СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

МухIамад АхIмадовасул гIумру ва творчество

Нажмите, чтобы узнать подробности

Дарсил мурад:лъималазул лъай-хъвай гьабизе М. АхIмадовасул гIумругун ва творчествогун. Лъазе АхIмадовасул лирикаялъул аслияб тема баян гьабизе. Гьесул кучIдуздалъун лъималазул рокьи бижизабизе ватIаналде, гIумруялде, эбелалде, милияб тарихалде.

Просмотр содержимого документа
«МухIамад АхIмадовасул гIумру ва творчество»

Класс: 9

Дата:

Дарс: авар литература

Дарсил тема: МухIамад АхIмадовасул гIумру ва творчество.

«Дие бокьун буго», «ЧIужугIадан»

Дарсил мурад:лъималазул лъай-хъвай гьабизе М. АхIмадовасул гIумругун ва творчествогун. Лъазе АхIмадовасул лирикаялъул аслияб тема баян гьабизе. Гьесул кучIдуздалъун лъималазул рокьи бижизабизе ватIаналде, гIумруялде, эбелалде, милияб тарихалде.

Дарсил алатал: печаталъул материал, т1ахьал, суратал





Дарсил ин.

Орг.момент. РорчIами, лъимал. ХIадурлъе дарсиде. Жакъа нилъехъе рачIун руго гьалбал, рачIаха нилъеца рихьизаризе лъаялъул гьунарал, хIинкъичIого.

Араб дарс такрар гьаби. Опрос-тестирование.

  • Рокъобе щиб кьун букIараб?

  • РачIаха нилъеца гьесул творчество нужеда кин лъалеб бугояли хал гьабилин. Нилъеца гьеб хал гьабила опрос-тестирование хIисабалда.

  1. Багъатар вукIана

  1. Къородаса

  2. Сугъралъа

  3. Мокъсоб росулъа

  1. Багъатарица хъвараб асар?

  1. Севералда бугеб дир милъирщо

  2. Саба-меседо

  3. Манарша

  1. Гьалл кочIол мухъал чан гьижаялдаса гIуцIарал ругел?

Абулеб рагIула гьанже дир бакъан,

Гьавураб рукъги тун къватIиб ун бугин;

Дун мугIрул кIочарав вас лъугьун вугин,

Дун росу лъаларев кочIохъан вугин.





  1. 7

  2. 10

  3. 11

  1. ЦIадакьа бахчулеб дир чанил бурутI къисаялда, лъил кIигьумерчилъи бихьизе гьабулеб бугеб?

  1. Циноевасул

  2. Гьиматил

  3. Месейил

  1. Севералда бугеб дир милъирщо

  1. Къисайищ

  2. Хабарищ

  3. Поэмайищ

  1. Севералда бугеб дир милъирщо хабаралъул аслияй герой ккола

  1. ПатIимат

  2. Лидия

  3. Саба-меседо

Гьал суратазда кинал асарал рихьизарун ругел, исана нилъеца малъарал?

(кини- Ф. ГIалиева, хваразур цIаралдасан- ГI.Хачалов, Манарша- М.МухIамадов, васасде-ХIажи Гъазимирзоев)

Авар мацIалдехун бухьен.



  1. Беразда хулараб магlу бихьарабани, нужеца дида щибиландай абилаан?

  2. У ле, бихьуларищ, дица аб боржине хlадураб хlинчl бугеб гlадин кlиябго квералъ ккун.

  3. Гьенир рукlана гlемер баlи-батlиял суратал- гьитlиналги, кlvдиялги, къокъалги, халаталги, чlедералги, гlебалги.

  4. Лидияца бачlараб кагъатги кодоб ккун, жакъа дун ралъдал рагlалда вуго.

  5. Гвангъун щвараб бакъги, бакъул чIораз гвангъизарурал гlурччинал мугIрулги, гьенир гlурччинаб харилъан раккарал тугьдузда гьоркьор кваналел гIиялги, мугlрузул чIедерал, амма чабах ккурал, щулиял нухалъан боржун унеб нижер машинаги, данде пулеб аваданаб, гьогьамараб гьуриги-гьеб киналъго гlурус ясальул каранда ракl букlана беэдулеб.



Творческияб хIалтIи



Гьал кицаби лъугIизаре.

  1. Мокъокъица къвакъвадун жиндирго бусен гIадин,….(цIогьорас жиндирго пиша тIатинабула)

  2. ГIемер гьедула… (гьерсихъанги цогьорги)

  3. ГIакъилавгун ургъарав тIовитIун нухде кола,….(жиндирго гIакълу гIурав гIадада хун хутIула.

  4. Сахаб ччугIа гурони…(гIуруда данде унаро)

  5. Зоб роцIун цIад бани, цIакъ бохула тIабигат, …(гIадамил ракI роцIунеб цIад хIажатаб ракьалда.

  6. МегIер мегIералде кколареб,… (гIадан гIадамасде колев)

  7. Нилъеца цIали лъабго къоялъ тани,…(цIалиялъ нилъ 3 моцIалъ тола)

  8. Ца таралъ…(мегIер тола)



ЦIияб дарс

1М. Ах1мадовасул творчество.

РачIаха нилъеца цIияб, дарсалде байбихьилин. Жакъа нилъеца лъай-хъвай гьабизе буго М.АхIмадовасул творчествогун. М.АхIмадов ккола Дагъистаналъул машгьурав гьанжесеб заманалъул поэт, критик, переводчик, публицист. Гьев гьавуна Гъуниб районалъул Гьонода росулъ, колхозниказул хъизамалда. ГьитIинаб къоялдасанго букIана МухIамадил анищ хъвадарухъанлъун вахъине. МухIамадица хъвана гIемерал поэмаби, кучIдул, прозаби. ТIоцебе Инхоса ГIалихIажиясул хIакъалъулъ поэма хъварав поэтги ккола М.АхIмадов. Амма гьев бищунго жиндир гIумруялда чIухIараб кечI ккола, гьес МахIмудил гIумруялде,14 сон бараб мехалъ хъвараб, «Холеб буго мугIрул чан» абураб кечI. Гьеб кечI хъвазе тIамуна нилъер щагIир холеб бугеб мугIрул чаналъул бадиса чвахулеб магIу бихьидал. Гьесда ракIалде ккана, гьединабго гуллаялъ чIван ватилин МахIмудин. Щайдай, лъимал, кидаго берцинлъиги гьунарги гуллида гъоркь бугеб? ЖахIдаялъ, хIалихьалъиялъ, кIигьумерчилъиялъ. М.АхIмадовасул гьеб кечIалъ гIадамазул ракIал х1айран гьарула.





  1. «Ч1ужуг1адан» коч1ол аудизапись

  2. Коч1ол анализ.

  3. Рефлексия

  4. Х1асил. Р.х1.кеч1 рек1ехъе лъазабизе.