СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ
Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно
Скидки до 50 % на комплекты
только до
Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой
Организационный момент
Проверка знаний
Объяснение материала
Закрепление изученного
Итоги урока
«Авар мац1»
Лъаларо, Мух1амад, цогидазул иш,
Амма дица дирго рахъалъ абила:
Метер маг1арул мац1 хвезе батани,
Хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун.
Расул Х1амзатов.
Г1агараб авар мац1! Дир кинабго бечелъи, кинабго хазина, дир дарман, дир гьаракь. Дуца квер ккун йит1ана дун гьит1инаб росулъа к1удияб дунялалде. Дунялалъул рокъоб дие г1агарлъана цоги бат1ияб, бечедаб, гучаб мац1. Гьеб мац1алъ ц1алана дун, кьуна дие кваркьаби…
Мун кибго дунгун буго! Кинидахъ дица къабул гьабураб дур коч1ое кидаго дун хисич1о.
Дагъистан ккола г1емер бат1и-бат1иял миллатал ругеб бак1лъун. Гьенир г1умру гьабулел руго лъебергониги миллатазул г1адамал. Гьел щибал к1алъала жиде-жидер мац1алъ ва киназго х1аракат бахъула жидерго мац1 ц1унизе. Г1адамазул гурониги, щибаб рух1ч1аголъиялъулги буго жидерго мац1. Мац1 къвариг1уна киназего.
Дир рахьдал мац1- гьеб буго авар мац1. Гьеб мац1алъ к1алъала дун, дир эбел-эмен, тухум- кьибил ва т1олабго росу. Гьеб мац1алъ к1алъалаан ц1ар раг1арав шаг1ир Расул Х1амзатов ва цогидалги машгьурал хъвадарухъаби, поэтал ва цогидалги. Гьез гьеб мац1алда хъвала куч1дул, харбал, поэмаби, къисаял, романал.
Дун ч1ух1ун йик1уна дирго авар мац1алдаса, дун гьелдаса йохун йик1уна.
Дие бокьула кидаго ва кибго авар мац1алда к1алъазе, щай гурелъул гьеб мац1алъ ах1улаан дие кинидахъ куч1дул, рицунаан маргьаби.
Авар мац1 дие бечедаб ва хирияб буго. Гьеб маг1арул мац1алъ загьир гьабула дица дир пикру, рек1ел асар, рокьи, ццин…
Бокьарав чигун к1алъалаго, нилъеда лъазе ккола гьесие ч1ван-къот1араб жаваб кьезе. Нилъеда лъазе ккола нилъер мац1алъул раг1аби. Раг1и-гьеб буго маг1на, наг1ана, барки, пикру, унти, сурат, берцинлъи, бакъан, гьаракь.
Дунял гьабилалде, дида раг1ана,
Раг1и бук1анила цебе абулеб:
Я амру лъаларо, я гьа лъаларо,
Я гьари лъаларо, я как лъаларо.
Гьаб бидулъ босараб, ругъназул ц1ураб
Дуниял ц1унулеб раг1и анищ цо,-
Жибго амру г1адаб, жибго гьа г1адаб
Жибго гьари г1адаб, жибго как г1адаб.
Щивав чи жиндир раг1абазул бет1ергьанлъун вук1ине ккола.
Нилъее цо жо бицине бокьани, цин нилъеца гьелда ц1ар абизе ккола, цинги раг1абаздалъун гьелъие сипат-сурат кьезе ккола. Нилъерго пикру раг1абаздалъун абизе лъайи-гьеб бигьаяб жо гуро, амма ц1акъ х1ажатаб буго. К1алъалеб мехалда, нилъеда лъазе ккола нилъерго пикру бит1ун, г1енеккун вугесда бич1ч1иледухъ абизе раг1абаздалъун.
Мац1ал бат1иял рук1а абе, рак1 цо бугони. Цо-цо дир гьудулзаби, росабалъа к1удиял шагьаразде ц1ализе аралго, инсул мац1ги тун, бат1ияб мац1алъ к1алъазе лъугьуна. Гьеб –гьезул иш. Гьезул я г1урусаб гуреб, я маг1арул гуреб, гъурун бараб рохьалда релълъараб мац1 буго. Гьезул г1емерисезул рахъалъ абизе бегьула: рач1ч1ал гъезейилан арал гъулби, лълъурдулги рорч1ун, рач1ун ругилан. Гьел гьединго релълъуна хъазаздаги. Хъазица дагьаб кеч1 ах1ула, дагьаб боржуна, дагьаб лъудола, цониги жо лъик1, мурадалде щун, гьабуларо. Нилъ рук1ине ккола хъазаллъун гурел,- ц1амаллъун, нилъерго иш мух1канго лъалеллъун.
Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,
Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?!
Щай дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз
Чияр мац1 бицунеб жидерго гъаст1а.
Мац1 бук1ине ккола азарил соназ бук1араб.нилъее умумуз ирсалъе кьураб. Нилъеца нилъерго мац1 г1агарабин абула, щай гурелъул нилъ гьит1инаб мехалдаса нахъе к1алъала гьеб мац1алъ, ургъула, анищал гьарула, гьеб мац1алда к1алъала нилъер г1агарал.
Авар мац1 буго нилъер Ват1аналъул мац1, гьелда жаниб буго къуватаб, къвак1араб раг1и «рагъ», тамахаб, х1еренаб-«рокьи», лъик1аб, г1одориччазарулеб- «рак1бух1и», хинаб, х1еренаб «эбел».
ибил ва т1олабго росу. Гьеб мац1алъ к1алъалаан ц1ар раг1арав шаг1ир Расул Х1амзатов ва цогидалги машгьурал хъвадарухъаби, поэтал ва цогидалги. Гьез гьеб мац1алда хъвала куч1дул, харбал, поэмаби, къисаял, романал.
Дун ч1ух1ун йик1уна дирго авар мац1алдаса, дун гьелдаса йохун йик1уна.
Дие бокьула кидаго ва кибго авар мац1алда к1алъазе, щай гурелъул гьеб мац1алъ ах1улаан дие кинидахъ куч1дул, рицунаан маргьаби.
Авар мац1 дие бечедаб ва хирияб буго. Гьеб маг1арул мац1алъ загьир гьабула дица дир пикру, рек1ел асар, рокьи, ццин…
Бокьарав чигун к1алъалаго, нилъеда лъазе ккола гьесие ч1ван-къот1араб жаваб кьезе. Нилъеда лъазе ккола нилъер мац1алъул раг1аби. Раг1и-гьеб буго маг1на, наг1ана, барки, пикру, унти, сурат, берцинлъи,
© 2019, Алиева Захра Расуловна 507