СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

Проект Значение изучения родного языка на современном этапе

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«Проект Значение изучения родного языка на современном этапе»

8




Проект

Значение изучения родного языка на современном этапе





























Содержание

ЦеберагIи ……………………………………………………………………….3

1. Дир мац1 – дир бечелъи……………………………………………. ………52. Рахьдал мацIалъул дарсазда дирго хIалбихьиял……………………………9

ХIасилал…………………………………………………………………..……12

Литература………………………………………………………………….……

































ЦеберагIи

МацI ккола щиб халкъ босаниги, гьелъул миллаталъул бечелъиялда гьоркьоб бищун аслияб хазина. МацI тIагIиналдалъун халкъалъул миллатги тIагIуна,кинабниги гьелъул бечелъиги цадахъго била-биххун лъугIула кин цIунизеян лъугьаниги. Гьединлъидал, щибаб халкъ –миллаталъул мацI цIуни ккола цIакъ кIудияб кIвар бугеб масъалалъун.

Дунялалъул цивилизация цебе тIунагIан,цIиял технологиязул кIвар халкъалъул гIумруялда жаниб цIикIанагIан, цIикIунеб бугокIвар халкъазда гьоркьосел мацIазулги.

ТIолго Россиялда жанир ругел халкъ- миллатазул гIадамал цоцада ричIчIизе кумек гьабулеб гIурус мацIалъулги, дунялалъулго гIалам цоцада бичIчIизе хIалтIизабулеб англиялъул мацIалъулги кIвар къо бахъанагIан цIикIунеб буго. Ва гьеб цIикIанагIан, гьелдаго цадахъ гIисин- миллатазул мацIазул кIвар къо бахъанагIан дагьлъулеб буго. Гьелдалъун, цодагьаб цебегIанги гIурус мацIалда хадусеб, кIиабилеб бакIалда букIараб рахьдал мацI, нилъеда бихьулеб буго, къватIиса хIукуматалъул - англиялъул мацIалдасаги хадусеб иргаялде ккун буго.

Англиялъул ва гIурус мацIаздасан ЕГЭ кьезе тIадаблъун буго цIалдохъабазда, рахьдал мацIалдасан абуни гьечIо. Гьелдалъунги, ЕГЭ кьезе кколареб предметинги абун, букIарабги кIвар загIиплъун буго гьелъие кьолеб. Гьединлъидал, аслияб рахьдал мацI цIуниялъул масъала тIаде ккун буго рахьдал мацIалъул мугIалимзабазде. Гьезда кодоб буго жакъасеб къоялъ гьелъул къисмат. Гьеб къисматалъул бащадабниги бутIа цIалдохъабазул улбузде божун тунги пайда гьечIо, щай гурелъул гьезул киналго гуро рахьдал мацIалъухъ жидер миллаталъул хазинадухъ гIадин ралагьулел. Дунялалъул магIишаталда хадур лъугьун сверухъ бугеб щиналъулъ материалияб гуреб рахъ бихьулеб гьечIо гIемерисел улбузда. ГIемерисел лъималазги улбузги цо кIалдисан гIадин абулеб буго рахьдал мацI лъан жидее хIажат гьечIилан, гьеб лъаялдасан жидее щолеб пайда гьечIилан. Пайдаялъул бицунаго нилъеда бичIчIулеб буго гьез бицунеб букIин рахьдал мацI лъаялъул бугеб материалияб пайдаялъул.

Материалияб пайда дагьаб батаниги, гьелъул кутакалдасан кIвар бугеб цоги рахъ буго – рухIияб.

Жакъасеб къоялда рекъон гIумру гIуцIизе хIаракат бахъулел рукIун, киназго гуро гьеб рухIияб рахъалъул хIисаб гьабулеб бугеб. Гьединлъидал нилъер халкъалъул миллаталъул рухIияб рахъ мугIалимзабазул кодоб буго, хасго рахьдал мацIалъул мугIалимзабазул кодоб буго гьеб.

Гьединлъидал, рахьдал мацI цIуниялъул бугеб кIудияб кIварги бихьун, дица гьаб тема тIаса бищана проекталъе.

Проекталъул аслияб мурад буго:

- цIалдохъабазда рахьдал мацI лъаялъул пайда материалияб рахъалъухъ балагьун гуребги,тIоцебесеб иргаялда рухIияб рахъалъухъ балагьун борцине лъай;

- магIарулмацIлъаялъулбугебкIваргипайдагилъималаздабичIчIи;

- рахьдалмацIалдегиадабияталдегицIалдохъабазулрокьибижизаби;

- батIи-батIиял дирго хIалбихьияздалъун, ресаздалъун мацI лъазабиялде цIалдохъабазул гъира бижизаби;

- рахьдал мацIалъулги адабияталъулги кумекалдалъун лъималазе камилаб тарбия кьей.

Проекталдаса пайда босизе бегьула авар мацI ва адабият кьолел мугIалимзабаз.





1.Дир мацI – дир бечелъи

Рахьдал мацIалъул дарсида гIадин якъинлъуларо цIалдохъанасе щиб миллаталъул гIадан жив вугевали. Гьел дарсазда рагьула гьесие жиндирго миллаталъул бечелъи, тIокIаб лъилго гьечIеб гIадаб хаслъи. Гьел дарсазда ругьунлъула гьев чIухIизе жиндирго миллаталдаса, бокьизе жиндирго мацI, эбелаб ВатIан, лъазе жиндирго гIадатал.

Рахьдал мацIалъул мугIалимасда тIадаб буго цIалдохъанасулъ куцазе магIарулаз умумузулъанго беццараб яхI- намус, ритIухълъи, лебаллъи, гьудуллъи, хIеренлъи, хIалимлъи, адаб-хIурмат гьаби гIадал хасиятал. Гьес цIалдохъаби ругьун гьаризе ккола рахьдал мацI лъаялъулъ бугеб рухIияб бечелъи бихьизе, мацI лъаялдалъун инсан куцаялъе, миллаталъул гуч цIикIкIинабиялъе бугеб кIвар бичIчIизе.

ЦIиял технологиял цере тIураб заманалда гIолев вугев жакъасев цIалдохъан куцазе, хадув цIазе лъазе ккани, цин мугIалимасул лъаялъул даража букIине ккола борхалъиялда, цIалдохъабазе дарсал кьеялъул ресал хIалтIизаризе ккола батIи-батIиял, щай гурелъул, цого тайпаялъул чIамучIал дарсал лъималазда хехго чIалгIуна.

ЖакъасебзаманалдарекъонавармацIшколалдамалъиялъулметодикагIалимзабазгIуцIунгьечIо. Гьединлъидал,гьебгIуцIитIалъулаживгомугIалимасда. Гьесжиндиргопредметалдедандекколедухърекъезаризересбугоцоги-цогипредметалмалъулагохIалтIизаризегIуцIаралметодал.

Рахьдал мацIалъул дарсиде лъималазул гъира бижизабизелъун хIалтIизаризе бегьула батIи-батIиял дидактиял хIаял,тIоритIизе бегьула къецал, бокьахъен пайда босизе бегьула компьютералдасан. Гьел ресаз кумек гьабула лъималазул творческияб рахъ цебетIезабизе.

ЖакъасебкъоялъулдарсилтIалабаздарекъонмугIалимасхIаракатбахъизекколацIалдохъанасулнухбачуневлъунвукIине, гьезулжалгожидедагочIунгьабулебхIалтIицебетIезабизе, гьезулпикрухIалтIизетIамизе.

ЖакъасебзаманаялъулдарсидацеречIаралмасъалабиругогьадинал:

  1. цIалдохъабаземагIнабугебгъваридаблъайкьей;

  2. рахьдал мацIалде рокьи цIикIинаби;

  3. гьезул калам пасихIлъизаби ва берцин гьаби;

  4. хъвазе – цIализе лъаялъул даража борхизаби;

  5. жидерго мацIалда, каламалда хадуб цIодорго хал кквезе ругьун гьари;

  6. жидедаго малъараб жо практикияб къагIидаялъ хIалтIизабизе бажари.

Жакъасеб къоялъул дарсаздаса тIалаб гьабулеб буго техникиял алатал хIалтIизари (компьютерал, аудио-видеозаписал, слайдал).

ЦIалдохъабазе щвараб лъай борцунаго ахираб заманалда тIолго россиялдаго аслияб къагIидаялъ хIалтIизабулеб буго тестирование. Цоги формабазде данде ккун тестированиялъул тIокIлъаби гьадинал руго:

  1. киналго цIалдохъабазе ращадал шартIал рукIин;

  2. цогозаманалдацадахътIолгоклассалъулцIалдохъабазуллъайборцинебажари;

  3. щвараблъайгIамлъизабивагь.ц.

ЖакъасебзаманалъулдарсидасатIалабгьабула:

  1. дарсил хасаб направление букIин;

  2. дарсиде дурусго хъварал тестал роси;

  3. цIалдохъабазул словарь бечед гьаби;

  4. калам цебетIезаби;

  5. цIалдохъанасебитIарабтарбиякьеялдекIваркьейвагь.ц.

ГьабзаманаялдаресбугодарсилпайдацIалдохъабазецIикIинабизелъункомьютерал,проекторалхIалтIизаризе. ГьединалалатазкумекгьабулацIалдохъабазда,гIицIгомугIалимасбицунгуребги,жидедагобихьунгидарсидащвараблъайракIалдачIезабизе.

Амма гьал ресал киналго дарсазда кидаго хIалтIизаризе кколел жал гуро. Гьел хIалтIизаризе бегьула гьоркьо-гьоркьор, зама-заманалдасан. Киназего якъинаб жо буго, анкьида жаниб цо-кIиго гурони гьечIеб дарсида мугIалимасухъа бажаруларо цIалдохъабазда гIелмияб къагIидаялъ адабияталъул асар яги грамматикияб тема букIине кколеб даражаялда бичIчIизабизе. Гьединлъидал, дица хIаракат бахъула дарсазда кIварабгIан дидактияб материал, тестал ва слайдал хIалтIизаризе.

Дарсал рукIине бегьула батIи-батIиял: гIадатиял гурел, комбинированиял, интегрированиял ва гь.ц., амма кинаб форма мугIалимас дарсие бищаниги, дарсил мурадал рукIине ккола чIванкъотIарал:

авар литературияб мацI лъималазда камилго лъай, гьезул словарь бечед гьаби, ВатIаналде рокьи цIикIинаби ва гь.ц.

Дарсил мурадалде щвеялъе ресалги хIалтIизаризе бегьила бокьарал. Амма киналниги ресаз хисуларо мугIалимасул жиндирго мацIалде, лъималазде, адабияталде бугеб рокьи, лъималазе лъай ва тарбия кьезе бугеб гъира.

Унго-унголъунги пагьму-гьунар жиндилъ бугев мугIалимас малъулеб дарсиде гъира цIалдохъабазул базабизе ккани, аслияб жо буго жиндилъго бугеб пасихIлъи, пагьму-гьунар. Дарсиде бугеб гъира цIунизелъун батIи-батIиял ресал, къагIидаби хIалтIизаруниги, аслияб дарсил алатлъун букIуна мугIалимасул дарс бачине бугеб махщел.

Авар адабияталъул дарсида мугIалимас кIвар кьезе ккола цIалдохъабаз лъай-хъвай гьабулеб асаралъул аслияб тема, идея, мурад жидецаго рагьун бажариялда тIад. Героязул лъикIал-квешал рахъал мухIканго рихьизарун, лъикIаздасан мисал босун, квешал сурукъго рихьун цIалулеб асаралде жанире лъугьун, гьенир гIахьаллъи гьабулеллъун жалго цIалдохъаби лъугьинаризе бажари, - гьеб буго мугIалимасул махщалил камиллъиялъул гIаламат.

МагIарул мацIалъул, адабияталъул дарсидаса хадуб лъималазе бокьизе ккола ччубураб гьангун, мох-мохгун данде унго-унгояб гьабихъ ххенараб гIатIал хинкIал, корохъ бежараб чадил махI, чIалгIен бижизе ккола лъималазул магIарул тIабигIаталъухъ, лъарал чваххиялъухъ, гIурул хъудиялъухъ. Гьезул бижизе ккола гъира ихдал мугIрузда рекьи бихьизе, риидал тIощелалъул шур-шур рагIизе, мугIрузда тIасан тIавап гьабулел цIумал рихьизе, мугIрул пихъазул лазат лъазе, цIорораб иццул лъим гьекъезе, гIиял махI чIвазе, чуял-хIамузда рекIине, магь мугъалда къазе, гьабихъ урбеч чIикIизе, мугрузде рахине, гъутIбузде ххаризе, гIагараб росу бихьизе, росдал мажгиталъусан какил гьаракь рагIизе, жамагIаталда цадахъ как базе, мискинасе садакъа кьезе, кумек хIажатасе кумек гьабизе, росдал харабазул гIакълуялъухъ гIенеккизе, чIахIиязул, эбел-инсул адаб гьабизе, гIисиназул хъатир гьабизе, магIарул халкъалъе хасиятаб яхI-намус бугел, лебалал, ракI къвакIараллъун рукIине, ватIаналде ккараб къо борхулеллъун рукIине, хIеренлъи-хIалимлъи рекIелъ цIунизе, рахIму-гурхIел бугеллъун рукIине ва гь.ц. Гьеб кинабго жидерго гIумруялъулъ якъинлъизабизе гъира базе ккола цIалдохъабазул авар мацIва адабияталъул дарсидаса хадуб. МагIарул хасият-гIамалалда гъорлъе лъугьине цIалдохъабазда кIун батани, гьезие рахьдал мацIги жидедаго лъачIого бокьун батизе буго. Анкьумумузулъанго бачIараб магIарулазул хасият-гIамалалъухъ, рукIа-рахъиналъухъ рокьи ккарал цIалдохъабаз жиндирго рокъоб эбел-инсуда, гIагара-гIунтIаразда рахьдал мацIалда кIалъазе хIаракат бахъизе буго.

















2.Рахьдал мацIалъул дарсазда дирго хIалбихьиял

Жиндирго рахьдал мацIалъул агъаз гьечIесда камилго лъазе рес гьечIо цоги батIиял мацIалги. Жиндир абураб щиналъул къимат гьабизе бажаруларес, гьабуларо къимат цогияб щиналъулги.

ГIагараб абурабщиналде гIищкъу цIалдохъабазул рекIелъ бижизабун бажарулев вуго унго-унгояв рахьдал мацIалъул, адабияталъул мугIалим. Гьединаб махщел-гьунар щвезелъун гIемерав хIалтIизе ккола мугIалим жиндаго тIад.

Жиндирго предмет лъикI лъай гуребги, мугIалимас хIаракат бахъизе тIадаб буго кинабго рахъалъ цеве тIуравлъун , цIалдохъабазе мисалиявлъун вукIине. Жиндирго предмет гIадин лъазе лъикIаб буго гьесда психологияги (детская, возростная, педагогическая, личностная ). Инсанасул психология лъикI лъалев мугIалимасе гIемерго бигьалъула лъималгун хIалтIизе. Гьедин дицаги хIаракат бахъулеб буго психология лъикI лъалейлъун йикIине. Гьеб лъаялдалъун дирго хIалтIул хIасилазулъ кколел ругел лъикIаб-рахъалде хис-басиял рихьидал. дида бичIчIана, дун битIараб нухда йигеблъи. Лъималаздехун битIараб бербалагьи гьабизе гуребги, психологиялдасан пайда босизе бегьулеб батана лъималазе дарсал кьолелъулги.

Мисалалъе, Луиза Хей абурай психологалъул методазда гъорлъ руго афирмацияби лъималаздехун хIалтIизаризе бегьулел.

Нилъеда лъала рагIул бугеб къуват. Нилъеца рагIабазулгун лъай-хъвай гьабизе малъула лъималазда, бичIчIизабула гьезда гьезул лексикияб магIна, риххула бутIабазде, сверизарула падежазде, гьелги гъорлъе ккезарун гIуцIула предложениял ва гь.ц. Л. Хейил методазда рекъон рагIабазул нилъее рагьула цоги батIияб рахъ гIадатал дарсазда жиб рагьичIого хутIизе бегьулеб. Гьелъул методазда рекъон лъимал ругьунлъула цин рагIи абизегIан пикраби рацIад гьаризе, щай гурелъ. пикраби материализоваться гьарулелъул рагIабазде, рагIаби - пишабазде. Гьел методаз гьел куцала ургъун гурого рагIи абунгутIизе, жидерго лексикон бацIад гьабизе.

Л. Хейил афирмацияз кумек гьабула цIалдохъанасе тIоцебесеб кIалалда живго вокьизе битIараб рокьудалъун ( эго рокьудалъун гуреб ). Живго вокьиялдасан вачIуна гьев жиндир абураб щинаб жо бокьиялде: жиндирго ВатIан, эбел-эмен, миллат-мацI, вацал-яцал, дин, гьудулзаби, тIабигIат, адабият, маданият ва гь.ц. Жиндирго адаб гьабиялдалъун ругьунлъула адаб гьабизе сверухъ бугеб щиналъул, щиназул. Мисалалъе, цIалдохъаби ругьунлъула сверухъ ругезде жидерго гIумруялда жаниб ккараб жоялъул гIайиб рехунгутIизе, тIоцебесеб кIалалъ гIунгутIаби жиндилъго ругел рихьизе, гьел ритIизариялда тIад хIалтIизе. Гьел афирмацияз, мисалалъе, кумек гьабула бичIчIизе тIаса лъугьиналъулъ инсанасе бугеб пайда, тIоцебесеб кIалалда жиндирго сахлъи цIуниялъе, гь.ц.

Гьединго, лъималазе пайдаял методал ратизе бегьула Дейл Корнегил литератураялъулъги.

Дун гьал психологиялъул методазде ячIиналъе ккараб аслияб гIилла буго дун школа-интернаталъул лъималгун хIалтIулей йикIин.Нижер интернаталде рачIунел лъимал руго, аслияб къагIидаялъ, битI ккечIел хъизаназдаса: эбел-эмен ратIалъарал, бесдаллъарал, кIудиял яги ресукъал хъизаназдаса.ГIадатал лъималазулъ гIадин гурел, интернаталъул лъималазулъ рукIуна гIемерал комплексал. Эбел-инсуда, гIагаразда аскIосан школалде рачIунел лъималазе гIадин гуреб, гьазие захIматго букIуна интернаталъул гIумруялде ругьунлъизе, эбел-инсудаса, гIагара- божараздаса ракI тIезабизе. КигIан рахIатал ресал чIезаруниги, сунцаго, лъицаго хисуларо гьезие гьезул эбел-эмен, гIагара-гIунтIарал, рукъалъул хинлъи, кванил тIагIам. Гьезул бадиб кида балагьаниги бихьула эбел-инсухъ, рукъалъухъ урхъи-чIалгIен.Гьелдалъиялъ захIмалъула гьезие цIалуде ракI-ракIалъ руссинаризе.Гьединлъидал гьездехун бербалагьиги къваригIуна хасаб. Дие гьединал лъималгун хIалтIиялъе щвана кумек Л. Хейил афирмацияздасан. Масала:

Дун бокьулеб ва хIажатаб лъимер буго;

Дир эбел- инсуе дун рухIгIанги (й)вокьула;

Дир эбел-эмен дидаса чIухIарал руго;

Дие дунго (й)вокьула;

Дун цIодорав(й) (йи) вуго;

Дун пагьму-гьунар бугев вуго;

Дир лъикIаб сахлъи буго;

Дун гIадамазе вокьула;

Дун лъикIав гIадан вуго;

Дун кинабго лъикIаб щиналъе мустахIикъав вуго;

Дихъа дирго миллат гьабун бажарула;

Дун разияв вуго сверухълъиялдаса;

Дун тIаса лъугьарав вуго киназдасаго;

Дун тIаса лъугьарав вуго дидасаго;

Дунго дицаго дун кинав ватаниги къабул гьавула.

Дие бокьула дирго рахьдал мацI;

Дие бокьула дирго ватIан;

Дие бокьула дирго миллат-халкъ;

Гь.ц.

Дарсида хIухьбахъи хIисабалда гьадинал гIадал афирмацияздалъун лъимал рачIинарула битIараб пикруялде, рекIел хIалги чучун, пикрабиги тIадагьлъун гьелгьеб нухдасан бигьаго цере рилъуна лъайги босулаго.

Дарсида хIалтIизабураб цIияб афирмация букIуна рокъобеги чаналиго нухалъ такрар гьабизе кьун.

Психологаз чIезабураб хIужжа буго инсанас гIемер такрар гьарулел рагIаби подсознаниялъ къабул гьарулеллъи цIан битIараб магIнаялда ва гьеб подсознание божулеблъи гьел ракIалда чIарал рагIабазда, гьединлъидал подсознательно гьел рагIаби кидагIаги якъинлъула гьел такрар гьарулев чиясул гIумруялъулъ.

ХIакъикъаталда лъикI гIуцIараб дарсидалъун рокьи, гъира бижизабун гуребги рахьдал мацIалде, ВатIаналде, гь.ц, афирмациязги цадахъго гьабула кумек гьеб рокьи пикрабазулъги рекIелъги щула гьабиялъе.

Хадубккун гьабизе бугеб х1алт1и:

  1. Г1адатияб гуреб дарс гьабизе «Эбелалде» Р.Х1. (октябрь 2015 г.)

  2. Дарс-викторина, Инхоса Г1алих1ажиясе 170 сон т1убаялда бан (ноябрь 2015г.)

  3. Макъсуд Зайнулг1абидовасулгун дандч1вай (декабрь 2015г).

  4. Къец «Рак1гъеялъул грамматика» (21 февраль 2016г.)



ХIасил



Халкъазда гьоркьосел мацIазул кIвар материалияб рахъалъ цIикIк1иналда цадахъ дагьлъулеб буго гьеб кIвар гIисин-миллатазул мацIазул. Гьелдалъун гьел мацIал миллаталги цадахъ тIагIиналда хIинкъи буго жакъа къоялда . Гьединлъидал гьел мацIал цIуниялъул масъала аслияб къагIидаялъ тIад буго рахьдал мацIалъул мугIалимзабазда. Рахьдал мацIалде цIалдохъабазул рокьи, гъира цIикIинелъун дарсал рукIине кола мугIалимасул кинабго рахъалъ цIубарал, чIагоял, рахьдал мацIалда рухI речIчIизабулел. Гьеб мурадалдалъун дарсазулъ хIалтIизаризе тIадаб буго батIи-батIиял ресал, методал, къагIидаби.

Рахьдал мац1 ц1униялъул х1алт1и гьабулелъул хас гьабун г1иц1го гьеб масъалаялда т1асан х1алт1иялъ пайда дагьаб гурони кьеларо. Гьеб масъала т1убаялъул лъик1аб х1асил бук1ине ккани, х1алт1и г1уц1ила г1аммаб къаг1идаялъ мац1 ц1униялдаго цадахъ, миллаталъул маданияб гуч цебе т1оледухъ, щулалъуледухъ.















Литература



  1. Агъаев А.ХI., Казиев ХI. Гъ. Дагъистаналъул литература. МахIачхъала, 1970.

  2. Гамзатов А.Г.Занимательная грамматика. Мах., 2000.

  3. «Лачен», журнал. №2, 2015.

  4. Муртазаг1алиев М.М. Авар мац1 (8-9 классалъе ц1алул т1ехь).

Мах1ачхъала,1999 с.