СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Р.Х1амзатовасул "Россиялъул солдатал".

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Р.Х1амзатовасул "Россиялъул солдатал".»

Дарсил тема: Р.Х1амзатовасул "Россиялъул солдатал".

Шаг1ирасул адабияб х1аракатчилъи.


Дарсил мурад: Р.Х1амзатовасул г1умруялъул ва творчествоялъул

х1акъалъулъ баян кьей.

Поэма хъваялъе кьоч1ое босараб х1акъикъат

ц1алдохъабазе рагьи.

Асаралъул х1асилгун лъималазул лъай-хъвай гьаби.

Гьеб пасих1го ц1али.

Ц1алдохъабазе рагъулабгун патриотикияб ва

интернационалияб тарбия кьей.

Дарсил алатал: Крымалъул карта. Р.Х1амзатовасул суратал.

Рагъда хварал Расулил вацазул, эбел-инсул суратал.

Танкистал-разведчиказул суратал.

Интерактивияб доска.

"Къункъраби" кеч1алъул фонозапись

Дарсил ин.

Муг1алимасул къокъаб цебераг1иялда хадуб 3 ц1алдохъанас рокъобе кьун бук1араб т1адкъаялда рекъон, къокъ гьабун бицина Р.Х1амзатовасул г1умруялъул, рагъда хварал Расулил вацазул, К1удияб Ват1анияб рагъул соназда Р.Х1амзатовас хъварал асаразул.

Интерактивияб доскаялда хадусеб тартибалда кьела бицунеб жоялда рекъараб материал: Расулил эбел-инсул суратал, Расулил суратал, Расулил к1иявго вацасул сурат, вацасул суратал рихьизарун хадуб экраналда зобалазда роржунел къункъраби, фонозапись, "Къункърабазе" хъварал раг1аби:


" Дида ккола рагъда камурал васал

Кирго рукъун гьеч1ин, къанабакь лъеч1ин,

Муг1рул тун рик1к1ада хъах1ил зобазда

Хъах1ал къункърабазде руссун ратилин."


Муг1алим: К1.Ват1анияб рагъ лъуг1араб соналъ Расул ана Москваялде Литературияб институталде ц1ализе. 1950 соналъ, гьебги лъуг1изабун, гьев т1адвуссана Дагъистаналде. Гьеб бук1ана рагъалъ лъурал ругънал лъик1го ссудулеб заман. Жеги г11уц1ун лъуг1ун рук1инч1о тушбабаз риххарал росабиги шагьаралги, жегиги т1адруссунел рук1ана рагъалъ рахъ-рахъалде реххарал нилъер рагъухъаби, ралагьулел рук1ана, араб бак1 лъач1ого т1аг1арал, рач1унел рук1ана улбузухъе кагътал.

160 азарго Дагъистанияв ана К1удияб Ват1анияб рагъде, гьезул ращдаялцин нахъе рач1инч1о. Гьел бах1арчилъиялда рагъана ва жидерго г1умруялъул 16-25 соназда жанир хвана. Ват1аналъ гьел к1одо гьаруна орденаздалъун ва медалаздалъун, гьезие рана памятникал, 59 рагъухъанасе кьуна бищунго т1адег1анаб ц1ар – Герой Советского Союза.

1948 соналъ К1арат1а росулъе Г1абдулманапова Мат1ихъе бач1ана кагъат гьелъул вас Мух1амадзагьид Г1абдулманаповасе Совет Союзалъул Бах1арчиясул ц1ар кьунин абураб. Интернеталдаса пайдаги босун Мух1амадзагьидил г1умруялъул х1акъалъулъ баян балагьизе т1адкъай кьун бук1ана цо ц1алдохъанасе, бице.

Ц1алдохъанас бицина Мух1амад-загьид Г1абдулманаповасул рагъда цебесеб г1умруялъул (экраналде бач1ина М-загьидил сурат).


Ц1алдохъан: Мух1амад-загьид гьавуна Г1ахьвахъ районалъул К1арат1а росулъ 30 сентябралда 1924 соналъ. Берцинав аваданав М-загьид росулъ 7 классги лъуг1изабун, рагъ ккелалде цеве ун вук1ана Каспийск шагьаралде училищаялде ц1ализе, 16 сон жеги т1убач1ев М-загьид х1алт1ана заводалъул станокалда нахъа жиндасаго лъик1аланго к1удиял х1алт1ухъабазда цадахъ. Заводалда т1уразарулел рук1ана фронталъул т1адкъаял. Хадуб гьев х1алт1ана Бакуялъул, Краснодаралъул, Куйбышевалъул заводаздаги рагъуе х1ажатал т1аг1елал гьарулаго. 1942 соналъ жиндиего бокьун, г1арзаги кьун, гьев ана фронталде. Т1оцеве рагъазулъ г1ахьаллъана Сталинградалда ва Мелитополалда хадуб Крымалда. Крым фашистаздаса эркен гьабулел рагъазулъ гьев хвана. Каспийск шагьаралда, гьев ц1алараб училищеялъул азбаралда лъун буго гьесие памятник. Г1агараб К1арат1а росулъги лъун буго гьесие памятник, гьев ц1алараб школалъе кьун буго гьесул ц1ар.


Муг1алим: Совет Союзалъул Бах1арчи Мух1амад-загьид Г1абдулманаповасул ва гьесул рагъулал гьудулзаби – 8 г1урус васасул бицунеб буго Расул Х1амзатовас жиндирго "Россиялъул солдатал" абураб поэмаялда.

Гьел рук1ана танкистал – разведчикал. Х1акъикъаталдаги гьезул вук1ана ич1гояв: Николай Поддубный, М-загьид Г1абдулманапов, Григорий Захарченко, Михаил Задорожный, Александр Симоненко, Иван Тимошенко, Петр Велитин, Иванов Петр, Иван Сурков. (экраналда тартибалда рихьизарула бах1арзазул суратал).

Поддубный Николай Иванович

Мух1амадзагьид Г1абдулманапов

Тимошенко Иван Терентьевич

Симоненко Александр Федорович


Григорий Никифорович Захарченко


Задорожный Михаил Алексеевич

Велигин Петр Владимирович

Иванов Петр Артемьевич


Ершов Василий Александрович


Гьел г1олохъабазул бах1арчилъиялъул, гьезул къвак1иялъул, къох1ехьеялъул, гьезул г1умруялде бук1араб рокьиялъул, анищазул хьулазул бицунеб буго Расул Х1амзатовас жиндирго "Россиялъул солдатал" абураб поэмаялда. Р.Х1амзатовас поэма хъвана 1951 соналда. Т1оцебе гьелда ц1ар бук1ана "Анкьго г1урусавги цо аваравги" абун, хадуб авторас гьелда "Россиялъул солдатал" абун ц1ияб ц1ар тола. Поэмаялъе кьоч1ое босараб иш ккана 1944 соналъул апрелалда. Советияб армиялъул кьабиялда гъоркь немцаз Крымалъул шагьарал ва росаби толел рук1ана. Гьезда кодор рук1ана Симферополь ва Севастополь шагьарал (экраналда лъимазда бихьизабила Крымалъул карта).


Гьел шагьаразда сверухъе тушманас ц1ик1к1араб къуват ц1алеб бук1ана. Мух1амадзагьидил къокъа тушманасул тылалде разведкаялде бахъунаан. Гьез немцазул къуваталъул х1акъалъулъ х1ажатал баянал рач1унаан.

1944 соналъул апрелалдаги Мух1амадзагьидил къокъа бахъун бук1ана разведкаялде. Мух1амадзагьидгун вук1ана ич1го гвардиялъулав. Гьезул командирлъун – к1удияв сержант Николай Поддубный вук1ана. 1944 соналъул 13 апрелалда разведчикал т1ад ругеб танк г1агарлъула Саки районалъул Ашагъа-Жамин абулеб татаразул росдал раг1аллъиялде. Тохлъукьего цо рахъалдасан кьвагьун бач1араб тушманасул г1арададул гуллица х1ара бекизабуна ва танк кьвагьизе к1олареб х1алалде ккана. Г1олохъаби, г1одореги к1анц1ун, бак1-бак1алда рахчун, рагъ гьабизе лъугьана. Фашистаз гьезде г1арадаялъ кьвагьулеб бук1ана, хадуб гьез х1укму гьабуна советияб рагъул машинаялде г1агарлъизе. Байбихьана кверзул рагъ. Нилъер цо-цо разведчикасде данде тушманасул 20 г1анасев солдат вук1ана. Разведчиказ унго-унгояб бах1арчилъиялдалъун нахъ ч1валел рук1ана тушманасул гьужумал. Нилъерахъ гулла-хер лъуг1улеб бук1ана. Гулби лъуг1идал, гьел тунк1азул х1араял ва хучдул х1алт1изаризе лъугьана. Ахирги х1ал дагьлъарал, бида рец1ц1улел гьел тушбабаз сверун ккуна. Х1ал дагьлъарал, лъукъ-лъукъарал разведчикал фашистаз аск1об бугеб росулъе рачуна, жиде мут1иг1лъич1еб мехалда росу раг1алдеги рачун, ч1вала ва гвандинире рехула.

Доб апрелалъул къоялда жидер беразда цере г1азабги кьун ч1варал бах1арчиял советиял разведчиказе г1оло к1удияб гьунар гьабуна анц1ила анлъго сон барай комсомолка Людмила Гапковалъ ва гьелъул гьудулзабаз. Гьез къот1и гьабун бук1ана, киг1ан жидеего х1инкъи бугониги, бец1ал къват1ахъан хъурщунги ун, рагъухъабазул жанабазде т1аде ракь хъвазе. Ясазда гьезул цояв ч1аго ватана, гьез гьев рокъове вехъерхъана, хут1аразде т1аде ракь хъвана.

Дол къоязда Ашагъа-Жаминалде гьоболлъухъ яч1ун йик1ана Ялтаялъул цо санаториялъул фельдшер Ольга Сабко. Гьей рещт1ун йик1ана ясазул мадугьалихъе. Гьей разилъана г1олохъанчиясе кумек гьабизе. Гьесул черхалда бук1ана анкьго хочол, щуго гуллил ругъун. Гъурарал нилъалзул х1амул, рекарал кверзул килщал. Фельдшералъ гьесул т1убараб черхалдаго катан жемана, ругъназда дарабиги рахун.

Гьезул рокъов лъукъарав рагъухъан вук1иналда щаклъарал немцал автоматалгун гьенире к1анц1ана, амма Ольгал ц1одорлъи бергьана, гьелъ гьанив кинавниги партизан гьеч1ин, ц1адул унтиялъ унтарав цо вас вугин абула, унтиялдаса х1инкъарал немцалги нахъе уна. Гьебго къоялъ т1аде щвараб Баг1араб Армиялъул частаз росу эркен гьабула ва лъукъ-лъукъарав разведчик госпиталалде щвезавула. Жеги лъиданиги лъалеб бук1инч1о гьесул ц1ар ва кинаб часталдаса гьев кколевали.

Кват1ич1ого лъана часталда гьезул къисматалъул х1акъалъулъ. Рагъулал гьудулзабаз Ашагъа-Жамин росураг1алда яргъил залп бана. Рагъ лъуг1ун хадуб гьезул жаназаби Симферополалде росула ва гьенир рукъула. Гьеб росуялда Геройское абун ц1ар хисула. Гьез г1умру кьураб росулъги Симферополалдаги ран руго памятникал, гьенире щибаб соналъул 9 маялда рач1уна ветеранал ва г1олилал.




Ч1аго хут1арав разведчик вук1ана Василий Ершов. Гьес бицун, лъана, хадусан, гьев сахлъараб мехалда, нилъер васазул бах1арчилъиялъулги, фашистазул офицерас мун г1урусав гурин, жалгун рекъаян абидал, бах1арчияв маг1арул вас Мух1амадзагьидица: "Дунги г1урусав вуго, ниж цох1о эбел-Ват1аналъул лъимал руго", - ян абураблъи. Г1иц1го унго-унгоял бах1арзаз, советияб Ват1аналъул патриотаз гурони гьедин абизе рес гьеч1о.

Василий Ершов хун вуго 1971 соналда. 1944 соналъул 16 маялда Верховный Советалъул указалдалъун "Совет Союзалъул бах1арчи" абураб т1адег1анаб ц1ар кьуна ич1авго разведчикасе.

Ц1акъго къокъаб, амма ц1ар раг1араб бук1ана Мух1амадзагьид Г1абдулманаповасул г1умру. Доб 1944 соналда гьес бан бук1ана г1иц1го къого сон.

(Мух1амад-загьид Г1абдулманаповасе К1арат1а росулъ бараб памятник)



Муг1алим: Гьанже нилъеца ц1алила поэма.

Доскаялда хъвала рич1ч1уларел раг1аби:

Мармар-гьец1о – мрамор - багьаяб гамач1,

Таваккал – бах1арчилъи,

Ч1унтел – биххараб, бух1араб бак1,

Нуг1зал – бихьарал чаг1и,

Гъачагъал – чияр жо бахъулел, бикъулел чаг1и.

Мук1ур гьабизе – кверде босизе,

Амру – приказ.


Т1оцебесеб нухалъ поэма ц1алила муг1алимас. Гьесул ц1али бук1ина пасих1аб, мисалияб.

Хадуб байбихьила анализ гьабизе.

Поэмаялъул т1оцебесеб бет1ералда кьолеб буго т1абиг1аталъул сурат.

- Кинаб къо бук1араб танкистал разведкаялде унеб къо?

Ц1алдохъабаз т1ехьалдасан жавабал гьарила:

Бук1ана к1удияб Крымалъул их,

Авлахъал баг1арлъун рук1ана т1угьдуз.


Муг1алим: Гьел хвараб заман кинаб заман бук1араб, лъимал? Рак1алде

щвезабе.

Жаваб: - 1944 соналъул апрель моц1.

Муг1алим: - Их буго бищунго аваданаб заман, т1абиг1ат ц1илъулеб ,

кинабго сверухъ бохун бук1унеб заман.

Гьединаб аваданаб, анищазул ц1ураб х1ал буго разведчиказулги. Гьел руго г1умру хириял, г1олохъанлъи хириял г1адатал г1адамал.


Ургьиб рак1 бук1ана анищазул ц1ун,

Г1ащикъал ракълилал къоязухъ урхъун.

Гьал г1олохъабазул рек1елъ бук1ана

Рик1к1ада хут1араб риги ихги.



- Бегьулеб жо буго, гьел рагъул соназ,

Гьазда доб мехалъго жал рихьун рук1ин,

Жакъасел къоязда г1урал ракьазда

Г1умруялъул т1олго рах1ат босулел.


-т1ехьалдасан гьезул анищазул бицунел бак1ал ц1алила.

Амма гьелдаго цадахъ бах1арзал таваккалго унел руго рагъде ва гьениса гьел т1адруссунел гьеч1о. Гьез Ват1аналъе г1оло кьолеб буго жидерго г1олохъанаб г1умру.

Амма гьал рахана чармил танкалде.

Гьаз г1умруги кьуна таваккалалъе.


Муг1алим: Кин нужеда рич1ч1улел гьал мухъал? Щиб абизе авторасе бокьун бугеб? Щиб бук1унеб рагъда хварав бах1арчиясе?

Ц1алдохъан: Ц1арги реццги.

Ц1алдохъан: Г1умру хвалдаса гучаб бук1ин. Бах1арзал хваниги, гьезул ц1арал, гьунар халкъалда думалъго рак1алда ч1езе рук1ин. Жидерго г1умру бах1арзаз халкъалъул Ват1аналъул г1умру ц1унизе кьолеб бук1ин.


К1иабилеб бет1ералда бихьизабулеб буго разведчикал – танкистазулги немцазулги рагъ. Ралагье нилъеразулги немцазулги бицунаго авторас х1алт1изарулел сипатиял раг1аби.

- Разведчиказул бицунаго, авторасул кинаб бербалагьи бугеб гьездехун?

Ц1алдохъан: Х1еренлъи, ч1ух1и, рокьи. Гьес абула нилъер г1олохъаби, бах1арзал, бихьинал г1адин, нилъер г1олилал.

Муг1алим: Фашистазул хасият рагьулаго кинал раг1аби х1алт1изарун ругел? Кинаб асар загьир гьабулеб?

Ц1алдохъан: Фашистазул хасият рагьулел раг1аби руго ццидалал рокьукъал: г1алхул боял, хъачагъаз г1адин, гьаби, г1аштичаг1и, г1алхулал.

Муг1алим: Бах1арзазул гьунар, гьезул х1инкъи гьеч1олъи бихьизабулел бак1ал рате.

Рокъобе х1алт1и: 3-4 бут1рузе анализ гьабизе х1адурлъизе. Пасих1го ц1ализе.

11