СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Творческий отчет учителя родного языка и литературы

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Творческий отчет учителя родного языка и литературы»

ГКОУ РД «СОГ Ахвахского района»











Авар мац1алъул ва

авар адабияталъул муг1алим

Мух1амадова Манаша Имадаевнал

х1алт1ул

творческияб отчёт.













2021– 2022 ц1алул сон

Дун ккола Къамышхъутаналъул гимназиялъул авар мац1алъул ва авар адабияталъул муг1алим Мух1амадова Манаша Имадаевна. Исана 32 сон т1убалеб буго дир х1алт1изе лъугьаралдаса. Дир муг1алим ккола Г1алиева Марзигат Х. Гьелъ бижизабуна дилъ авар мац1алде ва авар адабияталде рокьи. Ц1алулей йиго Дагъистаналъул Пачалихъалъул универститеталъул дагъистаналъул филологияб факультеталда. Лъабго соналдаса лъабго сониде хьвадула т1адеги лъай камил гьаби мурадалда, курсазде.

Дица жигар бахъула щибаб кьолебщинаб дарс ц1иял т1алабазда рекъон кьезе. Гьедин нилъер республикаялъул «Х1акъикъат газеталъул» «Мактаб» гьумералда бахъун бук1ана, гьанжесел т1алабазда рекъон, дица кьураб авар адабияталъул дарс. Дица нужеда бицина дирго х1албихьиялдаса кин дица дирго х1алт1улъ ц1ияб технологиял къаг1идаби х1алт1изарулелали.

Жакъасеб т1алабалда рекъон, дарсал рачине мустах1икъал къаг1идабазул бицараб т1ехьги гьеч1ого, жалго муг1алимзаби х1ажаталлъун кколел руго дарсил даража борхиялъе ресал ратизе. Гьез бат1и-бат1иял къаг1идаби, ресал ратулел руго рахьдал мац1 лъазабиялъул даража борхизабизе, авар мац1 к1иабилеб рахьдал мац1лъун кколел ц1алдохъабазе лъик1аб гъваридаб лъай кьезе. Зулму-х1ал гьабун, лъималазда лъай босизабизе к1оларо. Жидер гъира гьеч1еб дарсида гьел г1енеккуларо, х1алт1уларо. Нилъер х1урмат гьабун, г1енеккун ч1аниги, пикру кьижун бук1уна, рак1ал г1инкълъула. Муг1алим мурадалде щоларо. Гьедин интерес гьеч1ел цого тайпаялъул ч1амуч1ал дарсаз лъималазул пикру гьаби нахъе ккола , гьезда ч1алг1уна, цинги щиб-щибги жоялде руссуна. Гьединлъидал дица жигар бахъула рахьдал мац1алъул дарсиде лъималазул гъира базабизе. Гьелъие пайда босула х1ажатаб темаялде руссарал дидактикиял х1аял т1орит1изе, бат1и-бат1иял схемабаздаса, таблицабаздаса пайда босизе. Тема гьваридго рагьизе ва бигьаго къокъаб заманалда ц1алдохъабазда бич1ч1изабизе рес кьей гуребги, гьез

  • дарсида ч1агояб pyxl лъола,

  • лъимала­зул интерес борхула,

  • практикияб къаг1идаялъ теориялъул масъалаби т1уразе рес кьола.

Абиларо дунго разияб х1алалда киналго дарсал унилан, киналго лъималазул лъайги бажариги ц1акъго беццилеб xlaлалда бугилан. Амма дир жигарчилъи г1адада унеб гьеч1олъи бихьула т1орит1арал хъвавул х1алт1абазул х1асилаздасан, лъимал гьираялда дарсида г1енеккиялдасан, х1алт1иялдасан.

Авар мац1 к1иабилеб рахьдал мац1лъун кколел ц1алдохъаби хьвадулел школазда миллияб мац1 кколеб даражаялда малъиялъе квалквалал гьарулел х1ужжаби г1езег1ан руго. Щивав муг1алимасда лъала гьел. Гьеб буго ц1акъ зах1матаб иш. Гьединлъидал х1ажалъула рахьдал мац1алда пикру гьабизе малъизе.

Дица калам г1уц1иялде кьола бишунго ц1ик1к1араб к1вар. Бит1ун ц1ализеги к1алъазеги ругьун гьарич1ого, теориялъулабгин практикияб лъай кье­зе бажаруларо. Гьединлъидал теориялъулал баянал практикияб къаг1идаялъ лъималазда лъазариялде к1вар кьола. Гьелъул х1асилги ккола. Щивав муг1алимасул бук1уна жиндирго методикияб хат1.

Марзият Хангераевнаялъул бет1ерлъиялда гъоркь дица г1уц1улел ругел, дидактикиял х1аяздаса пайда босизе бегьула гьанир рихьизарурал методикиял малъа-хъваязда рекъонги, жидедаго берцин бихьахъеги, цойги бат1ияб формаялдаги.

Щибаб дарсида 5-10 минуталъул заманги кьун, темаялда хурхараб х1ай т1обит1ула. Литературияб ц1алиги гъорлъе бачун, гьел г1ат1идго х1алт1изаризе бегьула авар мац1алъул вечеразда, къецазда.

Авар мац1алъул бит1унхъвай г1емерисеб бараб буго фонетикияб принципалда: абулеб къаг1идаялда хъвала. Гьединлъидал авар мац1алда ругел киналго фонемаби мух1канго абизе, мац1алда ругьун гьаризе ккола.

Къот1алаби ц1езари, гьелъги кумек гьабула авар мац1алда ругел киналго фонемаби мух1канго абизе.

Къот1алаби ц1езариялъул мурадлъун буго:

  • раг1абазул нахърател бечед гьаби;

  • къот1алабазде росарал раг1аби хехго ва бит1ун ц1ализе лъазаби,

  • гьел г1емерлъул формаялда абизе бажари;

  • гьелги гъорлъе ккезарун, предложеннял гlyц1изе ругьунгьари.

Гьел рахъал цадахъ рачинч1они, гьеб х1аялъул пайдаяб рахъ мукъсанлъула, рек1елгъеялде буссуна. Гьеб хасиятаб буго киналго х1аязе. Х1ай бук1ине ккола малъулеб темаялда бухьараб, ц1алдохъанасул логикияб рахъ цебет1олеблъун.


м


е


гъ


гъ


е


гъ

д

у

гъ

р

а

гъ

л

а

гъ



Раг1удаса лъугьарал раг1аби

Цо раг1удаса, г1иц1го гьенир ругел х1арпал хис-хисун лъун, ц1иял раг1аби лъугьинаризе т1амула лъимал. Масала, предметияб ц1ар малъулаго, гьединаб х1аялъ раг1ул нахърател бечед гьабула, фонемабазул х1алк1олъи рагьула. Дарсида т1обит1улелъул, гьезие ч1езабула цо ч1ван къот1араб заман. Ц1араб заман арабго, хал гьабила щивас хъвараб раг1ул къадар. Вергьаравлъун тола г1емерал раг1аби хъварав ц1алдохъан.

Муг1алимас доскаялда хъвала бокьараб к1иго, лъабго, ункъо ва гь.ц. слогазул раг1аби. Масала, Х1алимат абураб раг1и. Гьеб раг1удаса лъималаз г1уц1ула к1варалщинал раг1аби. Раг1аби лъугьинарула гьеб раг1улъ ругел х1арпал хис-хисун лъун:


Х1алимат - Х1алим, х1ал, мали, х1атта, мах1, х1ама, милат, тамих1, талих1, талах1,

Мирза – зар, Иза, Риза, Зира, Замир, рази,

Г1олилав – Г1али, вали, лал, г1ила, ва, г1ола,

  • Раг1аби рук1ине бегьула цолъул формаялда аслияб падежалда.

  • Т1адкъазе бегьула г1иц1го г1аммал предметиял ц1арал хъвазе.

  • Бегьула хасал ц1арал журазаризе.

  • Бегьула гьединго, бат1алъи гьеч1ого, к1олелщинал раг1аби хъвазеги.

Раг1улъ бат1и-бат1иял рагьарал гьаркьал ц1ик1к1ун ругог1ан, г1емерал раг1аби лъугьуна гьелдаса. Гьеб х1ай т1обит1ула авар мац1алъул вечераздаги.

Гьадинал х1алт1аби дарсида х1алт1изариялъе аслияб г1илла ккола лъималазул ц1алудехун гъира ц1ик1к1инаби. Кьвариг1ун руго лъималазул ц1алудехун гьира бижизабулел ц1иял къаг1идаби дарсаздаги, класстун къват1ибехунги х1алт1изе гьаризе. Ц1иял къаг1идаби бат1и-бат1иял руго.

Щивав муг1алимасда бич1ч1ула , х1аялдалъун гъабулеб бугони, ц1али яги цоги бат1ияб лъималазе зах1малъулеб жо, лъималазул гьелдехун гъира бижулеблъи.

Х1аял г1емер бат1и-бат1иял рук1уна. Гьел хурхарал руго мац1алъулги адабияталъулги киналго рахъазда. Дарсил бокьараб бут1аялдаги х1алт1изаризе бегьула гьел, т1убарабго дарс х1аялдалъунги г1уц1изе бегьула. Т1адехун дица рихьизаруна дидактикиял х1аязул цо-цо мисалал.



XIай «Лъалищ нужода ?» (раг1абазул маг1на (толкова­ние) кьела - лъималаз жибго раг1и абила), масала: хъвазе- ц1ализе лъаларев чи (жагъилчи); ах, хур бухъизе х1алт1изабулеб т1аг1ел (газа, раххан) ва гъ.ц

XIай «Бищунго хехав» ( хехго раг1улъа рагьаралги рагьукъалги гьаркьал рат1а росун аби, яги лабиалиял гьаркьал рихьизаризе лъай,. Гьадинаб х1ай гьабулаго, бокьараб т1адкъай кьела, лъимал х1алт1изаризе хехлъи х1исабалде босила)ёёёёё

Х1ай «Къвариг1унареб раг1и бате» (предложениял кьела - гьезда жанир х1алт1изе гьарич1ониги бегьулел раг1аби ратизе

т1амила лъимал), масала: 1) Заман щвелалдего дир бот1рол рас хьах1льана. 2) Килщил малъ бекана.

Х1ай «Лъил х1акъалъулъ дица бицен гьабулеб бугеб?» (цо кинав вугониги шаг1ирасул яги хъвадарухъанасул х1акъалъулъ хъварал бак1ал ц1алила, ц1алдохъабазда т1адкъала лъил х1акъалъулъ гьел раг1аби хъван ругебали лъазе)

Масала:

А) «Дица дирго учителасда цебе, гьев жанив г1ураб минаялда цебе , гьесул гьунаралда цебе бет1ер къулула ……»

Б) Амма т1убан ц1ияб г1умру бергьинег1ан ва гьелдаса пайда босизег1ан гьев хут1ич1о.1919 соналъ гьев ч1вана).

В) «Къосарав «далайчи»хвараб бак1алда вукъизе кколилан х1укму гьабуна гьез ва колодаго вукъизеги вукъана)

Г) «Цо берталъ, бечедаб агьлу какун кеч1 ах1идал,гьез хадур г1адамалги т1амун,т1аг1инавуна. Жакъагицин гьев хварав куцги лъаларо, гьесул хобги гьеч1о»

Гъ) «Гьелъул рокьи ккана бечедал чаг1азул васасухъ, амма гьеб рокьи балагьалде сверана. Бечедав вокьулес гьей махсароде ккуна ва ячинч1ого тана.»

Х1ай «Лъица бицинеб гьал раг1абазул маг1на? »

(г1уч1алт1ам, т1алагъуд, ухи, гилавка, магъущ, муг1алим, сардар,раца, нукар, къади, къали, жаллатал, зарбаб, карц, давагьин, кагьруман, гьпнта, гьанарк1о, гьижра, аят )

Х1ай «Хадуб лъица бицинеб? » (кицабазул байбихьул мухъал абила — лъималаз лъуг1изарила).

Масала:

1.Анищазул хур бекьун,……………………………

2.Гьабигьанасул чед к1удияб, чанахъанасул …………………………..

3.Рек1инч1ого чу лъалареб, чиякълъич1ого ……………………………

4.Вакъич1ого кванаге …………………………………………………….

5. Бергьарасул - къо, къурасул ………

6.Вакъи х1ехьоларес………………………………………………………

7.Бикъарав -………., вагъарав - ……..

8. Нилъеца бекьич1еб ………………

9. Вач1инеги лъай, …………………………..

10. Мекъаб квер ……………………………..


8.Х1ай «Гьал щал ?» (художествиял асаразул героязул диалогал кьела, лъималаз асаралъул ц1ар, автор ва героя­зул ц1арал рицина).

Масала :

1.

- Мун щив?

- Жамал вуго.

- Щибха дуе лъугьараб?

- Лъоваса вортана.

- Гьединав кьварарав чи гьениса ворти х1икматаб жо буго, - ян нахъги гьев вортараб кьурухъ валагьана дун.

2.

- Эбел, - ян зигардана дов.

- Щиб дир вас, х1енсолебищ бугеб? – гьей васасде къулана.

- Дагьабги балагье доб «жо», дун хехго лъик1лъизе.

- Бегьуларо, дир вас. Инсуе бокьулареб жо гьабуге, дуего лъик1 бук1ине.



Х1ай «Щаяли лъай?» ( гьаб х1аялъул аслияб мурад буго ц1алдохъабазда шаг1ирзабазул ва хъвадарухъабазул фамилия ц1ар рак1алда ч1ей, гьел щиб ц1аралда гъоркь Дагъистаналдаго машгьурлъарабали лъай)

Масала.

Йирчи Гъазахъ (лъараг1 мац1алъул раг1и йирчи – певец)

Ятим Эмин (лезгиназул мац1алъул раг1и ятим – бесдалав)

Ц1адаса Х1амзат (Хунзахъ районалъул Ц1ада росдал ц1ар)

Къуркълиса Щаза (Лак районалъул Къуркъли росдал ц1ар)

Хъах1абросулъа Мах1муд ( Унсоколо районалъул Хъах1абросу росдада ц1ар)

Гьединго лъималазе рокьула дарсазда х1алт1изаризе телевизоралдаса рихьулел х1аял: бат1аго дир ц1алдохъабазе бокьула «Г1ажаиблъабазул авлахъ» ( Поле чудес).

Дун х1алт1улей йиго Дагъистан Республикаялъул мустах1икъай муг1алим Г1алиева Марзигат Хангераевнаялда цадахъ. Дирго х1алт1улъ дица х1аракат бахъула гьелъул методикаялда рекъон х1алт1изе. Сонайил кьола гимназиялъул муг1алимзабазе рагьарал дарсал.

Лъималазе тарбия кьеялъе, гьезул г1елмияб х1аракатчилъи борхизабиялъе, лъаялда хадургъей лъик1лъизабиялъе квербакъулеб гьеб тадбиралде унго-унгояб къаг1идаялъ х1адурлъула дир ц1алдохъаби.

Г1олохъанал ц1ех-рех гьабулезул г1елмияб данделъи т1обит1улеб буго ахириял соназ Каспийск шагьаралда бугеб лъай кьеялъул центраялда «Науки юношей питают» дица хъвараб г1елмияб х1алт1и лъик1аблъун рик1к1ана, бак1 щвеч1ониги, рецц – бакъ г1емераб бук1ана.

Эбел-инсуца бицунеб мац1 лъаларезе зах1малъула бук1инеселде гали т1амизе.

Дица ц1ализарула аслияб къаг1идаялда литературияб мац1 жидер к1иабилеб рахьдал мац1лъун кколел лъимал, -

Дица гимназиялда г1уц1ун буго адабияталъул кружокги. Гьенире хьвадула авар адабият бокьулел ц1алдохъаби.

Г1ахьвалазул тарихги, маданиятги, адабиятги гъваридго лъалел ва пасих1го гьелъул бицунел ц1алдохъаби – патриотал куцалеб кузницалъун ккола дир кабинет. Кабинет – г1ун бач1унеб г1елалъе тарбия- лъай кьолеб бак1лъун ккола.