Просмотр содержимого документа
«"Изменение имён прилагательных по родам".»
Открытый урок
По родному языку
На тему:
«Союзал ва гьезул битунхъвай».
Учительница родн. языка
В 7 классе.
Магомедалиева Мадина Г.
Ибрагимотарской СОШ. 2014-2015 уч. год.
ТЕМА :
Союзал ва гьезул бит1унхъвай.
Дарсил мурад;
- Союзал лъугьуней куц ва гьезул маг1на бич1ч1изабизе.
- Берцинго хъвазе малъине.
- Дарсил ин
- 1 .Лъица абилеб щиб дарс нужое рокъоб кьун бук1араб?
- Щал жакъа гьеч1ел дарсиде.
- 2. Рокъобе кьураб х1алт1и чанабилеб бук1араб, ва гьелъул хал гьабила
- 3 .Лъица бицинин наречие сунда абула?
- 4. Кина-кинал ва чан разрядалде рикьула наречие?
- 5. Кин хъвала журарал наречиял ва мисал бачине.
- ( ц1анбит1ун,гьебсаг1ат)
- 6. Раг1аби такрарлъун лъугьарал наречиял дефуслъунищ хъвала ва рек1унищ?
- Масала ( цебе-цебе,жакъаго-жакъа)
- Гьанже цо-к1иго ц1алдохъан вахъинавила доскаялде.
Наречиялъул разбор гьабизе. Гьаниб -наречие, суал киб? Цолъул форма,гьоркьохъеб жинс,бак1алъул наречие Рокъоре - наречие суал кире? Бак1алъул наречие,х1ал. Х1оринив – наречие кив? Чиячул жинс цолъул форма.
- - Ц1ияб дарс.
- Лъимал нилъер жакъасеб ц1ияб дарс, союзал ва гьезул бит1унхъвай. Кумекалъул каламалъул бут1аби ккола союзал,частицаби ва междуметие.
- Союзал ккола раг1абазда ва предложениялда гьоркьоб бухьен ч1езабулел кумекалъул каламалъул бут1аби.
. Союзал рук1уна к1иго тайпаялъул
Сок1к1иналъулги
Нахърилълъиналъулги
.
- Гьанже лъимал балагьея киналго т1ехьалда т1ад бугеб таблицаялде, сок1к1иналъул союзал рикьулеб группаялде
- Цолъизариялъул
- Дандеккунгут1иялъул
- Гьоркьоса рахъиялъул
- Нахърилъиналъул союзал х1алт1изарула журарал предложениязда жанир бет1ерал предложениязулгун т1аджубаразул бухьен ч1езабизе.
- Гьале гьел союзал: щай гурелъул, гьелъие г1оло,гьединлъидал,г1адин кинигин.
- Союзалгун ругел журарал предложениязда гъоркье унел г1адатал предложениял запятая лъун т1езарула. Ги- союз раг1абазда рек1ун хъвала,цогидал союзал рат1а т1ун хъвала.
Гьанже лъимал балагьея киналго т1ехьалде т1аде рагьея гьумер 204 ва х1алт1и 2.
Условие ц1алила т1ехьалда т1асан. Цо к1иго ц1алдохъанас ургъараб цо чанго предложение ц1ализе т1амила.
Масала. Я Г1али,ялъуни Г1умар,вищизе ккола нилъеца школалъул концерталде.
Дунги,Мух1амадги,Г1алиги,жеги гьит1инаб таращги бачун ун рук1ана ниж рохоре.
Сакинатги,Аминатги лъик1го ц1алулел ц1алдохъаби руго. Коч1охъабиги,кьурдухъабиги, гьединго музыканталги щвезе ккун руго нижер росулъ бугеб клубалде.
.
Цо чанго ц1алдохъанасе карточкаби рикьила.
.
- Гьанже цогидал балагьея т1ехьалда т1аде х1алт1и 1 гьумер 206.
- Гьаб т1ехьалда т1ад бугеб х1алт1ул предложениялъул бет1ерал членал ва союзал рихьизаре.
Дарс щула гьаби.
- Доскаялде вахъинавула цо-к1иго ц1алдохъан разбор гьабизе.
- Масала: Кутакалда г1азу базе лъугьана, ва гъут1буз хъах1аб буртина рет1ана.
- Хасалихълъи т1аде щвана, ва муг1рулги т1огьиллъана.
- Манаршал коч1ол гьаракь бахъана,ва киналго г1енеккун ч1ана.
- Балагьея т1ехьалде т1аде 2 х1алт1уде.
- Гьанир скобкабазда жанир руго союзал гьениса рищун рекъарал союзалгун ц1алила текст.
Дарсил х1асил.
- Бокьанищ лъимал нужее жакъасеб дарс?
- Щиб ха тема нилъер жакъа бук1араб?
- Щиб жо ккола союз?
- Чан группаялде рикьула союзал?
Словарияб
диктант.
.
Рокъобе х!алт1и
Киназго гьанже хъвай рокъоб кьураб дарс дневникабазда т1ад х1алт1и 1 гьумер 207 .
- Рецц бакъ гьабун, къиматал лъола.