Ах1мад
Х1амзатовасул
5
классалъул авар
мац1алъул т1ехьалъе
хъвараб рецензия
Х1амзатов Ах1мадица ц1ияб къаг1идалда къач1араб 5 –аб классалъул авар мац1алъул т1ехьалъе хъвараб рецензия.
2002 соналъ къват1ибе бач1араб М. А. Г1абдулаевасул ва М. М. Муртазаг1алиевасул т1ехьалда рук1инч1ел, муг!алимасе ва ц1алдохъабазе кумекалъе т1охьол байбихьудаго кьун руго шарт1иял ишараби. Гьенисанго бихьулеб буго т1ехь, цогидазде данде ккун, щвалде щвараб, киналго рахъалги х1исабалде росун, г!уц!араб бук1ин. Гьениб кьун буго раг1и лъугьунаго ва par!и формабазде хисулаго, гьоркьоса унел гьаркьал- х!арпал, предложениял членазда риххулаго, щибаб член бихьизабизе гъоркьан ц1алел мухъал, щибаб разборалъе ругьунгьариялъул х1алт1аби рихьизаризе кьурал шарт!иял ишараби ва. гь. ц.
Дарсил материал бат1а гьабизе, лъолеб ишара бук1инги лъик1 буго. Гьаниб абич1ого г1оларо, гьале ахиралдаги Х1амзатовас бихьизабун буго, раг!и г1уц1арал бут1абазде биххулаго, частица бихьизабулеб ишара. Гьеб бук1ана чара гьеч1ого къвариг1араб.
Т1ехь байбихьулеб буго маг1арулазул гимнлъун лъугьараб, школалъул программалда я адабияталъул, яги грамматикаялъул т1ахьазда рек1ехъ лъазабизе кьун бук1инч1еб Р. X1амзатовасул «Маг1аруласул Ват1ан» абураб кеч1алдаса. Ах1изеги рик1к1инеги щивав маг1аруласе гьеб лъазе т1адаб бук1аниги, т1ехьалда лъазабизе кьун бук1инч1о. Гьебги ц1акъ лъик1 гьабун буго.
Т1ехьалъе рецензия хъвазе, гьелъул хал-шал гьабулаго, авторасул аслиял мурадал ругилан ккола:
Авар мац1 лъаялъул г1урхъаби г1ат1ид гьари.
Ц1алдохъабазда фонетика, графика, лексика, par1и лъугьин ва гьединго синтаксисалъул морфологиялъул х1акъалъулъ цо ч1араб лъай кьей.
Ругьунгьариялъул х1алт1абазул кумекалдалъун орфографиялъул ва лъалхъул ишарабазул рахъалъан щулиял ругьунлъаби лъугьинари.
Ц1алдохъаби гаргадизе, г1енеккизе,хъвадаризе ругьунгьари
Авар мац1алъул кумекалдалъун ц1алдохъабаз г1акълу ц1убазаби.
Ц1алдохъабаз рух1ияб дуниял бечед гьаби.
Paг1абазул г1ураб нахърател бук 1инаби.
Гьединго т1ехьалда к1вар кьун буго ц1алдохъабазда пасих1го ц1ализе лъазаби камиллъизабиялде ва ц1алдохъаби жиндирго калам бит1ун г1уц1изе ругьунгьариялде. Авторас нухал ратун руго ц1алдохъабазда авар мац1ги гьелъул грамматикаги лъаялде рокьи бижизабизе ва гьезул логикияб пикру цебет1езабизе. Т1ехьалда к1вар кьун буго 5 - аб классалъул ц1алдохъабазе чара гьеч1ого лъазе кколел теориял баяназде ва грамматикияб материалалде.
Г1иц1го 5 - аб классалда гурони, т1адег1анал классазда малъизе бихьизабун гьеч1о «Фонетика» абураб г1елмуялъул бут 1а. Т1ехь байбихьулеб буго фонетикаялъул х1акъалъулъ щвараб лъай такрар гьабиялдаса, ва щаялиго т1адег1анал классазда гьеб г1елмуялъул бут1аялде к1вар кьолеб гьеч!о. Бук 1аниги фонетика лъай т1алаб гьабулеб буго ц1алдохъабаздаса. Гьелъие нуг1лъи гьабула 2015 соналъул 25-26 марталъ республикаялда рук1арал родной языказул олимпиадазда ц1алдохъабазе кьурал т1адкъаяз.
К1ут1би цере ц1унт1изарун абулел гьаркьал ругел раг1аби ратизеги, геминаталгун ругел раг1аби ратизеги, жал латериалияллъун кколел гьаркьал ратизеги, рагьаралгьаркьазе характеристика кьезеги, метатеза кколел раг1аби ратизеги, мац1алъул нахъисеб бут1аялдалъун рахъунел гьаркьал ратизеги ва гь. ц. абизе бегьула, киналниги т1адкъаял, фонетика лъай хал гьаби, мурадалда кьурал рук1анин.
Гьединльидалин, гьеб г1елмуялъул бут1а гъваридго лъималазда лъай мурадалда, Х1амзатовас г!езег1ан х1алт1иги гьабун бугеб. Цойги нухалъ гьебго 5 - аб классалъул т1ехьалдаса пайда босани гурони, фонетика малъизе кьурал т1адкъаязе жавабал ратизе бак! нилъер гьеч1о.
Ц1алдохъабазда малъизе бихьизабураб материал мух!канго бич!ч1иялъе ва цебехун малъараб материал. такрар гьабиялъе квербакъулел руго щибаб темаялда х1адур кьурал х1алт1абиги.
X1алт1аби т1уразе кьурал т1адкъаязул мурад грамматикияб т1адкъай т1убай гуребги, бич1ч1ун, бит1ун, чвахун г1ураб пасих1лъиялда художествияб асар ц1али камил гьабиги буго. X1алт1абазул кумекалдалъун ц1алдохъаби г1ахьаллъизарулел руго ц1алул, рук1а-рахъиналъул, хьвада-ч 1вадиялъул, ях1 -намусалъул, чилъи- г1аданлъиялъул ва гь. ц. темабазда т1асан т1орит1улел бах1сабазда.
Т1ехьгун гьудуллъи щула гьабизеги, гьанир кьурал х1алт1аби гъираялда т1уразеги кумек гьабулеб буго ц1езаризе кьурал къот1елазги, дурун, чвахун ва пасих1го ц1ализе рихьизарурал ункъмухъилал куч1дузги, халипазда рекъон, предложениял г1уц1изе кьурал х1алт1абазги ва гь ц. Льималазе тарбия ва лъай кьеялъул рахъалъ щвалде щварал, киналго рахъал х1исабалде росарал, щибаб темаялде рекъон кколел, малъараб тема щула гьабизе яги такрар гьабизе муг1алимасе дурусго данде кколел руго авторас рищарал бат1и-бат1иял поэтазул коч1ол мухъал.
Гьаниб абич1ого г!оларо, авторас пайда босун буго халкъиял к1алзул гьунаразул асараздаса, хасго кици-бицанк1абаздаса, Инхоса Г1алих1ажиясул кицабиял- алфазаздаса, Харахьиса Мах1муд - Апандил, Бакълъухъа Мух1амад Х1амзаевасул, жеги ц1алдохъабазда лъаларел пасих1аб раг1ул устарзабазул камилал асараздаса Р. Х1амзатовасул, Ц1. Х1амзатил, XI. Гъазимирзаевасул, Г1абасил Мух1амадил ва гь. ц. г1ужилал коч1ол мухъаздаса, гьединго Хъах1абросулъа Мах1мудил рокьул жугьабаздаса.
Рак1алде ккола, щибаб авар грамматикаялъул малъулеб темаялде данде, гьедин мух1канго гьел асарал ккезаризе ккани, киг1ан г1емераб х1алт1идай ккана авторасеян. Поэтазул асаразулъа рищарал щибаб коч1ол мухъалъ рагьулеб буго жакъасеб къоялъул къваридаб къисмат.
Масала:
«Хит1аб ва гьебгун лъалхъул ишараби» абураб тема малъулаго, хит1абал ратизе ва гьел т1ирит1арал рук!ин ч1езаризе т1адкъалаго, авторас рищун руго Мух1амад Х1амзатовасул гьадинал раг1аби:
Халкъалъул вакилзаби,
Кунеб бугищ чияр гьин,
Черхалда г1ет1 бакъвач1ел,
Падамалги к1очон тун.
Maгlна гъваридал, тарбия кьеялъул рахъалъ щвалде щварал, гьединал мухъал мух1канго рекъезарун лъун руго т1ехьалда.
Цойги мисал:
Журарал предложениязулъ ругел г1адатал предложениязда гьоркьоб запятая лъезе т1адкъалаго, Ах1мадица пайда босун буго Хьарахьиса Мах1муд- Апандил гьал коч1ол мухъаздаса
Хасел уна, их щола,
Зоб гъугъала, роц1уна,
Рагъал ккола, къот1ула,
Къваридаб рак1 хут1ула ва гь. ц.
Жиндиргоги ц1акъ пасих1ал, дурун, чвахун ц!ализе гъира кколел, маг1на гъваридал, мух1канал руго Ах1мадил ункъмухъилал куч 1дул. Щибаб темаялде данде ккезарун, щибаб т1адкъаялда рекъезарун, киндай бажарараб гьадин дурусго гьел хъвазеян пикру гьабула.
Масала: Бит1ун ударенияги лъун, ц1ализе ва маг1наялде к1вар кьезе кьураб т1адкъай буго гьадинаб:
Цоцазе рич1ч1и г1адаб
Г1адатаб талих1 гьеч1о.
Гьеб гьеч1езул рокьул си
Рич1ч1и лъугьун, бигъула.
Пасих1лъиги, маг1наялъул гъварилъиги, т1адкъаялъул мух1канлъиги бергьараб буго. Гьединго г1емер х1алт 1изарун руго бицанк1аби- куч1дул. Гьезулги к1удияб к1вар буго тарбия къеялъеги лъималазул логикияб пикру камил гьабизеги.
Масала:
Макьу хириязда хурхун mlад ч1араб,
Т1охъолгун гьудуллъи гъабизе теч1еб,
Гьумер -к1ал чуризе, черх лъадаризе,
Лъимадуй гъукъулеб, гьабго щиб унти?
«Лексика» малъулаго, авторас 5 аб классалдаго, кIвар кьолеб буго абадияб мац! бечелъулеб бук1иналде, маг1наялъул рахъалъ рекъон ккаралги дарсил аслиял мурадал т1уразе данде кколелги, руго гьенир кьурал х 1алт1аби-къот 1елаби.
Лъималазе ц1акъ рокьула 58 гьум. бугеб № 4, гьединго 59 гьум. бугеб № 7 г1адал т1адкъаялгун х1алт1аби т1уразеги. «Раг1ул кьибил» тема малъулаго, кьибил цоял раг1аби ратизе х1алт1изарун руго авторас Мах1муд Апандил маг1на гъваридал, цо-цо кицабиял - ункъмухъилал куч1дул.
Грамматикияб т 1адкъай т 1убаялде гуребги, ц1алдохъаби унго-унгоял ях1-намус бергьарал, чилъи ц 1ик1к1арал чаг1илъун куцаялде пикру буссинабулел раг1аби ц1акъ рекъон ккун руго, щайин абуни, авар мац1алъул дарсазда ц 1алдохъабазул калам цебе т1езабиялда бухьараб бугелъул пасих1го ц 1ализе лъазабиялъул ва рит1ун раг1аби рахъизе лъазариялъул ишги.
Цойги гьаниб абизе ккараб буго, адабияталда рекъоларел, г1енеккаразул, ц1алдолезул напс х1акъир гьарулел par 1аби дандч1валел гьеч1о. Бац1ц 1адаб, берцинаб, пасих1аб мац1алъ хъвараб буго т1ехь. Ч1обогояб, маг1на гьеч1еб paг1иго гьеч1оан. Авар мац1алда цадахъго гьеб т1ехьалда авторас к1вар кьун буго гlypyc мац1алъул теориялде. Цого ц1алдохъабазда малъулеб к1иго бат1ияб мац1алъул бук1ине ккараб хасаб гьоркьоблъи буго. ( Масала: фонетика малъулаго 54 аб. гьум кьураб № 2 х1алт1и ва гь ц.)
Ц1алдохъабазда rlypyc мац1алъ нилъер литературияб мац1 бечелъизабиялъе кумек гьабулеб бук 1инги бигьаго бич1ч1чулеб буго т1ехьалдаса. Г1урус халкъалдехун гьудуллъи-вацлъиялъулаб гьоркьоблъи ц 1ик1к1инеги, ц1ик1к1араб щулалъизе бук1инги баянаб буго.
Калам г1уц1изе ц1алдохъаби ругьунгьариялъе лъик1алан саг1тал рихьизарун руго. Лъик1 бук1инаан жибго изложение абун теч1ого, изложениязул, диктантазул тайпаби бат1и-бат1иял ругелъул, тайпабиги рихьизаруни. ТI олго лъаг1алида жаниб калам г 1уц1иялда т1ад гьарурал х1алт1абаздалъун, бищунго ц 1ик1к1ун изложенияздалъун ва сочиненияздалъун ц1алдохъабазулъ бит1араб к1алзул ва хъвавул калам г1уц1иялъул бажариялгин ругьунлъаби лъугьине руго.
Цо-цо изложениязе ялъуни сочинениязе т1убараб дарс къвариг1инч1ого бук1инеги бегьулеб бугеб мехалъ, цо-цоязе хасал дарсал къвариг1инеги бегьулел ругелъул, кин бихьизабунги , изложениялъул тайпа бихьизабуни лъик1 бук1ина.
Г1емерал бат1и-бат1иял тайпабазул х 1алт 1абиги, ц1езаризе ба 1и-бат1иял т1адкъаялгун къот1елалги ва гь ц . кьун ругелъул, нижер ц1алдохъабазда рич1ч1уларел раг1аби г1емер дандч1валел руго. 2002 соналъ къват1ибе биччараб М. М. Муртазаг1алиевасул М. Г1. Г1абдулаевасул авар мац1алъу л т1ехьалда кьураб материал лъаг1алил ахиралде щвелалде лъуг1уларо. «Глагол» малъизе рихьизарурал темаби ва такрар гьабизе кьураб 1 саг1ат хут1ула к1вар гьеч1ого.
Цо соналъг1аги Х1амзатовас къач1араб т1ехьалдаса х1алт1ич1ого, гьелъие къимат кьезе зах1малъулеб буго. Т1ехьалда кьураб грамматикияб материалги, щвараб лъай щула гьабизе гьес кьурал бат!и-бат1иял, гьанжелъизег1ан рук1инч!ел, лъималазул т1уразе гьира бижизабулел х1алт1абиги ругелъул рак1алде ккола, т1ехь ц1алдолез гъираялда къабул гьабилин.
ТУОялъул Къамыщхъутаналъул гимназиялъул авар мац1алъул ва авар адабияталъул муг1алим – Г1алиева Марзигат Хангераевна.
ГКОУ РД «СОГ Ахвахского района»
Гимназиялъул директор Алиев Х Х
4