СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Презентация "Ч1анк1а"

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Презентация "Ч1анк1а"»

Тема: Бакьайч1иса Ч1анк1а «Гулишатиде»

Тема:

Бакьайч1иса Ч1анк1а

«Гулишатиде»

Дарсил мурадал: Лъай цебет1езабиялъул  Ц1алул каламалде к1вар кьей ц1ик1к1инаби,к1алзул калам пасих1лъи,жидерго пикраби загьир гьаризе бажари. Ц1алараб темаялъул аслиб маг1на загьир гьабизе бажари. Авар адабият лъазабиялде к1вар ц1ик1к1инаби.

Дарсил мурадал:

  • Лъай цебет1езабиялъул

Ц1алул каламалде к1вар кьей ц1ик1к1инаби,к1алзул калам пасих1лъи,жидерго пикраби загьир гьаризе бажари. Ц1алараб темаялъул аслиб маг1на загьир гьабизе бажари. Авар адабият лъазабиялде к1вар ц1ик1к1инаби.

Лъай кьеялъул  Ц1алдохъабазда Ч1анк1ал г1умруялъяул ва творчествоялъул х1акъикъатаб баян лъазабизе.Ч1анк1ал асаразул тема ва аслияб маг1на бич1ч1изабизе. «Гулишатиде» кеч1алъул идея лъазабизе.

Лъай кьеялъул

Ц1алдохъабазда Ч1анк1ал г1умруялъяул ва творчествоялъул х1акъикъатаб баян лъазабизе.Ч1анк1ал асаразул тема ва аслияб маг1на бич1ч1изабизе. «Гулишатиде» кеч1алъул идея лъазабизе.

Тарбия кьеялъул: --Ч1ужуг1аданалде адаб, к1вар, рокьи бижизаби.Рух1ияб хазинаялъул бугеб к1вар ва къимат ц1алдохъабазда ц1унизе малъи.

Тарбия кьеялъул:

--Ч1ужуг1аданалде адаб, к1вар, рокьи бижизаби.Рух1ияб хазинаялъул бугеб к1вар ва къимат ц1алдохъабазда ц1унизе малъи.

Рокъобе х1алт1и Инхоса Г1алих1ажиясул творчество «Хъах1аб рас» - рек1ехъе

Рокъобе х1алт1и

Инхоса Г1алих1ажиясул творчество

«Хъах1аб рас» - рек1ехъе

Шаг1ирзаби  Асарал Инхоса Г1алих1ажияв «Айгъази»   Халкъиял куч1дул  «Ч1охъдол       ясалде»  Эльдарилав  «Хъах1аб рас     баккиялде» Г1анхил Марин  «Х1амихъ маг1у»  Гьарак1униса Саг1ид  «Чарчурал гъудузул  мугъал рекизе»

Шаг1ирзаби Асарал

  • Инхоса Г1алих1ажияв «Айгъази»
  • Халкъиял куч1дул «Ч1охъдол ясалде»
  • Эльдарилав «Хъах1аб рас баккиялде»
  • Г1анхил Марин «Х1амихъ маг1у»
  • Гьарак1униса Саг1ид «Чарчурал гъудузул

мугъал рекизе»

Бакьагьеч1иса Ч1анк1а Тажудин Исана 147 сон т1убала маг1арул халъалъе хирияв шаг1ир, г1араб г1елму т1ок1к1арав , исламалъул нухдаса тарич1ев г1алимчи, бергьараб гьунаралъул инсан вук1аниги, чилъи г1аданъи г1адатлъиялъул рахъалъ г1умруялъго киназего мисаллъун хут1арав г1акъил Бакьагьеч1иса Ч1анк1а Тажудин гьавуралдаса. Гьеб лъугьа –бахъиналда бан Мах1ачхъалаялда т1обит1ун бук1ана г1елмияб конференция.

Бакьагьеч1иса Ч1анк1а Тажудин

  • Исана 147 сон т1убала маг1арул халъалъе хирияв шаг1ир, г1араб г1елму т1ок1к1арав , исламалъул нухдаса тарич1ев г1алимчи, бергьараб гьунаралъул инсан вук1аниги, чилъи г1аданъи г1адатлъиялъул рахъалъ г1умруялъго киназего мисаллъун хут1арав г1акъил Бакьагьеч1иса Ч1анк1а Тажудин гьавуралдаса. Гьеб лъугьа –бахъиналда бан Мах1ачхъалаялда т1обит1ун бук1ана г1елмияб конференция.
Биография МагӀарул халкъалъул машгьурав поэт Тажудин гьавуна Хунзахъ округалъул Бакьаич1иб росуль 1866 соналъ. Жиндирго цӀар Тажудин бук1аниги, авар литератураялда жанив гьев машгьурлъана ЧӀанкӀа абураб тӀокӀцӀаралда гъоркь. Гьедин хъвалаан гьес жиндирго асаразда гъоркь. ЧӀанкӀа абулеб рагӀул магӀна ккола бащадаб гьечӀеб ригьиналъул лъимер абураб. Ханзабаэул ялъуни бегзабазул лъималаз гӀадатияй чӀужу ячун гьарурал лъималазда чӀункӀбиян абулаан.

Биография

  • МагӀарул халкъалъул машгьурав поэт Тажудин гьавуна Хунзахъ округалъул Бакьаич1иб росуль 1866 соналъ. Жиндирго цӀар Тажудин бук1аниги, авар литератураялда жанив гьев машгьурлъана ЧӀанкӀа абураб тӀокӀцӀаралда гъоркь. Гьедин хъвалаан гьес жиндирго асаразда гъоркь. ЧӀанкӀа абулеб рагӀул магӀна ккола бащадаб гьечӀеб ригьиналъул лъимер абураб. Ханзабаэул ялъуни бегзабазул лъималаз гӀадатияй чӀужу ячун гьарурал лъималазда чӀункӀбиян абулаан.
Биография ЧӀанкӀал эмен МухӀамад-ГӀали хвана васасул микьго-ичӀго сон тӀубараб заманаялъ, гьелдаса хадув эбелалъул цӀобалде ккун, гьев гьелъ тарбия кьун гӀезавун вуго. Доб заманаялъ букӀараб гӀадаталда рекъон эбелалъ гьев гӀараб цӀали гьабизе кьун вуго. Мута-гӀилзабазда цадахъ росулъа росулъе ун, цогидаздаго гӀадин, захӀматаб къагӀидаялъ гьабун буго ЧӀанкӀаца цӀали, цохӀо динияб гӀелму лъазаби гуребги, цӀалулаго гьесие щун буго хӀисабалъул, грамматикаялъул, гӀараб мацӀалъул ва литератураялъул лъикӀаб лъай.

Биография

  • ЧӀанкӀал эмен МухӀамад-ГӀали хвана васасул микьго-ичӀго сон тӀубараб заманаялъ, гьелдаса хадув эбелалъул цӀобалде ккун, гьев гьелъ тарбия кьун гӀезавун вуго. Доб заманаялъ букӀараб гӀадаталда рекъон эбелалъ гьев гӀараб цӀали гьабизе кьун вуго. Мута-гӀилзабазда цадахъ росулъа росулъе ун, цогидаздаго гӀадин, захӀматаб къагӀидаялъ гьабун буго ЧӀанкӀаца цӀали, цохӀо динияб гӀелму лъазаби гуребги, цӀалулаго гьесие щун буго хӀисабалъул, грамматикаялъул, гӀараб мацӀалъул ва литератураялъул лъикӀаб лъай.
ЧӀанкӀал асарал данде гьарурав ва гьел къватӀире риччарав гӀалимчи МухӀамад-Саид Саидовас гьадин хъвалеб буго: «Жеги цадахъ цӀалулел гьалмагъзабазгицин тамаша гьабулеб куцалда, кивего хьвадун, авар мацӀалъул пасихӀго хъварал жал ракӀарулев, данде гьарулев, лъазарулев вукӀана гьев. Гьес хъван, халкъияб фольклоралъул данде гьарурал цо чанго мажмугӀал рукӀун руго даимго гьесда кодор».
  • ЧӀанкӀал асарал данде гьарурав ва гьел къватӀире риччарав гӀалимчи МухӀамад-Саид Саидовас гьадин хъвалеб буго: «Жеги цадахъ цӀалулел гьалмагъзабазгицин тамаша гьабулеб куцалда, кивего хьвадун, авар мацӀалъул пасихӀго хъварал жал ракӀарулев, данде гьарулев, лъазарулев вукӀана гьев. Гьес хъван, халкъияб фольклоралъул данде гьарурал цо чанго мажмугӀал рукӀун руго даимго гьесда кодор».
Гьелъ батизе буго халкъияб поэзиялъ ЧӀанкӀал творчествоялъе лъалеб асар гьабураб, ва халкъияб творчествоялдаги Гьесул кучӀдуздаги гьоркьоб гӀемерго гӀаммал рахъал ругелги. ЧӀанкӀадаса цере рукӀарал ГӀанхил Маринил ва Эльдариласул, гьесул заманаялъ кучӀдул ахӀулел ва хъвалел рукӀарал кочӀохъабазул асаразул аслияб тема рокьи букӀана. Рокьул кучӀдуздасан бай бихьана ЧӀанкӀацаги жиндирго творчество, амма гьев цохӀо гьединал асаразда гӀей гьабун чӀечӀо, гьес хъвана лирикиял кучӀдул, магӀаби, гӀараб шигӀраби ва гьел тайпаялъул асаразулъ камиллъана гьесул цӀикӀкӀараб гьунар ва махщел. Амма гьесул творчествоялда жаниб аслияб бакӀ ккола лирикиял кучӀдуз.
  • Гьелъ батизе буго халкъияб поэзиялъ ЧӀанкӀал творчествоялъе лъалеб асар гьабураб, ва халкъияб творчествоялдаги Гьесул кучӀдуздаги гьоркьоб гӀемерго гӀаммал рахъал ругелги.
  • ЧӀанкӀадаса цере рукӀарал ГӀанхил Маринил ва Эльдариласул, гьесул заманаялъ кучӀдул ахӀулел ва хъвалел рукӀарал кочӀохъабазул асаразул аслияб тема рокьи букӀана. Рокьул кучӀдуздасан бай бихьана ЧӀанкӀацаги жиндирго творчество, амма гьев цохӀо гьединал асаразда гӀей гьабун чӀечӀо, гьес хъвана лирикиял кучӀдул, магӀаби, гӀараб шигӀраби ва гьел тайпаялъул асаразулъ камиллъана гьесул цӀикӀкӀараб гьунар ва махщел. Амма гьесул творчествоялда жаниб аслияб бакӀ ккола лирикиял кучӀдуз.
Лирикиял асараз рес кьолаан доб заманаялъ жамагӀаталда, халкъалда цере чӀарал кӀвар бугел суалазе жаваб балагьизе, гьез тӀалаб гьабулаан инсанасул напсалъе эркенлъи, чӀужугӀаданалъе бихьинчиясда баща-даб ихтияр, рагъ гьабулаан басриял гӀадатазде, магӀишат ва гӀумру гьабизе диналъул бугеб квекӀеналде данде. Цоцахъ гӀищкъу ккарал гӀолилал данделъизе риччалароан ханлъи-бечельийин, кьибил-тухумин, бечелъи-мискинлъийин абун гӀадамазул чӀаголъи, сахаватлъи, гӀакълу-лъай, чилъи хӀисабалде босуларел хӀужабаз. Лирикиял кучӀдуз гьезде данде рагъ гьабулаан. Лирикиял асараз инсанасул хасият, рекӀел батӀи-батӀиял хӀалал загьир гьарулаан.
  • Лирикиял асараз рес кьолаан доб заманаялъ жамагӀаталда, халкъалда цере чӀарал кӀвар бугел суалазе жаваб балагьизе, гьез тӀалаб гьабулаан инсанасул напсалъе эркенлъи, чӀужугӀаданалъе бихьинчиясда баща-даб ихтияр, рагъ гьабулаан басриял гӀадатазде, магӀишат ва гӀумру гьабизе диналъул бугеб квекӀеналде данде. Цоцахъ гӀищкъу ккарал гӀолилал данделъизе риччалароан ханлъи-бечельийин, кьибил-тухумин, бечелъи-мискинлъийин абун гӀадамазул чӀаголъи, сахаватлъи, гӀакълу-лъай, чилъи хӀисабалде босуларел хӀужабаз. Лирикиял кучӀдуз гьезде данде рагъ гьабулаан. Лирикиял асараз инсанасул хасият, рекӀел батӀи-батӀиял хӀалал загьир гьарулаан.
РИЧ1Ч1УЛАРЕЛ РАГ1АБИ.       Забру –печаталде бахъи.  Жисму—черх.  Самаъ—зоб.  Асиллъи—гьайбатлъи.  Г1ужбу карамат—г1ажаиблъи- т1адег1анлъи.  Х1авраияй—х1урулг1иналъулай.  Кибритул ах1мар—баг1араб месед.  Сайгид—бет1ер, хважаин.  Луълуъ—маргъал.  Каржин—би-рахь рекъарабин абулеб маг1на, гьединаб сипат.  Х1ираъ –мег1ералде ц1ар.  Явакъит—якъут.  Шараб—гьекъолеб жо.  Тасбих1—рецц.  Алапа –шапакъат.  Кеп –куц, форма.   

РИЧ1Ч1УЛАРЕЛ РАГ1АБИ.  

  • Забру –печаталде бахъи. Жисму—черх. Самаъ—зоб. Асиллъи—гьайбатлъи. Г1ужбу карамат—г1ажаиблъи- т1адег1анлъи. Х1авраияй—х1урулг1иналъулай. Кибритул ах1мар—баг1араб месед. Сайгид—бет1ер, хважаин. Луълуъ—маргъал. Каржин—би-рахь рекъарабин абулеб маг1на, гьединаб сипат. Х1ираъ –мег1ералде ц1ар. Явакъит—якъут. Шараб—гьекъолеб жо. Тасбих1—рецц. Алапа –шапакъат. Кеп –куц, форма.  
ТЕСТАЛ Забру варакъулаб ( шамалъул, х1ежалъул, зобазул) къуран Х1алгьабулеб буго (гьанже, дида) гьаваялъ. Х1анил жисму, бугеб( зобалъул , ахазул, гь айбатаб ) т1аавус, (Зулму , ургъел) буго дие гьаб рокьиялъул.   (Рукьбал, куркьбал, х1ули) меседилаб, сан маргъалулаб, Самаияб х1анч1ил ,х1ал буго(гьанже, дие, бергьун). Куркьбазда( меседил, варакъул, берцинаб) накъищ угьараб, Гьаваялъул(х1анч1ихъ, лочнохъ) чара хун буго.   Беразул нур( унеб, сунеб) сипат бихьидал, (Сабруяб, х1алхьияб) рак1алъул сабру хисана. Халкъ (х1айран, г1ажиз) гьаюрай г1адан ятидал,  Г1аданул беразул( балай, сабру) хисана.

ТЕСТАЛ

Забру варакъулаб ( шамалъул, х1ежалъул, зобазул) къуран

Х1алгьабулеб буго (гьанже, дида) гьаваялъ.

Х1анил жисму, бугеб( зобалъул , ахазул, гь айбатаб ) т1аавус,

(Зулму , ургъел) буго дие гьаб рокьиялъул.

 

(Рукьбал, куркьбал, х1ули) меседилаб, сан маргъалулаб,

Самаияб х1анч1ил ,х1ал буго(гьанже, дие, бергьун).

Куркьбазда( меседил, варакъул, берцинаб) накъищ угьараб,

Гьаваялъул(х1анч1ихъ, лочнохъ) чара хун буго.

 

Беразул нур( унеб, сунеб) сипат бихьидал,

(Сабруяб, х1алхьияб) рак1алъул сабру хисана.

Халкъ (х1айран, г1ажиз) гьаюрай г1адан ятидал,

Г1аданул беразул( балай, сабру) хисана.

ТЕСТАЛ Унго ( г1адандай, инсандай) мун, сипат гуродай, Дир сабру(лъуг1араб, т1аг1араб) г1ажаибаб рух1. (Унго, вах1ай яги) х1урулг1индай, малаикциндай, Дир х1алал(рихьизе, росизе) цее т1амурай.   Вабабай (асиллъи, чалухълъи) унго ч1урканлъи (гьайбатлъи, ч1ег1ерлъи) беразул, берцинлъи гьурмал. Гьай г1ужбу карамат, камиллъи ( чорхол, логол) Чергеслъи,(х1адурлъи, бецинлъи) х1ат1ил т1адагьлъи.   (Унго, вах1ай) логол бит1и, рат1лил т1ад рекъей, Къвалзукьа (чергеслъи, чалухълъи, гьайбатлъи) чорхол къаг1ида. Лугбал инсанияй, сан (маргъалулай, сан магьидулай), Сан рик1к1ун (йосана, чапана) мун дир чорхолъе.

ТЕСТАЛ

Унго ( г1адандай, инсандай) мун, сипат гуродай,

Дир сабру(лъуг1араб, т1аг1араб) г1ажаибаб рух1.

(Унго, вах1ай яги) х1урулг1индай, малаикциндай,

Дир х1алал(рихьизе, росизе) цее т1амурай.

 

Вабабай (асиллъи, чалухълъи) унго ч1урканлъи

(гьайбатлъи, ч1ег1ерлъи) беразул, берцинлъи гьурмал.

Гьай г1ужбу карамат, камиллъи ( чорхол, логол)

Чергеслъи,(х1адурлъи, бецинлъи) х1ат1ил т1адагьлъи.

 

(Унго, вах1ай) логол бит1и, рат1лил т1ад рекъей,

Къвалзукьа (чергеслъи, чалухълъи, гьайбатлъи) чорхол къаг1ида.

Лугбал инсанияй, сан (маргъалулай, сан магьидулай),

Сан рик1к1ун (йосана, чапана) мун дир чорхолъе.