СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Место работы

МКОУ "Батлухская СОШ"

Обо мне

ХIуригаталъул сонал (1917 – 1922)

Цоги-цоги росабалъа арал гIадин, Бакълъухъа гIолохъабиги унаан шагьаразде хIалтIизе (хасго Бакуялъул нартил буругъазде). Гьедин ун рачIун ругел гIолохъабаздасан, базаргабаздасан ва цогидал бакIаздасан (наибзаби, чукъби ва гь. ц.) жамагIаталдаги лъалаан пачалихъалда лъугьунел хиса-басиял. Чанги рагъазулъги гIахьаллъарал гIемераб къварилъиги бихьарал магIарулазе хIуригат абураб рагIиялъги тIоцересел соназ кIудияб асарго гьабун батиларо. Рохун рукIун ратизе бегьула пача тIаса рехиялъул хабаралъ, амма гьев большевиказ рехун ватиялъ щиб кканиги ургъел гьечIеллъунцин лъугьун ратила. ТIадежоялъе большевиказ диналъе нухал къайдал, тIубанго гьелде данде чIаралги ккана.

ХIуригаталъул соназ рагъизе къватIире рахъаралщинал чагIи жакъа нилъеда цо мурадалъе гIоло вахъаравлъун вихьулев вуго, ай хIалица тIамун гуро мухьдахъ рагъизе ун гуро – гIицIго жидерго иш билълъанхъизабиялъул нияталда рагъана.

Бакълъухъги рукIана кIиябго батIи-батIияб рахъалде рагъизе аралги. Цоял рукIана ГIахьвахъа СалихIов Шамхалил, ХIайдарбегил ва Муслим Атаевасул къокъаязда цадахъ арал, цогидал рукIана ХIоцоса Нажмудинил къокъаялда цадахъ арал. Амма гIемерал гьедин арал рукIинчIо. ЦIикIкIарасеб рахъ жамагIаталъул хIукмуялда рекъон, цонигиязул рахъ кквечIого чIана. Гьелде ишара доб заманалда ХIасан-апандиясулги букIанилан абула.

ХIоцоса Нажмудинил къокъаялде вагъизеян, жиндиего туманкIги щвезе, ун вукIун вуго Якъуб. Гьениве щварав гьесда дуего туманкI балагьизе аян лъазабун буго ва рагъухъабиги цо гъачагъал гIадин рихьун, рокъовего вачIун вуго. Гьединго Нажмудинида цадахъ вагъизе арав Махол МухIумил къисмат (гьаб т1ехьалда) батIаго хъван буго.

Муслим Атаевасул къокъа Хунзахъ хъалаялъуб Нажмудинил??? аскаралъ сверун ккун бугеб мехалъ, Атаевасул къокъаялда гъорлъ рукIана Асадулагь, КъурахIил ГIумар, Лъик1асул МухIаммад ва цогиги росулъа гIолохъаби. Гьенир рукIун большевиказул ният бичIчIун батила, гьел Атаевасдаса ратIалъарал.

Бицанихъе кколеб буго, дол хIуригаталъул соназ гIемерисел гIолохъаби батIи-батIиял къокъабазда цадахъ рагъизе ун росулъцин къанагIатго гурони рукIунел рукIун гьечIо. Кин бугониги, хIуригаталъул соназул хIалуцараб багъа-бачариялде гъорлъе ккечIого хутIичIо Бакълъухъ росу.

ЦIикIкIарал чагIаз бицунаан Муслим Атаевасул къокъа росулъе бачIиналъул хIакъалъул.

Хунзахъа Хъайтмазги гьесул васалги кквезе гьезда хадув лъугьун вукIана Муслим Атаев. Цереса-цере ун рахчун-кьерун Хъайтмазица Дагъистан тезе жигар бахъулеб букIана. Атаевасда лъана гьел ЛъаратIехун ине ругеблъи. Гьезие нух къотIизе букIине жиндирго къокъагун БагIарав командир вачIуна Хунзахъа гъоркье Гьандихъе ва гьенисан Бакълъухъе. КIудияб къокъа букIун буго гьел рекIаразул. Цебесеб кIкIал росу рагIалде щвараб мехалъги «ЧIимихтIамихъа» гIодоре рачIунел лъугIун рукIинчIилан абула эл. Росулъ гьез бала лъабго къо. Цадахъго рачун рачIанила кочIохъабиги зурмихъабиги. Жидедаго цадахъ вукIарав ЛъикIасул МухIаммад тIамун, щибаб цIаракиялъе гьобол вугъула (вугъи – бокьаниги-бокьичIониги гьобол къабул гьави)[1], цадахъго чуги щвезабулаан. Гьеб букIана хасалихъе заман. Росулъе рачIун большевикал лъугьуна сухIмат-кеп гьабизе ихтилаталде. Гьебго къоялъ росулъ кIиго хвалил кверкьей (магIирукъ) букIуна. Будил МухIамадил эмен (радал) ва эбел (къаси) хун рукIун руго. Гьедин кверкьовуда бугеб жамагIаталъе расги рекIее гIоларо гогьал гIолохъабазул ахIи-кьаби. Росдал дибир ИсхIакъ (ГIочIол дибир) ун абуна сухIмат-кеп къотIизе тейила ва хIакъикъат бицуна гьезда. Гьеб мехалда гIолохъабаз гьев вачIуна Атаевасухъе. (МалахIмал рокъоб букIана гьесул чIел). Вачунги вачIун гьав чияс БагIараб армиялъе хIухьбахъи гьабизе толеб гьечIилан

 

[1] Вугъун-гьобол – рекIее гIечIого вачIун чIарав гьобол.

Моё образование

Высшее ДГПИ

Рейтинг

Баллов: рейтинг684.2 Место: место80392 (Подробнее)