В ГОСТИ К ЧАБАНАМ
Дети сидят в зале. Входит ведущая.
Вед.: Рорч1ами, лъимал! Бокьилищ нужее гьоболлъухъе рилълъине? Нилъ рилълъине руго Къасбулатил къаялде. Г1ухьбузул рук1а-рахъинрги бихьизе, нилъерго гьит1инаб концертги дозие кьезе.
(Уна г1ухьбузухъе)
Вед.: Ганч1ил бараб к1амури к1алг1а буго вехьасул.
К1алт1у кколеб хъандагьой гьалмагъ буго вехьасул.
Харил г1урччинал гох1ал бусен буго вехьасул,
Мугъзада бараб рахълъен рахьдал буго вехьасул.
Рахьдал х1ан гьабизеги гьунар буго вехьасул,
Кидаго кунеб квенги ц1игьан буго вехьасул.
Т1ад рет1унел чакмаял т1омол руго вехьасул,
Лъик1аб квасул буртина чадир буго вехьасул.
Бащалъараб шагьримоц1 чирахъ буго вехьасул.
Их щвегун, хъутабаздаса г1и гочуна маг1арде. Хер лъик1аб, лъим т1ок1к1араб, г1исинал кьаг1азе расандизе г1ат1идал г1урдалъалаби ругел бак1азде.
Жиб-жиб къоялъ радалго т1адеги рахъун, ц1ад базехъин бугин ч1еч1огун, бакъ баг1арун бугин абич1огун, г1ухьби уна г1и кваназабизе.
Г1и хьихьич1они нилъер бук1унаро гьан. Гьан къвариг1уна бат1и-бат1ияб т1аг1ам бугеб квен гьабизе. Гьанал гьарула котлетал, голубцаби, люляшкаби, хинк1ал, шашлыкал ва гь.ц.
Г1ияца нилъее кьола квас, квасул гьабула кун, кунал рет1ел, т1ансаби, дубленкаби, т1имгъал.
Г1иял бук1уна т1агамаб х1ан. Г1и хьихьани нилъ ракъунги, рет1ел гьеч1огунги хут1уларо.
Цебе заманалда ц1акъго къимат бугеб х1алт1и бук1ана вехьасул. Вас гьавун, гьев вихьизе араз гьадинаб гьари гьабулеб бук1ун буго:
Лемаг рик1к1ун к1и-к1и т1инч1 ч1аго-г1ат1го ц1унулев,
Г1ияхъаби урхъарав удаманлъун лъугьаги.
Удаман вуго г1ухьбузда т1ад тарав чи.
Вед.: Ворч1ами Къасбулат-аци! Ах1мат1! Каримула! Рокьилищ нужее гьалбал?
Чабан: Рач1а, рач1а церег1ан къай, нижее гьалбал рокьула.
Вед.: Ниж цоабилеб ясли-ахалъул лъималгун, х1алт1ухъабигун рач1ун руго нужер х1алт1и бихьизе, нижер аслияб мурад гьаб сух1маталъул буго г1и-боц1иялде, г1ухьбузул х1алт1иялде рокьи бижизаби лъималазул.
1. Х1урматиял г1ухьби! Балагье ва г1енекке нижер гьит1инаб концерталъухъ.
2. Муг1рузде гьале ихалъ рехана кьер-кьераб шал,
Кьурдана к1к1алал лъарахъ лъедерлъана зодихъ нак1к1.
3. Рик1к1адаб авлахъалъул урхъи-свакайгун цадахъ,
Вуссуна муг1руз1л вехь г1агараб т1алъиялде.
4. Салам! – (все) т1огьол байдаби! Гьес угьун х1ухьел ц1ана,-
Ц1орораб хасел, г1азу, хут1ана доба рик1к1ад.
5. Г1урччинаб авлавхъалда рехъен т1обит1ун буго,
Т1омохьиталги рахъун вехь х1алхьиялда вуго.
Исполняется песня: «Рач1а лъимал маг1арде». – хор.
6. Ле, маг1арда вугев вехь, дуда ц1ар щиб, мун киса?
Вехь: Дун г1иял вехь х1акъаб жо, ц1арги Къасбулат буго.
7. Ле г1иял вехь, Къасбулат, дица бусен телалде
Мун маг1арде вахуна веги-кьижи гьеч1ищ дур?
Вехь: Дун кьижула кидаго муг1рул кьижараб мехалъ.
8. Кидал муг1рул кьижулел?
Вехь: Дихъе макьу бачингун.
Вед.: Цо нухалъ колхозалъул бухгалтерас гьикъана:
9. Гьудул Къасбулат, киг1ан дур рахъалъ г1иял ругел?
Вехь: Дида мух1канго лъала г1игун ц1аназул къадар,
Дир г1умроялъул къоял гьезда ращадал руго.
10. Чан къоха дуца бараб дуниялалда бице?
Вехь: Дица хьихьулеб ругеб г1иг1анги къоял рана.
11. Нужей бокьилищ лъайзе вехь Къасбулат вугеб бак1?
Рач1а нуж Дилималде ватила гьев Бигьаго.
12. Гьикъе нухда дандч1варав т1оцевесев чиясда:
Къасбулатги рехъенги кинаб къаялда ругел?
- Хер лъик1аб лъим т1ок1к1араб сагаялда ратила.
Вед.: Кибдай хер лъик1аб бугеб? Лъим киб т1ок1к1араб бугеб?
Все вместе: Къасбулатида лъала, а досул лъак1да хадур!
(Выходят двое ребят)
1. -Салам алейкум!
2. -Алейкум салам!
1. -Дун вуго хан.
2. -Дунги вуго хан.
1. -Дида духабазул мах1 буго.
2. -Дидаги буго.
1. -Дие плов бокьула.
2. -Диеги бокьула.
Вед.: Г1ачиял лъица х1ебт1илел?
1. Дие хинк1ал.
2. Диеги хинк1ал.
Вед.: Хур лъица бекьилеб?
1. Дица гуро.
2. Дицаги гуро.
Вед.: Лъимал, гьедин бегьулебищ? Кинаб аби гьеб бак1алда абизе бегьулеб?
Все вместе: Х1алт1уларев чи кваналаро.
Вед.: Цойги гьединав чиясде абула: Х1алт1ул раг1ал т1еренав,
Т1от1ол раг1ал биццатав.
Лъимал: Нижее х1алт1иги бокьула, кеп гьабизеги лъала.
Исполняется танец.
Стихотворение «Птичка»:
Дуца базаралдаса дие босараб г1адаб,
Гьешт1еро х1инч1 бугоан ахикь бакънал рачунеб.
Гьелъ гъот1ол каралъги ч1ун куч1дул дие ах1ана.
Ч1ух1ун дихъги балагьун ч1и-ч1и бачана къоялъ.
Исполняется песня «Х1анч1и».
Вед.: Дагъистаналъул халкъазул г1адат буго цо-цо байрамазда чуял т1амун, ц1адуда т1асан к1анц1иялдалъун жидерго гьунарал, ц1одорлъи, лебаллъи г1едерлъи, махщел бихьизаби.
Проводятся скачки.
Все дети: Дир унти ц1адуе, ц1адул къуват дие.
Прыжки через костер.
Рассказ «Ц1одораб лемаг»
Цо нухалъ вехьас лемагалда т1ил кьабун буго. Лемаг рекълъун буго. Цинги гьеб пашманаб куцалъ г1одизе лъугьун буго. Гьелдаса х1инкъарав вехьас лемагалда абун буго: «Дуца гьелъул х1акъалъулъ бет1ергьанасда бицунге!» Лемагалъ вехьасе гьадинаб жаваб кьун буго: «Дицани бицинч1ого телаан, дир бохалъ бицинч1они».
Дети задают свои вопросы чабану.
Слово предоставляется чабану.