СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Урок родной литературы на тему: "Инхоса Г1алих1ажияв - г1акълудал ралъад"

Нажмите, чтобы узнать подробности

К1удияв г1акъил ва халкъияв шаг1ир маг1арул раг1ул устарзабазда гъорлъ гвангъараб ц1ва вук1ин ц1алдохъабазда бич1ч1изаби.

Просмотр содержимого документа
«Урок родной литературы на тему: "Инхоса Г1алих1ажияв - г1акълудал ралъад"»

10 класс Авар адабият.

ТАЙПА: Дарс -экскурсия.

ТЕМА: Инхоса Г1алих1ажияв - г1акълудал ралъад.

МУРАД:1. Авар адабияталъул тарихалда жаниб Инхоса Г1алих1ажиясул творчествоялъ кколеб бак1 рагьи.

2. К1удияв г1акъил ва халкъияв шаг1ир маг1арул раг1ул устарзабазда гъорлъ гвангъараб ц1ва вук1ин ц1алдохъабазда бич1ч1изаби.



Х1ажатал алатал: компьютер,портрет,гьесул творчествоялъул х1акъалъулъ хъвараб литературияб выставка,гьесул Ват1аналде индал бахъараб видео,гьев х1алт1арав росабазул суратал, т1ахьал ,аудио запись.

ЭПИГРАФ:Берцинаб гьаркьихъе рак1 тирхич1они,

Тавбуг1аги гьеч1о дур г1аданиб нах.

Гьуинаб раг1ухъе бер биччич1они,

Батиларо,мискин, дур каранда рак1.



ДАРСИЛ ИН.

Цебераг1и:

Ассалам г1алайкум, хриял лъимал !

- Нилъеца каву рагьизе буго раг1и бег1ерав шаг1ир, г1елму камилав г1акъил , диналъул кьуч1ал гъваридго лъалев г1алим Инхоса Г1алих1ажиясул творчествоялде.

- Шаг1ир лъик1го лъазе , гьесул Ват1ан бихьизе ккола , гьединлъидал цин нилъ щвела Инхоса Г1алил Ват1аналде. Нуж балагьизе бегьула гьениб нижеца бахъараб видеомонтажалъухъ.

( Слайд- видео. пандрида бакъан. Инхо росу)

( Дирго цебераг1иялдалъун экск. мурад бич1ч1изаби.)

Ц1алдохъан- кеч1 " Шамилиде"

- Гьесул росуцояз к1одо гьабуна 170 сон т1убай . Гьелда бан т1обит1ана к1удияб байрам. Гьеб нужеда бихьулеб буго, берцинго бак1- бак1алда ран ругел гьесул суратазги, ч1ван ругел гьесул г1акъилал раг1аби т1ад хъварал хъарщаздасаги.

- Гъоркьинхоса Т1адинхоре щвезег1ан ине бегьула гьел ц1алулаго.

Гьанже нилъ щолел руго Инхоса Г1алих1ажил ц1ар кьураб Т1адинхо бугеб школалде.

- Гьениб лъик1аб дандч1вай гьабуна авар мац1алъул муг1алим Г1алих1ажиясул тухумалъул ирсилай Мух1амат1аминова Сакинатица.

Гьей ккола Г1алих1ажиясул яс Сакинатил ц1ар лъурайги.

-Гьаб буго школалда бугеб музей. Г1-л ц1араг1, халг1ат, гьесул минаялъул макет.

Нужее Г1алих1ажиясул дагьаб бицина школалъул завуч Г1алил ункъабилеб наслуялъул ч1ужу Х1абизат Мух1амадовалъ, г1енекке.

- Нижее сайгъат гьабун 9 кл ц1алдохъаналъ рик1к1ана Г1алих1ажиясул " Хъах1аб рас " кеч1ги.

- Гьанже нилъ щвела гьесул мина бук1араб бак1алде (слайд)

- Гьоболлъухъ ниж къабул гьаруна лъабабилеб наслуялъул ч1ужу, 94 сон барай Дибирасул Патиматицаги .Г1алих1ажиясул г1адаб пагьму бугин ккана нижеда гьелъ бицунелъухъ г1енеккидал.

- Гьезулгун къо-лъик1ги гьабун, ч1агояв шаг1ирасухъе щвараб г1адаб асаргун ,ниж т1ад руссана.

Слайд- Инхоса Г1алих1ажиясул к1удияб сурат.

- Миллатал г1емераб Дагъистаналъул борхатаб поэзиялъул зодор ц1вабзазда гъорлъ буго Г1алих1ажиясул творчествоялъул хазинаялъул ц1ураб гвангъараб цо ц1ваги.

Гьесул ц1ар лъугьун буго кидаго хвел гьеч1еблъун. Гьев ккола хъвавулаб литератураялъе кьуч1 лъурав , авар мац1 къач1арав г1алимчи. Щибха гьес литературияб ирсалъул рахъалъ нилъее тараб. Щиб нужеда лъалеб бокьилаан г1енеккизеги.(цебеккунго х1адуризе кьураб)

( тв-воялъул бицуна ц1алдрохъабаца)

1. Ц1алдохъан - ( бук1ана 1845...)

2. Ц1алдохъан- ( Г1али 7сон байдал...0

3.Ц1алдохъан- ( 10 соналъ халатбахъараб...)

4.Ц1алдохъан -( жиндирго гьунарал)

( сурат Г1орот!а росдал)

5. Ц1алдохъан- ( гьеб росулъ 20 сон). Индирей росдал сурат.

- Г1алих1ажиясул рук1ана щуго лъимер.

лъабго вас- Мух1амад, Х1амзат, Мухтар.

к1иго яс- Сакинат, Пат1имат.

- Бищун к1удияй Сакинат ц1аларай йик1ана, къуръан гьелъ ц1алулуан берцинаб гьаракьалда. Инхвадерил аби буго гьелъ куръан ц1алулеб мехалъ къот1носан унел г1адамал лъалхъун г1енеккулаанила.. Гьелъул наслуги бук1ана.

-К1иабилев вас Мух1амад. Гьесул бук1ана 3 лъимер.

-Лъабабилеб лъимер Пат1имат. Инсуе бищун йокьулаан. Г!олохъанго хвана.

Ункъабилев вас Мухтар - наслу гьеч1о.

Щуабилев вас Х1амзат - вукъун вуго Бабаюрталда, наслу гьеч1о.

- Гьеб к1иябго наслуялъул ч1аг1и.

( слайд Г1-л наслу)

-Г1алих1ажиясул эмен чияр квералдасан хун вуго. Тушманасе гъоркьч1ел гьабурал г1адамал ругеб нухдасан вач1унаго, гьев бидулав ватилинги ккун туманк1ги реч1ч1ун ч1вала.

-Инхвадерица бицуна Г1алих1ажияс абулаанила:" Гьанже эмен ч1варал г1адамал ч1аго ругелани, дица гьезда эменин абилаанин"

Г1алих1ажиясул к1удияв вас Мух1амадилги ккана гьединабго къисмат.Амма Х1амзатги Мухтарги росу тун лъараг1ракьалде ана. Гьезул гьениб хабарги къот1ана.

-Гьезде гьабураб кеч1 бицина нилъее.ц1алдохъаналъ "Жиндирго лъималазде"(бусурманав инсул капурал лъимал...)

-Гьеб кеч1 сатираялдалъун хъвараб буго гьесул

Сатирияб жанр авар адабияталда жаниб т1оцебе бижизабунин абизе бегьула Г1алих1ажияс.

-Рак1алде щвезабе щиб кколеб сатира.(гьикъизе)

Цоги кинал лъалел нужеда гьесул сатириял куч1дул?("Будун дамдамаги " "Яс бечедазе кьезе бокьарал"...)

-Лъилха цойги сатириял куч1дул лъалел?

Ж.-б. Ц1. Х1амзатил "Ашбазалде" "Дибирги г1нхвараги"

Суал.Щибха малъулеб бугеб Инхоса Г1алих1ажиясул сатириял куч1дуз?

- Лъимал, адабияталда гъорлъе т1оцеве сатириял куч1дуздасан вач1анадай Г1алих1ажияв?

(вач1инч1о,гьев вач1ана рокьул куч1дуздасан.)

-Баче мисал? ("Балагьея ,йокьулей", "Гьурмадул берцинлъи г1ун"...)

_ Лъица ц1алилеб Гьесул цо рокьул кеч1?

Ц1алдохъан - "Макка МАдинаялда".

- Рокьул тема кин рагьизе к1ун бугеб шаг1ирасда?

- Мах1муд г1адин" хвалченги бахъун" ч1ужуг1аданалъул ихтиярал ц1унизе лъугьинч1ониги , ч1ужуг1аданалъул рокьи ккей рогьолъун рик1к1унел,росасе ричун кьолел гьел канлъуде ах1изе г1ураб жигар бахъана шаг1ирас. Гьес ах1улел руго боц1уда бахиллъун зулмуялъ кьеч1ого, к1иялго разияб ригьин гьабизе кколин.

- Гьединаб бук1ана шаг1ирасул лирика,рокьул асарал. Амма рак1алде ккоге,гьесул рек1ел х1асраталъул бицун хъварал асарал иман- исламалде данде ч1арал пикраби рук1анилан.

-Уна заман. Т!убала рокьи, ячуна лъади. Вала жиндирго мискинаб маг1ишат бахъинабиялде.Амма рокьи сварал бераз валагьуларо шаг1ир дунялалъухъ .Гьесул рокьи гьанже г1адамазде бук1ана.Гьезул рохелалъ вохулаан,гьезул ургъелаз пашманлъулаан.Гьединлъидал батила гьесул къалмикьан раккула насих1аталъул куч1дул- НАЗМАБИ.(синоним - ваг1за ,малъа- хъвай)

- Гьезулъ гьеч1о ч1обогояб ваг1за,бакъвараб малъа- хъвай.Руго г1акъилал жугьаби.

-Масала :"Г1акълудал ралъад", "Аставфируллагь", "Г1адада ч1оге".

(Ц1алдохъаналъ цо назму ц1алила)

-Т!ехьалдасан цо гьит1инаб х1алт1и гьабизин гьанже.

Кеч! "Г1адада ч1оге" 1-2 куплет ц1ализе т1амила.

-Рифмаялда кеч1 рекъон хъван бугищ ,лъимал?(Ахиралда Лъи- бук1ин).

Рифма щиб кколеб ,рак1алде щвезабе.(,,,)

- Гьесул куч1дузда гъорлъ буго ,лъимал,гьадинаб кеч1."Аман рак1ги угьун".Рокьул темаялда хъвараб.

СЛАЙД (дагьал мухъал гьениса ц1алила).

-Киналго мухъал хъвач1о дица гьанир.коч1ол буго 24 мухъ.Щибха х1икматаб жо?

-Щибаб мухъалъул ахирисеб х1арп буго -Х!-.

Аллитерациялда г1ей гьабич1ого Г1алих1ажияс рифмаялда бачун буго кинабго кеч1. Дица хъвана нужеда рихьизе 24 мухъалъул ахирисел раг1аби.

СЛАЙД рагьула.

Шарх1,хъах1, сиях1, иях1. ях1, лах1, сах1. мах1. рух1, парччах1.жужах1. райх1. сих1, мадах1, лавх1.

-Гьаб ккола авар шиг1рият чвахиялде ,рекъезабиялде бачине к1вей.

( маг1на лъаларел раг1аби паргьангалда хъвазе.Шарх1 - х1акъикъат хъвай ,бич1ч1изаби. райх1- гурх1улей...)



Хадубги рехсеч1ого г1оларо Г1алих1ажиясул литератураялда жаниб т1оцебе х1алт1изабураб,жинцаго абухъе, цо к1алъаялдаса к1иго маг1на бич1ч1чулел алфазал,ай хъвараб цо жоялъул бахчараб цоги маг1на кьолел куч1дул.

Гьеб ккола подтекст.

СЛАЙД. Унеб буго дир г1умру,

Хьонда бот1ил ч1ор г1адин,

Толеб буго дуниял

Юргъачуялъ нух г1адин.

-Кинаб маг1на бахчун бугеб гьал мухъазулъ?Щиб бич1ч1изе кколеб гьездасан ?(жавабалъухъ г1енеккизе)

-Гьаниб нилъер г1умруялъул гьоко бекерулеб бук1инги,нилъер ахир хехго щолеб жо бук1инги бихьулеб маг1на батани,гьединаб хехаб г1умруялдаса т1аг1ам босизе ккелин, гьабураб лъик1лъиялъул лъалк1ги тезе ккелин абураб бахчараб маг1наги буго.

-Бахчараб маг1на бугел,дагьал раг1абазулъ г1емераб маг1на лъуралги гьесул афоризмаби халкъалъул к1алдир гьуинлъун хут1ана.

- Бице ,лъимал,кинаб алфазха гьесул к1алдиб гьуинлъун хут1араб?

-Кинаб алфазха гьесул бищунго гьуинго к1алдибго хут1араб ?

Слайд . Зах1мат бихьич1ого рах1ат бокьарас ,

Бекьич1ого лъилъе нилъ гьеч1ого хур.

( Рач1аха кинацаго ц1ализе)

- Гьел раг1абазул г1акъиллъи кибха борцараб?

- Мадина- Париж. Т1олгодунялалъул поэтазул асаразул конкурс. данделъиялда т1адег1анаб къимат кьун буго.

(лъималаз рик1к1уна )

-Кидагоги г1акъилзабазе рах1ат толареб суал буго рижиги хвейги.

Г1емер ургъула гьелда т1адги Г1-в. Динияб Г11елмуги босарав дибирлъунги вугев поэтасул философияб лирика ц1ик1к1ине байбихьула . Баккула гьесул ц1ар раг1араб асар "Хъах1аб рас "

-Лъимал, рас бугеб хъах1лъизейищ хъах1лъулеб, хъах1аб баккизейищ баккулеб? Философияб суал.

- Кинаб жавабха кьолеб бугеб шаг1ирас.

- Ц1алдохъан.

-Коч1ол идея, тема щиб бугеб?

-Ц1алдохъан.

- Херлъиги хвелги - лъицаха ургъел гьабулареб гьелъул. Кинха Г1-с хвалде х1адурлъи гьабулеб бугеб?

- кеч1 "Хвалде"

-Гьедиинал Дуниялдаса рак1 буссарал , хвелалъулги ахираталъулги бицарал диниял куч1дул- данд ч1вала гьесул асаразулъ.

Т1уранго диниял асаразде вуссиндал , гьесул къалмикьан рач1ана рак1ал исламалде рухьине рух1 бугел туркаби.

Гьезда гъорлъ бищунго машгьураблъун лъугьана " Макка бахъиялде" турки " Къуръан ц1алун г1уц1е Буго " Ахир заманалде " " Мадинатул наби, нур бараб..."

-Гьесул туркабалъ жубан бихьула т1арикъатги мух1канаб х1акъикъатги . Сундуе ах1лел диниял куч1дул.

(Ц1алдохъабазужаваб)

- Рачанаг1ан рачун лъуг1инаро мисалал.

Рицанаг1ан рицун рахъинаро Г1-л асаразул .

Амма жиндирго г1умруялъул х1акъикъиял лъугьа-бахъинал биценалги лъала нилъеда.

Гьел кинал нужеца ц1аларал?

1. Ц1алдохъан -"Гьаналъхинк1ал"

2.Ц1алдохъан -"Хъах1аб гьве"

3.Ц1алдохъан -"Хабал рихьизари"

-Дицаго бицине х1икмалъабазул.

-Ч1ик1аб ва Мияркьо ц1алулеб мехалъго жиндир муг1алимзабаздасан лъазабун бук1ана Г1-с кина-кинал т1ахьалжиндие пайдаял ругелали. Гьез хъван кьурал т1ахьал ралагьулаго росаби тирун, гьесда г1емераб г1акъуба бихьана.

Гьезда гьоркьоб гьесие бищунго бокьулеб

" Фатх1ул Маликил Мажид" абулеб т1ехьги бук1ана.

ГЬеб т1ехь т1адч1ун ц1алулеб бук1ун буго гьес.Гьенир ратулел рук1ун руго х1икмалъаби гьаризе ккарал жал. Гьелъ бицунеб бук1ун буго бугеб гьеч1еблъун, гьеч1еб бугеблъун бихьзабизе , к1олеб мисалазул. Гьес х1ал бихьун буго....

Дарсил щулалъи: Мавлид ах1изе.

рефлексия: Эпиграф. Росарал раг1абазул маг1на лъида бич1ч1араб.

Инсан абун ц1ар тараб г1оларин, г1адамазде бач1араб къварилъиялда г1одизеги, гьезие щвараб рохелалъе велъизеги лъалев вук1ине кколин.

Дица гьарула нужее - каранда рак1ги, лъидего рокьиги г1аданиб нахги бугеллъун г1ейги нужан.

Ц1алдохъаналъ ах1ула.

Гьев хвана 1891с. Вукъун вуго Хасавюрт районалъул Индирайосдал хабалъ. Т1ад гьит1инаб рукъги гьабун , гьайбатго ц1унун буго гьесул хоб. Гьесул къаданиб ч1вараб заниялда т1ад хъван буго гьадин:

" Х1акълъунго хвана гъарим, живги ц1акъ хирияв, Ват1анги рехун тун, гьужраги гьабун вач1арав Х1ажичи Г1али.