СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Открытый урок по аварскому языку "Буква и звук «ХI» («ХI» - хIарп ва гьаракь.)" 1 класс. .

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Открытый урок по аварскому языку "Буква и звук «ХI» («ХI» - хIарп ва гьаракь.)" 1 класс. .»

Аварский язык (авар мац1). 1 класс.

Дата проведения: 31.01.2023.

Учительница ЧОУ СШ «Возрождение» г. Махачкалы

Алилмагомедова Патимат Расуловна.























Урок 27.

Тема урока (дарсил тема):

Буква «ХI» и звук («ХI» - хIарп ва гьаракь.).


Цели (мурадал):

13 хасаб гьаракь мухIканго абизе гьел рихьизарулел хIарпал битIун хъвазеги бегеб бажари цебетIезабизе.;


Планируемые результаты:

Предметные:

13 хасаб гьаракь мухIканго малъизе ва лъазе;

Гьел х1арпалгун раг1аби г1уц1изе лъазе;

Цогидал х1арпаздасан гьел 13 х1арпал ва гьаркьал рат1а рахъизе лъазе.


Метапредметные:

Познавательные УУД:

Суратазухъ балагьун, гьел 13 хасал х1арпал ва гьаркьал гьоркьор ругел раг1аби ратизе.


Регулятивные УУД:

Гьабулеб х1алт1уда хадуб т1ад ч1вей гьаби


Коммуникативные УУД:

Группабазде рикьун, х1алт1аби т1уразаризе лъай.


Личностные:

Нилъер ракьалда рижулел пихъазухъ ралагьун, ругел ниг1матазухъ хал гьабун, нилъерго улка-ракь бокьизе гьабе.


УМК (алатал):

Т1ахьал,

Пихъил суратал,

Карточками,

Тетрадал.


Ход урока (Дарсил ин).


  1. Организационный момент (Дарсиде х1адурлъи).


ЦIалдохъаби дарсиде хIадур гьари.


— РорчIами! ГIодор чIа. Жакъа нижер дарсиде рачIун руго Гьалбал. Гьел рачIун руго нужеда рахьдал мацI кин лъалебале балагьизе.

  1. Проверка домашнего задания (Рокъоб кьураб хIалт1и-ялъухъ хал гьаби)


Рокъоб кьураб х1алт1и хал гьабизе ва тетрадал рак1аризе,

цогидал тетрадал рикьизе.


— Лъимал, рагье тетрадал. Рокъоб кьураб х1алт1и гьабизе зах1малъарабищ? (х1алт1и 58).

((Ц1алдохъабазул жаваб).

— Тетрадал рак1аре.

(Ц1алдохъабаца цоцазухъе кьун тетрадал рак1арана).


— Лъимал, араб дарсида берцинго хъвадарен руго Мух1а-

Мадова П. Мажидова Ф. Абубакарова Ф. Мух1амачиев Х1.

— Цогидазги гьездаса мисал босизе ккела.

— Рагье тетрадал, хъвай число ва классалда х алт1и.

Актуализация знаний. Повторение (такрар гьаби)


Чистописание (Берцинхъвай).


— Берцинхъваялъе кьун ругел х1арпазул хал гьабе.


Т1т1 Ч1ч1 Ц1ц1 Лълъ

Т1ут1 ч1ор ц1ам лъим


— Гьал х1арпал ва раг1аби тетрадазда берцинго хъвай.


  1. Работа по теме урока. (Ц1ияб тема малъи).


— Балагье стендалъухъ.

— Авар мац1алъул хасиятал х1арпал.

— Гьел х1арпазда рекъон раг1аби ургъе.

(Г1- гIазу, Гь- гьудул, Гъ- гъуд, ХI- хIули, Хь- хьаг, Хъ- хъаз,

К1- к1ал, Кь- кьибил, Къ- къед, Т1- т1ут1, Ч1- ч1ег1ераб,

Ц1- ц1ул, Лъ- лъен).


— Бит1ун буго. Баркала. Гьел раг1абиги гьоркьоре ккезарун

предложениял г1уц1е.

— Г1азу балеб бугищ? (Х1ули г1адаб г1азу балеб буго).

— Воре, квачазе вук1унге!

— Кинал предложениял нужеца ургъарал? (Суалияб, хабарияб ва ах1ул предложениял).

— Бит1ун буго. Х1алч1ахъадал1. Цо мухъги биччан берцинго

хъвай тетрадазда.


Работа по учебнику (ТIехьалдаса хIалтIаби).


— Рагье т1ахьал 27 гьум. Бате 59 х1алт1и. Ц1але щиб гьабизе колебали.

— Кеч1 ц1але. (Ц1алдохъанас кеч1 берцинго ц1алана ва рагьукъал гьаркьал бит1ун абиялде к1вар кьуна).

— Хаслихълъиялъул моц1ал лъида лъалел?

(Сентябрь, октябрь, ноябрь).

— Бит1ун буго.


— Раг1аби ва предложениял хъвай

Жиб-жиб хасаб х1арпгун 2-3 раг1и абила ва хъвала.


Г1 – г1ака, г1ин, г1еч

Гъ – гъалбац1, гъадаро, гъуд

Гь – гьой, гьоло, гьан

Къ – къали, къо, къадако.


Развитие речи (Калам цебетIезаби).


— Балагье сураталъухъ. Кинаб заман бугеб бихьизабун? (Сураталда бихьизабун буго роол заман).

— Кин нужеца гьеб ч!езабураб? (Роц!араб къо буго. Авлахъалда г!урччинлъи г!емер буго. Х!айванал рехъен гьабун кваналел руго).

— Роол моц1ал лъида лъалел? (Июнь, июль, август).

— Бит1ун буго, лъимал, баркала.


NB! Физкультминутка!!! (Зарядка гьаби).


Цо, к1иго, лъабго,

ункъо, щуго, анлъго,

анкьго, микьго, ич1го,

анц1го


Работа в тетрадях (Тетрадазда хIалтIаби)


Словарная работа. (Словарияб х1алт1и)


— Цо мухъги тун тетрадазда хъвай «Словарияб х!алт!и».

Рахь, гьобо, къед, ц!ад, баг!ли, хъарпуз, лъар, кьег!ер, х!ет!е, кокон.


— Баг1ли щиб кколеб?

(Гьеб кола пихъ. Цойги коконги пихъ буго).

— Бит!ун буго. Гьанже дица нужеда рихьизе гьарила пихъазул суратал, нужеца щиб пихъилан отгадать гьабе.

(микьир – персик, ц1ибил – виноград, г1еч – яблоко, кокон – слива, гени – груша).


  1. Закрепление изученного материала. Выполнение упражнений. (Х1алт1аби т1урай).


— Бокьарабищ нужее дарс?

— Щиб нужеда лъараб?

— Гьанже бицанк1оялъе жаваб кье.

К1ал гьеч1еб, мац1ги гьеч1еб,

Малъизе гьунар бугеб;

Бер гьеч1еб, калам гьеч1еб

Кинабго жо бицунеб.

(т1ехь).


— Кьураб мисалалда рекъон, предложениял г1уц1е ва хъвай.



  1. Подведение итогов урока. (Х1асил гьаби).


Дарсида берцинго х1алт1ана т1олабго класс. Баркала нужее



VII. Рефлексия.


Гьанже нужеца нужеего бокьараб смайликалъул (белъанк1удал) сурат бахъе тетрадазда





Домашнее задание (Рокъобе х1алт1и)


— Х1алт1и 62, гьумер 29.


9