СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Творческая работа на тему " 90 летие Расула Гамзатова"

Нажмите, чтобы узнать подробности

творческая работа на тему "90 летие Расула Гамзатова " является необходимим материалом для учителей родных языков национальных школ Дагестана 

Просмотр содержимого документа
«Творческая работа на тему " 90 летие Расула Гамзатова"»



1. Расул кидаго Расул вуго ва гьединавлъун хут1ила.



Машгьурал шаг1ираздасаги г1емерго т1адег1анав .







2.Расул , дунялалъул к1удияв шаг1ир ,

Ц!ар щун буго дуе Ц!адасан абун .

Мун ккола Ц!адаса к1удияв поэт .

Хъвадарана мун инсул ирс босун .

Лъималгун улбуца ц1алулел руго.

Мунги рак1алде щун берцинал куч1дул .

Мун к1оченаро , Расул , мунагьал чурад ,

Дунялалъул поэт - Х!амзатил Расул .

3. Расулица хъвалеб буго жиндирго асаралъулъ .

Умумуз ирсалъе тараб лъик1абщинаб нилъеца беццулеб г1адин ,

нилъеца таралъул къимат гьабизе буго бач1унеб г1елалъги .

Гьезие нилъеца ц1унизе х1ажат буго нилъерго мац1ги , ц1арги , г1адаталги , тарихги .

***

Эбелалъ кинидахъ ах1араб кеч1 к1очарасда , к1очене буго г1агараб ракьги рахьдал мац1ги .

***

Буго Расулил рагъ лъуг1ун г1емерал сонал ун хадуб

«Хъах1ал къункъраби» абураб коч1олъ рак1алде щвезарула

киналго рагъда т1аг1арал солдатал.

Къункъраби .

Дида ккола рагъда камурал васал

Кирго рукъун гьеч1ин , къанабакь лъеч1ин ,

Муг1рул тун рик1к1ада хъах1ил зобазда

Хъах1ал къункърабазде руссун ратилин.

Гьел гьанжелъизег1а гьаркьахинаго

Гьава къот1ун руго т1авап гьабулел .

Гьелъ гурищ къункъраби роржунеб мехалъ ,

Къваридго зобазухъ балагьулел нилъ?

Унеб буго боржун свакараб къокъа ,-

Дир къайицадахъал , вацал ,г1агарлъи.

Гьезул чит1иралъулъ буго цо манзил ,-

Гьеб батизе буго дие тараб бак1.

Дунги воржун ина къо бач1арабго ,

Къункърабазул т1елгун дове рик1к1аде .

Гьезул мац1алъ дица ракьалда тарал

Рокьулел чаг1азул ах1ила ц1арал…

Дида кола рагъда камурал васал

Кирго рукъун гьеч1ин , къаникь лъун гьеч1ин ,

Муг1рул тун рик1к1ада хъах1ил зобазда

Хъах1ал къункърабазде руссун ратилин.



Кеч! бижараб куц!

Ах1улареб кеч1 боржунареб х1инч1 , х1алт1улареб рак1ан абула.

«Вехьас кеч1 ах1ич1они , кваналаро чахъаби» -ян абула

маг1арулаз.

Маг1арул кеч1 бижараб куц .

Вук1ун вуго цо мискин ,

Цо ц1еялъул бет1ергьан.

Цо гъвет1алъул ахихъан,

Цо ханжар ярагъ бугев.

Талих1 къосарав гьесул

Цох1о талих1 бук1ана ,-

Цо рак1алъе йокьарай

Яс щвезе бугеб мурад.

Хьул –хьудулев тана вас

Ясалъ к1иго лъаг1елалъ;

Лъабабилелъ – кьибилалъ

Кьуна гьей цойгиясе;

Цогидав бечедасе ,

Чахъаби г1емерасе,

Г!арцул чванта ц1урасе ,

Ц!а гъасда сунаресе.

Хасел анна их щвана ,

Их ана , хасел щвана ,

Т!егьач1о васасул гъвет1,

Бижич1о гъвет1алда пихъ.

Мегеж далана даг1нил ,

Даим тана талих1алъ,

Г!ишкъу ккаралъ гуро къвал –

Къварилъиялъ жемана .

Нух къосарав мискинас

Къват1иб бахъана ханжар,

Къот1ана цо бугеб гъвет1,

Хъуна лълъарги ккун дег1ен.

Гьет1 –гьет1араб гъвет1алъул

Къот1ун пандур гьабуна ,

Гьелда даг1нил бакьалъул

Бахъун к1иго ч1ва бана.

Ч!вабзазда килиш к1ут1ун,

Агьан х1ухьел угьана,

Аман дир къисматилан,

Къваридаб кеч1 ах1ана.







Гьедин бижун раг1ула

Маг1арухъ т1оцебе кеч1 –

Каранзул рек1ел т1анхалъ

Бищун цебесеб дах1а.

Гьелъин маг1арулаца

Маг1ида аск1об балеб

Умумузул ханжарги,

Умумузул пандурги.