Сценка ко дню Учителя.
«Учителасул Къо»
Сценаялда- хурире унел, лъадаре рач1унел, махсаро-хоч1алда ясал.
20 абилел соназул партал рет1арай г1урус г1адан росулъе щола
Гьеб заманалда сценалда нахъасан рик1к1уна:
Ц1алдохъан
Йорч1ами хирияй, г1урус муг1алим,
Лъик1 щварай муг1рузул улкаялде мун.
Г1асиял кьураби, ч1ах1иял борхьал,
Бидул ц1урал хунжрул ва гьезда гьоркьой
Микьабго рахъалъан сверун ккуна мун.
Руччабаз гьелда хадур цо-цо раг1аби рехула.
-Гьалъул рет1ел-хьит бихьулищ?
-Гьай щий,киса щварай?
-Намуго гьеч1огури гьалъул
Г1урус учительница нахъе уна,к1азги ч1ван,нахъоги яч1уна цее.
Школалде рач1унел лъималазул къокъаби. Гьезда дандч1вай гьабула г1урус муг1алималъ. Гьанже бот1рода ч1ван буго шал. Киназдаго гьелъ т1асан кверал рахъула, г1одор ч1езарула
Учителалъ ц1умур кьабула, лъимал рокъоре нухда т1амула
Руччаби лъадаса рач1ун
Ц1алдохъан
Хирияй, бищунго бах1арал сонал
Бец1аб муг1рул росулъ т1амуна дуца.
Бец1ал руччабазул гьерсилал мац1аз
Гьабихъги корохъги какулаан мун.
Ц1алдохъан
Бот1рол рас бахчизе чохт1о-к1аз гьеч1ей
Дуде аск1ор ясал рит1иралилан,
Цогиги рук1ана дозул бугьтанал,
Бич1ч1и щвеч1ел гьезда т1аса лъугьа мун.
Ц1алдохъан
Г1урусай муг1алим, зах1мат бук1ана.
Амма дуца кинго кверал рорхич1о.
Дур каранлъ бук1ана багьадураб рак1,
Дур рек1елъ бук1ана багьадураб къасд.
Ц1алдохъан
Ва хасалил сардаз квачараб рокъоб,
Мукъсанаб канлъухъе дуца ц1алана
Муг1рул лъималаца т1оцере хъварал
Бищунго г1адатал г1урус раг1аби.
Ц1алдохъан
Гьеб щибаб раг1иялъ нижер бадиса
Борхана азарил соназул пардав.
Нижеда бихьана партабаздасан
Гьайбатаб г1умрудул г1ор щвараб чвахи.
Ц1алдохъаби рач1уна
Ниж г1уна, г1емерал сонал роржана
Нижеца г1асиял муг1рул нахъ тана.
Г1азизай эбелалъ кинигин дуца,
Квер босун, сапаралъ ниж т1орит1ана.
Ц1алдохъан
Дур ц1алдохъабаца – маг1арул васаз
Ротаби гьужумалъ цере рачана.
Дур ц1алдохъабаца, ц1умаллъун роржун,
Ц1вабзахъе щвезег1ан т1авап гьабуна
Ц1алдохъан
Дида лъала эбел цо йик1унейлъи,
Цогидаз кидаго гьей хисунгут1и.
Амма киназулго рак1алъ абула
К1иабилей эбел йигин мунилан.
Баркала, хирияв муг1алим дуе!