СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

План конспект урока по родному языку на тему "Речь"

Нажмите, чтобы узнать подробности

Просмотр содержимого документа
«План конспект урока по родному языку на тему "Речь"»






РЕСПУБЛИКА ДАГЕСТАН

МКОУ «ЛЕНИНАУЛЬСКАЯ СРЕДНЯЯ ОБЩЕОБРАЗОВАТЕЛЬНАЯ ШКОЛА №2 ИМЕНИ ГЕРОЯ РОССИЙСКОЙ ФЕДЕРАЦИИ ЮРИЯ САЛИМХАНОВА» Село Ленинаул Казбековского района РД

368155 Казбековский район, с. Ленинаул, e-mail – leninaul2school@mail.ru, сайт школы - https://lenina.dagestanschool.ru/



Открытый

урок по родному языку

Тема:





2 «б» класс

Подготовила учительница

начальных классов:

Магомедсултанова М.М.





26.01.23.

Дарсил тема: «Калам. К1алзул ва хъвавул калам»

Дарсил мурадал:

1. Лъай кьеялъул:

- каламалъул х1акъалъулъ лъай г1ат1ид гьаби.

2. Лъай цебет1еялъул:

- Хъвавул бажари цебет1езаби.

- БатIи –батIиял даражаялъул тIадкъаял тIуразари

-Хъвавул ва кIалзул калам цебетIезаби

3. Тарбия кьеялъул:

- Авар мац1алде рокьи бижизаби.

-Нилъерго мац1ги ц1арги к1очене бегьунгут1и бич1ч1изаби.

- Кицабаздалъун малъа-хъвай гьаби.

Дарсил алатал: т1ахьал, раг1икъот1, компьютер, кицаби хъвараб плакат, суратал.



Дарсил план.

  1. Класс дарсиде х1адури

  2. Творческиябгун словарияб х1алт1и

  3. Дарсил тема ва мурадал рагьи

  4. Рокъобе кьураб х1алт1иялъул хал гьаби

  5. Ц1ияб тема

  1. Предложениял ц1али

  2. К1алзул ва хъвавул каламалъе баян кьей.

  1. Дарс щула гьаби.

Х1алт1аби гьари:

  1. Гьаб предложениялъулъ лъалхъул ишараби лъе.

  2. Предложениял къот1елазде ккезаре.

  3. Предложениял данде ккезаре

  4. Дарсил х1асил гьаби (Рефлексия)

  5. Рокъобе х1алт1и кье

Дарсил ин.

1.Авалияб г1уц1и. Лъимал дарсиде х1адури.

Салам, дир гьит1инал маг1арулазе!

Салам, дир ц1одорал ц1алдохъабазе.

Гьале ц1умур кьабана,

Дарсиде нуж рач1ана,

Цоцазе салам кьуна,

Гьанже берцин г1одор ч1а.



  1. Рокъобе кьураб ц1ехей

А) Карточказаздасан х1алт1изе доскаялде к1иго ц1алдохъан вахъинавила (Динара, Зайнабги)

Б)Фронталияб гьикъ – бакъ

-Араб дарсида сундул х1акъалъулъ нилъеца бицараб?

-Г1адамазе калам сундуе къвариг1унеб?

(Каламалъул кумекалдалъун г1адамаз цоцазда цо сундулниги х1акъалъулъ бицуна, гьикъула, г1акълу дандбала ва цуцазе х1алт1улъ кумек гьабула)

Чан предложение хъвараб нужеца рокъобе кьураб х1алт1олъ?(4)

Тетрадазда хъварал предложениял ц1алила.

( Сабир, Хайрат, Салимбег, Аминат)

Тетрадал рак1арила, 2 номерал рикьила ( гъалат1азул анализ гьабила)

  1. Берцинхъвай: к1, хъ

  2. Творческиябгун жубараб словарияб х1алт1и

( Учителас кьерал рихьизарила, лъималаз гьел хъвала, ва маг1арул х1арпазда гъоркьан х1учч ц1ала – Г1, чч, хъ, х1, г1)

Г1урччинаб, хъах1илаб, баг1араб

(

Гьел кьерал рихьидал щиб нужеда рак1алде бач1араб?(Гьел кьераз бихьизабула байрахъ)( Гьезулъа баг1араб кьерги, г1урччинаб кьерги баг1араб т1ахьидаги х1алт1изарулеблъи рак1алде щвезарила.

Красный къанаг1атаб

Зелёный – гъоркь бук1ахъе ч1езабизе

(Кк), (К1к1), (чч)

4.Ц1ияб дарс малъиялде х1адури.

А) Словарияб х1алт1и

Геминатал абула - авар мац1алда цо- цо рагьукъаб гьаракь х1ухьелалдалъун т1аде цуй кутаклъизабун абиялда .

Геминатал рихьизаризе цо- цо раг1улъ цого х1арп к1иго нухалъ хъвала.( к1ал – к1к1ал)

Таржамачи- переводчик

Чу- лошадь

Ц1иркъ- тигр

Ц1иркъ – барс

Ци- медведь

Т1улакьераб (бурияб)- бурый

Рохьил оц- зубр



Лъимал, щибжо кколеб мац1?

Г1урусазул мац1азул г1алимчи, хъвадарухъан, муг1алим, таржамачи – Лев Васильевич Успенскияс абун буго:

« Мац1 ккола г1адамал ва гьезул ишал цоцазда рич1ч1инарулеб аслияб ярагълъун. Амма пайдаяб рахъалдехун гьеб ярагъ х1алт1изабизе бажари г1оларо , гьеб гъваридго лъазабуразда гурони.

Лъида лъалеб кин гъоб г1уц1ун бугеб? Кина- кинал бут1абаздасан лъугьун бугеб? Кколадай лъазабизе рахьдал мац1?Зах1матаб х1алт1и бугебищ гьеб?

Рахьдал мац1ц1алъ нилъее кумек гьабула умумузул тарих лъазе ва г1агараб ракьалде рокьи ва гьелдаса ч1ух1и бижизабула. Г1адада абуларо мац1алъ пикру дурус гьабулин.

Нилъер к1удияб планета Землялда цох1о г1адамасе кьун буго пагьму раг1абазул кумекалдалъун цуцалъ к1алъазе. Суалазе жавабал кьезе, предложениялги харбалги г1уц1ц1изе ккани г1адамасда бажаризе к кола бит1араб каламалда к1алъазе.

- Кин ккола нужеда, сундул х1акъалъулъ нилъеца бицине бугеб?( Каламалъул)

3.Ц1ияб дарсида т1ад х1алт1и

Х1алт1и 173, гьумер 82- бицун

- Г1урус мац1алдаго г1адин калам маг1арул мац1алдаги бикьула

к1иго го бут1аялде :

  1. . к1алзул (г1енекки, калам гьаби )

  1. хъвавул (ц1али, хъвай- хъваг1ай)

Х1алт1и 176, гьумер 83- ( К1иго ц1алдохъан яхъна инсценировка гьабизе)

-Лъимал, кин кола нужеда, гьал ясаца кинал предложениял абурал?

( Ах1ул, суалиял)

Предложениялъул ахиралда , абиялде балагьун, т1анк1(.), суалияб ишара(?), ялъуни ах1ул ишара лъола(!)

К1алзул предложениялъулъ цо предложение цогиялдаса лъалхъиялдалъун бат1а гьабула.( Лъабабго предложение хъвазе)



5.Х1ухьбахъиялъул лах1зат

Г1азу балеб буго, ц1ер балеб буго

Г1азу реч1ч1и х1алел лъималги руго

Реч1ч1ана, реч1ч1ана, г1азу реч1ч1ана

Гьанже киназулго кверал квачана

Лъулъана, лъулъана, кверал лъулъана

Хехго хинаб рокъой киналго к1анц1е

Ва бак1ида рук1ун берцин г1одор ч1а



  1. Дарсил темаялда т1ад х1алт1и



Х1алт1и 177, гьумер 83-

1 предложение – 1 рядалъ ургъизе

2 предложение – 2 рядалъ ургъизе

3 предложение – 3 рядалъ

Тетрадазда хъвазе







  1. Дарсил х1асил. Рефлексия.

- Нилъ кин х1алт1арал жакъа?Цо кверазул щуябго килищ г1адин х1алт1анилан абизе бегьиладай?Кин кколеб нужеда? Гьедин х1алт1ани лъик1 гьеч1ищха?

Гьанже нужеца дида хадуб бихьизабе ва абе:

Щуго килищ – цох1о квер,

Цох1о къуват гьаб нилъер!

Щуго килищ – цох1о квер ,

Х1алт1ана цадахъ рекъон

Гьит1инабго лъай щванищ нужей жакъа?

Щиб лъараб нужеда?

( карточкабазда х1алт1и)



-Хадусеб дарсида кинха х1алт1илел?

- Бокьанищ нужее дарс?Щиб бокьараб бищунго?

-Ч1езе к1ванищ нужеда дарсида къадруялда?

-К1удияб х1алт1и гьабунин жакъа дарсида.Рази рук1анищ нужго?

- Рази рук1ун ратани, дарсги бокьун батани

Рорхе киназго цадахъ кверзул к1удиял килщал



  1. Рокъобе х1алт1и

3 предложение ургъун хъвазе (?,!,,)





8