СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Проект на тему :"Тема войны и защиты Родины в дагестанской литературе"

Нажмите, чтобы узнать подробности

                                                                                                                                                                                                                                   

Гьаб тема  бищиялъе г1илла буго,  жакъасеб гьаб захIматаб, чIвай-хъвей цIикIкIараб, гIадамазул батIи-батIиял рикьалаби лъугьараб заманалда школазда цIалдохъабазулъ ватIан бокьи куцаялде кIвар буссинаби. Хасго гьанже,  нилъер ВатIаналда сверун бугеб лъик1аб гуреб ах1вал-х1алалде балагьун.

Просмотр содержимого документа
«Проект на тему :"Тема войны и защиты Родины в дагестанской литературе"»

14




МБОУ «Лологонитлинская СОШ»







ПРОЕКТ



Тема войны и защиты Родины в дагестанской литературе



Подготовила учительница родного языка и литературы Пахрудинова Айшат Назирбеговна





Лологонитль-2018















Содержание

Введение …………………………………………………….……………………3

1. Авар адабияталда жаниб рагъулаб тема. ………………….……………7

2. Литературиял асаразул ц1алдохъабазе Ват1ан ц1униялъул темаялъул к1вар ва тема рагьизе дица х1алт1изабулеб методика……. ……………9

3. Класстун къват1ибе Ват1ан бокьиялъул темаялда хурхун, дица гьабулеб х1алт1и…………………………………………………………………………16

Заключение ………………………………………………………………………19

Литература ………………………………………………………………………20



































Введение

Ват1ан ц1унун хварав чи

хабалъги ч1аго вук1уна.

(Халкъияб кици)

Гьаб тема бищиялъе г1илла буго, жакъасеб гьаб захIматаб, чIвай-хъвей цIикIкIараб, гIадамазул батIи-батIиял рикьалаби лъугьараб заманалда школазда цIалдохъабазулъ ватIан бокьи куцаялде кIвар буссинаби. Хасго гьанже, нилъер ВатIаналда сверун бугеб лъик1аб гуреб ах1вал-х1алалде балагьун.

Гьедин ц1алдохъаби куцазе лъик1ал ресал руго авар мац1алъул муг1алимзабазе. Авар адабияталъул дарс ккола тарбия кьеялъул кутакаб алат. Ц1алул т1ахьаздаса пайдаги босун , тарбия бугеллъун лъимал куцай учителасда цебеч1араб аслияб масъала буго.

  Тарбия кьеялъе квербакъула фольклориял асаразги. Дагъистаналъул халкъиял кучIдузул бищунго камилаздасан цояб ккола "Надир-шагь щущахъ виххизави" абураб кечI. ВатIаналъе бищунго хIинкъи ккараб мехалда мугIрузул улкаялъул халкъал цолъула, ва вацлъиялда цоцазе кумекги гьабун, гIаммав тушманасде данде рахъуна. Тумазул халкъияб кечI "Парту ПатIима", лезгиязул "ГанчIил вас" гIадал асаралги цIакъго рокьула лъималазе. Кицабазги абиязги малъула нилъеда  гIагараб ВатIан бокьизе, намус бацIцIадго хIалтIизе. Руго ВатIан бокьи загьир гьабулел кицаби:  

1.Ват1ан ц1унизелъун рух1алдаги барахщуге.

2. Ват1ан хириясул хвел бук1унаро.

3. Гьеч1еб нилъ рижараб ракь г1адинаб бак1.

4.Ват1ан ц1унун, хварав чи хабалъги ч1аго вук1уна.

5. Ват1ан гьеч1ев чи- чед гьеч1еб таргьа.


Гьаб тема дица дирго проекталъулаб х1алт1иялъе т1аса бищиялъе г1илла буго нилъеца г1умру гьабулеб гьаб заманалда ц1алдохъабазе Ват1ан бокьиялъул, рух1ияб тарбия кьеялде бугеб х1ажалъи. Щайха гьединаб х1ажалъи бугеб? Биххана цебе гучаб бук1араб, цебесеб г1ел жиндаса ч1ух1улеб бук1араб пачалихъ – СССР. Рикь-рикьана бат1и-бат1иял миллатал. Ват1аналде бук1араб рокьи г1ун бач1унеб г1елалъул рек1елъа лъуг1ана. Ват1аналъул г1орхъаби данде къана. Гьеб къокълъана хъизаналда, росдада, къанаг1атазе районалда. Аслияб мурад буго цIалдохъабазе баян гьабизе халкъалъе гIоло рухI кьурал гIадамал хвел гьечIеллъун лъугьин, КIудияб ВатIанияб рагъда халкъалъ бихьизабураб бахIарчилъи, къвакIи, къохIехьей; гьеб кинабго бачIунеб гIелалда кIочене бегьунгутIи; Ват1аналде рокьи бижизаби; ВатIан бокьи загьир гьарулел кицаби ракIалде щвезари. Ват1аналдаса ч1ух1и лъималазул рек1елъ бижизабизе. Щив кколев патриот бич1ч1изабизе. Ват1аналде, жив вижарав тарихалде, миллаталде, мац1алде, г1адамазде рокьи ц1ик1к1арав чи ккола патриот.

Ват1ан бокьи ккола гьелъул адаб гьаби, г1агараб ракьалъул г1адатал, т1абиг1ат, мац1 бокьи. Ват1аналъул унго-унгояв патриотас жиндирго ват1аналъул гражданинасул, миллаталъухъ ва диналъухъ балагьич1ого, адаб гьабула, гьес гьелъул бергьензабазулъ мустах1икъаб бут1а лъола. Гьев х1адур вук1уна къо ккедал, вижараб ракьалъе г1оло рух1 кьезе.



5-11 классазде щвезег1ан К1удияб Ват1анияб рагъул темаялъул асарал г1езег1анго руго учебниказда:

«Авар ва Дагъистан адабият» программаялда V-XI классазда Ват1ан бокьиялъул ва ц1униялъул темаялда малъизе рихьизарун руго гьал темаби.



5 класс

  1. Кицаби, абиял - 1 сагIат

  2. «Ганч1ил вас»-2 саг1ат

  3. Г1абдулмажид Хачалов «Т1аса лъугьа, гьалмагъ майор»-3 саг1ат

  1. класс

  1. Г1умарх1ажи Шахтаманов «Халкъалъул ццин»

  2. Расул Х1амзатов «Россиялъул солдатал», «Къункъраби»-4 саг1ат

  3. Мух1амад Г1абдух1алимов «Госпиталалъул вас»- 4 саг1ат

  4. Эфенди Капиев «Разведчикал», «Сабаб»- 2 саг1ат

  5. Р. Динмух1амаев «Хиянатчи» -4 саг1ат

  1. класс

1.М.Хуршилов «Г1андалал» - 2 сагIат

2.Б. Митаров «Бице Гьудулзабазда - 1 сагIат

3.М.Гунашев «Ц1адулал соназул учитель» - 2 сагIат

4. Г1. Саг1идов «Г1азул т1агърал», «Рач1а гьудулзаби»-2 саг1ат

  1. класс

Жидецаго цIализе рихьизарун руго:

1.Х1. Г1алиев «Нух къосараб хвел» -

2.Мирза Мух1амадов «Ват1аналде» -

Цо-цо сагIат босула гьал темабазе класстун къватIибехунисеб цIалиялъул сагIтаздаса.

9 класс

1.Р. ХIамзатов «Дир рак1 муг1рузда буго» - 2 сагIат

2.Г1.Хачалов «Хваразул ц1аралдасан» - 3 сагIат

3. Г1.Расулов «Хазина» - 3 сагIат

4.Ф. ГIалиева «Кини» - 3 сагIат

10 класс

  1. «Надир-шагь щущухъ виххизави»-1 саг1ат

  2. «Парту-Пат1има»- 1 саг1ат

  3. «Ганч1ил вас»- 1 саг1ат

  1. класс

1.Заид Х1ажиев «Тушманасе хвел» - 2 сагIат

2.М.Митаров «Чагуралъул къиса» - 2 сагIат

1.Абумуслим Жафаров «Ч1агоял рукъуларо» - 2 сагIат

Жидецаго цIализе:

2. Г1.Хачалов «Солдатасул лъади» - 1 сагIат





Гьел асаразулъ бихьизабун буго Ват1анияб рагъда г1адамазул таваккаллъи, къвак1и, бах1арчилъи ва тушманасде бугеб ццин. Гьездаса рец1ел босизе бугеб г1ишкъу. Бергьенлъиялъул ицц – халкъалъул гъункараб цолъи. Ват1аналде бугеб гъваридаб рокьи.

Ват1аналде къо ккараб мехалъ, нахъе къан ч1арав чиясул г1умру ва гьелъул кколеб инжитаб ахир. Жиндирго халкъалъул тарихги, маданиятги, г1адатги, мац1ги лъаларев гьебги бокьуларев чи патриот кколаро.

1. Авар адабияталъул жаниб рагъулаб тема.

КIудияб ВатIанияб рагъул тIоцересел къояздасанго байбихьун Дагъистаналъул гIемер миллатазулаб, гьелдаго гьоркьоб аваразул литератураги, лъугьана заманаялъулал тIалабазе жаваб кьолеблъун, гIадамазул ракIазулъ гIагараб ракьалде рокьиги рокьукъав тушманасде гIорхъи гьечIеб ццинги бижизабулеблъун. ЦIадаса ХIамзатил бетIерлъиялда гъоркь аваразул поэтаз ва хъвадарухъабаз тIолабго къуват буссинабун букIана улкаялъул къадруги цIунун, цIоб гьечIел фашистазда тIад бергьенлъи босиялде. Живго ХIамзатида дол соназда халкъалда гьоркьоб гьабураб литературиябгун бичIчIи кьеялъул хIалтIи патриотияб гьунарлъун бу­кIана.

1942 соналъ республикаялъул тахшагьаралда букIараб Гитлерил хъамалчагIазда данде чIараб тарихияб кIваралъул митингалда тIолабго Дагъистаналъул халкъалде гьелъул гIахьалчагIаз гьабураб ахIиялда гъоркь рукIана киналго миллатазул машгьурал гIадамазул цIарал ва бищун цебе ЦIадаса ХIамзатил цIарги.

Ц1адаса Х1амзатица хит1аб гьабуна Кавказалъул киналго халкъазде:

Рахъа дида хадур, харабазул т1ел,

Хиянатаб квералъ каву рагьанин

Хехаб ярагъ бухье,бихьинал – ц1уял

Ц1огьахъе гьужумал жанир реханин.



К1удияб Ват1анияб рагъул соназда Ц1адаса Х1амзат ва гьесул К1иявго вас, Мух1амадги Ахилчиги фронталда, живго Х1амзатги гьит1инав Расулги тылалда къеркьана тушбабигун. Х1амзатица бихьизабуна жив ват1аналъул унго-унгояв патриот вук1ин. Х1амзатил калам, г1акъилаб насих1ат лъугьана патриотияб публицистикаялъул мисаллъун. Рагъул соназ гьев к1вах1тун х1алт1ана. Къват1ире риччана: «Ват1аналъе г1оло», «Къисасалде» абурал т1ахьал, «Базалай», «Рагъда дандч1вай» абурал пьесаби.

К1удияб Ват1анияб рагъул соназда халкъалъул пикру бихьизабулеб гучаб алатлъун лъугьана нилъер адабият. Аслияб тема бук1ана тушманасдехун бугеб гьалагаб ццин, ват1аналде бугеб рокьи ва бах1арчилъи бихьизаби.
Гьединал рагIабаз рагъул майданалда ругел гIолохъабазеги, тылалда сордо-къо батIа бахъичIого хIалтIулел гIадамазеги гьабулеб букIараб асаралъул бицинчIониги, щивасда лъала.

Ват1аналде т1аде къо ккедал , гьеб ц1унизе ана аза- азар Дагъистаниял г1адин , аваразул адабияталъул хъвадарухъабиги Ражаб Динмух1амаев , Мухтар Абакаров , Г1абдулмажид Хачалов и гь. ц. Яргъица гуребги жеги каламалъги рагъ гьабуна гьез тушбабазде данде.


Жеги Ражаб Динмух1амаевас г1олохъанав хъвадарухъан, «Маг1арул большевик» газетаялъул редактор, советияб заманалъул прозаялъе кьуч1 лъуразул цояв, Ват1аналде къо ккедал, гьесги борчана ярагъ. Гьев вагъана немцазул фашистазде данде, вук1ана батальоналъул комиссарлъун, полкалъул агитаторлъун. Гьалдолел рагъул соназ Р.Динмух1амаевас хъвана: «Т1улакьераб борохь», «Гьа», «Хиянатчи».

Рагъул тIоцересел къояздаго гIарзаги кьун кьалул фронталде аразда гъорлъ вукIана гьанжего гьанже анцIила микьго сон тIубарав ГIабдулмажид Хачаловги. Эбелаб ВатIан цIунулаго тушманасул квердасан камурал советиял солдатазул гьунар хвел гьечIеб букIиналда ракIчIун хъварал руго поэтасул гьал мухъал:
Амма рагъда хварал хириял васал
Халкъалъ чIагоязулъ рикIкIине руго,
РикIкIад хутIарал, хобал лъаларел
Нужей памятникал рорхизе руго.


Рагъ лъугIун бащдаб гIасруялдаса заман аниги аваразул поэзиялда гьеб темаялъ жакъа къоялдаги бихьулеб бакI ккола. Гьеб бичIчIулеб жоги буго, нилъеда цебе лъун букIана «ГIумру яги хвел» абураб суал. Нилъер гьанжесеб гьайбатаб гIумруялъе гIоло къеркьарал бахIарзал кIочон тезе лъилниги ихтияр гьечIо.

  1. Литературиял асаразул ц1алдохъабазе Ват1ан ц1униялъул темаялъул к1вар ва тема рагьизе дица х1алт1изабулеб методика



Щуабилеб классалде рахъарал цIалдохъабазда Ват1аналъул темаялда кицаби, абиял дандчIвала цIалул сон байбихьарабго. Гьел кицабазул магIна рагьизе цIалдохъабиги тIамун,Ват1аналъул адаб гьабизе кколеблъи бичIчIизабила.

1.Ват1ан ц1унизелъун рух1алдаги барахщуге.

2. Ват1ан хириясул хвел бук1унаро.

3. Гьеч1еб нилъ рижараб ракь г1адинаб бак1.

4.Ват1ан ц1унун, хварав чи хабалъги ч1аго вук1уна.

5. Ват1ан гьеч1ев чи- чед гьеч1еб таргьа.

Гьадинал кицабиги росун, гьезул магIна рагьизе тIамила цIалдохъаби. Ват1алъул бицине тIамила, кинай гьеб бугеб, щай дуе гьеб бокьулеб? абурал ва гьел гурел цогидал суалазеги жаваб тIалаб гьабила. Кицаби тетрадазда хъвазе тIамила, махщел бугез сурат бахъун босизе тIадкъала, ункъо-щуго предложениялдасан сочинение яги гьитIинабго кечI хъвазе кьела рокъобе.

К1удияб Ват1анияб рагъул асарал малъулеб мехалъ, х1аракат бахъула, к1вар кьун, гьеб бич1ч1улеб къаг1идаялъ малъизе. Гьединал дарсазул аслияб мурадлъун бук1уна:

  1. Халкъалъе г1оло рух1 кьурал г1адамалхвел гьеч1еллъун лъуг1ин;

  2. К1удияб Ват1анияб рагъда халкъалъ бихьизабураб бах1арчилъи, къвак1и, къох1ехьей, гьеб кидаго к1очене бегьунгут1и; Ват1аналде рокьи бижизаби;

  3. Ват1ан бокьи загьир гьабулел кицаби рак1алде щвезари;

  4. Цересел классазда малъарал рагъул асарал рак1алде щвезари.

Дарсида х1алт1изарулел алатал: хъвадарухъанасул сурат, т1ахьал, рагъул суратал, шапакъатал. Ват1анияб рагъул суратазул слайдал рихьизарула. Рес бугони бихьизабула рагъул хроникаялъул видеофильм, ялъуни документалияб фильмалъул цо гьит1инаб бут1а.

Дарсил эпиграф: (слайд).

Щивго к1очон тун гьеч1о,

Щибниги к1очон теч1о,

К1удияб улкаялда

Миллион г1адамазда.

(Г1. Хачалов)

Рагъ кин байбихьарабали бицина. Рагъул т1оцересел къоязго Ват1ан ц1унизе, гьелъие г1оло рух1 кьезе х1адурал рук1ана Совет Х1укуматалъул т1олабго халкъ. Г1уц1ун рук1ана рагъде бокьун унезул штатал. Гьезда гъорлъ рук1ана Дагъистаналъул киналго миллатазул бищунго лъик1ал васалги ясалги. Щивасул аслияб мурад бук1ана кинабго къуват Гитлерилаб фашизмалда т1ад бергьенлъи босиялде буссинаби. Рагъде инч1ого хут1араз жидерго къуватги бажариги буссинабуна тушманасде данде халкъ бахъинабиялде.

Гьел кьварарал соназ рагъде эмен, вас, вац, рос рогъде инч1еб хъизан бук1инч1о.

Ц1алдохъабазда рихьизарула дагъистаналъул бах1арзазул суратал. Бицуна М.Х1ажиевасул, М-З. Г1абдулманаповасул.

М-З.Г1абдулманаповасул бах1арчилъиялъул бицунеб буго 6 классалда Расул Х1амзатовасул «Россиялъул солдатал», абураб хабаралда Мух1амадзагьид Г1абдулманаповасул образ рагьила; гьесул гьалмагъзабаздехун бугеб божилъи бихьизабила.

Рагъана гулбуца, рагъана хучдуз,

Рагъана хадур гьал цабзаца, квераз.

Рагъана бадиса канлъи инег1ан,

Рагъана каранлъ рак1 бугог1ан мехалъ.

Тату хварал, анц1-анц1 ругънал щварал гьел кверде росана немцаз. Гьез анкьавго г1урус вас г1азаб кьун ч1вана, нахъе хут1ана цох1о маг1арулав Мух1амадзагьид Г1абдулманапов. Фашистазул хьул бук1ана гьес г1урусазулгун вацлъиялдаса инкар гьабилин, гьев жиндедехунго вуссинин. Амма гьес жаваб кьуна жив советияв чи вугин, ч1варал г1олохъабиги жиндир вацал ругин. Фашистаз ч1вана Мух1амадзагьидги, гьесул карандаса гьан къот1ун гьез бик1ана ц1ваялъул сурат. Советияб улкаялъ жиндирго рит1ухъал рагъухъабазе кьуна бищун т1адег1анаб х1урматияб ц1ар – Совет Союзалъул Бах1арзазул ц1ар. Абадиялъго к1очонареллъун лъугьана К1к1арат1а росулъа маг1арулав Г1абдулманапов (бихьизабила сценка).

Ват1ан ц1униялъул бугеб кIвар сочинение-рассуждениялда жаниб рагьизе лъимал ругьун гьарула. Сочинение-рассуждение классалда байбихьила хъвазе, рокъобе кьела лъугIизабизе.

Сочинение хъвалеб мехалъ кIвар кьезе ккола:

- кинаб суал борхулеб бугеб авторас асаралъулъ;

- кинаб пикру бугеб авторасул гьеб суалалдехун;

- мун рази вугищ авторасул пикруялда? Щай?

- дурго гIумруялъул хIалбихьиялдаса яги литератураялдаса мисал баче хабаралдаса борхулеб суалалда дандекколеб;

- дурго пикру баян гьабе.

Нижер Лологъонилъ росулъа К1удияб Ват1анияб рагъде аразул ц1арал рехсела, ц1алдохъабазул г1агарал ругищали балагьила,гьезул г1умруялъул ц1ех-рехал гьарила.

Расулил гьал кочIол мухъазулъ рагIи гуллида бащалъулеб буго.                            

    ЛъугIана вахIщияб рагъ. Эркен гьабуна нилъер ВатIан тушманасдаса. Рагъул соназ чIунтун рукIарал росаби ва шагьарал дагь-дагьккун рукIалиде рачIана. Халкъалъ цIияб гIумру гIуцIана. Амма рагъда хутIарал нилъер бахIарзал кIочон теч1о ва тезеги гьечIо. Гьел рехсана, рехсола ва рехсезеги руго жидерго кучIдузулъ, харбазулъ, къисабазулъ гьанжесел поэтазгун хъвадарухъабазги.

11 классалда малъулеб Мут1алиб Митаровасул «Чагуралъул къиса» абураб асар малъулаго, рехсезе бегьула Ват1ан ц1унулезул кьерда рук1арал поэтал ва хъвадарухъаби: Р.Динмух1амаев, М.Абакаров, М.Сулейманов, Э.Капиев, Б.Митаров, Г1.Хачалов ва гь.ц..Гьез хъварал рагъул асарал рак1алде щвезарила.гьабила гьеб темаялда рагьараб дарс:

Рагъул тема гъваридго рагьун буго Хачаловасул «Лъуг1араб кеч1» ва «Хваразул ц1аралдасан» абураб поэмабазда.

Хачаловас г1емераб х1алт1и гьабуна рагъда ч1варал бах1арзал к1очонгут1иялъе. Гьесие бокьулаан бах1арзазул х1акъалъул бицикне. Рагъул тIоцересел къояздаго гIарзаги кьун кьалул фронталде аразда гъорлъ вукIана гьанжего гьанже анцIила микьго сон тIубарав ГIабдулмажид Хачаловги. Эбелаб ВатIан цIунулаго тушманасул квердасан камурал советиял солдатазул гьунар хвел гьечIеб букIиналда ракIчIун хъварал руго поэтасул гьал мухъал:

Амма рагъда хварал хириял васал
Халкъалъ чIагоязулъ рикIкIине руго,
РикIкIад хутIарал, хобал лъаларел
Нужей памятникал рорхизе руго.

Х1акъикъаталдаги гьел к1очон гьеч1о, гьел къойидаса къойиде кунч1ун рач1унел руго. Гьезде хъван руго г1емерал куч1дул. Гьединазул цояблъун кола Р.Х1амзатовасул «Къункъраби». Ц1алдохъабазе бицина Р.Х1амзатовас гьеб хъваялъе г1илла кинаб бук1караб. Гьесулги к1иго вац Мух1амадги Ахилчиги ч1вана рагъда. Дунялалдаго ц1ар т1ибит1ана хъах1ал къункърабазул. Бат1и-бат1иял шагьаразда рана гьазие памятникал.

Дарсида ц1алила рагъул ветеранасул рак1алдащвей.



  1. Класстун къват1ибе Ват1ан бокьиялъул темаялда хурхун, дица гьабулеб х1алт1и.

Дагъистаналъул гьанжесел поэтазул ва хъвадарухъабазул творчествоялда Ват1ан бокьиялъул темаялда хъварал кучIдул, къисаби, харбал «ХIакъикъат» газеталда ва журналалда, гьединго «Гьудуллъи» журналалда ахираб заманалда цIакъго гIемер руго, бегIерго борхун буго суал Ват1ан тун унел г1олилазул.

Нилъер, учительзабазул, аслияб масъала буго, Ват1ан бокьиялъул темаялда асар малъулаго, жакъа къоялъ бугеб ахIвал-хIал рагьун цебелъезе, текстал цIалун, гьезул анализал гьарун, гьел битIараб нухде ккезе гьаризе.

Текстазда тIасан сочинение-рассуждение хъвала. КIвар кьола эбелалъул сипаталъе, лъималазул лъикIал ва квешал рахъазе. Квешаб рахъ бугони, лъикIалъул мисалгун дандеккола. Лъималазул квешаб рахъ бугони, квешалдеги кIвар кьола. Гьедин букIине бегьуларо абураб пикруялде рачIуна.

Школалда хIалтIулеб «Чирахъ» абураб факультативияб кружокалда лъималаз жидецаго ургъула куч1дул г1емер руго Ват1аналъул х1акъалъулъ ургъаралги:

Эбелаб ракьалда т1аде къо ккедал,

Рачел къана нилъер къвак1арал васаз.

Рокьукъав тушманас х1акъир гьавизе

Гьукъана къвак1арал нилъер солдатаз.



Херал умумуца маг1у бац1ц1ана,

Михъида х1ур хъвач1ел васал лъукъидал.

Чохьол эбелалъги ч1ег1ер бан буго,

Дунялгун бащадал васал рукъидал.



Хадусеб г1елалъе эркенлъиялъе

Рух1 бичун рагъана нилъер г1олилал

Гьанжесеб г1елалъе бет1ер къулизе

Хут1ун гьеч1о гьезул дагьал гурони.

Алибегова Мадина 11 класс

Рагъ.

Умумуз жегиги бицунеб буго

Дол рагъул соназул сог1лъи ва кьог1лъи

Жакъаги нилъеда раг1улеб буго

Доб рагъда камурал васазул хабар.



Рагъул кьог1лъи лъач1еб хъизан хут1ич1о

Маг1арул росабалъ ва шагьаразда

Гьелъул балагь хъвач1еб бак1го хут1ич1о

Дагъистаналдаги Россиялдаги.



Гьанжесеб г1елалда бич1ч1улеб гьеч1о

Гьаб эркенлъи нилъей кин щварабали.

Къого сон т1убач1ел г1олохъабаца

Сундуй г1оло г1одоб би т1урабали



Дагъистан! Дагъистан! Г1агараб Ват1ан!

Чан жоха дуцаги х1ехьезе ккараб?

Дуца гуребниги дур васацаги

Васал г1езарурал дур улбуцаги.

Саг1идов Х1ажи- 11 класс

Ват1ан ц1уни.

Рак1алда гьеч1ого рек1к1ав тушманас

Нилъер Ват1аналде чабхъен гьабуна.

Чабхъен нахъе ч1вазе данде рахъана

Нилъер Ват1аналъул лебалал вассал


Бах1аралгин хераз бат1алъи гьеч1о

Борчун буго ярагъ,къан буго рачел.

Тушмангун рагъизе гьевгун къеркьезе

Къуркьи гьеч1ел васаз гьабуна ният


Х1алихьатав тушман теларин абун,

Таваккал т1амуна т1олабго халкъалъ.

Хиянатчиясе тамих1 гьабизе

Т1олго халкъ бахъана гьанже къват1ибе.


Жидерго рух1алда барахщич1ого

Рагъана т1олалго, щвана бергьенлъи

Цоял лъукъун тана ,цоял ч1ван лъуна

Цоязул хабарго т1аг1ана гьениб.


Т1убан бергьенлъигун т1ад руссаразул

Бищун дагьаб къадар бук1ана гьезул.

Киг1ан къо бихьунги ,къварилъи щунги,

Босана бергьенлъи нилъер Ват1аналъ.

Шихабудинова Загьра-11 класс

Куч1дул ургъулаго, к1вар кьола Ват1аналъул сипаталъе, лъималазул лъикIал ва квешал рахъазе. Квешаб рахъ бугони, лъикIалъул мисалгун дандеккола. Лъималазул квешаб рахъ бугони, квешалдеги кIвар кьола. Гьедин букIине бегьуларо абураб пикруялде рачIуна.

Стенд «Щивго к1очон гьеч1о, щибго к1очон гьеч1о» х1адур гьабила.

Стендалда лъела рагъда хварал хъвадарухъабазул суратал, ц1алдохъабаз ургъарал куч1дул.

Ц1алдохъабаз хъварал сочинениязул, куч1дузул папка г1уц1ила.

Рагъул суратазул конкурс г1уц1и.



Компьютер, слайдал, интерактивияб доска, видеофильмал, тестал хIалтIизарун, ракIалда чIоледухъ кьола Ват1ан бокьиялъул темаялда ругелги гьечIелги дарсал.



Цо аби буго: Эбелалъухъ г1енеккуларел Ват1аналъеги мут1иг1лъуларел»

Цо жо ракIалда чIезабе, нужго хвезегIан, цIуне улбул, кумек гьабе улбузе, хъулухъ гьабе, рокьа, кIодо гьаре гьел, Ват1аналде рокьи эбелалдаса байбихьула.

Заключение.


   Адабияталъул дарсазда намус-яхIалъул, адаб-хъатиралъул ва берцинаб-лъикIалъул рахъалъан бичIчIи щола цIалдохъабазе. Хъвадарухъабазул асаразулъ ругел героязул лъикIаб, ритIухъаб, бахIарчияб гIамал-хасияталдаса мисал босизе ва  гьединаллъун жалгоги рукIине жигар бахъула гьез.

Гьединан к1вар кьун гьел асарал малъани, лъимал гъираялда рач1уна гьединал дарсазде. Гьезда ц1акъ лъик1 рак1алда ч1ола бицаралдасаги жидерго беразда бихьараб. Гьез рокъоб ц1ех-рех гьабун бач1уна рагъда г1ахьаллъарал жидерго к1удабазул. Рач1уна гьезул суртал, хъвала гьезул х1акъалъулъ сочинениял. Жиб-жиб лъимадул гъира бук1уна гьезул бицине. Ветаранал школалде ах1иялъ, гьезие рес шола, живго рагъда вук1арав чияс бицунелъухъ г1енеккизе. Гьезда бич1ч1ула гьаб аваданаб дуниял нилъее хут1изе г1оло, чанги бах1арчияс жидерго г1олохъанаб г1умру кьураблъи. Гьезда бич1ч1уна гьеб к1очен бегьулареблъи. «Аралда туманк1 реч1ч1ани, бач1унелъ дуда г1арада реч1ч1улеб».

Ц1алдохъабазул рек1елъ щулалъула Ват1аналде рокьи, къо ккараб мехалъ гьелъие рух1 кьезе кколеблъи. Гьеб гуребги, Ват1аналъул т1алабал т1уралеллъун рук1ине ккей,х1ажаталлъун рук1ин.

Литература.

  1. Казиев Х1.Гъ., Х1айбулаев С.М. Дагъистаналъул литература (педучилищазе учебник) Махачкала 1970 г.

  2. Усахов М-Р. Авар адабият. Махачкала 2006 г.

  3. Хачалов Г1. Т1аса рищарал асарал Махачкала 2006 г.

  4. Усахов М-Р. Авар адабият. Махачкала 2006 г.

  5. «Х1акъикъат» газета №12 2013

6.«Х1акъикъат» журнал №53 2009