СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Сочинение "Второе дыхание родным языкам"

Категория: Русский язык

Нажмите, чтобы узнать подробности

XXI гIасру. ЦебетIолеб гIелму,  гIалам, гIумру. Къоялдаса къоялде цIикIкIунел цIигьариял. ЧIороголъулел муг1рул росаби. Ч1унтулел годек1аби

Просмотр содержимого документа
«Сочинение "Второе дыхание родным языкам"»

Сочинение

Рахьдал мацI цIуниялде дир бербалагьи

Ассаламу гIалайкум

Аваразул миллат, мацI,

Адаб кьочIое лъурал,

Ахир рокьуе гьечIел…

(Р. ХIамзатов)

XXI гIасру. ЦебетIолеб гIелму, гIалам, гIумру. Къоялдаса къоялде цIикIкIунел цIигьариял. ЧIороголъулел муг1рул росаби. Ч1унтулел годек1аби. Рохьаца рацун, гьалагал иххаца кванан, т1ерхьунел муг1рул росабалъе ралагьарал сухъмахъал. Заз-хъарахъалъулъ гъанкъулел рехун тарал мегъал, хурзал, хобалгун занаби…

Г1ат1илъулел, ц1илъулел, ризлъулел шагьарал. Къойил эхетулел к1удиял рукъзал. Бак1ал г1ат1идалъур къварилъулел г1адамазул рак1ал. Рич-ричулел, т1ут1улел г1агарлъиялъул бидурихьаз рухьарал гарц1ал. Ризлъулел лъималазул ва харабазул рукъзал. Хъудулел пашманлъиялъул ралъадал. Т1еренлъулел рохалил лъарал.

Ц1ияб х1ухьелги гучги рахьдал мац1азе кьезе миллатги Ват1анги хириял жамг1иял церехъабаз т1обит1улеб лъик1аб тадбиралде гъорлъе журалел руго исана нижги, Гъуниб районалъул Х1утниб росдал мактабалъул ц1алдохъаби, муг1алим Рамазан Гъазимух1амадовасул нухмалъиялда гъоркь.

Рахьдал мац1 ц1униялда бан нижерго пикру загьир гьабизе квер балелъул, ч1умаллъун сверулел руго г1аданир Х1амзатил Расулил, Фазу Г1алиевалъул, Пат1имат Муртазаг1алиевалъул, Мух1амад Ах1мадовасул, Наби Г1исаевасул, Мух1амад Х1амзаевасул, Тубх1ат Зургьаловалъул ва цогидалги г1акъилал раг1ул устарзабазул къиматал калимаби, гьалдолел жугьаби. Х1асилалда, паркъолеб буго беразда цебе кьер-кьерал релъабаца басараб, бат1и-бат1иял кунаца угьараб макъалаялъул авалалда кьураб раг1абазул сурат. Нижер пикруялда, гьаб жакъасеб г1умруялда халлъулеб х1алуцинги, метерисеб къоялде т1аг1унеб божилъиги, т1ибит1улеб пасалъиги, хиянатчилъиги, хъизан-лъималазда гьоркьоб г1емерлъараб даг1ба-раг1иги, г1адлу-низам хвейги, гьит1инаб гьеч1еб бут1а г1олохъанаб г1елалъул какарал ишазде буссинги, адаб тейги, рокьукълъиялъулгун-ццидалал карачелал кутаклъиги, – киналниги балагьазул аслу рахьдал мац1 бокьунгут1и ва гьеб лъангут1и буго.

Адабияталъул, тарихалъул, маданияталъул дарсазда нилъеда бихьула, бич1ч1ула бат1и-бат1иял заманабазул церехъабиги х1аракатчаг1иги ц1вабилъун лъугьиялъе, халкъалъул рек1елъ абадиялъ ч1аго хут1иялъе аслияб шарт1 – г1агараб рахьдал мац1ги миллатги гьезие бокьи бук1ин. Мисалалъе росила нилъер лебалал имамзаби Гъазимух1амад, Хамзат, х1икматав Шамил, гьунар т1ок1ал шаг1ирзаби Хъах1абросулъа Мах1муд, Г1анхил Марин, Элдарилав, Ч1анк1а, Ц1адаса Х1амзат, Расул Х1амзатов, Г1абасил Мух1амад, Фазу Г1алиева…

Жакъайин абуни инсанияталда цере ч1арал к1вар борхатал масъалабазулъ рехсон буго рахьдал мац1ал т1аг1иналъул, гьел ц1унизе ккеялъул суал. Гьединаб суалалъеги бахъун ч1езе бак1 толел, рес кьолел нилъ – кинал ирсилал кколел? Гьединаб инжитллъи нилъеца, наслабаз, бихьизабизедай баракатал умумуз, т1аде щиб къо бач1аниги, гьебги лъимлъун къулч1ун, ругънада ч1орто бухьун, ч1ах1ил чурпа кванан, к1алдиб речч1араб гулла ч1амун къват1ибе тун, къот1ун дал-далараб гъеж т1адги ч1ун т1ун рехун, рух1алда барахщич1ого, ясберлъун ц1унун, мац1ги, маданиятги, рух1ияб бечелъиги нилъее ирсалъе кьураб?! Эркенаб, гьарзаяб, бац1ц1адаб, роц1ц1араб, гвангъараб г1умру кьуралъухъищ г1адаллъиялъул ц1алал бут1рулъ щварал гьанже заманаялъул вакилзаби рух1ияб бечелъиялъул кьуч1, нилъер умумузул мац1 – авар мац1 ч1унтизабизе рек1ун ругел?!

Нижер к1удияб рах1атхвеялъулъ буго цо гьит1инаб ч1ух1и. Кинаб ч1ух1и гьеб? Гьеб буго нижер росдал жамаг1аталда ва мактабалда жанир рахьдал мац1алдехун мугъ рехарав цониги г1адан гьеч1олъи. Ч1ах1иязулги, г1исиназулги, г1олилазулги горсверабалъ рокъобги къват1ибги рахьдал мац1, авар калам аслияб алатлъун бук1ин. Нижеца Расул Х1амзатовасул лъазабиялда гъоркь гъулбас щулияб лъун бук1ин! Дандерижилъун гъугъалелани гьел калимаби Дагъистаналъул рорхатал муг1рузда ва щобазда, щивав миллатги мац1ги риханщинасда кант1иялъулаб гъаргъар базабизе:

Амма гьал кьурабалъ улкаялъ рарал

Мактабазда гьеб мац1 малъизе ккела –

Гьеб рекъараб буго нилъер халкъалда

Черхалда борчараб рачел кинигин…

Сунда бан бат1и-бат1иял Дагъистаналъул бок1назда маг1арул мац1алде инкар кквезе жакъа цо-цоял (бит1ахъе абуни г1емерал) лъугьун ругел? Кинаб къварилъи-г1азабалъ г1адан гьеб х1алалъ гьалаг гьавулев? Гьел суалазда т1ад ургъулелъул рак1алде щолеб буго гьанже заманалъул мустах1икъай муг1алим Сарат Мух1умаевалъ «Миллат» казияталда жиндирго макъалаялъулъ рак1алде щвезабулеб бук1араб г1акъилав к1удияв инсул калам: «Бищун г1адамасда х1ехьезе к1олареб жо щиб? – Лъик1лъи ».

Лъик1лъиялъ, гьарзалъиялъ кинабгоги учузлъун бихьаразе ях1ги, намусги, ирсги учузлъун ккей – гьеб инжитлъиги, пасалъиги, рогьоги буго! Гьеб г1аммаб къварилъи буго! Гьеб т1олабго миллаталда лъураб ссудулеб ругъун буго!

Киналниги рух1иял унтабазе дару – миллаталъе Мац1 Хазиналъун лъугьи буго. Хазиналъун мац1 лъугьиналъе аслияб шарт1 – мац1алъул тарихги, мац1алъ нилъеде щвезег1ан нахъа тараб халатаб нухги наслабазада лъайги, гъваридго бичч1иги буго. Гьеб бич1ч1иялъеги лъаялъеги, тахазда г1одор ч1ун гаргадун, х1акимзабазги, дарсазда ва данделъабазда ах1иял ран муг1алимзабазги маданияталъул х1алт1ухъабазги гьабулеб пайда ва квербакъи малъг1анасеб гурони гьеч1о. Хуруе ц1адг1ан х1ажат руго жакъа маг1арухъ ва шагьаразда маданияталъул рукъзабахъ гьунар бугел артистаз зама-заманалдасан маг1арул мац1алда, балагьун г1одор ч1аразул чурхдул ц1унц1раххунедухъ Ц1адаса Х1амзатил, Г1абасил Мух1амадил, Г1абдулмажид Хачаловасул, Расул Х1амзатовасул, Фазу Г1алиевалъул, цогидал раг1ул устарзабазул, гьединго халкъияб к1алзул гьунаралъул асарал рихьизаризе. Ч1агоял мисалаздалъун, гвангъарал сипатаздалъун, «маг1арулал» абураб раг1ул гъварилъиги, г1ат1илъиги, борхалъиги бихьизабизе. Анкьида ­– моц1ида жаниб цо-цо церерахъин т1обит1изе рес рекъеч1ониги, к1и-к1и, лъаб-лъаб моц1ида жаниб цо-цог1аги спектакль ц1алдохъабазда, студентазда бихьизабизе жигар бахъизе. Гьал г1адада заманги, кагъатги, щакъиги хвезабун, ц1ик1к1араб бут1аги муг1алимзабаз гьабун, телефоналгун расандулел ц1алдохъабиги тун, гьит1инаб къоялдасаго нахъе гьересияб нухда галаби рахъине ниж куцалел къецалги дагь гьарун, ч1агоял данделъаби, бат1и-бат1иял байрамазда хурхун, куч1дул, харбилаб къаг1идаялъ (проза) хъварал асарал ц1алиялъул къецал т1орит1ун, ц1алдохъабазул къокъабазда гьоркьор районазда, республикаялда бах1сал т1орит1ун, зама-заманалдасан гьанже заманалъул шаг1ирзабазулгун дандч1ваял т1орит1ун, нижее мац1 гьуин гьабизе. Гьеб къаг1идаялда тартибалда тадбирал т1орит1изе ругелани, лъалк1 хут1ич1ого лъуг1илаан мац1 ц1унизе ккеялда бараб, х1ал гьабун мац1 лъазабизе ц1алдохъаби т1амиялъул суал. Щивасе илагьияб, т1асан к1алъазе кколареб борчлъун ккелаан рахьдал мац1 лъайги, гьеб ц1униги.

Ч1ахъаги рахьдал мац1! Ч1ахъаги маг1арулал! Ч1ахъаги г1умру!


Ахир заманаялда

Загьирлъулел питнаби

Т1аде-т1аде ц1ик1к1индал

Ц1уне, Аллагь, Дагъистан!

Цо-цо «ц1иял » бах1арзал

Х1алихьалъун кканиги,

Цо Дуда х1ал к1олелъул,

Х1ал к1ун ц1уне, Дагъистан!

(Мух1амад Х1амзаев)