т1адрусса рагӏабазул диктанталде гьал раг1абазул кьералда цогидазда данде кколареб раг1и буго. Нужер масъала буго гьеб раг1и батизе..)


- Щай гьеб раг1и цогидазда данде кколареб?

- Кинаб суал лъелеб нилъеца гьеб раг1иялъе?

- Щиб гьелъ бихьизабулеб бугеб?-

- Бит1ун буго, лъимал, гьеб буго - рик1к1ен.

г)Араб темаялда т1асан суалал кьела, гьез жавабал кьела:

Сунде абулеб рикӏкӏен ?

Кинал рукӏунел рикӏкӏенал?

Кинал суалал лъолел рикӏкӏеназе?

Чан разряд бугеб рикӏкӏеназул?


  1. Ц1ияб тема.

Жакъа нилъеца рикӏкӏеналъул хӏакъалъулъ щвараб лъай щула гьабизе буго

Предметалъул къадар яги ирга бихьизабулеб каламалъул бутIаялда рикIкIен абула.

РикIкIеналъе лъола чан? чанабилеб? абурал суалал. (нусго, нусабилеб)

Мисалал: к1иго – к1иабилеб, анцIго, нусго, къого.

Предметалъул къадар бихьизабулелда къадаралъул рик1к1ен абула, ирга бихьизабулеб иргадул рик1к1ен ккола. Къадаралъул рик1к1еналъе лъола чан? абураб суал, иргадул рик1к1еналъе лъола чанабилеб? абураб суал.

Авар мац1алда рик1к1еналгун цадахъ предметияб ц1ар цолъул формаялда бук1уна.

Масала: цо вас, (яс) азарго чи,щуго вас.

Предметияб ц1аргун цадахъ бугеб мехалъ рик1к1ен падежазде сверуларо. Масала : лъабго (васас,ясалъ,оцоца.)

  1. Т1ехьалдасан х1алт1и т1убала:

--Х1алт1и 3 гьум77(цӏалун)

  1. Творческияб х1алт1и. (карточкаби).

…. соналъ … июналда нилъер Ват1аналде т1аде к1анц1ана фашистазул аскарал.

Дагъистаналдаса рагъде ана …. азарго чи.

… соналъ … маялъ нилъер халкъалъ гьеб рагъулъ баргьенлъи босана.

1945 1941 120 9 22

(хал гьабила, цо к1иго чи т1амила ц1ализе )

Бихьулищ, лъимал, рик1к1ен лъач1онани зах1малъулеб буго нилъее тарих лъазе

  1. Цияб тема щула гьаби

- Тарихалгун мисалал гьаризе лъалищ нужеда?

4+ 3 г1ола 7

3. 2 бач1уна 6

21: 3 щола 7

10- 3 хут1ула 7

а) Ункъгоялде лъабго жубани, г1ола анкьго.

б) Лъабго к1ийилъ кьабани,бач1уна анлъго. )

в) Къоло цо лъабиде бикьани, щола анкьго.

г) анц1гоялдаса лъабго бахъани, хут1ула анкьго


Г1емерисел мисалазе жаваблъун бач1ана анкьго абураб тарих. Нужеда гьеб тарих гьоркьоб бугеб кици лъалищ?

Щибха кколеб кици?

Анкьц1ул борце цин къот1е.

Бит1ун буго! Цоги рик1к1ен гьоркьоб бугел кицаби лъида лъалел?

Учитель: «Анкьц1ул борце, цин къот1е». Лъимал, нужеда гьаб кициялъул маг1на лъалищ? (Лъик1 ургъич1ого к1вар бугеб иш гьабуге.)

Гьалъулалда маг1на релълъараб кици г1урус мац1алда лъида лъалеб?

-семь раз отмерь, один раз отрежь,


  1. Хӏалтӏи 4 (рикӏкӏеназул гӏуцӏи бицине)

  2. Творческияб х1алт1и.

  1. Гьал рик1к1еназдасан предметиял ц1арал лъугьинаре.

(къого – къо, нусго – нус, анкьго - анкь)

  1. Лъабрекъараб тарихалдаса к1ирекъараб тарих бахъани,гъоркь хут1улеб буго цо. (100-99=1)

  2. Цо бохида ч1араб хъазил ц1айи бахана 13 килоялде,к1иябго бохида ч1ани,чан килодай гьелдда батила?(13)

4)Чанахъаби тӏаде ккана 10 рекъараб бацӏиде. Цадахъ речӏчӏун гьез чӏвана 3 бацӏ, чан бацӏ хутӏараб?

Хӏажихъ букӏана 20 цӏулакьо Мусаца гьарана гьудуласда жиндиеги кьейин цӏулакьо. Хӏажица гьудуласе кьуна гьелъул бащдалъул бащдаб.


-адабияталдаса цо-к1иго мухъ ц1алила рик1к1енал гъорлъ ругел.

  1. Вач1унев вихьула лъабго нухлулав ал ч1ег1ераб х1ама цебеги къот1ун.(асаралде ц1ар, автор)

  2. Вукӏанила , вукӏинчӏила цо хан. Гӏакълу камилав, балъ битӏарав, балъгоявщинавчиясде аскӏове унев хан вукӏанила гьев .Гьесул кӏиго кутакав щвалде щварав васги вукӏанила .Амма гӏемер мех барав хвезе гӏагарлъарав чи вукӏанила хан.( кинаб маргьа?)

  1. Дарсил х1асил гьабила

Дарсги ахиралде щолеб буго, рач1аха нилъеца рак1алде щвезабила гьаб дарсида сундул х1акъалъулъ нилъеца бицараб?

Щиб нужеда лъарабали ни лъеца тестаз борцина.


- тестовияб х1алт1и.

- Бищунго дарсил щиб нужее бокьараб?

--Къимат кьей

  1. Рокъобе х1алт1и: ц1иял раг1аби лъазаризе. §24 Х1алт1и-5












































Дагъистаналъул г1елмиябгун лъайкьеялъул министерство









авар мацIалъул рагьараб дарс

«РикIкIен щула гьаби»













ХIадурана ва тIобитIана: ГIалидибирова Р.У.























Хасавюрт шагьаралъул 16 школа