СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Тема: «ЦIадаса ХIамзатил поэзиялъулъ авар халкъалъул кицаби ва абиял»

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Тема: «ЦIадаса ХIамзатил поэзиялъулъ авар халкъалъул кицаби ва абиял»»











Реферат









Тема:

«ЦIадаса ХIамзатил поэзиялъулъ

авар халкъалъул кицаби ва абиял»


БацIцIадаб гIарцуде данде цIаларел ЦIалулел къоязул къиматал гьаре.

Цо-цо меседалъул секунд багьаяб,

Биччаге гIадада гIатIгояб заман.

Iадаса ХIамзат)

ХIадур гьабуна:

8 абилеб классалъул цIалдохъан

Дарбишев МухIамадица



ХIажимурад Хашаевас хъвалеб буго: «ХIамзатица гIемер абулаан: калам къокъаб букIине ккола, рагIаби, куналда маржанал гIадин, херхине ккола»,- ян. ЦIадаса ХIамзатица авар халкъалъе кьуна гIемерал кицаби, абиял.

Профессор Ш.И. Микаиловас хъвалеб буго: «Унго, гьес халкъиял кицабазул ва абиязул къимат гьабулеб букIараб куц! Унго, гьес данде кколедухъ гьел хIалтизарулел рукIараб куц! Жинцагоги халкъиял абиязул ва кицабазул къагIидаялда цIиял гIуцIулел рукIараб куц!»- ан.

Берзул чIор щолареб щобдаги ругин,

Щай гьазул зулму-хIал хIехьон рукIинел?

БацI хIинкъизе хIамил гIин кIобокIулин,

ГIилла щиб гьездаса нуж къезе ккани?

( ЦIороберал)

ГIемер лъадахъани, гIеретI бекулин,

ГIела гьанжелъагIан гьабураб зарал.

БакIлъани, хIамица гьирги рехулин,

Дагьаб чIоло къан лъикI, чIалгIине гурин.

(Дибирги гIанхвараги)

ЦIадаса ХIамзатица жиндирго асаразулъ хIалтIизарурал кицабазул ва абиязул хIисаб гьабуни, гьел рахуна 500-ялде.

«МагIаруласул къавулъ чу кидаго букIана кIудияб кумекчилъун».

Поэтас хIатIизарурал кицаби ва абиял, магIнаялде балагьун, рикьизе бегьула гьал хадур рехсарал группабазде:

  • ХIайваназул ва хIанчIазул хIакъалъулъ

  • Хъизан-рукъалъул хIакъалъулъ

  • ГIагарлъи-божилъиялъул хIакъалъулъ

  • ВатIан бокьиялъул хIакъалъулъ

  • ТIекълъи, мекълъи, вахIщилъи, бахиллъи, квербиччай, бечелъи, мискинлъиялъул хIакъалъулъ.

  • Сахлъи, херлъиялъул хIакъалъулъ

  • ГIакълу-пикруялъул хIакъалъулъ

  • РукIа-рахъиналъул хIакъалъулъ

  • Малъу-хъваялъул.





Губернаторасде Шурагьай индал,

ЩантIурида бадив чугIан вуссинчIо.

Щуго-анлъго нухалъ Хунзахъе щведал,

Чарухъал хвей гуреб, хайир бахинчIо.

(АхIуд рахъин)


Дур гьагал харбаца Хочо вахинчIищ,

ЩантIурихъ гIадинан валагьулев дихъ.

ЩинкIил чIвараб гIарзалъ Имам Гъазали

Гъванилго вукIана кIалъа-ралъалев.

(Чоде бетIергьанас хъвараб)


Яргъица - чийин абун,

Чоца - багьадурилан,

Жагьилияб кициялъ

Гуккизе чIоге, гьалмагъ.

(Хонжрол хIакъалъулъ)


Чу, хIама, гьой, оц, чахъу, ци, бацI, кето, цер – гьел рухIчIаголъабазул хIакъалъулъ ругел абиял ва кицабиги дандчIвала поэтасул

«Цилгун гени кунге»,- ян магIарулазул аби ХIамзатица хIалтIизабулаан «Дудаса къуват цIикIкIарасулгун, къец гьабуге»,- абураб магIнаялдаги, жив вахунареб бакIалде анищ гьабулев кантIизавизеги.


Вай мун чIаго хутIаяй,

ХвезегIан гIумру кьеяй!

ГIантаб хабар бицунге,

Цилгун гениги кунге!

(Васги ясги)



«ЗахIмат, хIалтIи ккола киналъулго аслу»

«ЗахIматалъ цагъур цIола, царгъица рукъзал рала»

«Риидал кьижани, кьиндал гIака хола»

«Риидал чIар гьабичIони, хасало нах букIунаро»

«Риидал гвангвара гьаличIони, хасало гереги гьабулареб»

«Радал вахъарасу, кьегIер цIуяб»

«Росдал газа кьурда рекIуна»



Векьарухъанасе унго-унголъунги кьури гьечIеб законлъун, тартиблъун ругел тIадехун рехсарал каламал, ЦIадаса ХIамзатицаги хIалтIизарун руго сатирияб образ гIуцIизе, малъа-хъвай гьабизе.

ВатIан бокьи, ВатIан хиралъи, гьеб цIунизе ккей, тушманасе къуркьунгутIи, ВатIаналъе гIоло рухI кьезе хIадур рукIин – гьел пикраби щивав магIаруласул гьитIинаб къоялдаса нахъе бидулъ рессарал руго. Гьезул ритIухълъи такрар гьабулел мухъал дагьал гьечIо ЦI. ХIамзатил асаразулъги:


Рагъалъ вас гьавуларо,

Гьавуравги вахъула,

Кициялъул гьайбатлъи,

Гьелъул бугеб ритIухълъи.

(Рагъ ва рекъел)

ТIекълъиялда тIад рекъей, хIакимлъун ккедал, мекъал-тIекъал ишал гьари, гIадамасул напс хIакъир гьаби ЦIадаса ХIамзатица жиндирго асаразулъ рикIкIунеб буго бищунго нахъегIанаб пишалъун, инжитаб ишлъун. Гьелъ руго поэтас бегIерго хIалтIизарун : «Къурасе заз – залимасе нах», «Мискинасе заз – залимасе нах», «ХIалимасе хъиру гIадав, хъачIасе квасквас гIадав», «лъикIав чиясе – цо рагIи, лъикIаб чодуе – цо цIал», - гIадал кицаби ва абиял.



Духълъидал халкъалъул ихтияр бугеб,

Эхеде рорхун щай кIалъазе толел?

Тамахав чиясул заман гуро аб,-

Заз гIадин вукIа мун мискинзабазе.

(НажимчагIазде)



ХIамзатица къватIир чIвазарулел руго инсанасул нахъегIанал хасиятал: къарумлъи, бахиллъи, берхъант1и.



РагIичIищ, вац ГIумар, гIадамасул бер,

БугIун рукъ цIуниги, гIорцIуларилан?

ГIадада тIамураб кици гуро дуй

ТIад рас бижарабгIан гIункIкI бугьунилан.



Поэтас цIал кьабулеб буго хиянатчилъиялда, гьересиялда, хIелхIелчилъиялда, вахIщилъиялда, мацIихъанлъиялда. Гьеб мурадалда хIалтIизарула «Гьури сверухъе сверуге, гьоко къирухъе къируге»,

«Чияр зурмихъе кьурдуге», «КIал бахьин – махьа чIегIер», «Чи вихьун - рухьен», «Гьурмахъ балагьун, чохъ балагьун», «Веццарабго кIалалъ какизеги кколеб» - гIадал кицаби ва абиял.



ГьацIулъе цIам балел мацIихъабаца

РацIцIадал гIадамал гIужие гъола.

Жанисан махIцарал хIалхъубалщиназ

ХъахIаб гIарцудаги бугьтанал лъола.

(МацIихъабазул балагь)



ЦIадаса ХIамзатил творчествоялда халкъиял кицаби ва абиял хIалтIизари ккола хасаб гIелмияб хIалтIул мустахIикъаб тема.