7-абилеб классалъе авар мац1алъул
дарсида кумекалъе кьолеб материал (тестал)
Х1адурана: Расулова Г.Г.
Мах1ачхъалаялъул 2-абилеб школалъул муг1алим.
7 класс (1 четверть)
1. Бит1унхъварад предметиял ц1аразда гъоркь х1учч ц1ай.
Рет1ел – кун.
Рет1елкун.
Рет1ел кун
Кьили мег1ер
Кьилимег1ер
Кьили-мег1ер
2. Щиб жо кколеб инфинитив?
Глаголалъул хисулареб форма.
Глаголалдаса лъугьараб наречие.
Глаголияб прилагательное.
Заманияб форма гьеч1еб глаголалъул ц1арч1вавул наклонение.
3.Сунда абулеб жубараб глаголилан?
Цо маг1на кьолеб глаголияб г1уц1иялда.
Цо суалалъе жаваблъун бач1унеб к1иго яги ц1ик1к1ун глаголалдасан данделъараб заманияб формаялда.
К1иго глаголалъул дандбаялда
Жинца цо маг1на кьолеб к1иго раг1и цолъун лъугьараб глаголалда.
4. Бит1унхъварал глаголазда гъоркь х1учч- ц1ай.
Х1ал бихьизе
Х1ал-бихьизе
Х1албихьизе.
Риххахочизе
Рихха-хочизе
Рихха хочизе.
5. Составияб глаголилан сунда абулеб?
Цо подлежащеялъе сказуемоеялъун ккарал глаголазда.
Цох1о ишалъул бицунеб, аслиябги кумекалъулги раг1абаздаса г1уц1араб глаголалъул заманияб формаялда.
К1иго раг1и цолъун лъугьараб глаголалда
Лъаларо.
6. Гьанже заманалъул составияб глагол кин лъугьунеб?
Деепричастиялда т1аде куекалъул глагол (буго, гьеч1о) жубан.
Араб заманалъул причастиялда т1аде кумекалъул глагол бач1ун
Г1ахьалаб заманалъул причастиялда т1аде кумекалъул глагол (буго, гьеч1о) бач1ун.
Инфинитивалда т1аде куекалъул глагол бач1ун.
7. Бач1унеб заманлъул составияб глагол кин лъугьунеб?
Бач1унеб заманалъул причастиялда т1аде кумекалъул глагол (буго, гьеч1о) бач1ун.
Инфинитивалда т1аде кумекалъул глагол (буго, гьеч1о) бач1ун.
Деепричастиялда т1аде кумекалъул глагол бач1ун.
Г1ахьалаб зааналъул причастиялда т1аде кумекалъул глагол бач1ун.
8. Араб заманалъул составияб глагол бате.
Ц1алараб буго
Ц1алулеб буго
Ц1ализе буго
Ц1ализехъан буго.
9.Араб заманалъул составия глагол бихьизабе.
Кьурдизе лъугьана.
Кьурдизе лъугьунев вуго.
Кьурдизе вуго.
Кьурдизе лъугьине вуго
10. Журарал глаголал рихьизаре.
Берч1вана
К1очон тана.
Рак1хвана.
Тирун буго.
Жавабал:
1. (бал)
2. г
3. г
4.(бал)
5.б
6.в
7. б
8. а
9. а
10. (бал)
7 класс ( 2 четверть)
1. Ишалъул такрарлъи бич1ч1изабулел глаголал рихьизаре.
Хъвадарана
Г1унан
Г1адаллъана
Векьарана.
2. Г1инзул глаголал рате.
Лъалъана
Лъалъанила
Лъалъан буго
Лъалъалеб буго.
3. Глаголалъул хабарияб наклонениялда гъокь х1учч ц1ай.
Ах1изе
Ах1е
Ах1улеб буго
Ах1ани.
4. Глаголалъул т1алабияб наклонение бихьизабе.
Рахана.
Раханиги
Рахини
Раханин
5. Глаголалъул байбихьул формалъун щиб рик1к1унеб?
Г1ахьалаб заманалъул глагол.
Глаголияб ц1ар
Инфинитив (мурадияб форма)
Деепричастие
6. Г1адатаб глаголалъул кинал ахирал рук1унел?
Глаголалъул ахирал рук1унаро
–ана, -ила, - ула.
–на, -ла.
–зе,-е.
7. Т1алабияб наклонениялъул гьеч1олъиялъул форма кин лъугьунеб?
–«й» суффикс т1аде бач1ун.
– «ин» суффиксалдалъун.
– «ге» суффиксалдалъун
– «ги» суффиксалдалъун.
8. Т1алабияб наклонениялъул гьесизариялъул форма бате.
Кьолой
Кьологе
Кьологеги
Кьолозин
9.Глаголалъул шарт1ияб наклонение бат1а гьабе.
Бекьана
Бекьаги
Бекьаниги
Бекьани.
10. Глаголалъул кинаб формаялда т1аде –ани- жубае, шарт1ияб наклонение лъугьунеб?
Хабарияб наклонениялда т1аде
Деепричастиялда т1аде
Причастиялда т1аде
Т1алабияб наклонениялда т1аде.
ОТВЕТЫ:
А
Б
В
Г
В
В
В
Г
Г
В
7 класс (3 четверть)
1.Шарт1ияб наклонениялъул гьеч1олъиялъул форма кин лъугьунеб?
Хабарияб наклонениялъул гьеч1олъиялъул формаялда т1аде «-ни» суффикс жубан.
Т1алабияб наклонениялда т1аде «-ни» суффикс жубан.
Причастиялда т1аде «-ни» бач1ун.
Деепричастиялда т1аде «-ни» бач1ун.
2.Шарт1ияб наклонениялъул анищалъулаб форма кин лъугьунеб?
Хабарияб наклонениялда т1аде «-ани» суффикс жубан.
Деепричастиялда т1аде «-ани» бач1ун.
Причастиялда т1аде «ани» бач1ун.
Т1алабияб наклонениялда т1аде «-ани» суффикс жубан.
3.Суалияб наклонениялъул глаголаз щиб загьир гьабулеб?
Буюрухъ
Гьикъул маг1на
Шарт1
Щаклъи
4.Суалияб наклонение лъугьинабулел суффиксал рихьизаре.
–ни
–ин
–ге
–ищ,-дай
5.Наречие сунда абулеб?
Глаголалъул хисулареб формаялда.
Иш лъугьунеб куц,бак1,заман,къадар,г1илла-мурад баян гьабулеб хисулареб каламалъул бут1аялда.
Бак1алъул падежазда ругел раг1абазда.
Падежазде сверулареб каламалъул бут1аялда.
6. Наречие бихьизабе.
Мокъокъ
Ресукъ
Мукъулукъ
Рукъ
7.Бит1унхъвараб наречие бихьизабе.
Къо бакъ ине г1ан
Къобакъинег1ан
Къо-бакъ-инег1ан
Къо-бакъ инег1ан
8.Кумекалъул каламалъул бут1а бат1а гьабе.
Хадурег1ел
Хит1аб
Наречие
Деепричастие
9.Маг1наялда рекъон,союз бит1ун х1алт1изабураб предложение т1аса бище.
Х1ажи вегана, амма кьижана.
Х1ажи вегана жеги кьижана.
Х1ажи вегана ва кьижана.
Х1ажи вегана гьединго кьижана.
10. «ги» частицалъун бугеб предложение бате.
Г1алиги Г1умарги школалде ана.
Муг1алимас нижеда хъвазеги ц1ализеги малъана.
Г1умарги лъик1ав палугьан вук1ун вуго.
Дир к1ододаги к1удадаги г1емерал маргьаби лъала.
ОТВЕТЫ:
А
В
Б
Г
Б
Б
Б
А
В
в
7 класс 4 четверть
1. Жубараб глаголалда гъоркь х1учч ц1ай.
Бижулеб буго.
Берккана
Бекьулеб бук1ана
Кьижун кколев вук1ана
2.Составияб глагол бате.
Муса векерана,к1анц1ана,васандана
Муса васандулев вук1ун вуго
Муса барщана ,кванач1о ва вегана
Муса школалде ина,ц1алдела,хъвадарила.
3.Араб заманалъул составияб глагол бат1а гьабе.
Рекьаризехъин ругила.
Рекьарулел ругила.
Рекьарулел рук1анила.
Рекьаризе ругила.
4. Г1инзул глагол бате.
Квачана.
Квачазе бугила.
Квачан буго.
Квачазе лъугьана.
5. Т1алабияб глаголалда гъоркь х1учч ц1ай.
Вач1ана
Вач1унев вуго.
Вач1анадай.
Вач1а.
6.Шарт1ияб наклонениялда бугеб глагол бугеб бихьизабе.
Т1егьана.
Т1егьани.
Т1егьанадай
Т1егьай.
7. « Чехьат1аде» абураб наречие кин лъугьараб?
Суффиксалдалъун.
Предметияб ц1арул падежияб.
Раг1аби жураялдалъун .
Лъаларо.
8.Хадурег1елалда гъоркъ х1учч ц1ай.
Цебе ана.
Рукъалда цебе.
Рукъалда сверухъ.
Сверухъ нак1к1 лъуна.
9.Бит1унхъварал хадурег1елал рихьизаре.
Эменлъун
Эмен лъун
Росдае г1оло.
Росдаег1оло.
10.Предметияб ц1арлъун х1алт1изабураб междометие бате.
Вах1,гьеб кьурулъе мун кин ккараб?
Вах1 ле! Мунгийищ вач1арав базаралде?
Вах1алъ хвараб х1ама бахъинабиларо.
Дуца вах1 бачунилан ,балеб г1азу ч1еларо.
ОТВЕТЫ:
Б
Б
В
Б
Г
Б
В
Б,В
А,В
В,Г