Рагьараб дарс 5 в класалда
Дарсил тема: Ц1адаса Х1амзат «Гъалбац1ги г1анк1ги»
Дарсил мурадал :
1.Ц1адаса Х1амзатил г1умруялъул ва хъвадарухъанлъиялъул х1акъалъулъ бич1ч1и г1ат1ид гьаби.
2.Коч1одалъун хъварал асарал бит1ун ва чвахун ц1алиялъул ажари камил гьаби .
3.Анализ гьабиялъул кумекалдалъун лъималазул г1акълу бечед гьаби. Гьелдалъунжиндерго пикру загьир гьабизе ругьун гьарию
Дарсил тайпа : ц1ияб дарс малъи.
Дарсил алатал: Ц1.Х1амзатил сурал,т1ахьал,авторас хъварал т1ахьал,проектор,лъималаз рахъарал суртал.
Доскаялда
« БЕРГЬАРАСУЛ КЪУВАТАЛДАСАГИ КЪУРАСУЛ Г!АКЪЛУ БЕРГЬУНА» ( халкъияб кици)
Дарсил ин:
1.Лъимал дарсиде х1адур гьари.
Дарсил тема ва мурад бици.Салам нужеда лъимал ва т1аде рач1арал галбал.Жакъа гьале нилъ цойги нухалъ рак1арун руго гьаб маг1арул мац1алъул ва адабияталъул гъсде .
Лъимал нилъеца ц1ияб дарс малъилелде рак1алде щвезабила цересел дарсазда малъараб.Нилъеца бицен гьабун бук1ана халкъиял к1алзул гьунаралъул асаразулх1акъалъулъ.
Цойги х1алалъ кин гьезда абулеб?
-Фолклорилан абула.
Гьеб ккола халкъалъул Г1асрабаз ц1унараб хазина,рух1ияб бечклъи.Цояз-цогиязда бицун нилъехъе щвараб асаразул гъамас.Гьеб г1ажаибаб гъамас
рагьарабго гьенир г1емерал асарал ратула,гьезул цоял ккола биценал, кицаби,абиял ва бицанк1аби,халкъиял маргьаби ва куч1дул.
Кинал халкъиял куч1дул нилъеца малъарал?
Кинал Дагъистаналъул халкъазулкуч1дул нилъеца малъарал?
Ц1алдохъабазул жавабал…
2.Ц1ияб дарс малъи. Гьал т1адехун рехсараласарал нилъер ккола фолклориял асарал..Жакъа нилъеца бицине буго художествиял асаразул г1уц1иялъул х1акъалъулъ. Кинаб бугониги художесвияб асар босун хал гьабуни нилъеда бихьула гьеб камилго г1уц1ун бук1ин.Худ.асар ккола хъвадарухъанас зах1мат бихьун ,пасих1аб мац1алъ хъвараб .Худ .асаразул элементал ккола ТНМА,ИДЕЯ,СЮЖЕТ,КОМПОЗИЦИЯ.
ТЕМА-жиндир х1акъалъулъ бицен гьабулеб жо . Темаби рук1уна бат1и-бат1иял рокьул ,кьалул,гьудуллъи ва гь.ц.
Худ асаралъул аслияб пикру – ИДЕЯ ккола.Идея кинабго асаралъулъ бекьун бук1уна. КОМПОЗИЦИЯ-абула къокъго бицани кинабго асаралъул бут1аби цо тартибазде ккезабураб г1уц1и.
СЮЖЕТ щибха кколеб?.Гьеб ккола асаралъул цо иш, ялъуни лъугьа-бахъин цебет1ей.
Нилъер маг1арул ва т1олго Дагъистаналъул адабият буго нус нус соназ г1уц1араб. Адабият ккола щибаб миллаталъул г1умруялъул гьумер , гьениб кинабго загьирлъула ,халкъалъул пикраби ва анищал.
Хириял ц1алдохъаби жакъа илъеца малъизе буго Ц1адаса Х1амзатил «Гъалбац1ги г1анк1ги »абураб маргьа . Нилъеца рак1алде щвезабила кинал асарал нилъеца ц1аларал гьесул байбихьул классазда: «Адаб кеч1» «Дагъистан» .
Киналго маг1арулал жиндаса ч1ух1арав ва киналго миллатазда гьоркьов машгьурав Дагъистаналъул халкъияв поэт Ц1адаса Х1амзат ккола нилъер адабияталъе кьеч1 лъуравлъун ва аслияб куцалда гьеб цебет1еялъе жигар бахъарвлъун. Гьес г1ун бач1унеб г1елалъе нахъе тана бечедаб ва гъваридаб маг1наялъул хъвадарухъанлъиялъул нух . Пасих1ав раг1ул устар гьавуна Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ 21 августалда 1877 соналда . Мискинаб хъизамалъе ,гьесул змен Юсупил Мух1ама хехго ват1алъана Лъимал Х1амзатги гьесул 6 яцги бесдаллъана ва имг1аласул ц1обалде ккана . Х1амзатил 10 сон бук1ана гьев аск1об бугеб росулъе г1араб ц1ализе кьураб мехалда инсул вацг1алас Мух1амадсултаница. Гьедин 9-10 соналъ ц1алана гьев бат1и-бат1иял росабиги хисун Г1ураб г1акълу –лъайги щун гьев т1ад вуссана жиндирго росулъе. Гьесул пасих1ал куч1дул халкъалъе рокъана Гьесул хъвадарухъанлъиялъе хасиятаб рахълъун ккола бег1ераб сатира ,мискинаб халкъалъул г1умру лъай , г1адатаб ва бечедаб мац1,мух1канлъи гьаби. Хъвадарухъанлъиялда жаниб хасаб бак1 ккола лъималазе хъварал асараз . Гьездасан ккола куч1дул , басняби ва маргьаби . Жакъа нилъеца лъай-хъвай гьабизе бугеб «Гъалбац1ги г1анк1ги »абураб маргьа.
3.Учителас пасих1го гьаракьгун кинабго маргьа ц1алила лъалхъич1ого . Словарияб х1алт1и гьабила .Рич1ч1уларел раг1абазе баян гьабила. Цо нухалъ сасараб гьаракьалъ ц1ализе тела ц1алдохъаби .Цинги цо-цоккун ролазде бигкьун ц1ализабила.
Предметиял ц1арал | Прилагательноял |
Гьава | Лъик1аб |
Лъим | Гьуинаб |
Ракь | Гьайбатаб |
рохьал | керчал |
Квен | |
4.Авар мац1алъулгун бухьен гьабила.Т1оцебесеб куплеталда жанир предметиял ц1арал ва прилагательноял рате.
5.Маргьаялъул аслияб пикру кинаб бугищали бицина . Асаралъул анализ гьаби . Зулмучиясул ахир хвалдалъун лъуг1улеблъи –маргьаялъул аслияб пикру. Бищун х1инкъараблъун толеб г1анк1ил бах1арчилъи . Г1акъилаб бук1ин хал гьабун. Гъалбац1 хвеялъе г1илла жиндаса бергьунеб жанавар бук1ине бегьуларин абураб пахрулъи ,къуваталда мугъч1вай ккола. Маргьаялъул хъвалсараб маг1на. Рит1ухълъи бергьиналдаса рохел буго гьениб.
6. Малъараб щула гьаби. Суалал .
1.Г1алхул х1айваназ Гъалбац1ие щай рец гьабулеб бук1араб?
2.Гьеб хьихьизе щай гьез х1укму гьабураб ?
3.Кинав чиясул хасият бихьулеб гъалбац1ил обзалда гъоркь?
4. Жибго гьит1инаб бугониги г1акълу к1удияб буго г1анк1ил ?
Щай гьелъие хъат ч1ван гьеб к1одо гьабураб .
5. Гъалбац1 хун щай ихтилат гьабураб х1айваназ?
7. Рокъобе х1алт1и 3 куплет рик1к1ине рек1ехъ ,ва сураб бахъизе.