СДЕЛАЙТЕ СВОИ УРОКИ ЕЩЁ ЭФФЕКТИВНЕЕ, А ЖИЗНЬ СВОБОДНЕЕ

Благодаря готовым учебным материалам для работы в классе и дистанционно

Скидки до 50 % на комплекты
только до

Готовые ключевые этапы урока всегда будут у вас под рукой

Организационный момент

Проверка знаний

Объяснение материала

Закрепление изученного

Итоги урока

ПРОЕКТ на тему: "Словарная работа на уроках родного языка"

Нажмите, чтобы узнать подробности

Проект на тему : "Словарная работа на уроках родного языка"

Просмотр содержимого документа
«ПРОЕКТ на тему: "Словарная работа на уроках родного языка"»

Х1асил1

Цебераг1и Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсида словарияб х1алт1и. -------- 4

1.1Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсида словарияб х1алт1ул методика.------------------------------------------------------------------------ 4

1.2 Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсида словарияб нахърател камиллъизабизе гьарулел х1алт1аби. ------------------------------------------------ 9

Ахир ------------------------------------------------- 27

Х1алт1изабураб литература. ------------------------------------------- 28

































Цебераг1и2

Дун школалда х1алт1улев вуго 34 соналъ. Гьел киналго соназда дица малъана авар мац1ги, г1урус мац1ги ва х1алт1ана завучлъунги .Гьабсаг1ат х1алт1улев вуго Гъизляр районалъул Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб Краснооктябрьскияб гьоркьохъеб школалда. Гьеб школалда ц1алулел руго муг1рузул бат1и-бат1иял росабалъа лъимал.Г1ахьвахъ, Болъихъ,Ц1умада, Ч1арада, Гумбет, Леваши районазул росабазул диалектал ва говорал дандч1вала дида школалъул ц1алдохъабазул гаргаралъулъ. Гьединлъидал дица гьаб тема бищиялъе г1иллалъун ккана лъималазда раг1абазул маг1на бич1ч1изабиялъе, ай словарияб х1алт1и мац1алъул ва адабияталъул дарсазда бат1и-бат1ияб куцалда г1уц1изе ва лъималазул калам камиллъизабизе. Аслияб куцалда жакъа лъималазда раг1ул маг1на лъач1они, каламалъулъ гьел рит1ун х1алт1изаризе бажаруларо.

Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазул аслиял масъалабазул цояб ккола авар мац1алда бит1ун к1алъазе лъай ва калам г1уц1изе ругьун гьари. Гьелъул маг1на ккола ц1алдохъабазул калам т1ок1к1араблъун, мух1канаблъун, бечедаблъун ва пасих1аблъун лъугьине гьаби.

Дирго х1алт1ул х1албихьиялдаса дида лъала, къанаг1ат гурони, ц1алдохъабазда бац1адаб маг1арул мац1алда к1алъазе лъалеб гьеч1о ва пасих1го ц1алун бажарулеб гьеч1о. Учителасда т1адаб буго гьел гьелде ругьун гьаризе. Г1умруялъулъги гьеб ц1акъ къвариг1уна; халкъалда цеве вахъун к1алъазе кканиги, газета , журнал ва литературияб асар маг1арул мац1алда ц1ализе кканиги,школа лъуг1арав чияс т1аса-масаго, хъащго, слогал ккун ц1ализе бегьуларо ; раг1ул маг1на лъач1они, пасих1лъиги бук1унаро, г1инт1амурасе асарги гьабуларо. Амма цо-цо учительзабаз гьелде к1вар кьоларо. Гьелъ диегоги, дун г1адинал цогидал учительзабазеги кумекалъе бук1ине дица х1укму гьабуна лъималазда авар мац1 лъик1го лъаялъе дарсида словарияб х1алт1и бат1и-бат1ияб къаг1идаялда малъизе ва г1уц1изе. Баянаб жо буго , зулму-х1ал гьабун, лъималазда авар мац1 лъазабизе к1олареблъи. Жидер интерес гьеч1еб дарсида гьел г1енеккуларо, х1алт1уларо муг1алимгун. Гьесул х1урмат гьабун, г1енеккун ч1аниги, пикру кьижун бук1уна, рак1ал г1инкълъула. Муг1алимасул х1аракат х1урудахъ уна. Гьедин интерес гьеч1ел цого тайпаялъул ч1амуч1ал дарсаз лъималазул пикрияб чирахъ суна, гьезда ч1алг1уна, цинги щиб-щибниги жоялде руссуна. Щиб лъайха гьединал 3дарсазда гьезие щвелеб? Гьединлъидал дица жигар бахъула рахьдал мац1алъул дарсида лъималазул гъира базабизе. Гьелъие пайда босула х1ажатаб темаялде руссарал дидактикиял х1аял т1орит1изе, бат1и-бат1иял халипабаздаса (схемабаздаса),таблицабаздаса пайда босизе. Тема гъваридго рагьизе ва бигьаго къокъоб заманалда ц1алдохъабазда бич1ч1изабизе рес кьей гуребги, гьез дарсида ч1агояб рух1 лъола, лъималазул интерес борхула,практикияб къаг1идаялъ теориялъул масъалаби т1уразе рес кьола. Абиларо дунго разияб х1алалда киналго дарсал унилан, киналго лъималазда рахьдал мац1алъул лъайги бажариги ц1акъго беццилеб х1алалда бугилан. Амма дица жигар бахъула авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазда словариял х1алт1аби т1орит1изе, лъимал гъираялда дарсида х1алт1изаризе.

Дун х1алт1улеб школалда миллияб мац1 кколеб даражаялда малъиялъе квалквалал гьарулел х1ужаби г1езег1ан руго. Щивав шагьаралъул школазда ва районалъул муг1алимасда лъала гьел. Гьезда гьоркьоса цояблъун буго цо группаялда бат1и-бат1иял диалектазул, сверелазул, хасал мац1азул вакилзаби данделъи. Цо росулъ рук1уна цо сверелалъул лъимал. Гьезул диалектикиял хаслъаби х1исабалде росизе бигьаяб жо буго. Дун х1алт1улеб школалда абуни, цо группаялде гъорлъе унаро Г1ахьвахъги, Ц1умадаги, Болъихъги, Ч1арадаги, Хунзахъги,Г1андибги росабалъа лъимал. Гьезул щивасул хаслъиги х1исабалде босун, х1алт1и г1уц1ич1ого т1убаларо. Т1адежоялъе Краснооктябрьскиялда ва Новокахановкалда гьарурал ва гьенир г1урал лъимал г1урус мац1алде ругьунал руго. Пикру гьабула г1урус мац1алда, цинги гьеб рахьдал мац1алда абизе жигар бахъула. Гьеб буго ц1акъ зах1матаб иш. Гьединлъидал х1ажалъула рахьдал мац1алда пикру гьабизе малъизе.

Дир хасал, цогидаздаса бат1иял, методикиял къаг1идаби гьеч1о словарияб х1алт1и авар мац1алъул ва адабияталъул дарсида малъулеб. Лъебералда ункъго сонил х1албихьиялда рекъон, гьелдаса пайда босулеб куц батила бат1ияб, диего хасиятаб. Щивав муг1алимасул бук1унелъулха жиндирго методикияб хат1.





  1. Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазда словарияб х1алт1и. 4

1.1 Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсида словарияб х1алт1ул методика.

Школалда цебеч1араб аслияб масъала буго к1ванаг1ан хехго, бигьаго ва рек1елъе бортуледухъ ц1алдохъабазда ц1ализеги хъвай-хъваг1ай гьабизеги лъазаби.Гьелдаго цадахъ,хъвай-ц1али малъиялъ ц1алдохъабазул к1алзулаб калам цебет1иязабиялъе кумек гьабизе ккола:

а) Учителас кьурал суалазе мух1канал ва бит1арал жаваби кьеялдалъун;

б) Суратазухъ балагьун ва лъималазул жидерго г1умруялда ккарал лъугьа-бахъиназул маг1на кьоч1ое босун,тортибалда хабар бицине ругьун гьариялдалъун;

в) Ц1алдохъабазул словарь гьезда лъалел раг1абазул къадар бечед ва мух1кан гьабиялдалуън ва низамалде ккезабиялдалъун.

Щибаб росулъ школалда дарс кьолев учителаса маг1арулазул литературияб мац1 лъараб г1оларо.Гьесда т1олго авар мац1алъул г1елму лъазе ккола,гьелде т1адеги,гьесда жинца дарс кьолел ц1алдохъабазул росдал мац1 (диалект,сверел) лъазе ккола.Гьеб мац1 лъач1они .литератирияб мац1алъул лъималазе к1везе гьеч1о.Литературияб мац1алда (болмац1алда) цадахъго, росдал мац1ги лъик1 лъалеб бугони,гьеб ростал литературияб мац1алде бусинабизе бигьаго нухалратизе руго.Гьеб къаг1идаялълъималазул мац1 литературияб мац1алде бусинабиялда байбихьул классаздаго к1вар кьезе лъугьани,т1адег1нал классазда адабитаяталъул асаразда т1ад х1алт1изе г1емерго бигьалъула.

Гьединлъидал,г1агараб рахьдал мац1алъул ва адабиталъул дарсазда словарияб х1алт1и т1оцебесеб класссалдаса байбихьун ункъабилеб класс лъуг1изег1ан гьоркьоса къот1ич1ого билълъанхъизибизе ккола.Г1урус мац1алъул дарсаздаго г1адин,авар мац1алъул ва адабитаяталъул дарсаздаги гьоркьоса къот1ич1ого щибаб дарсида ц1алдохъабазе словарияб х1алт1и т1обит1иялъ рес кьола гьезул мац1 бечелъиялъе.

Бат1и-бат1иял мац1азда рач1арал ва рахьдал мац1алда жанир ратулел рич1ч1уралел раг1абазе мух1канаб баян кьеялъ кумек гьабула адабияталъул асарал гъваридго ва мух1канго лъазариялъе ва гьел рич1ч1иялъе.



Масала,байбихьул классаздасанго ц1алдохъабаздаса т1алаб гьабизе 5 ккола рич1ч1уларел раг1абазе баян кьезе,гъваридго лъазаризе ва гьезул к1алзулабгун хъвавулаб калам словариял раг1абаздалъун бечед гьабизе.

Гьездаса т1алаб гьабизе ккола ц1алул предметазул ц1арал рищизе,жидерго бак1алда машгьурал х1анч1азда,г1алхул х1айваназда,росдал кулабазда,муг1рул-ц1обазда,лъаразда,г1оразда ваг ь.ц. абулеб ц1аразе баян кьезе. Цинги рач1ина ишазул ц1аразде: маххул къебедас щиб гьабулеб? Махх бац1ула! Къадахъанас щиб гьабулеб? Къед гьабула. Ц1улал устарас щиб гьабулеб? Ва цогидабги…

Раг1абазда т1ад гьабулеб х1алт1и программаялда бугелда къокъ гьабун тезе бегьуларо. Г1емер х1алт1изаризе х1аракат бахъизе ккола предметазе баянал кьолел бат1и-бат1иял къаг1идаби ва гьездаса ц1ик1к1унпайда босизе ккола.

Масала, т1аг1амалъухъ балагьун предметал лъай: гьоц1о-гьуинаб,пилпил-бух1изабулеб,кьилег1аро-кьог1аб,кьералъухъ балагьун предметалрат1а гьари:т1урчи-ч1ег1ераб,чакар-хъаг1аб ва гь.ц. Ялъуни,гьединал предметазул ц1арал хъваян т1адкъазе бегьила ц1алдохабазда: ц1ек1ал, кьог1ал,гьуинал,ц1амг1ал ва гь.ц.

Бегьула гьезул г1аламатазде балагьун предметал данде кквезе:борхатаб-т1уцаб,халатаб-къокаб,г1ебаб-г1едераб,бицатаб-т1еренаб ва гь.ц. Масала,гьединал т1адкъаял гьадин т1уразарила:борхатаб стол,т1уцаб бак1,халатаб г1алу,къокъаб могоро,г1ебаб,г1ат1идаб г1ор,ч1едераб лъар, бицатаб юргъан,т1еренаб шаршав,г1агарда рукъ,рик1к1ада г1алах.

Предмет сундулали лъай:стакан-ц1орол, гъец1-маххул,горде-ххамил,т1агъур-къохьол ва гь.ц. Гьединал мисалаздалъун учителас жинцаго х1алт1аби ургъун рихьизеги бегьула ц1алдохъабазе.Гьелъул гьадинаб мурад буго:лъималазда рихьулел ва лъалел предметазул х1акъалъулъ бугеб лъай камил гьаби,гьеб лъай раг1абазул формаялдалъун бицине ругьун гьари. Гьединал суалаздалъун накъит г1уц1изеги бегьила учителас: рохьаб г1аркьалабазул ва харил щиб гьабизе бегьулеб? Лъарал раг1алда халт1ул щиб гьабизе бегьулеб? Ралъдал раг1алда салиялдаса щиб нужеда гьабизе бажарулеб ва гь.ц.

Дарсазда словарияб х1алт1и г1уц1уналаго, суратаздасаги пайда босизе бегьула.Г1алхул жанаваразул,х1анч1азул, рукъалъул х1айваназул суратал рихьизарула дица дарида.(приложение 1)Гьелъ лъималазул словарияб6 бечелъи г1ат1ид гьабула, каламалъулъ ратулел раг1абазул маг1наги камил гьабула.

Цалдохъабазул словарияб бечелъи (раг1абазул къадар) ц1ик1к1инабиялъул х1алт1и словарал, тахьал ц1алиялдалъун ва бат1и-бат1иял бак1азде экскурсиял т1орит1иялдалъун гьабизеги бегьула.Гьединаб экскурсиял дица т1обит1ана Гъизляралда бугеб Багратионил музеялде ва гьенир рихьарал нек1сиял алатазул ц1арал хасаб тетрадалда хъвана. Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазда х1алт1изабизелъун ц1алдохъабазул хасаб словаралъул тетрадь г1езабун буго.(приложение 2)Рич1ч1уралел раг1аби алфавиталъул низамалдалъун хъвазе квег1енаб бук1уна, экскурсиялде хьвадун щваралги т1аде лъарал раг1абиги жиб-жиб лъай-г1елмуялъул бат1а-бат1а гьарун хъвазе бегьула.

Масала,музеялде,библиотекаялде,заводалде сапарал гьарун лъарал бат1а-бат1аго хъвала.Гьеб къаг1идаялъ ц1алдохъабазул раг1абазул нахърател бечелъулеб к1иго нух буго: ц1алдохъабазул словарь г1аммаб куцалда камиллъи,цогирахъалдасан – бат1и-бат1и экскурсияби гьарун хьвадун,хасал раг1аби ва терминаллъай.Экскурсиялде араб мехалъ лъарал т1олго раг1аби лъималаз словаразде росизе кколаро,гьелда хъвала къанаг1ат гуреб раг1уларел пишачилъиялда ва рук1а-рахъиналда рухьарал раг1аби.

К1удияб бицатаб тетрадь к1ибикьун гьабизе бегьула словарь.Т1оцебесеб бут1аялда щибаб х1арпалъул раг1аби хъвазелъун,к1иго-лъабго т1амач тезе бегьула. К1иабилеб бут1аялде,жиб-жиб махшелалъухъ ва пишачилъиялъухъ балагьун,т1ела-т1елал гьарун хъвала раг1аби. Ц1алдохъаби ц1ик1к1арал классазде раханаг1ан,гьеб х1алт1и г1ат1ид гьабизе ккола: раг1абазул маг1на гъварид гьабизе,тексталда жаниса рич1ч1уларел раг1аби ратизе ва гь.ц. Масала,гьелъие гьадинал мисалал рачине бегьила:оц багъулеб бук1ана, кьуру данде багъулеб бук1ана.Ц1ад бана,рукъ бана,г1емераб заман бана…

Ц1алул программаялъул ц1ияб т1алабалда рекъон, цоцазда релълъарал ва бат1и-бат1ияб маг1наялъул раг1аби рат1а гьаризе лъазе ккола. Масала,цоцазде маг1на г1агараб раг1аби гьеб тайпаялъул рук1ина:г1емераб-гьарзаяб,к1удияб-залимаб,бух1араб-баг1араб,ц1орораб-квачараб. Цоцазда данде кколареб маг1на бугел раг1аби гьадинал рук1ина:квачараб-хинаб,к1удияб-гьит1инаб,ризаб-лъедераб.7 Гьединго,цебеккун х1ажатал раг1абазул словарьги гьабун,гьит1инаб хабар г1уц1изе яги макъала хъвазе бегьула. Гьеб х1алт1и к1алалъ бицун гьабизе ялъуни изложение ,яги сочинение хъван раг1алде бахъинабизеги бегьула.Ч1ах1иял классазда жамг1иябгун политикияб ва бич1ч1икьеялъулаб литература ц1алиялда бихьизабун, гьениса политикиял ва г1елмиял терминал ва раг1аби хъванги словарь бечед гьабула.Гьел раг1аби, узухъда, жинди-жиндир т1елалда хъвала, масала,техникиял терминал бат1аго, росдал маг1ишаталъул терминал бат1аго ва.гь.ц.

Гьеб къаг1идаялда рищарал раг1абазда щиб гьабизе кколеб ц1алдохъабаз? Гьез гьел жидерго к1алзул ва хъвавул каламалъулъ ва т1ахьал ц1алулеб мехалъ х1алт1изарула. Словаралде раккун,гьездаса пайда босизе ругьун гьарула учителас ц1алдохъаби. Гьедин гьабич1они,словаразда хъварал раг1аби лъималазе пайда гьеч1ел ч1орогоял сиях1ал хут1изе руго. Гьеб къаг1идаялда лъималазул поссивияб словарь лъугьуна активияблъун.

Словарияб х1алт1и лъималазда цебегоялдаса лъалел рук1арал раг1абазул маг1на камил гьабиялдалъун т1обит1ула. Гьелдаго цадахъ бук1ина синонимазда, антонимазда, гьединго эпитетазда, дандекквеязда т1ад гьабулеб х1алт1и. Синонимазулъ к1вар бугеб жо- маг1на цоцазде г1агараб бук1ин гуреб, аслияб маг1на данде кколеб бугони, гьез цо кинабалиго т1еренаб бат1алъи бихьизабулеб бук1иналъулъ буго.

Синонималъ каламалъулъ бугеб раг1ул маг1на т1адеги камил гьабула. Масала, к1удияб оц, залимаб оц; к1иябго определениялъулъ бат1алъи буго: залимаб ц1акъго, г1орхъодаса ун к1удияб. Басрияб, нек1сияб, цебегосеб абулел синонимал жиб-жиб х1алт1изабизе рекъараб бак1 бук1уна, цоялъул бак1 цогидалъ хисуларо. Гьелде ругьунлъизе ц1алдохъаби хасал т1адкъаял т1уразаризе т1амизе бегьула.

Басрияб, нек1сияб, цебегосеб маххул ведро гьабуна. Лъабабго определениялъул кинаб маххул абураб раг1иялъе рекъонкколеб?

Цоги гьединаб тайпаялъул х1алт1и т1адкъазе бегьула. Масала, кьураб тексталда рекъонкколеб, амма гьениб камураб раг1и синонимазда гьоркьоса бищун лъезе: лъим г1исинал к1арт1аздаса къват1ибе … … … , ихдал лъар чвалчвалиялда … … … . (х1ажатал раг1аби: чвалхола, бессула, 8 чвахула.)

Г1емерисел предметал, жалго рихьизаризе рес гьеч1олъиялъ, суратаздалъун рихьизаризе ккола. Словарияб х1алт1ул байбихьуда, ц1алдохъабаз жидеда лъазе кколел предметазул суратал басралъарал, къвариг1ел т1убан нахъе рехарал т1ахьаздаса, журналаздаса, газетаздаса къот1ун, жидерго тетрадазда седола ялъуни жидецаго суратал рахъила, гьезда гъоркь ц1арги хъвала.

Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсида тексталда т1ад х1алт1улаго, учителас предложениялдаса, тексталдаса т1урал раг1аби х1алт1изаризе кьезе бегьуларо. Раг1ул маг1на предложениялда жаниб баянлъула, предложениялъулъ гуреб раг1уца дарсил мурадлъун бугеб калам цебет1езабиялъул хъулухъ т1убаларо. Масала, х1айванал абураб раг1и ц1алдохъабазда раг1изе бокьун буго учителасе. Гьес гьадинаб суал лъезе бегьула: г1ачиязда, оцазда, бачазда, бусбузда , г1уч1рузда цох1о раг1удалъун кин абилеб? Гьез х1айванал абун жаваб кьезе ккола.

Ч1ах1иял классазул бат1и-бат1иял х1алт1аби т1уразарулаго, суалаздаса ва жавабаздаса г1уц1арал мисалаздалъун маг1наяб ва бечедаб бук1ине ккола дарс. Гьелъул мурад- г1иц1го лъималазда лъалел раг1абазул къадар ц1ик1к1инаби гуребги, гьезул бет1ер х1алт1изе т1ами ва ц1одор гьари ккола. Масала, гьале к1иго бащадаб могоро буго; цояб гьадил, цогидаб миккил. Кинаб бак1аб бугеб? К1иго бащадаб миккил могоро буго: цояб бакъвараб, цогидаб г1ат1гояб. Кинаб бак1аб бугеб?

Хабаралъулъ ялъуни куч1дузулъ зах1матаб, бич1ч1улареб маг1наялъул раг1и дандч1вани, гьеб раг1улъ ругелщинал маг1наби баян гьаризеян абун, ц1алулеб кеч1 яги хабар гьоркьоб къот1изабизе бегьуларо. Къокъабго куцалда цебеккунго гьеб тексталда гьелъ кьолеб бугеб цох1о маг1на баян гьабун тела. Амма гьадабго зах1матаб раг1и цоги нухалъ бат1ияб маг1наялда дандч1вани, учителас ц1ияб маг1наги баян гьабизе бегьула.

Словаралда т1ад гьабулеб х1алт1уца ц1алдохъабазул лексикияб калам бечед гьабиялда цадахъго, дунялалде ва сверухълъиялде бугеб гьезул бербалагьиги щула гьабизе ккола. Лъималазда лъалел раг1абазул къадар ц1ик1к1инабиялда цадахъго, гьезул мац1 хъублъизабулел. Мац1алда гьоркьор рук1ине рекъоларел, масала, инсан г1одовег1ан гьавулел, 9сансикъ гьавулел, хъубал. Къват1ул ва гь. ц. раг1аби каламалъулъа т1аг1инариялъе квербакъулеб х1алт1и г1уц1изе ккола.



1.2Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсида словарияб нахърател камиллъизабизе гьарулел х1алт1аби.

Авар литературияб мац1 северияб наречиялъул кьуч1алда лъугьараб, т1олго аваразе г1ахьалаб мац1 ккола. Цогидал мац1азго г1адин, авар мац1алъги г1аммаб куцалда аваразул рух1ияб бечелъи жанибе бачуна. Маг1арулаз т1олго жидерго рек1ел рохел , къварилъи, жидедаго т1ад цебехун гьабулеб бук1араб зулму, гьелде данде жидецаго рух1 кьун гьабураб къеркьейги, гьелдаса хадуб жидерго бет1ербахъиялъулъ ккараб хиса-басиги авар мац1алдалъун бихьизабула.

Инкъилабалдаса хадуб г1исинал миллатазул ихтиярал бащалъиялда ва яшав цебет1езабиялда цадахъго гьезул мац1алги бечелъана.

Школалда авар мац1 малъулаго, лъималазда бич1ч1изе ккола унго-унгояб куцалда жидерго литературияб мац1 лъазаби чара гьеч1ел жалазул цояблъун бук1ин.

Мац1 г1адамазда гьоркьоб рухьеналъе бугеб гучаб алатлъун ккола. Цояз бицунеб жо цогидазда бич1ч1изабизе ккани, г1адамаз х1алт1и г1уц1изе ккани,мац1 ккола чара гьеч1еб жо. Гьале гьелъие г1олойин школалда малъулеб предмет х1исабалдаги авар мац1алъул лъималазе лъай ва тарбия кьеялъулъ ц1ик1к1араб к1вар бугеб. Авар мац1 лъазабиялъ лъималаз жидерго пикру бич1ч1изабиялъе бат1и-бат1иял ресал ратула, литературияб мац1алъул нормаби рич1ч1иялде гьел рачуна, жидерго рахьдал мац1алъул бечелъи , берцинлъи гьезие баянлъула. Гьелъ Ват1аналде лъималазул рокьи ц1ик1к1инабула, гьел жидерго каламалда хадуб ц1одорго хал кквезе ругьун гьарула, лъималаз жидерго мац1 культурияблъун лъугьине ях1 бахъула.

Калам цебет1езабиялъе ва берцинлъиялъе к1удияб к1вар буго дарсазда ва класстун къват1ибехун гьабулеб словарияб х1алт1ул.

5-7 классалъул т1ахьазул ахиралда кьун руго зах1матал раг1аби.10 «Бит1унхъваялъул ва бит1унабиялъул» абураб лозунгалда гъоркь. Гьел раг1абазде гъорлъе ккола к1ирекъарал х1арпал ругел раг1абиги. Гьенир кьун руго раг1и абизе кколеб ва гьел хъвазе кколеб куц:

Гьадин хъвала. Гьадин абула.

Нижер Нежер

Нилъер нелъер

Вацас ваццасс

Мусаца Мусацца

Лъим лълъим

Хирияб ххирияб

Гьел раг1абазда гъорлъ ц1алдохъабазе ц1акъго зах1маталлъун кколел къаг1идабиги кьун гьеч1о. Гьел раг1аби т1аса рищулаго, гьезул зах1малъи- г1емер х1алт1изарунгут1и.

Т1ехьалда кьураб материалалда х1алт1улаго, зах1матал, рич1ч1уларел раг1аби ц1алдохъабазда рич1ч1изариялъе дица г1емер х1алт1и гьабула.

Г1урус мац1алда ругел г1адал бат1и-бат1иял словарал авар мац1алда гьеч1о. Гьединлъидал литературияб асар ц1алулелъул, ц1алдохъабазда рич1ч1уларел раг1аби баян гьари гуребги. Гьезул морфологияб ва бит1унхъваялъулаб рахъги баян гьабизе ккола.

Мац1алъул дарсазда бит1унхъвай, зах1матал раг1аби ва бат1и-бат1иял къаг1идаби рич1ч1изаризелъун, литературиял асаразул кесекалдасан пайда босула. Изложениялъе бихьизабураб тексталъул анализ гьабулелъул, дица ц1алдохъабазул к1вар буссинабула калам бит1арабги, берцинабги ва пасих1абги бук1ине ккеялде, тексталда гъорлъ ругел бат1и-бат1иял синонимаздаса, эпитетаздаса пайда босизе ккеялде. Дица ц1алдохъаби ругьун гьарула авар мац1алъул бит1унхъваялъулаб словаралдаса пайда босизе.

М-С. Саидовасул «Аварско-русский словаралда» «бачана»абураб раг1иялъе анлъго бат1ияб маг1на кьун буго. Лъималазда гьикъула гьал раг1абазул дандраязул кинал раг1аби ругел бит1араб маг1наялда:11чармил хвалчен, чармил рак1; бег1ераб хеч, бег1ераб раг1и.

Дица боецасул форма букъила,

Фашистазул бандал дуца рукъила,

Дица парталалда иту кьабила,

Тушманасул горболъ дуца кьабила.

Раг1ул бат1и-бат1ияб маг1на бук1иналъе мисаллъун кьуна Ц1адаса Х1амзатил коч1олъа росарал гьал раг1аби.

Х1адурлъиялъулаб х1алт1улъ чара гьеч1ого бук1ине ккола лъаларел ц1иял раг1аби ва бак1ал баян гьари. Дица х1исабалде росула яги ц1алиялде цебе, ц1алулаго ва ц1алун хадур баян гьарулел раг1аби яги предложениял. Масала, «Хочбар» ц1алилалде цебе баян гьабула дица коч1ол ахиралда кьун бугеб 9 раг1и, ц1алулаго дица баян гьарула гьал хадусел раг1аби: «руккел», «мажгит», «россаби», «гьид», «сивуниса», «Тифлис». Ц1алун хадур баян гьарула «к1иго гьиналъул вас», «Гьидерил Хочбарил гьан кьерилалде», «Г1ададани хвеч1ин г1ундул къокъаб бац1», «Бац1ицани г1амал г1одоб рехич1ин» абурал раг1аби.

Гьединал дарсазда дица бихьизабула ц1алдохъабазда нилъерго мац1алъул бечелъи, гьеб бечелъизе ругел ресалги.

Ц1алдохъабазда ц1иял раг1аби т1уранго лъазелъун дица гьел раг1аби ц1алдохъабазул к1алзулаб ва хъвавул каламалъулъ х1алт1изаризе т1амула. Ц1алдохъабазе зах1малъулеб жо буго гьоркьоб дефис лъолел, рек1ун яги бат1а хъвалел раг1абазул бит1унхъвай. Гьединал раг1аби дица таблицаялда хъван къеда ран руго. Масала, гара-ч1вари, гъира-шавкъ, гъуд-г1уч1, гьет1-гьет1и,хиса-баси. Бет1ербахъи, бет1ергьаби, бет1ерч1вад, рихха-хочи ва гь.ц. Рак1алда ч1езе зах1малъула лъималазе ахиралда У ва О хъвалел раг1абиги: росу, г1анк1у. х1елеко.

Дица баян гьабула: к1иго слог бугел раг1абазулъ ахиралда О,У хъваялъулъ щаклъи бугони У хъвала ( г1азу,г1анк1у, мах1у), лъабго слог бугел раг1абазул ахиралда О хъвала ( ц1улакьо, х1елеко, Миякьо).

Рак1алда ч1езаризе зах1матал руго к1ирекъарал х1арпал ругел раг1аби. Гьел раг1абиги дица, таблица гьабун, къадада бан буго.

Литературиял текстал ц1алулаго, ратула гъалат1ал ругел раг1аби. 12 Масала, «жиги» словаралда рекъон «жеги» хъвазе ккола. Дун х1алт1улеб Гъизляр районалъул Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб «Краснооктябрьскияб » гьоркьохъеб школалда ц1алдохъабаз абула «къасс», «къасда», амма словаралда рекъон хъвазе ккола «къаси».

Словарь буго нилъер закон. Гьелдаса нилъ таризе бегьуларо. Авар мац1алъул учителасе гьеб ккола бищунго аслияб т1ехьлъун.

Цо-цо раг1абазул буго к1иго бат1ияб хъвалеб къаг1идаги. Масала. Дунял, дуниял. Гьединал раг1абиги ц1алдохъабазда рак1алда ч1еялъе х1алт1и гьабула.

Лъик1аб х1асил ккола ц1алдохъабазе гьоркьо-гьоркьоб словарияб диктант гьабуни. Гьединаб диктанталде гъорлъе ккезаризе ккола хас гьабун рищарал гамач1-ганч1ал, лъим-лъинал, ццин- ццин бахъи г1адал раг1аби.

Лъалеб жо буго лъималазул ц1алудехун гъира базабула дарсида бат1и-бат1иял х1аял гьаруни. Х1аялъулъ ц1алдохъан х1алт1ула жиндиего бокьун, гьев х1адурун вук1уна гьелде. Гьединал х1аязул мурад бук1уна зах1матаб, к1вар бугеб х1алт1и гьабизе рек1елгъеялъулаб ва интересаб ц1алдохъабазе.

Авар мац1алъул дарсида дица гьарула дидактиял х1аял лъималазул калам цебет1езабиялъе г1оло. Гьездаса пайда босизе ккола дарси цо ч1ванкъот1араб бут1аялда дидактикиял масъалабиги мурадги данде кколеб бугони. Ругьун гьариялъул х1аракатчилъиялъулъ жанибе бачуна къецалъул элемент, лъик1ал х1асилал ккани, киналго х1алт1аби рит1ун гьаризе ккола.

Гьединал х1аяз лъималазул пагьму, пикру, нахъг1унт1и ва жиндирго лъай борхизабиялъул даража бук1уна. Лексика малъулаго г1емерал дидактикиял х1аял гьарула дица.Гьединаздаса цояб ккола «Таржамчи» яги «Тилмач».

  1. Предложениялда жанир киналго раг1аби синонимаздалъун хисизе, цох1о кумекалъул каламалъул бут1аби нахъе тун.

Маг1адардаса гъоркье гамач1 гирана. (Гох1даса бихе гьорчо бач1ана.)

  1. Цогидаб мац1алдаса бач1араб раг1и авар мац1алъул 13раг1иялдалъун хисизе.

а) Мактабал къанилан къват1алги сверун,

Цересел урокал к1очене тоге.

б ) Дун жанив лъугьарал больницабазда

Профессорзаби ясал ратана.

  1. Предложениялъулъ басралъараб раг1и батизе ва гьеб хисизе авар мац1алъул раг1иялдалъун.

а) Кодоб берданкагин чоде вахандал,

Чвахун т1ун, г1одич1ищ баг1араб айгъир.

б) - Эбел, базаргабаз боц1уда гьоркьоб

Би ц1улилан гурищ ц1ар бук1унебан?

2 «Ц1ех-рех гьабулеб буго лъик1 лъалев чияс.»

Ц1алдохъабазда гьаниб лъазе ккола кинаб махщелалъул х1акъалъулъ бицунеб бугеб тексталъулъ. Гьеб х1ай дица т1обит1ула «Профессионалияб лексика» малъулеб мехалъ.

  1. Шприц, укол, аппендицит, пеницилин, тетрациклин, клиника, язва.

  2. Кардан,карбюратор,сотеллитан.

  3. Харат1,ишан кьаби,г1ебсакъот1, миц1ирбахъ, гьохтиро,лълъини,

жини,гьет1нус.

3 «Г1аламаталде балагьун, раг1и бати.»

«Ц1» х1арпалъ байбихьани,

«Квачараб» дир синоним;

Гьеб хисун, «Гъ» лъунани,

«Унтараб» дир синоним.

«Къ» цебе г1уц1анани,

«Г1ат1идаб» дир антоним,

«Къ» хисун, «Гъ» т1амуни,

«Т1адгояб» дир антоним 14

«Хъ»- ялда байбихьани,

«Бац1» буго дир синоним;

«Хъ» хисун, «Ц1» х1арп лъуни,

Дарсиде ах1улеб жо.

«Ц1» х1арп цебе бугони,

Ц1акъ звангъолеб алатги дун;

«Ц1» -ги хисун, «Хъ» босани,

Балагь буго дун боц1уе.

4 «Лочнол бер.»

а ) Тексталъулъ лъида ратулел басралъарал раг1аби.

1 Такъия къот1улеб къвак1чармил хвалчен,

Дида к1алал гьикъун, к1их1и бекана. (Шлем)

2 Хъах1ал къанабахъе дун щвараб мехалъ,

Ах1долев раг1ана гьидерил магъущ

б) Тексталъулъ хъвалсараб маг1наялъул раг1аби ратизе.

Чиясул бидурихьал – ракьул бидудирихьал

Щулияб къед – щулияб раг1и

Бух1улеб ц1ул – бух1улеб рак1

Гьимулеб лъимер – гьимулеб т1ехь.



5 «Аукцион»

Х1акъикъияб аукцион (бичи) гьабулеб г1адин, ахирисеб раг1и абурав ц1алдохъан бергьуна. Мисалалъе босани раг1уе синоним ургъизе ккун буго (бух1араб чай), бергьула ахирисеб синоним ургъарав ц1алдохъан. Мисалалъе росила гьадинал раг1аби:

Болжал – мех, заман 15

Гурх1ел – рах1му , ц1об

Лъараг1лъи – г1одоблъи. Майдан

Къор – гудур , гвенд.

6 «Хехго хиси» («Перевертыш»).

Гьал раг1абазе синонимал ва антонимал рате.

Пашманлъи - къварилъи - рохел.

Аск1об - г1агарда - рик1к1ада.

Баг1ари - бух1и - ц1орой.

7 «Лъай бугев чи» («Эрудит»).

Гьаб х1аялъ ц1алдохъанасул пикру ва г1акълу цебет1езабула. Гьал раг1абазул маг1на кинаб бугеб?

а)Нуг1 – щибниги иш лъугьунеб жинда бихьарав, лъалев чи.

Рагьдател – кулакасда, помещикасда цеве мухьдахъ х1алт1улев чи.

Х1акъаб – унго – унгояб, бит1араб , х1акъикъияб.

Г1ажал – хвел.къадар

б) Гьал раг1абазул маг1наялъулъ бат1алъи бате.

Бах1арчияб иш - «бах1арчияб такъсир, мунагь».

в) Басралъарал раг1аби хисун ц1иял раг1аби хъвай.

Диванбег – къади,судья.

Нат1 –бащадаб метр

Аскарияв – солдат.

г) Гьал раг1абазе бит1араб маг1на кьезе ва кицабазулъ, абиязулъ гьел х1алт1изаризе.

Ват1ан хириясе хвел бук1унаро.

Гьудул нусгоги дагьав , тушман цоги г1емерав. 16

Г1акъилчиясул х1алт1и – г1емераб, х1алихьатил – ч1анда г1емераб.

Бет1ер х1алт1ич1они, х1ат1ал свакала.

8) «Гъалат1ал рит1улев чи». Предложениязулъ т1ок1лъараб раг1и бате.

а) Дос жиндирго автобиография хъвана.

в) Собрание бук1ине буго сентябрь моц1алда.

9) «Махщалида раг1и т1адбуссинаби» («Бумерань»)

1 ) Синонимал рате.

Г1адатав чи – сих1ру,макру гьеч1ев чи, х1илла – рек1к1 лъаларев .

Г1адатаб масъала – бигьаяб масъала

Г1адатаб ах1вал–х1ал – якъинаб х1акъикъат.

2) Антонимал рате.

Г1агардисеб раг1ал – рик1к1адисеб

Г1агарав чи – чияр чи

Кепаб комедия – ч1алг1араб , рак1гъут1араб

10) «Низамалда ч1аразул чит1ир» («Шеренга»)

1) Гьал синонимал маг1наялъул ц1обаялда рекъезарун хъвай.

Тушман – рах1му гьеч1ев,сог1ав, вах1щияв,рах1му лъуг1арав.

Иш (ах1макъаб,тохаб) – зах1малъулеб,къабих1аб,инжитаб,хъач1аб, зунараб.

11) «Биатлон». Гьаб х1аялъулъ т1убараб классго г1ахьаллъизе бегьула. Гьелъул буго цо чанго манзил.Щибаб манзилалда ц1алдохъанас т1убазабула к1иго т1адкъай: т1оцебесеб – авар мац1алъул, к1иабилеб – спортивияб.Масала: щибав «биатлонистас» тезе ккола г1ага-шагараб манзил ва т1убазабизе ккола кинабалиго т1адкъай (т1анк1азул бак1алда х1арпал лъей, синоним яги антоним батизе , раг1и падежалде хисизабизе). Бит1ун манзилалда ва бит1ун гьабураб т1адкъаялда хадуб хал ккола судияс.Нагагь гъалат1 ккани биатлонистасул, гьес г1ак1адул гор гьабизе 17 ккола – цоги т1адкъай т1убазе ккола. Учителас г1ак1адул горалъул бак1алда прсидание яги отжимание кьезе бегьула.

12) «Гъалат1азул улка». Гьаб х1ай дица х1алт1изабула инсанасул рет1ел-хьит малъулеб мехалъ. «Гъалат1азул улкаялъул» халкъалъе бищунго бокьула жидерго рет1ел ясик1оялда рет1ине. Рет1ел рет1и гьеб улкаялда уна байрам г1адинан. Ц1алдохъабаз босун бач1уна жидерго рет1ел-хьит ясик1оялда рет1ине. Байбихьула рет1ел рет1ине, абула рет1унеб парталалда ц1ар (к1аз,гурде,т1ажу,хьитал,шалбал (шортал)). Гьеб х1аялъ словарияб нахърател камиллъизабула.

«Гъалат1азул улкаялъул» халкъалъе рокьула цоцзе зах1матал суалал кьезеги. Гьединал суалазе жавабал кьезе ккани, лъазе ккола физика, история ва гь.ц.

1 Имам Шамил урду ч1ван ч1араб чачаназул росу? (Дарго)

2 Имам Шамилил эбелалъул росдада ц1ар? (Г1ашилт1а)

3 Дагъистаналда ислам т1ибит1изабурав шайихасул ц1ар? (Абумуслим).

4 Хирияв, вокьулев абураб маг1наялъул ц1ар? (Х1абиб)

5 Сих1ирав, рек1к1ав чи? (Айгъур)

6 Бич1изе к1олареб, ноц1ахараб х1ехь? (Аг1)

Нилъер каламалда хадуб хал ккураб мехалъ, абизе бегьула, инсанасул мац1 бечебаб, г1арцулаб, рес бугеб,гьарзаяб бугилан абун. К1удияб к1алг1а, рукъ бук1ине бегьула бечедаб, ч1урканаб, ч1ух1араб, гвангъараб. берцин къач1араб. Бач1инги бук1уна бечедаб, к1удияб,сахаватаб ,г1емераб. Гьел киналго росарал мисалазул маг1на г1агараб буго. Гьел синонимал руго. Щибаб синонималъул буго жиндие хасиятаб маг1наялъул хаслъи. Синонимал х1алт1изарула бат1и-бат1иял ах1вал-х1алазда, кинаб бугониги х1ал ккезабулел шарт1азулъ.

Синонимал ккола маг1на г1агарал раг1аби, амма бат1и-бат1ияб куцалда абула цого жо. Масала: рукъ,мина, к1алг1а; жан, рух1, х1ал; кеч1, назму, сарин; пача, къирал, хан, падишагь; гъвел, бадибч1вай, каки; агьлу, тухум, кьибил; боржаро, самолет, аэроплан.



Авар мац1алда руго маг1на дандекколарел раг1аби, ай г1аксияб 18 маг1на бугел раг1аби. Гьезда абула антонимал абун. Нилъеца абула:

Бечедав чи - мискинав чи

Бечедаб к1алг1а - язихъаб к1алг1а

Бечедаб бач1ин - заг1ипаб бач1ин

Каламалъулъ антонимал х1алт1изарулаго, гьеб лъугьуна баянаблъун ва загьираблъун. Дица антонимазда т1ад х1алт1улаго кьола гьадинал грамматикиял т1адкъаял.

  1. Гьал раг1абазе антонимал рате.

Ах1макъ - ц1одор

Байбихьи - лъуг1ел

Бак1лъи - т1адагьлъи

  1. Кицаби ва абиял антонимал гъорлъ ругел.

Вач1инеги лъай, инеги лъай.

Бах1арчияс бадибе абула, х1алихьат нахъасан к1алъала.

Лъик1алда мал бани, квешалда къвал базе ккола.

  1. Щай гьал раг1аби цох1о мухъилъ ругел?

Ц1орой - баг1ари пашманлъи - рохел

Канлъи - бец1лъи рит1ухълъи - гьереси

Гьалмагъ - тушман х1инкъуч - бах1арчи

  1. Гьал кицабазулъ антонимал рате.

Гьудул нусгоги дагьав , тушман цоги г1емерав.

Бералда бихьараб - бит1араб, г1инда раг1араб - гьересияб.

Жидеего - чодул нух, чияй кьезе – ц1ц1едул нух.

  1. Гьал кицаби хъван лъуг1изаре.

Росдал газа ………. (кьурда рек1унеб).

Бицине вортуге ………..(гьабизе ворта).

Дурго раг1и ккун ч1оге,…………(дандиясухъги г1енекке).

  1. Дица гьит1инабго текст хъвала гьоркьор прилагательноялги риччан. Текст цоцада бихьизе биччаларо. Ц1алдохъабаз жидеего бокьарал прилагательноял абула, т1анк1азул бак1алда гьел хъвала. Текст ц1алула. Щай текст бач1араб нилъее релъи щолеб?

  2. Х1ай «Лъица ц1ик1к1ун»

Г1уц1ула к1иго команда. Доскаялда хъвала к1иго раг1и. Масала: 19 тамахаб. Гьеб раг1иги гъорлъе ккезабун, г1ахьаллъулез раг1абазул дандраял г1уц1изе ккола.

Тамахаб канлъи -(беразе лъик1аб)

Тамахаб хасият - (разилъулев, даг1ба гьеч1ев)

Тамахаб талих1 -(къвак1и гьеч1еб)

Тамахаб вагон - (рехулеб тамахаб вагон)

  1. Раг1абазул дандраял хъвай ва бихьизабе хъвалсараб маг1на.

Бег1ераб нус - бег1ераб раг1и

Ч1ег1ераб къалам - ч1ег1ераб бахиллъи

Т1ок1араб лъим - т1ок1араб г1акълу

Гьуинаб лъим - гьуинаб пихъ

  1. Маг1арулалдаса г1урусалде,г1урусалдаса маг1арулалде предложениял руссинариги творческияяб х1алт1и ккола.

  1. Цо мац1алдаса цогиялде таржума зах1матаб х1алт1и ккола. Муг1алимасда т1адаб буго лъимал ругьун гьаризе. Амма школалда гьелде к1варги кьоларо. К1иябго мац1алд гьоркьоб хурхен гьабиялъе гьелъ лъик1го квербакъула.

Бищунго ц1алдохъабазе зах1малъула глаголал-сказуемоял заманиял формабазда дандеккезаризе. Авар мац1алда ункъо заманияб форма буго глаголалъул, г1урусалда-лъабго. Гьеб цо зах1малъи. Авар мац1алда гьеч1о иш т1убай ва т1убангут1и мух1канго бихьизабулел глаголиял формаби, г1урусалда руго. Гьелъулъ ккола аслиял гъалат1алги. Масала: «Я читал эту книгу», ян абураб предложение лъималаз буссинабуна : «Дица ц1алана гьеб т1ехь» абун, ай читал ва прочитал цого жолъун тола. К1иябго мац1алъул предложениязул членазул бак1азул тартибги бат1ияб буго. Гьединлъидал, цин цо хабарияб текст буссинабизе т1амилалде, ц1алдохъаби ругьун гьаризе ккола дандрит1ун руссинаризе к1олел г1адатал предложениял руссинаризе малъиялдасан. Гьелъе кьела гьадинал мисалал.

Дица гьаб т1ехь ц1алана. Я прочитал эту книгу.

Дица гьаб т1ехь ц1алулеб буго. Я читаю эту книгу.

Дица гьаб т1ехь ц1алила. Я прчту эту книгу.

Дица гьаб т1ехь ц1ализе буго. Я буду читать эту книгу.

Кват1ич1ого г1инт1и т1егьала. Скоро зацветет шиповник 20

2 Раг1ул нахърател бечед гьабизе квербакъула цого х1арпалдасан байбихьулел ва лъуг1улел къот1алаби болъал ц1езариялъги. Масала:




о

ц



в

а

ц


д

у

р

ц

д

е

р

е

ц





ц








ц

а




ц

е

р



ц

и

л

и










Щуабилеб классалда гьадинал къот1елабаздаса байбихьараб лъик1аб буго. Гьединал къот1алаби муг1алимас ургъани, гьез лъималазул гъира базабула авар мац1алде.

3 К1удияб гъираялда лъимал х1алт1ула бат1и-бат1иял т1адкъаялгун карточкаби кьуни. Масала.

а) Х1арпал хисун лъун, цо глаголалдаса цоги глагол лъугьинабе.

Абизе - (баизе) багьизе - (гьабизе)

Рекьизе - (кьеризе) к1усизе - (сук1изе)

Лагьизе - (гьализе) ратизе - (таризе)

Рикъизе - (къиризе) рач1ана - (ч1арана)

б) Предметияб ц1ар глаголалде сверизабизе.

Нахъа - (хъуна) нуц1а - (ц1уна)

Накъира - (къирана) накку - (ккуна)

в) Х1арпал хисун лъун, цойги предметиял ц1арал лъугьинаре.

Гъира - (рагъи) изну - (зуни)

Г1ари - (раг1и) г1ери - (рег1и)

Раг1аби - (баг1ари) сарин - (расин)

Цаби - (баци) х1уби -(бух1и)

Морфология малъулаго, бищунго ц1ик1к1ун зах1малъаби дандч1вала 21 предметияб ц1аралъул г1емерлъул форма лъугьинабулаго. Гьеб буго авар мац1алъул бищунго зах1матаб категория. Дица гьелъиеги къот1алаби х1алт1изарула. Гьез къот1алабаз г1емерлъул форма лъугьунеб куц рак1алда ч1езабизе бегьула. Гьениб т1аде жубала берзул ц1одорлъи. Гьеб абуни, дун х1алт1улеб школалда ц1алуле лъималазе х1ажатаб буго.




и




и




и




и




а

л




а

л




а

л




а

л




а

л

Дица х1адур гьарула ункъго х1арпалъул ункъо раг1иялъул квадратиял къот1алаби. Г1емерисел предметиял ц1арал рук1уна г1емерлъул формаялда щуго ва анлъго х1арпалдасан г1уц1арал. Хадуб дица доскаялда хъвала г1емерлъул формаялъул ахириял суффиксал: - И, -АЛ, -БИ. Лъималаз ц1араб болжалалда къот1алаби ц1езарула. Бергьуна бит1ун ва хехго къот1алаби ц1езарурал ц1алдохъаби. Х1исабалде босула щибаб нухалъ ц1и-ц1иял раг1аби рук1ине кколеблъи. Гьале мисалиял къот1алаби.

а) Ц1ани,г1ачи,кьаг1и,чаг1и.

б) Кьили,ц1око,бац1,руз,вац,

ц1ум,т1ехь,хух.




б

и




б

и




б

и




б

и




б

и




б

и





а

л





а

л





а

л





а

л





а

л





а

л

Сагула,гарац1,сарин,г1алах,т1амах,

гомос.

Ччуг1а,хъала,к1вет1,гула,лъади.







Глаголалги гьелъул формабиги малъулеб мехалъ,

пайда босула гьадинал формабаздасаги. Цебе цо х1арпги лъун, цо ккураб формаялдасан бегьулелщинал маг1наял глаголал, причастиял лъугьинари. Гьоркьоса бортараб раг1араб гьаркьил бак1алда бат1и-бат1иял рагьарал гьаркьалги лъун, глаголал лъугьинаризе ва, гьелги гъорлъе ккезарун, предложениял г1уц1изе, гьел членазде риххизе т1адкъала.

б

у

Х1

а

р

а

б

б

а

т

а

р

а

б

б

о

кь

а

р

а

б

б

е

г

а

р

а

б

ц1

о

д

о

р

а

б

р

и

х

а

р

а

б

б

а

гъ

а

р

а

б

Гьединго кьола причастиял хъварал къот1алаби,гьединабго халипаги 22 бахъун, гьеб ц1езабула кьурал причастиязул антонимаздалъун, синонимаздалъун. Цо мисал.

Ц1орораб

Билараб

Рихараб

Бахъараб

Г1адалаб ,бокьараб, рекъараб.



Гьел киналго абизе т1амула чиясул, ч1ужуялъул жинсалдаги г1емерлъул формаялдаги. Цинги гьелги гъорлъе ккезарун, предложениял г1уц1изарула.

Цо-цо х1арп цебе лъун, глаголал ва причастиял лъугьинарулеб куцалъе мисалал6

Глаголал Причастиял

… уна (п) … ураб (п)

… уна (гъ) … ураб (гъ)

… уна (г1) … ураб (г1)

… уна (к) … ураб (к)

… уна (къ) … ураб (къ)

Гьединаб т1адкъай ккола гьел раг1аби предложениялда жанир х1алт1изариялъул байбихьилъун, ай калам г1уц1иялъе х1адурлъилъун. Гьебго къаг1идаялъ бегьула глаголал ва причастиял лъугьинаризе бат1и- бат1иял заманиял формабаздасан. Гьединго, …ана абураб формаялда цебе х1арпал лъунги лъугьинаризе: бана,х1ана,тана ва гь. ц.

Гьоркьоб цо рагьараб гьаракьги лъун, глаголал лъугьинариялъе цо мисал:

Б…цана - б…цана – б…цана – б… цана.

Б… ц1ц1ана – б… ц1ц1ана – б…ц1ц1ана – б…ц1ц1ана.

Б…хъана – б…хъана – б…хъана.23

Б… ч1ана – б…ч1ана – б…ч1ана.

Б…къана – б… къана – б…къана – б…къана.

Б…кьана – б…кьана – б…кьана –б…кьана.

Гьел руго лъугьине бегьулел глаголал. Щибаб глаголги сказуемоелъун ккезабун, предложениял г1уц1изе т1амула. Гьединал х1алт1аби ва т1адкъаял дицаго х1адурула.

Авар мац1алъул дарсазда гьоркьо-гьоркьор х1алт1изарула «грамматикиял маргьаби». Синонимал малъулаго лъималазе дица бицуна гьадинаб маргьа. «Раг1аби-вацал»

«Мац1алъул х1акъалъулъ г1елму» абураб пачалихъалда г1умру гьабулел херал чаг1аз бицуна, жидер улкаялда хважаинги гьеч1ел къват1ул раг1абиян. Цин гьанир, цин дора рак1арула гьезул т1елал. Г1адамазул къварилъи- пашманлъиялъухъ ва рохелалъухъ цого къаг1идаялда балагьула гьел. Бицуна, гьезул цох1о мац1 бук1анин ва гьеб мац1алда к1алъалин. Кинабг1аги талих1 гьезул бук1инч1о. Бакъул раг1ад г1адин свердулел рук1унаан гьел улкаялда. Кибго батулароан гьезда жидеего руссен. Бищунго пашманаб жо бук1ана гьел цоцада дандч1валароан. Цо нухалда т1обит1ана хабар Синонимал абураб шагьаралде вач1ун вугин сих1ручи, ва гьес релълъарал тайпаялъул ва г1айибалъе мук1урлъуларел талих1аллъун гьарулел ругин. Кинабго улкаялдасаго рач1уна шагьаралде бат1и- бат1иял раг1аби. К1ванаг1ан хехго гьезие бокьун бук1ана жидеего гьудул-гьалмагъ валагьизе. Сих1ручи вук1ана ц1акъ г1акъилав чи. Гьес гьел синонимиял кьерда ч1езаруна, цолъизаруна нилъеда лъалеб Синонималъул байрахъалда гъоркь, амру гьабуна вацал г1адин к1одо гьаризе ва бана рит1ухълъиялъул гьа цоцадаса рак1хунгут1иялде. Гьезда ц1арги тана Синонимал абун. Киниги гьезул берцинлъиги, гвангъиги хвеч1о, дагьалги лъик1ал талих1аллъун хут1ана.

Словарияб х1алт1ул х1асиллъун ккола рич1ч1уларел раг1абазе баян кьеялъулъ, гьезул маг1на бич1ч1изабиялъулъ, лъалел раг1абазул маг1на щула гьаби ва анализ гьабиялъулъ,мац1алъул бечелъиялъулгун лъималазул лъай-хъвай гьабиялъулъ ва стилазулгун гара-ч1вари гьабиялъулъ. Раг1ул маг1наялъул анализ гьабизе ккола гьеб 24х1алт1изабулеб къаг1идаялдалъун, х1атта цо-цо мехалда раг1ул историялдалъун.

Словарияб х1алт1и – гьеб гуро муг1алимасул х1алт1ул лъугьа- бахъин, гьеб буго нахъаса къот1ич1еб, планалда рекъон гьабулеб, г1уц1а-къараб, муг1алимасул мурадалдалъун г1уц1араб, авар мац1алъул киналго бут1абазда бухьараб х1алт1и.

Авар мац1алъул дарсида ц1ияб тема малъулаго, дица лъай-хъвай гьабула ц1ияб раг1улгун, раг1абазул дандраязулгун; контролияб диктант хъваялелде баян кьола маг1на бич1ч1уларел раг1абазе; рокъобе х1алт1и т1ехьалдаса кьолаго,баян кьола тексталъулъ маг1на бич1ч1уларел раг1абазе.

К1удияб бак1 ккола словарияб х1алт1уца адабиялъул дарсида художествиял асарал малъулагоги. Гьениб т1оцебесеб иргаялда раг1абазда т1ад х1алт1ула лъималаз каламалъулъ х1алт1изарун бажариялда. Словарияб х1алт1уца хасаб бак1 ккола раг1абазул дандраязулъ ва предложениязулъ. Гьениб раг1ул маг1наялда т1ад х1алт1и гьабун т1убаларо. Синонимал ва антонимал рати, жиндирго пикру загьир гьабизе маг1наяб раг1и ургъи, творческиял х1алт1аби, словариял диктантал ч1ванкъот1араб темаялдасан хъвай, бит1унхъваялъулаб разбор, ругьунлъиялъул х1алт1аби,лъималазул бит1унхъвай щула гьаби, гъалат1азда т1ад х1алт1и, орфографияб диктант хъвай – гьеб кинабго буго раг1уда т1ад гьабулеб х1алт1и.

5-9 классазда авар мац1алъул дарсазда раг1ул анализ гьабулаго, дица кинабго рахъ х1исабалде босула. Гьелъул маг1на буго раг1ул фонетикияб, лексикияб, грамматикияб, стилалъулаб ва цогидал хасиятал ва г1аламатал рати, мац1алъул цогидал бут1абаздехун хурхен бихьизаби, цох1о кьибилалъул раг1аби рати, синонимал антонимал ва бегьулел раг1абазул дандраял ургъи. Раг1уда т1ад гьабулеб х1алт1и бук1ине ккола мух1канаб, щулияб. Гьединаб анализалъ ц1алдохъабазе рес кьола тарбия щвеялъе, пагьму цебет1еялъе, практикаялда бит1ун раг1и х1алт1изабиялъе.

Дица щибаб классалъе, малъулеб темаялде балагьун, ч1езабун буго раг1абазул къадар. Мисалалъе босани, 6 абилеб классалда дица кьола гьадинал т1адкъаял: схемаялда рекъон раг1абазул дандраял ургъизе (прилагательное + предметияб ц1ар), (глагол + предметияб ц1ар) ; 25 синонимал ургъизе, гьел ратизе; хъвалсараб маг1наялда раг1и х1алт1изабун бугищали хал гьабизе, батани мисал ургъизе; фонетикияб разбор гьабизе; бихьизабизе каламалъул бут1а ва гьелъул грамматикиял г1аламатал; раг1и лъугьиналъул разбор гьаби ва кьибил цоял раг1аби ургъизе; гьезул кьибил, суффикс ва ахир бихьизабизе; стилал рихьизаризе.

Ц1алдохъабазул словария къадаралъул бечелъи борхизабизе дица гьарула гьадинал х1алт1аби:

Лексикияб диктант (ц1алдохъабаз раг1ул маг1наялъе баян кьола)

Диктант «Хадув г1унт1а раг1уда»(учителас баян кьола раг1уе)

Орфографияб диктант

Берзулаб диктант. Т1адкъай.Абиялъулъ ва хъваялъулъ цогоял , амма маг1на бат1иял раг1абазда т1ад х1алт1и.(раг1и- раг1и).

Халгьабиялъул словариял диктантал (Моц1алда 2 нухалда)

К1удияб х1алт1и гьабула словарьгун х1алт1ун.Бит1унхъваялъул словарь- гьеб буго аслияб алат авар мац1алъул муг1алимасул. Раг1уда т1ад х1алт1и бараб буго словаралда, гьелъ ц1алдохъанасул мац1алъул культура гуреб, г1аммаб культураги борхизабула. Словарияб х1алт1уца, аслияб дарсил бут1а х1исабалда, ц1алдохъабазул калам цебет1езабула, словарияб нахърател ц1обала. Муг1алимасул иш буго дарсил дандекколеб бак1алда словарияб х1алт1уе бак1 ва замана балагьизе.

Дир х1исабалда, авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазда гьоркьоса къот1ич1ого гьабураб словарияб х1алт1уца, дир ц1алдохъабазул словарияб х1алт1удехун ва авар мац1алдехун рокьи ц1ик1к1ана. Гьезие бокьана гьеб х1алт1и ва литература.

Гьединго лъималазул борхана хъвазе-ц1ализе лъай. 5 абилеб классалъул бит1унхъваялъул качество бук1ун батани 25 % араб соналда, исана 47 % бахана. Рак1алде щвезе ккола мух1каннго х1адурлъараб планалда ва лъик1го г1уц1араб словарияб х1алт1уца кумек гьабула словарияб нахърател ц1ик1к1инабизе, бит1унхъваялъулаб лъай борхизабизе, ц1алдохъанасул калам цебет1езабизе, квербакъула мац1алъул культура камиллъизабизе,лъималазул бижизабула цебет1ураб пикру, авар 26мац1алдехун рокьи ва лъазабизе т1алаб ц1ик1к1уна.

Щивав маг1арул ц1алдохъанасда лъазе ккола жиндирго рахьдал мац1. Болмац1 ккола миллаталъул аслу. Жакъа нилъее х1ажат буго нилъерго мац1 бечедги, берцинги, цебет1ураблъунги гьабизе. Гьеб масъала мурадалде бахине ккани, г1ун бач1унеб г1елалъе, лъималазе рахъизе ккола т1ахьал, мультфильмал, телевидениялдаса ц1ик1к1инаризе ккола миллияб мац1алда передачаби. Амма рак1ч1ун абизе к1ола, хадубккунги иш гьадинаб х1алалда бугони, мац1 ц1акъго заг1иплъизе, ч1емег1лъизе буго.

Мац1азул бат1и- бат1иял сверелал ругониги, г1исинал къавмалги рац1ц1адал маг1арулал ккола. Гьел руго цо гъот1ол бигьаго рекуларел г1аркьалаби. Кьалбаз ккола гъвет1, гъот1оца ккола г1аркьалаби. Гьеб к1очене бегьуларо.







Ахир 27

Гьал церехун рехсарал х1алт1абазде к1варги кьун, дун х1алт1изе байбихьаралдаса нахъе лъалаго борхана лъималазул ц1алул даража ва цо-цоял к1алъазе лъугьана маг1арул мац1алъ. Цере дагьалго рук1ана маг1арул мац1алда к1алъалел ва гьеб бич1ч1улел ц1алдохъаби. Гьанже цо-цо лъимал дир рак1 рекъолеб х1алалъ авар мац1алда к1алъала ва чвахун текст ц1алула. Школалда, районалда т1орит1улел конкурсазда, олимпиадабазда дир ц1алдохъабаз лъик1ал х1асилал рихьизаруна.

Авар мац1 бокьизабизе, жидерго мац1 бечед гьабизабизе дица школалда лъималазе г1уц1ана берцинго къач1араб авар мац1алъул ва адабияталъул кабинет, дарсал кьола гьенир жанир, г1уц1ун буго Расул Х1амзатовасул г1умруялда т1асан суратазул выставка. Бат1и- бат1иял поэтазул х1акъалъулъ альбомал. Кабинеталда буго хасаб бок1он лъималазул творческиял х1алт1абазул, щивав ц1алдохъанасул буго тематикияб словарь. Авар мац1алде гъира ккезабизе класстун къват1ибехун ругел дарсазда ц1алула «Лачен» журнал ва «Х1акъикъат» газетаялдаса «Бурут1» гьумералдаса маргьаби, харбал, куч1дул, кицаби ва абиял, ц1езарула кроссвордазул къот1елал, ч1вала бицанк1аби. Литературияб асаралъул х1асилалде балагьун, рахъула бат1и- бат1иял суратал- иллюстрацияби. Моц1алда жаниб цо нухалъ къват1ибе бич1ала къадал газета: «Инсул ирс щварав вас» абураб.

Къойилаб словарияб х1алт1и гьабун хадуб, дир ц1алдохъабазда гьабсаг1ат бажарулеб буго лирикияб асаралъул анализ гьабизе, литературияв багьадурасе къимат кьезе ва пасих1го текст ц1ализе.

Школалда т1орит1ула авар мац1алъул анкьал, гьарула пасих1го куч1дул ц1алиялъул конкурсал, хъвала бат1и- бат1иял темабазда т1аса сочинениял къадал газеталде макъалаби. Гьел хъвазе квербакъи гьабула дицаги.

Исана районалъул авар мац1алъул олимпиадалда цо т1оцебесеб ва цо лъабабилеб бак1ал щвана. Гьел х1алт1аби чучлъизе тезе рак1алдаги гьеч1о. Щибаб соналъ к1удияб гъираялда г1ахьаллъула Расул Х1амзатовасул «Хъах1ал къункъраби» абураб декадаялда. Гьеб декадаялда гьабурабщинаб х1алт1и лъун буго школалъул сайталдаги.Щибаб соналъ берцинго къач1араб къадал газета бич1ч1ала Расул х1амзатовасул юбилеялде. Х1адур гьарун руго альбомал.

ц

а

гъ

у

Р


ц





Х1алт1изабураб литература 28

1 А.Т. Абдурахманова «Тематический словарь для 5-11 классов»
Махачкала. 2013 г.

  1. М.Т. Баранов «Русское слово» Москва. 1978 г.

3 М.-К. Гимбатов «В помощь учителю родного языка»

Махачкала. 1979 г.

  1. М.М. Муртазалиев «Методика аварского языка»

Махачкала.1968 г.

4 Т.А. Крепких «Универсальный словарь русского языка»

Москва 2005 г.

5 Н.Ф.Штейнле «Занимательные материалы по русскому языку»

Волгоград. 2006 г.


Скачать

Рекомендуем курсы ПК и ППК для учителей

Вебинар для учителей

Свидетельство об участии БЕСПЛАТНО!