СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Поурочное планирование по аварскому языку "Склонение имён прилагательных". 3 класс.

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Поурочное планирование по аварскому языку "Склонение имён прилагательных". 3 класс.»

Аварский язык (авар мац1). 3 класс.

Дата проведения: 13.11.2020

Учительница ЧОУ СШ «Возрождение» г. Махачкалы

Алилмагомедова Патимат Расуловна.


Урок 29.

Тема урока (дарсил тема):

Изменение имён прилагательных по родам (Прилагательноял жинсазде хиси).


Цели (мурадал):

каламалъул бут1а х1исабалда прилагательноялъул х1акъалъулъ баянал такрар гьари; жиб бухьараб раг1игун прилагательное жинсалъулъ рекъон ккезабизе малъи;


Планируемые результаты:

Предметные:

Прилагательное каламалъулъ х1алт1изабизе малъи;

Ц1алул ва хъвавул бажари борхизаби;

Бицанк1абазул кумекалдалъун лъималазул г1акълу ц1убай.


Метапредметные:

Познавательные УУД:

Суалазухъ балагьун, прилагательноязул жинс ч1езабизе лъай;


Регулятивные УУД:

Гьабулеб х1алт1уда хадуб т1ад ч1вей гьаби


Коммуникативные УУД:

Группабазде рикьун, х1алт1аби т1уразаризе лъай.


Личностные:

прилагательноязул кумекалдалъун предметазухъ бугеб бербалагьи загьир гьабизе к1вей.


УМК (алатал):

Т1ахьал,

Суратал,

ИКТ

Компьютер.


Ход урока (Дарсил ин).


  1. Организационный момент (Дарсиде х1адурлъи).


Доскаялда къо, моц1 хъвала, ц1алул ва хъвавул алатал лъималазухъ ругищали хал гьабила.


  1. Проверка домашнего задания (Рокъобе х1алт1и ц1ехей)


Куч1дул. Дир ват1ан.

Берал, нужеда лъана

Чанги бат1ияб х1икмат.


  1. Актуализация знаний. Повторение (такрар гьаби)


Хасал х1арпал такрар гьари: Гъ, гь, г1, т1, ч1, къ, кь, к1, хъ, хь, х1, лъ, ц1


Гъ гъ

Гъалбац1ал гъанц1уларо,

Гъулгъудула, гъугъала.

Гъудулги гъаруларо,

Гъот1ода гъапуллъула


Гь гь

Гьобол гьабихъ вук1ана,

Гьой рагьда ч1ун бук1ана,

Гьоболлъи гьабизеян

Гьабигьанги жувана.


Т1 т1

Т1ут1ал т1ут1ал абула

Алго киса кинажал жал? 


Г1 г1

Г1али г1ияда вуго,

Г1иял маг1арда руго;

Г1ачивехь Г1усман вуго,

Г1ачи г1алхуда руго.


К1 к1

К1иябго кини к1ик1ун,

К1одоца ниж хьихьана;

К1одолъидал к1иязго

К1одоги хьихьун йиго.


Лъ лъ

Лъай бокьулел лъималаз

Лъик1аб къимат босула,

Лъик1лъи лъач1ел лъималаз

Лъай биччала лъарае.


Хъ хъ

Рахъ бахъун, Хъазамица

Хъабхъал ч1ана паст1анир,

Хъазан ц1ун, хъабхъал релъун,

Хъач1аб хасел лъик1 ана.

Хь хь

Муса вуго хьулхьулев,

Хьодол урба къвариг1ун,

Хьунда бачал хьихьани,

Хьон кьелин эбел йиго.

Х1 х1

Бищун ч1ух1араб х1ули

Х1елкилин Х1абиб вуго,

Х1асан т1ирун ч1ун вуго

Т1айпусил х1ули бугин.


Ч1 ч1

Х1анч1и руго ч1ирч1илел

Ч1алг1анин хаселилан,

Ч1обогояб ч1ар хъирщун,

Ч1аголъи лъугьунарин


Ц1 ц1

Ц1адудаса ц1унизе

Ц1 одорлъи г1еч1олъиялъ

Чан ц1ияб ц1аракиха

Ц1уллъун бух1ун рехараб


Кь кь

Кьуни, кье микьирилан,

Кьванагьдулев вуго вас;

Кьог1аб барщичеб микьир

Мусаеги кин кьелеб


Къ къ

Гьале къоял къокълъана,

Бакъул бух1и къот1ана;

Къункърабиги къокъана

Къирбалалде балагьун


  1. Работа по теме урока. (Ц1ияб тема малъи).


— Раг1аби ва предложениял хъвай

Жиб-жиб хасаб х1арпгун 2-3 раг1и абила ва хъвала.


Г1 – г1ака, г1ин, г1еч

Гъ – гъалбац1, гъадаро, гъуд

Гь – гьой, гьоло, гьан

Къ – къали, къо, къадако.


NB! Физкультминутка!!! (Зарядка гьаби).


Цо, к1иго, лъабго,

ункъо, щуго, анлъго,

анкьго, микьго, ич1го,

анц1го


Загадки (Бицанк1аби).


— Т1асахун г1урччинчараб,

Чохьонисан баг1араб,

Чакар г1адин гьуинаб,

Гьаб щиб бат1ияб т1аг1ам? (Хъарпуз)

— Гьаракь к1удияб к1их1ат1илаб саг1ат?


Фронталияб опрос.


—Нилъер хъарпуз кинаб бугеб? Сураталъухъ балагье.

(Баг1араб, гьуинаб, чакар г1адаб, т1асан г1урччинаб….)

— Гьуинаб, баг1араб, т1огьилаб…. – кинаб суал кьезе бегьулеб гьел раг1абазе?

(Кинаб?)

— К1иабилеб сураталде балагье. Гьай щий?

— Яс кинай ?

(Берцинай, гьит1инай, аваданай, разияй, х!еренай….)

— Хадусеб сурат. Щиб бихьулеб бугеб?

Гьал щал?

— Кинал лъимал?

(Гьит1инал, берцинал, аваданал, разиял ……).


— Кьерал?

(хъах1аб, хъах1илаб, г1урччинаб, ц1ах1илаб, т1огьилаб, манаршияб, ч1ег1ераб, баг1араб).

— Бит1ун буго, лъимал. Нилъеда бич1ч1ана прилагательнозул кинал суалал рук!унеяли.


Слайд.

Кинаб? Кинай? Кинав? Кинал?


— Кинав? Кинай? Кинаб? Абулел суалазе жаваблъун рач1унел раг1абаз предметалъул г1аламат, ай предметалъул форма, кьер, роцен, т1аг1ам ва цогидалги г1аламатал рихьизарула.

— Гьел киналго раг1абазда абула…. кин?

(Прилагательноял).


— Прилагательноялъул жинс предметияб ц1аралъул жинсалда рекъон ч1езабула.

Щий? Щив? Щиб?

Щий? – эбел. Кинай эбел? – йокьулей, берцинай, хирияй, х1еренай, лъик1ай, ц1одорай, сабурай,

Щив? – эмен? Кинав эмен? – вокьулев, берцинав, х1еренав, тамахав, хирияв, сабурав…

Щиб? – лъимер. Кинаб лъимер? Берцинаб, бокьулеб, гьит1инаб, аваданаб…



  1. Закрепление изученного материала. Выполнение упражнений. (Х1алт1аби т1урай).


— Кьураб мисалалда рекъон, предложениял г1уц1е ва хъвай.


Хирияб г1агараб Ват1ан бокьула дие.

_____ _______ эбел _____ ____.

_____ ______ Дагъистан ____ ___.

_____ ______ муг1рул ______ ___


Рассказ мышонка (Г1онк1к1от1анч1ил хабар).


Эбел, дида к1иго х1айван бихьана. Цояб квешаб, цогияб лъик1аб. Квешалъул ч1ег1ерал х1ат1ал, баг1араб т1емет1и, хъвалсарал берал, к1ич1араб мег1ер буго. Гьеб, цо х1ат1идаги ч1ун, г1ег1едула.

Лъик1алъул хъах1аб габур, ц1ах1илал х1ат1ал, ц1икарал берал руго. Гьеб мимидула.

- Кинал х1айваназул х1акъалъулъ бицунеб бугеб? Т1ач1ица бицараб жоялда г1унк1к1 разилъулищ?

Словарная работа. (Раг1абазул х1алт1и).


— Тексталдаса прилагательноял хъвай. Гьел г1урус мац1алде руссинаре.

Квешаб - плохой

Лъик1аб - хороший

Ч1ег1ерал – черные

Баг1арал – красные

Хъвалсарал – косые

К1ич1араб – кривой

Хъах1аб – белый

Ц1ах1илал – серые

Ц1икарал – блестящие



  1. Подведение итогов урока. (Х1асил гьаби).


Пословицы (Кицаби).


К1вах1алав чи г1одов ч1унги свакала.

Гьит1инаб к1алалъ к1удияб раг1и бицунге.

Лъик1аб гьудуллъи хазинаялдаса хирияб.


— Прилагательноялъ щиб бихьизабулеб?

— Кинал суалазе жаваблъун бач1унеб?

— Г1аксаб маг1наялъул прилагательноязе мисалал раче.

— Г1ага-шагараб маг1наялъул прилагательноязе мисалал раче.


VII. Рефлексия.







Дун лъик1 х1алт1ана, дун гьабуралдаса рази вуго.

К1вараб гьабуна, к1веч1еб тана.

Лъач1еб жо г1емераб ккана, дун пашманльана.




Домашнее задание (Рокъобе х1алт1и) № 37

12