Г1аммаб лъай борциялъул тестирование 10 класс
1. «Жергъен гьартун ккана» абураб асаралъул жанр:
а. Поэма б. Маг1у.
в. Сатирияб кеч1. г. Насих1атияб кеч1.
2. «Сайгидул Бат1алиде» асаралъул автор:
а. Элдарилав. в. Ч1анк1а.
б. Мах1муд. г. Г1анхил Марин.
3. «Сайгидул Бат1алиде» асаралъул жанр:
а. Сатирияб кеч1. в. Ваг1за.
б. Маг1у. г. Рокьул кеч1.
4. Гьал раг1абазул автор?
Маг1арухъе унел хъах1илал нак1к1ал,
Хъван кагъат босизе рес рекъеларищ?
Хунзахъе щолелъул, Шамалъул гьури,
Гьит1инаб сайигъат т1обит1иларищ?
а. Мах1муд. в. Расул Х1амзатов.
б. Ч1анк1а. г. Ч1ик1аса Мух1амад
5. «Борхатаб маг1арда», «Г1енекке, йокьулей», «Бахъа, къалам» абурал асаразул автор щив?
а. Мах1муд.
б. Ч1анк1а.
в. Инхелоса Къурбан.
г. Элдарилав.
6. Инсанасул г1умруялъул к1вар бугел лъугьа-бахъиназул хъвараб к1удияб коч1олаб асаралда щибан абулеб?
а. Элегия б. Лирикияб кеч1
в. Поэма г. Драма
7. «Хваразул ц1аралдасан» абураб Г1. Хачаловасул поэмаялъул идея щиб?
а. Халкъалъе г1оло рух1 кьуразе хвел гьеч1олъи.
б. К1удияб Ват1анияб рагъда г1олилазул бах1арчилъи.
в. Эркенлъиялъе г1оло къеркьезе ккей.
г. Маг1арулазул ях1алъул к1одолъи бихьизаби.
8. «Манарша» асаралъул автор щив?
а. М. Мух1амадов б. Р. Х1амзатов
в. Ф. Г1алиева г. Г1. Расулов
9. «Кини» асаралъул тайпа кинаб?
а. Хабар
б. Роман
в. Очерк
г. Къиса
10. «Борхатаб маг1арда» абураб асаралъул жанр?
а. Маг1у. в. Лирикияб кеч1.
б. Поэма. г. Сатирияб кеч1.
11. «Борхатаб маг1арда» абураб асаралъул тема щиб?
а. Вокьулев вас каки. в. Рокьуе хилиплъарав васасул х1акъалъулъ бицен
б. Рокьи ккезе бегьуларо. г. Рокьи карай ясалда бугьтанал лъей.
12. Коч1ол роцен, аллитерация ч1езабе:
Борхатаб маг1арда т1егь г1адинай дун
Т1убай гьеч1еб рокьул ургъалилъ йиго,
Гъваридал к1к1алабахъ иццг1ан хъах1ай дун
Хъубал бугьтанаца турулей йиго.
а. 7 гьижа.
б. 8 гьижа.
в. 11 гьижа.
г. 5 гьижа.
13. Инсанасул ва дунялалъул х1акъалъулъ пикрабазул т1ехь кинаб?
а. Э. Капиев «Поэт»
б. Р. Х1амзатов «Дир Дагъистан»
в. Ц1. Х1амзат «Г1адатазул жул»
г. М.Хуршилов «Г1андалал»
14. Инхоса Г1алих1ажиясул сатираялдалъун хъвараб асар бихьизабе :
а. «Яс бечедазе кьезе бокьаразде».
б. «Г1адада ч1оге».
в. «Хъах1аб рас баккиялде».
г. «Вай, тамаша».
15. Багъатар х1ажиевасул « Ц1адакьа бахчулеб дир чанил бурут1» анализ гьабе.